20 декабралда Россиялда кӏодо гьабула чекистазул къо. Улкаялъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул хъулухъалда батӏи-батӏиял соназда гӏемерав чи хӏалтӏана нилъер республикаялдасаги. Гьезул чангоял церего къаникье ана, гӏемерисел мустахӏикъаб хӏалхьиялда руго, цо-цоял жакъаги хӏалтӏулел руго.
Жакъа чӏаго гьечӏел, амма гӏемерал соназ КГБялъул гӏуцӏиялда хӏалтӏаразда гьоркьов бищун машгьуравлъун рикӏкӏине бегьула Хунзахъа разведчик-дипломат Гӏабдулхаликъ Хӏажиев. Исана гьев гьавуралдаса тӏубала 85 сон.
Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасул хӏакъалъулъ тӏоцебе дида бицунеб рагӏана 2003 соналъ. Жиндирго гӏумрудул хӏакъалъулъ гьес хъвараб «Честь имею!» абураб тӏехьалъул презентация букӏана Махӏачхъалаялда. Доб мехалъ гьеб презентациялде дун ккечӏо, амма чанго соналдасан Гӏабдулхаликъил цӏикӏкӏарав вас Хӏажимурадихъан щвана дие гьеб тӏехь.
Гьесулгун дир лъай-хъвай ккана 2015 соналда. Тӏоцебесеб нухалда вихьулев вугониги, лъимадулаб гӏадатлъиялдалъун гьес дир квер босараб куцалъги ва гьесулгун букӏараб ракӏрагьараб гара-чӏвариялъги хинаб асар гьабурав дир таваккаллъи гӏуна дур инсул гьадинаб тӏехь бугилан рагӏанин, гьеб щвезе рес букӏинародайилан гьесда абизе. Валлагь букӏунебха, дуеги кьечӏеб гьеб жиндие щайилан, магӏаруласе хасиятаб куцалъ гьимулаго абуна гьес. Нахъисеб къоялъ Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда букӏараб данделъиялда кӏалъай букӏана гьесул. Амма жиндие рагӏи кьун президиумалде цеве унев чи, цин залалъув вугев дунги валагьун, дихъе тӏехьги кьун иналъ дагьавги кӏодолъана дие гьев.
Гьедин ккана дирги Гӏабдулхаликъ Хӏажиевасулги лъай-хъвай. Жиндирго квералъ хъвараб гьесул тӏехьалъ рагьана дие гьев тӏуван.
Битӏараб бицани, разведчиказул гӏумруялдехун дир кидаго рокьи букӏунаан. Лъимерлъудаго ругьунлъана гӏурусазул машгьурав разведчик Максим Максимович Исаевасул хӏакъалъулъ бицунеб Штирлицил киноялъухъ балагьизе. Балугълъиде вахиндал, щвана дихъе Япониялда хӏалтӏулев вукӏарав цӏар рагӏарав разведчик Рихард Зоргел хӏакъалъулъ тӏехь. Дагьаб хадуб инсуца сайигъат гьабуна 1960-абилел соназда Италиялда «Известия» газеталъул хасав мухбирасул цӏаралда гъоркь хӏалтӏулев вугев цоги гьунар бугев разведчик Леонид Колосовасул тӏехьги. Гьанже лъана Хунзахъа Гӏабдулхаликъ Хӏажиевги. Хундерил тӏалъиялда гӏурав, ракъарал рагъул соназ гӏицӏал хӏатӏалгун школалде векерулев вукӏарав гьесул чанго соналдасан вахъана гьунар бугев дипломат ва разведчик.
Разведкаялде нух байбихьараб куц
1963 соналъ ДГУги лъугӏизабун, гьенивго аспирантураялда вукӏарав гьесул цо къоялъ киналго планал хисизарула пуланав чияс. Гьале гьелъул хӏакъалъулъ гьес жиндирго тӏехьалда бицунеб куц: «Дол соназ ДГУялде мех-мехалъ ваккулаан КГБялъул хӏалтӏухъан Сагим Сулейманов. Цо къоялъ гарачӏварулел рукӏаго, гьес дида гьикъана КГБялъул линиялда рекъон Москваялде цӏализе ине бокьиларищан. Гьеб лахӏзаталдаса байбихьун, дир гӏумру тӏубанго хисанин абизе бегьула. Ургъизе заман бугищ дирилан гьикъидал, бугин абуна Сагим Сулеймановас, амма лъиданиги бицунгейила нилъер дандчӏваялъул хӏакъалъулъ. Гьел шартӏал цӏунун дихъа бажаричӏо — рокъове щведал, чӏужуялда ва Казбек районалъул Дилим росулъ хӏалтӏулев вукӏарав вацасда дандбана. Вац дандечӏана, инкар гьабейин тӏаделъана гьев. Гьесул тӏирунчӏеялъ жеги хӏалакинабуна дир пикру. 1964 соналъ, лъиданиги цӏарги бахъичӏого, дун Москваялде ана цӏализе».
Гьенисан байбихьана Хӏажиевасул разведчикасул захӏматаб, ва амма кутакалда интересаб гӏумру. Москваялда КГБялъул тӏадегӏанаб школаги лъугӏизабун, гьев цин лъабго соналъ Дагъистаналда хӏалтӏула. 1969 соналъ бищун бажари бугев ва цеветӏурав хӏалтӏухъан хӏисабалда Москваялде, Ю. В. Андроповасул цӏаралда бугеб Разведовательный институталде цӏализе витӏула. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, цо лъагӏалица КГБялъул тӏоцебесеб бетӏераб управлениялдаги хӏалтӏун, витӏула разведчикасе бищун ва захӏматаб, амма дол соназда бищунго къадруяб пачалихъалде – СШАялде.
Кавказалдаса вукӏин рекӏее гӏечӏеб къагӏида
Дие цӏакъ асар гьабуна тӏехьалда гьес Нью-Йоркалде ине хӏадурлъулев вукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ бицарал мухъаз.
«Доб мехалъ улка тун къватӏиве унев чияс рахине кколел чанго батӏиял идарабазулгун хасал гара-чӏвариял тӏоритӏулаан, КГБялъул кадровияб аппараталдаса бахъараб, КПССалъул ЦКялде щвезегӏан. Гӏемерисеб мехалъ гьенир рукӏана хӏухьдул гӏадин, бакӏал хинлъизарулелги рукӏун, жидеда кутакалда гӏемер жо лъалеб гӏадин, гӏакъилал куцалги гьарун, рукӏине бокьулел гӏадамал. Гӏемерисеб мехалда гьезда жидедаго тӏинкъги лъалеб батулароан улка тун къватӏибехун бугеб гӏумруги гьелъул гӏадамалги, амма лъалеб ххвел гьабизе бокьулаан цӏакъ.
Ракӏалда буго КГБялъул кадровияб аппараталъул нухмалъулевлъун вукӏарав генерал Сторожевасулгун ккараб кӏалъай. Гьес дида гьикъана СШАялда разведчикасул хӏалтӏи кинан бачинейила дуда ракӏалда бугеб. Дица абуна Вьетнамалъулгун букӏараб рагъдаса хадур СШАялда дагьал гьечӏин президент Р. Никсонил политикаялда рекъоларел гӏадамал. Гьеб гуребги, Америкаялъул халкъ бугин гӏарац хириял чагӏи, гьебги хӏисабалде босун рес бугин гьезулгун хӏалтӏи щула гьабизе. Дида бичӏчӏараб бакӏалдаса гӏебеде, генераласе рекӏее гӏунин ккола дир жаваб, чайцин тӏуна гьес дие ва дун тӏовитӏизе нуцӏил кӏалтӏеги вачӏана. Амма отделалде дун щун вахъиналде тӏад речӏчӏизе къачӏан ватана дир нухмалъулев А. Т. Киреев. Гьес гьикъана щибиланин дуца генераласда бицараб. Сабурго, нижерго букӏараб гарачӏвари рагӏи-рагӏиккун дицаги бицана гьесие. Дир жавабалдаса хадув дагьав гӏодове виччаниги, гьес абуна додинал гӏадамалгун дагьал цере балагьун рукӏине кколин, нилъедаго ракӏчӏун кӏалъазе бегьуларилан. Хадуб бицана щиб ккарабалиги.
Кабинеталъуса дун араб сагӏаталъ, генерал Сторожевас ахӏун буго дир нухмалъулев Анатолий Киреевасухъе гьев гӏолохъанчи цӏакъ живго жиндаго ракӏчӏарав, гӏамал кӏудияв чи вихьулин, гьев СШАялде гурев, Африкаялде витӏизе кколин хӏалтӏизе. Дир нухмалъиялда кӏудияб къо бихьун буго буго СШАялде витӏизе дун нусго чиясда гьоркьоса тӏаса вищарав, цӏакъ тӏадчӏун куцарав чи кколилан гьев генераласда бичӏчӏизабулаго.
Балагьараб мехалда, гьесие рекӏее гӏун гьечӏо дун Кавказалдаса вукӏин. Амма дида жакъа ракӏчӏун лъала гӏумруялда жаниб дица гьабураб хӏалтӏул цо нусил бутӏацин гьесухъа гьабун бажаричӏеблъи. Гьединал кабинетал хинлъизарулел генералзаби сабаблъун чан чиясул карьераялъе зарал ккараб батӏибатӏиял соназда.
Ахирги нахъа тана ахирисебги «болъодул хӏокӏ». КПССалъул ЦКялъул чагӏазулгун букӏараб хасаб гара-чӏвари ва дицаги хъизамалъги чемоданал «кьолозе» байбихьана халатаб сапаралъе. Цебехун букӏана «город желтого дьявола» — Нью-Йорк (гьединаб цӏар лъун букӏана советиял газетазда дол соназ гьелда). Ункъо-щуго сон гьениб тӏамизе хъван батана къисматалъ дие.
Амма бажариладай улкаялдаса дунги дидаса улкаги разияб хӏалалъ гьенив хӏалтӏизе. Кӏвеладай партиялъги разведкаялъги дида тӏадкъараб борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазабизе. Гьединал пикрабаз рахӏат толеб букӏинчӏо дие самолеталде вахиндалги».
Цӏакъ интересаб гӏумру букӏун буго Гӏабдулхаликъил Нью-Йоркалда. Официалияб къагӏидаялъ гьев гьенив лъалаан СССРалъул Къватӏисел ишазул рахъалъ министерствоялъул ООНалда бугеб вакиллъиялда хӏалтӏулев лъабабилев секретарь хӏисабалда.
Гьенив хӏалтӏулел соназда гьесул рес ккана чанго соналдасан жал улкаялъул нухмалъулеллъун рукӏине ругел чагӏигун дандчӏвазе:
ООНалъул штаб-квартира дол соназ релълъун букӏана Нухӏил гамида. Чан батӏияв чи дида гьелъул жанахӏалъув дол соназда дандчӏварав. Чанго батӏияб пачалихъалъул аралги, ругелги, рукӏинеселги нухмалъулел. Ракӏалда вуго доб мехалъ ООНалда СШАялъул миссиялъул нухмалъулевлъун вукӏарав, хадув президентлъун вахъарав Джордж Буш (кӏудияв), лъалесеги лъаларесеги жидерго мацӏалда «хай» абун салам кьезе цӏакъ бокьулаан гьесие. Палестинаялъул нухмалъулев Ясир Гӏарафатги, Ливиялъул бетӏерлъун вукӏарав ва хадув такъсирчагӏазул квердаса хварав Муаммар Къадаффиги. Хадув — Китаялъул президентлъун вахъарав Дэн Сьяопинги».
Ясир Гӏарафатгун Гӏабдулхаликъ хадув дандчӏвана Ливаналда хӏалтӏулел соназги.
Гӏарабазул ракьалда магӏарулазулги партиялъулги вакил
Ливаналде гьев витӏана 1980 соналъ, резидентасул заместительлъун. Улкаялда гьоркьоса къотӏичӏого граждан рагъ унеб мехалда ккун вуго гьев гьениве. Анлъго соналъ хӏалтӏун вуго гьеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалда:
«Ливан — гьеб буго гӏажаибго берцинаб улка. Амма гьеб берцинлъиги улкаялда бугеб парахалъиги теларин, рагъуе къали бухулел чагӏи рукӏиналъ, гӏемерал соназ гьениб къотӏичӏо кьвагьулеб ярагъалъулги рихъулел бомбабазулги сас. Гьениве щварав тӏоцебесеб къоялъ дун ворчӏизавуна минометазгун артиллериялъ кьвагьулеб гӏарадаялъул гъугъаялъ. Гьединаб захӏматаб, хӏалуцараб ахӏвалхӏалалда хӏалтӏизе ккана дун гьенив».
Гьединаб бечедаб, интересаб, кутакалда асар гьабулеб биография буго Гӏабдулхаликъил гӏумруялъул. Гьесул тӏехь дица жакъаги тӏад-тӏад вуссун цӏалула. Щибаб нухалъ гьениб мисал босизе гӏемераб жо батана. Гӏабдулхаликъил хӏакъалъулъ газеталъул цо-кӏиго гьумералда бицун бахъунаро. Хасаб тӏехь хъваниги бегьулеб гӏумру нахъа тана гьес хӏакъикъаталдаги. Мунагьал чурун ратаги, наслабаз мисал босулевлъун ватаги гьев гӏажаибав инсан.
Ашахан ЮСУПОВ