Гьал къоязда Махӏачхъалаялъул «Россия – тарихияб парк» музеялъуб тӏобитӏана тарихчи ва публицист Маркъо Шагӏбановасул «Аваразул нуцалзаби» абураб тӏехьалъул презентация. Гьенив кӏалъазе вахъанщинас лъикӏаб къиматги кьуна тарихчиясул гьеб хӏалтӏуе. Ислам бачӏиналдего цӏакъго цересел гӏасрабаздаса байбихьун, магӏаруллъиялда рукӏарал нуцалзабазул рагӏа-ракьанде щвараб тарих кьун буго гьелда. Жинцаго Маркъоца бицухъе, 15 соналъ бакӏарун буго гьес гьелъие материал.

— Амма аслияб куцалда цохӏо гьелда тӏадчӏун дун хӏалтӏана ахи- раб лъагӏелгун бащдаб заманалъ. Циндаго кинабго кодобе щоларе лъул, батӏи-батӏиял хӏужаби, бая- нал ракӏарулаго бана гьебщинаб мех. Гьеб гуребги, гӏемераб заман бана басриял хабалалъ ругел заназда хъвай-хъвагӏаял цӏалулаго, цохӏо нилъер гьанир ругел гуребги, Турциялъул хабзалалъ ругел заназулги гьабуна цӏех-рех. Гьединго батӏи-батӏиял таблицаби гӏуцӏулеб, гьел дандекколагоги цӏакъ гӏемер заман балеб чӏамучӏаб иш букӏиналъ гӏураб заман бахъана. Букӏаниги хӏасил дун разияб ккана, саламатаб тӏехь данде гьабизе кӏвана, — ян бицана Маркъоца.

— Тӏехь басмаялда бахъанин рагӏидал, ракӏалде ккун букӏана гьениб аслияб куцалъ хунздерил нуцалзабазул хӏакъалъулъ бицу- нел баяназ ккун батилин…

— Гьениб цохӏо хунздерил тӏалъиялда рахъарал гурелги, тӏолалго авар нуцалбазул тарих кьун буго рагӏа-ракьане щун. Гьенир руго Чачаналда рукӏарал нуцалзабазул хӏакъалъулъ баяналги.

Гӏаммаб куцалъ босани, 26 росулъ ратана гьезул гӏаркьелал. Дица цебехун абухъе, тӏуванго дун гьеб тӏехь данде гьабиялде вуссана ахираб лъагӏалида жаниб. Цӏиял баянал исанаги щвана дихъе. Генеологиялъул формаялда хъвараб тӏехь гьединаб жо букӏуна, тӏаде цӏиял баянал кӏиго-лъабго соналдасан цӏигьаризе кколеб. Гьединаб, дагьаб чӏамучӏаб хӏалтӏиги буго, бугониги, ракӏалде ккола гӏемеравчиясе интерес букӏинин гьелъул, — ин бицана тарихчияс.

Маркъол цӏияб тӏехьалда хасаб бутӏа ккун буго «Ункъракьалъ- ул нуцалзаби» абураб бетӏералъ. Гьелъие хӏажатал баянал ракӏаризе тарихчиясе кумек гьабун буго Цӏумада районалъул Къедиса жамгӏияв хӏаракатчи Исмагӏил Гъазимухӏамадовас.

Презентациялда гьес гьадин бицана гьелъул хӏакъалъулъ.

— Аслияб куцалда гьезул (Ункъракьалъул) нуцалзабазул чӏей букӏун буго Чачаналъул Шарой районалда. Балагьараб мехалъ рукӏа-рахъиналъул гӏиллабазда бан батилаха, цӏидасан Къедирего нахъруссун руго гьел. Гьеб ккола гӏага-шагарго XVI-XVII-гӏасраби, Шамил имамасул бетӏерлъиялда мугӏрузда гъазаваталъул рагъ ккелалде цебе. Чачаналъе гочи- налдеги Къеди рукӏун руго гьел киналго. Чачаналде гьел гочунел рукӏун руго, дида бичӏчӏараб бакӏалдаса гӏебеде, гьеб хинаб бакӏ букӏиналъ. Кьиндал цӏакъ квачараб бакӏ буго Къеди. Нижер доба абицин буго: «Къеди риидал хан, хасало лагъ вукӏунин», — абун. Риидал тӏабигӏатги берцинаб, гьогьомаб лъикӏаб бакӏ буго нижер мухъ, хасало гьениб цӏакъго цӏорон букӏуна.

— Нужер Ункъракьалъул нуцалзабазул ахирисев вакил щив вукӏарав?

— Гьел ккола Чупалав, Сурхай, Алдан, Амирхӏамза ва жеги чанго чиги рехсолел руго дихъе щвараб баяналда. Гьел киналго Кавказалъул рагъул заманалда Шамилил муридзабаз чӏван руго. Гьезул наслаби руго жакъа Чачаналдаги Къедиги. Къеди гьезул хӏатта лъабго гӏаркьелцин буго. Амма Хунзахъан рачӏарал кинал, Къедиса рахъарал киналали мухӏканго чӏезабун гьечӏо, дагь-дагьккун щвелел ратила баянал, — ин абуна Исмагӏил Гъазимухӏамадовас.

Маркъол ишцояв, ахираб заманалда гьевгун цадахъ гӏемерал бакӏазде сапарал гьарурав, ДНЦялъул археологиялъул ва тарихалъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мухӏамад Шейхмухӏамадовасги гьадинаб къимат кьуна гьеб тӏехьалъе.

— Маркъогун цадахъ гӏемерал бакӏазде щвана дун. «Нуцалзабазул тарих» тӏехьалда тӏад гьев хӏалтӏулеб куцги бихьана. Битӏараб бицани, гьунар-бажари гьечӏев чияс гьабулеб хӏалтӏи гьеб букӏинчӏо. Гьабуралъе къимат кьезе дун лъугьинаро, гьелъие къимат цӏалдолез жидецаго кьезе тела. Амма дие абизе бокьун буго гьабуралдасаги жеги гьабичӏеб цӏикӏкӏун бугилан. Нуцалзабазул, гьединго магӏарухълъиялъул тарихалда хурхараб гӏемераб документ буго нижеца жеги бакӏарун. Аллагьас хъван батани, гьелги магӏарул мацӏалде руссинарун, басмаялда рахъизе Маркъоеги, гьесие кумекалъе ратизе нижееги тавпикъ кьеги Аллагьас.

Цоги абизе бокьараб жо, нилъеда гьанжелъизегӏан гӏаданибе бугӏулеб пикру букӏана нуцалзаби ва ханзаби гӏадамазе зулму гурони гьабуларел, гьел хӏатӏакь мерхьунел вахӏшиял чагӏи рукӏанин абун. Гьединаб пикру лъун букӏана нилъер ботӏролъ гӏемерал соназ. Амма тарихиял ва гӏелмиял хӏужабазул аслуялде раккани ва кодоре щварал документазул мухӏканго хал гьабу- ни, бихьулеб буго кинабго нилъеда бицунеб хӏалалда букӏинчӏеблъи. Гӏурусалъ абухъе, тарих цӏидасан хъвазе ккун буго. Гьелда тӏад хӏалтӏулел, ай кьучӏал, ритӏухъал баянал ракӏарулел руго нижги гьабсагӏаталда. Хасго гьелъие кутакалда гъеж гурун буго Маркъоца. Гьев гӏадин макьу, кӏвахӏ тун хӏалтӏулев цоги чи дида лъаларо вугищалиги. Цо-цо мехалъ ккола кьижизецин заман батуладай гьесдайилан. Кида вихьаниги, Маркъо сапаразда, цӏех-рехал, басриял заназул хъвай-хъвагӏаял гьарулев, хӏужаби ракӏарулев вуго.

Аллагьас тавпикъ кьеги гьесие магӏарулазул тарих цӏи гьабизе.

А. ЮСУПОВ