Тарихчи вахъинелъун цӏаларав Гӏабдулхаликъ Хӏажиев 29 соналъ хӏалтӏана КГБялда. Гьелда гьоркьоса 25 сонги къватӏисеб разведкаялда — СШАялда, Европаялда, Азиялда, Африкаялда – ана гьесул.

Гӏабдулхаликъ гӏумруялдаса ватӏалъана 2006 соналда. Гьев вукъун вуго Хунзахъ. Гьеб киналъулго бицунеб буго Гӏабдулхаликъил вас, Москваялда гӏумру гьабун вугев Хӏажимурад Хӏажиевас.

Гьев ккола РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб ДРялъул официалияб вакиллъиялъул жамгӏияб советалъул председатель.

— Хӏажимурад, дур инсуца чекистасул нух тӏаса бищиялъе гӏилла щиб ккараб? Нужер тухумалда гьединал чагӏи рукӏунищ?

— Чекистал рукӏинчӏо, амма рукӏана офицерзаби. Дир инсулги эбелалъулги рахъалдаса умумул кколаан дунялалъул тӏоцебесеб рагъул гӏахьалчагӏи. Гьединго инсул эменги вагъана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда.

Нижер эмен гьавуна 1936 соналда Хунзахъ. Гьесул эмен – Мухӏамад вукӏун вуго цӏар рагӏарав хьитазул устар. Хьитал гьариялъул рахъалъ республикаялда тӏоритӏулел къецазда цересел бакӏал кколел рукӏун руго гьес. Хасго 1930-абилел соназда Ростовалда руччабазул эгъе борхатал хьитазул фестивалалдаги бергьун вуго. Гьесул чӏужу, нижер кӏудияй эбел, хӏалтӏулей йикӏун йиго колхозалда.

Рагъул байбихьудаго, жиндиего бокьун гӏарзаги хъван, фронталдеги ун вуго инсул эмен. Амма гьесул рес букӏун буго инчӏого чӏезеги, щайгурелъул гьединаб махщалил гӏадамал хӏалица ритӏулел рукӏинчӏелъул гьенире. Тӏадежоялъе, гьитӏинаб ункъо лъимерги букӏун буго гьесул – лъабго васги цо ясги.

Палхӏасил, рагъде арав кӏудияв эмен тӏокӏалъ рокъове тӏадвуссун гьечӏо. Офицерасул чинги кьун букӏун буго гьесие. Нижеда нахъа гурони лъачӏо гьев лейтенант ва миномёталъул взводалъул командир вукӏаравлъи. Гьебги якъинлъана цо анонимка сабаблъун. Эмен СШАялде разведчиклъун ине хӏадурулеб заман букӏана доб. Халкъалъул тушманасул вас вугин гьевин абун, инсуда тӏасан анонимка хъван батана. Гьеб мехалдалъагӏан араб бакӏ лъачӏого тӏагӏаравин тун вукӏарав кӏудияв эмен взводалъул рагъухъабигун цадахъ Краснодар краялда гӏаммаб хабалъ вукъун ватана инсуда. Гьелдаса нахъе рес кканщинахъе гьенире зияраталъ инчӏого чӏоларо ниж. Эмен вукӏунаан анонимка хъварав чи лъалевани, гьесие баркала кьезе инаанин абун.

Палхӏасил, дица гьаб кинабго мухӏканго бицана доб цебесеб гӏелалъулъ рагъул хъулухъалдехун букӏараб адаб бихьизабизелъун.

Эменги нахъа гьечӏого цохӏо эбелалъ гӏезарулел лъимал язихъго рукӏаниги, цӏалул къимат гьабулеб хъизан букӏун буго инсул. Гьедин нижер эменги ДГУялде лъугьун вуго цӏализе. Рокъосан рес букӏинчӏолъиялъ, армиялдасаго бачӏараб гимнастёркаялда гъорлъ хьвадулев вукӏун вуго цӏалуде кӏигониги соналъ. Гьесие тӏоцебесеб костюм щун буго Саратовалда юридикияб институтги лъугӏун, хӏалтӏизе лъугьарав кӏудияв вацас ретӏараб.

Гьедин гӏурал бесдал лъималазе щвана тӏадегӏанаб лъай – бищун кӏудияв вац Загьид хӏалтӏана прокурорлъун, эмен ана органазде, гьитӏинав вац Тӏалхӏатулхайр – милициялде.

Студентлъун вугелдаса нахъего нижер инсуе квербакъи щварав чи вуго «Дагэнергоялъул» генералияв директорлъун вукӏарав Хӏамзат Хӏамзатовасул эмен Мухӏамад-хӏажи Хӏамзатов. Инсуца адабалда рехсолаан гьесул цӏар ДГУялъул парторганизациялъул секретарьлъун вукӏарав Мухӏамадхӏажил кумекалдалъун нижер эмен вищун вуго ДГУялъул комсомолалъул организациялъул секретарьлъун.

Гӏолилазул цевехъанлъун кколев ва лъикӏ цӏалулев инсуде кӏвар кьун буго КГБялъул хӏалтӏухъабаз. Амма гьез гьев жидехъего ахӏулев вукӏин лъайдал, Мухӏамадхӏажие рекӏее гӏун гьечӏо, щайин абуни гьесие бокьун букӏун буго нижер эмен партиялъул нухдасан ине, тӏадегӏанав нухмалъулевлъун вахъине.

Амма кигӏан гьес гьараниги, инсуца хасаб хъулухъ тӏаса бищун буго. Гьедин гьев байбихьуда Дагъистаналда хӏалтӏана, хадув Москваялде вачана.

— Гьелдаса хадуб кканщиналъул хӏакъалъулъ хъван буго гьес «Честь имею» абураб тӏехьалда. Гьелъул хадусеб бутӏа биччазе ракӏалда букӏанищ гьесда?

— Букӏинчӏо. Инсуда ракӏалда букӏана жиндирго гьудулзабазул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе. Амма гьелъие гьесул заман гӏечӏо. Вацазул гӏадаб гьоркьоблъи бугев щуго полковник вукӏана, эменги малъун. 1970-абилел соназда къватӏисеб разведкаялда хӏалтӏулел рукӏана гьел. Масала, Китаялда вукӏарав Хунзахъа Чапай Абакаров, Хьаргабиса –Мухӏамад Гӏабдулаев. 1979 соналда Афгъанистаналда гьезул бетӏер Аминил кӏалгӏа бахъулев вукӏаразул цояв кколаан гьев Мухӏамад. Гьениве гьужумалъ иналда цебе гьес инсухъе записка хъван батана жиндие къварилъи ккани, хъизамалъул тӏалаб гьабейилан.

Талихӏалъ, чӏаго-гӏатӏго тӏад вуссана Мухӏамад гьениса. Багӏараб Цӏваялъул Орденги щвана гьесие. Гьеб мехалда, къвалги бан, инсуца гьесда лъазабуна дуца тӏокӏалъ жиндихъе гьединал запискаби хъвагейила, щайгурелъул жидеца гьадинги тӏалаб гьабилаанила дур хъизамалъул.

Бангладешалда вукӏарав цоги магӏарулав (кисаяли кӏочана) – Нажмудин Гӏабдулаев. Гьел киналго хвана.

Гьезда гьоркьоса гьабсагӏаталда чӏаго вуго Лавашаса даргияв Мухӏамад Сулейманов, бергьун кутакалда лъикӏ лъала гьесда Турция. Рахьдал мацӏ гӏадин лъикӏ лъала турк, ингилис ва магӏарул мацӏалги. Эмен гьевгун магӏарулалъ кӏалъалаан.

— СШАялда жив тӏатун хадув нужер эмен кутакалда рекӏекълъун вукӏанин, хӏатта тӏубанго разведкаялдасацин нахъе ине къваригӏун букӏанин рагӏана.

— Доба советияб разведкаялъул иш къватӏиб чӏвараб мехалда «персона нон-грата» абун, хадувккун дозул улкаялда вукӏине бегьуларев чилъун лъазавуна эмен. Гьединлъидал гьев хехаб куцалда Москваялде тӏад вуссине ккана. Гьесда цадахъ вукӏарав гьалмагъ (Энгер) америкаялъулаз дагьаб мехалъ туснахъги гьавун, хадув виччана. Иш гьедин ккезе букӏин хӏаладаго лъараб гӏадин, гьес дораса рокъоре (Москваялде) ритӏун рукӏана ниж – эбелги, дунги, гьитӏинав вацги. Инсуе квербакъулев вукӏарав агент – Мавр, СШАялъул гражданинлъун кколев эрменияв, доз 25 соналъ жанив тӏамуна. 1975 сон букӏана гьеб.

СШАялъул судалда цеве эхетидал, ккараб-таралдаса жив расги рекӏекълъун гьечӏиланги абун буго гьес.

Гьелдаса нахъе ана гӏезегӏан сонал. Цо къоялъ инсухъе дачаялде щведал, бералги багӏарлъун, цӏакъ рахӏатхун ватана дида гьев. Щибкинин цӏехедал, гьес бицана жакъа телевизоралдасан вихьизавунила дов агент – Мавр — туснахъалдаса къватӏиве виччанилан. Ракӏ-ракӏалъ баркалаги кьун, гьесул квер бачине аскӏов вукӏараваниян абуна инсуца. Тӏири гӏарацги босун рагӏуларо Маврица жинца гьабураб хӏалтӏухъ, гьеб жиндирго ватӏаналъе (Совет Союзалъе) гӏоло гьабунин абун. Херал эбел-эмен рукӏун руго гьесул. Гьабсагӏаталда чӏаго вугищали лъазеги бокьилаан. Хунзахъ нижер рокъоб гьабсагӏатги цӏунун буго дир инсуде гӏайиб гӏунтӏизабун америкаялъулаз СССРалъул МИДалде битӏун бачӏараб документ. Гьелдаса чӏухӏун вукӏунаан эмен.

Феликс Дзержинскиясдаса байбихьун 1980-абилел соназде щвезегӏан тӏатарал советиял разведчиказул цӏарал рехсараб биццатаб тӏехьги буго СШАялда бахъараб. Эменги вуго гьенив.

Гьелдаса хадув эмен цӏакъ ургъалилъе ккун вукӏунаан, хиянатлъи лъицадай гьабурабин абун. Разведчикасе кидаго интерес букӏуна нилъергун дагӏбаялда, тушманлъиялда ругел улкабазде ине. Гьелдалъун гьесие рес щола живго вихьизавизеги хехго цеветӏезеги.

Амма живго тӏатун хадуб цогидаб улкаялда хӏалтӏизе бигьа букӏинищха разведчикасе. Гьебго жо ккана инсулги. СШАялдаса нахъе унелъул, гьев вукӏана лъеберилъе вахарав чи. Гьелдаса хадуб Бейруталде ахӏана гьев жиндирго гьудулас. Битӏун цӏа боркьараб рагъ букӏана гьениб (1982-1986 соназда). Разведчик хӏисабалда гьениб дагьабги камиллъана гьесул махщел.

Гьелда гьоркьоса эмен командировкабаз Европаялде, Африкаялде витӏулаан. Масала, Ганна абураб улкаялде гьабураб сапаралдаса хадуб инсуе кӏудияб шапакъатги щун букӏана.

Советияб заманалда бахъараб машгьураб фильм буго «ТАСС уполномочен заявить» абун. Гьениб бихьизабулеб буго унго-унголъунги ккараб хӏакъикъияб хӏужа (Африкаялъул цо улкаялда багъа-бачари лъугьинабизелъун ЦРУялъ ургъараб хӏилла тӏатинаби – авт.). Гьеб операциялъулъ гӏахьаллъи гьабун букӏун буго нижер инсуцаги.

Фильм прокаталде биччалалде цин СССРалъул нухмалъулезда бихьизабун буго. Гьелъ гьел гӏажаиблъизарун руго, цинги ЦРУялъул планал хвезарурал киналго разведчикал Москваялдеги ахӏун, шапакъатал кьун руго. Гьеб мехалда ниж эменгун цадахъ отпускалъ Хунзахъ рукӏана. Хехаб куцалда Москваялде щваян ахӏун ана эмен. Гьелъие гӏоло букӏун бугоха. Эмен абуни дагьав рази гьечӏого вукӏана, гьадигӏан лъикӏаб хӏухьбахъиялъе квалквал гьабунилан. Эркенаб заман Хунзахъ базе бокьулаан гьесие.

— Ясир Гӏарафатилгунги лъикӏаб гьоркьоблъи букӏанинги рагӏана гьесул.

— Букӏана. Цоцада къвалалги ран рахъарал сураталги руго кӏиязулго. Гьединго руго машгьурал цогидал церехъабазулгун сураталги. Хӏалтӏул ишалъ гьединал чагӏазулгун бухьеналда вукӏине кколаанха гьев. Масала, дагьалъ цебегӏан цо разведчикас бицана нижер эмен кколин «Хезболлах» партиялъул цевехъангун дандчӏварав Совет хӏукуматалъул тӏоцевесев вакил абун. Гӏабдулхаликъ абураб цӏаралдехунги божилъи бачӏун батилаха гьезул. Гьединго дагьа-макъаб гӏараб мацӏги лъалаан гьесда. Гьеб букӏана 1985 соналда Ливаналда СССРалъул ункъо гражданин – кӏиго разведчикги кӏиго гӏадатияв чиги викъараб мех (гьезул цояв хун вуго, лъукъун вукӏун). Михаил Горбачевасул рахъалдаса хъвараб кагъат босун вачӏун вуго эмен «Хезболлахалъул» шайихасухъе. Гӏарабалъ ва ингилисалъ хъван букӏун буго гьеб. Нух лъаларедухъ инсул берал рухьун рукӏараб къагӏидаха. Гьел ричидал, херав шайихасда цеве гӏодов чӏун ватун вуго инсуда живго. Кагъатги цӏалун, гӏицӏго «иншаАллагь» иланги абун, шайих нахъе ун вуго. Ахиркъадги асирал эркен гьарун руго. Бейруталда гьединал лъугьабахъинал гӏемер ккун руго инсул. Тӏаде рехун рачӏунел бомбабазукьа тӏурунги, хӏалица ворчӏун вуго гьев цо чанго нухалда.

— Хъулухъалдаса хӏалхьиялде индал, сунде машгъуллъун эмен вукӏарав?

— Гьес хӏалбихьулеб букӏана Хунзахъан депутатлъун вахъине. Гӏезегӏан ракьцоялги рачӏунаан гьесда аскӏоре, жидеца дур рахъкквезе бугилан бицине.

Амма гьаркьазул хӏасил батӏияб ккун батана. Гьединлъидал кандидатура лъеялдаса ракӏбухӏунги вукӏана – живго вищичӏолъигицин гуреб, гьел гьаркьал рикӏкӏараб къагӏида захӏмалъун букӏана. Амма депутатлъун вахъинчӏониги, депутатасухъе гӏадаб ирга букӏунаан жидерго къваригӏелаз инсухъе хьвадулел гӏадамазул. Гӏемер лъайхъваялги рукӏиндалха гьесул. Бергьун кӏудияб адаб гьабулаан инсуца херал чагӏазулги руччабазулги. Эхеде (Хунзахъе) щвараб мехалда эменгун цадахъ цин ниж раккулаан харабазухъе, хадур щолаан умумузул хабатӏе, ахиралда гурони щолароан рокъоре.

Гӏумруялдаса ун хадуб инсул цӏаралъгицин буго кумек гьабулеб. Гьанир Москваялда цӏалулел студентазул букӏаниги, яги цогидаб хъулухъалъ гьанир ругел ракьцоязул букӏаниги ишаз цо-цо хъулухъчагӏазухъе уна дун. Цадахъго инсул тӏехьги босула сайгъаталъе кьезе. Тӏубазабизе захӏматаб къваригӏел бугилан жавабги щун дун нахъе уна цо-цо мехалда. Амма хадубго дов чияс ахӏун бачӏуна жинца дур инсул тӏехь цӏаланила, гьединлъидал дуе инкар гьабизе кӏвезехъин гьечӏила жинда.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ