Цӏи-цӏиял рекӏелгъеял цӏикӏкӏанагӏан хисулел умумузул гӏадатазул пикру гьабичӏого хутӏуларо. Гьел цояз какула — бусурбабазе бегьулеб къагӏида гурин, цогидаз реццула — росу чӏаголъизабулел, рекӏее цӏилъи кьолел гӏадатал ругилан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго, Дагъистаналъул цо-цо росабалъ цӏунун хутӏараб, хасел чӏеялъул сордо кӏодо гьабиялъул. Гьебги букӏуна декабралъул 21-22 къояз. Хасалил бищун халатаб сордоялъ аслияблъун букӏуна росдадаго бихьулеб борхалъуда кӏудияб цӏа бай ва щивасул рокъоб цӏетӏе гьарзаго бакъвараб гьан-бакьалъул хъазан ккезаби. Нижер росдал цӏикӏкӏараз мажгиталда цереги кӏусун хӏисаб гьабулаан бакъ баккулеб, тӏерхьунеб бакӏалъул. Бищунго гьитӏинаб къоялъ, ай хасел чӏараб сордо лъалаан бакъ унеб щобда чӏвараб кӏиго заниялъухъ балагьун. Гьел заназда гьоркьосан гӏодобе бакъ щинкӏараб сордоялде абула кӏодосордойилан. Жидехъ балагьун лъагӏалил гӏуж роцӏинабулел гьел занал жакъа къоялдаги гьенирго руго. Байрамал гьарза гьечӏеб заманалда росуго букӏунаан хӏадурун кӏодосордоялда дандчӏвай гьабизе.
Годекӏаниб рекӏелгъей
Кӏодосордоялъул тӏоцебесеб, гӏисиназеги чӏахӏиязеги гӏахьалаб ихтилатлъун букӏана гвадали (кӏудияб цӏа бай). Гьелде хӏадурлъи гьабулаан росдал гӏолохъабаз. Къотӏулаан магъилъа цебеккунго балагьун хӏадур гьабураб гъветӏ. Гьеб бехъерхъулаан росдал тӏарада бугеб гохӏде ва гьениб бахъун чӏезабулаан. Гӏисинал лъимал унаан росдал руччабахъе цӏатари балагьизе. Руччабаз цебеккунго хӏадур гьабун букӏунаан заз-хъарахъ гьоркьоб бугеб хер, цӏоросаролъил гӏучӏалъул гулал ва цоги бухӏизе бегьулебщинаб. Гьеб цӏатари рекъезабулаан гӏолохъабаз гохӏда щула гьабураб гъотӏода. Киналго гьидерил росабазул гӏадамал ралагьун чӏун рукӏунаан къо рукӏкӏиналъухъ. Канлъи къотӏарабго цӏа гъолаан. Къец бан, лъилдай бищун кӏудияб цӏадул гӏер букӏунебан, киналго росабаз цоцазда рихьулел бакӏазда ралаан гьелги. Харабаз хал гьабулаан кӏкӏуй кибехун унеб бугебали. Гьеб росдада тӏасан кӏкӏалахъехун унеб бугони, киналго рохулаан бачӏунеб соналъ хӏалухъин бечедаб щвезе бугилан. Хадуб хӏаракат бахъулаан гьеб гъветӏ бегизабизе. Дагьабго чӏурхӏун гуреб щибго лъугьинчӏеб гъветӏ бехъерхъулаан мажгитул кӏалтӏе, ялъуни годекӏанибе. Гьениб гьеб къотӏ-къотӏун гӏисин гьабулаан. Щивав цӏадухъе вачӏунес босизе кколаан цӏа рекӏинелъун гъоркь лъезе кан, бакъвараб цӏулал мачӏо. Гъоркь бакъварабги лъун, тӏад биччараб гъотӏол цӏулги лъун, бакулаан кӏудияб цӏа. Маркӏачӏул какдаса хадур росдал гӏадамал къватӏире рахъиналде гьелъул лъугьунаан рикӏкӏаде хинлъиги канлъиги кьолеб цӏа. Чӏахӏиял тӏингъаз мугъалги хинлъун, цереса цӏадуда роркьулаго цӏвакарал ганчӏазда гӏодор чӏолаан чӏахӏияб ригьалъул бихьинал.
Гьел сардазул сипат-сурат паркъула гьанжеги цебе: годекӏан бакьулъ цӏулал кӏудияб цӏа, зурмил къвакъвади, къолол двари. Сверухъ тӏохаздеги рахун, тӏимгъазулъги рахчун хал гьабун лъимал. Кӏочонаро кополав мугӏалим Расулил кечӏ: «Годекӏанив ганчӏида гӏодов кӏусун вукӏаго…» Такрарлъулел цого рагӏаби чӏамучӏлъун гьесул гьудул Гӏарипица балеб ахӏи: «Ле, Расул, хисизабе гьеб кечӏ!» Расулица цӏидасан байбихьула: «Гӏодов кӏусун вукӏаго ганчӏида годекӏанив…» «Ялъачи, Расул, цоги кечӏго лъаларищ дуда?» «Гӏарип, дуда гьабги лъаларо». «Лъалароха», — ян велъулев Гӏарип. Кеплъун ругониги, бихьиназул кӏалдиса рагӏулареб цониги тохаб рагӏи.
Ци-бацӏал
Гьебго заманалда, кӏодосордо баркун рукъзабахъе хьвадизе хӏадурлъулаан гӏолохъабазул къокъа. Гьезда гьоркьоре унаан «херав», «хӏама», «бахӏарай», гьей цӏунулев чи ва къокъадул цевехъан. Жиде-жидер хъулухъалда рекъон ретӏа-къанги рукӏунаан гьел. Херасда бегуниса ретӏараб тӏимугъ, халатаб мегеж, кӏудияб гъалараб тӏагъур, «хӏамида» кодор рукӏунаан хулжал, яс цӏунулев чи яргъид гӏуцӏун вукӏунаан. Ясалъул роль хӏазе, берцинго къачӏа-кӏатӏан, гьумерги бахчун, жинс-куц рекъарав гӏолилав толаан. Цевехъанлъунги куц-мухъ хисизабурав, амма щивали ватӏа вахъизе лъалев гӏолохъанчи вукӏунаан. «Бахӏарай» щивали лъазе бокьун, цеве къалев, гьелда квер хъвазе, кӏаз нахъе цӏцӏазе лъугьарав чиясда бадиб рахъул хъат ялъуни гьодилъ тӏил щвезабулаан.
«Ци-бацӏал» щолаан росдал киналго рукъзабахъе. Щибаб хъизанрукъалда, гьезул рукӏа-рахъиналда рекъараб махсаро-хочӏ гьабулаан гьениб. Рокъосан лъикӏаб кванил махӏ чӏвайдал «хӏама» чехь унтун бугин чӏолаан, хӏамихъего ахӏдон рокъоса гьан щвечӏого къватӏибе билълъунароаан. Кӏодосордоялъ гьабулеб аслияб квен гьанги тӏамун хинкӏал рукӏиндалха, цӏетӏасаго бахъунги унаан гӏолохъабаз бакь. Гьеб кинабго махсаро рихунев чиги вукӏунароан. Гӏемерисел сайигъатги хӏадурун «ци-бацӏал» рачӏиналъухъ балагьун ратулаан, хӏадурун букӏунаан гьезие кьезе пихъ, цӏулакьо ва цогидаб.
Щварас щвараб маска тӏад ххун, гьурмада лахӏ бахун, рукъзабахъе хьвадулаан гӏисинал васазул къокъабиги. Чӏахӏиял гӏолохъабаздаса балъго, гьезда дандчӏвалареб хӏалалъ рахча-хьвалелги рукӏунаан гьел. Щвараб давлаги цо бакӏалдеги бакӏарун, цадахъ кваналаан гьез.
Росу сверун чӏахӏиял «ци-бацӏал» тӏад руссун щвелалде чӏобоголъун годекӏанги, тӏеренлъун цӏадул габур батулаан. Сардил бецӏлъиялдаса пайдаги босун, цӏул балагьизе ритӏулаан гӏолохъабаз жидерго къокъацоял. Росдал гӏадамаз кьун щварабщинаб нигӏмат киназдаго гьоркьоб бащадги бикьун, цӏидасан байбихьулаан гӏолилазул рекӏелгъей.
Гьелдалъунги кӏодосордо лъугӏулароан. Годекӏанир тӏоритӏулаан цӏадуда тӏасан кӏанцӏи, бекӏ тӏами ва чанги кополал хӏаял. Кигӏан хъачӏабгицин махсара рихинчӏого, аваданлъиялда сордоги тӏамун, рогьалида руссунаан гӏолохъаби рокъоре.
Росдал годекӏабахъ рагӏараб тун батӏияб цӏияб хабар лъалареб, къанагӏат гурони газет-журналал, телевизорал гьечӏеб доб заманалда, гӏадамал урхъун рукӏунаан гьеб сордоялъухъ.
Гьанже чӏороголъулел росабазул годекӏаби, чӏунтарал гьоцӏцӏаби урхъун ратила жамагӏат данделъарал тадбиразухъ. Кин бугониги, цо-цо росабалъ цӏакъ кьварун жидерго гӏадатал цӏунулел руго.
Цӏадуй бетӏер къулун наку чӏваларо
Рабигӏат Къурбанова: «Хасел чӏараб къоялъул къаси гӏадатазда хурхарал чанги тадбирал тӏоритӏула нижехъ. Руччабаз данделъун цадахъ квен гьабула, гьеб кваназеги цо бакӏалде ракӏарула. Миллиял хӏаял тӏоритӏула, хераз гӏолилазе росдал тарихалъул бицуна. Гьеб къоялъ, росу бакьулъ кӏудиял хьагазда гъоркь цӏаялги ракун, мугь белъулеб гӏадатги буго. Гьебги росдаего бикьула, босизе рачӏаралщиназ росу-жамагӏаталъего дугӏа-гьари гьабула. Росдал гӏадамал жеги цолъизарула, гъункизарула гьеб тадбиралъ.
Исанаги Шамил районалъул Ракьуб росдал жамагӏаталъ цӏакъ берцинго дандчӏвай гьабуна кӏудияб сордоялда».
Хадижат Хӏусенова (Лъахъ): «Бечедаб яшав гьечӏониги, цере гӏадамал рукӏана цоцалъ ракӏжубарал, аваданал. Гьанже гьел гьоркьорлъаби хисулел руго. Гьеб бицинчӏониги, киназдаго бихьулебги буго. Хисун буго кӏодосордо гьабиги, гьечӏо гьелда хурхун гьабулеб аваданлъиги. «Цибацӏалиланги» абун рачӏуна лахӏуца гьурмал релъарал, сипат-сурат батӏабахъизе лъаларел лъимал. Рукъзабахъе хьвадиги, гъоб цебе гӏадаб махсара-хочӏги гьанжесел гӏолохъабазул гьечӏо. Цебе гӏадин, гьангун хинкӏал, пихъ къабуллъулеб гьечӏо гьанжесел лъималазе гӏарац гуреб батӏияб жо босулебги гьечӏо.»
Патӏимат Хираева (Гьентӏа): «Мисалалъе, гьентӏасез гьеб сордо гьабсагӏатги тӏобитӏула нижеего хасиятаб аваданлъиялда. Хасалихъего данде гьабун букӏуна росдал хобал рацӏцӏараб гӏучӏ-мукъул. Гӏолохъабаз ракӏарула машинабазул басриял бурдул. Гӏисинал васаз, жанибе турутги бугӏун, тӏаде нартги тӏун, хӏадурулаан жидеего маххул банкаби. Цӏаги гъун, тукниялдаги рухьун хьвагӏулаан гьез гьел ракетабиянги абун. Гьанже гьел банкаби хисун руго кьер-кьерал кьвагьулел жалаз, феерверказ. Цӏа бакараб бакӏалдаса, гӏолохъабазул ихтилат гочуна лъилниги рокъобе. Гьениб камуларо кочӏохъабазул, зурма-къалиялъул гӏахьаллъиги. Хӏакъаб жо буго, цӏадуй бетӏерги къулун лъицаго наку чӏвалареблъи. Гьеб ихтилат-хӏаязул зарал гьечӏо я диналъе, яги гӏадлу-низам цӏуниялъе».
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА