Тӏолабго дунялалда ва улкаялдаго гӏадин, ковидалъ унтаразул ва хваразул рахъалъ ахӏвал-хӏал малъичӏого тани, 2021 сон нилъер республикаялъе батӏаго хӏаталдаса ун захӏматаб букӏанин абизе бегьиларо.

Тасдикъ гьаруна ДРялъул нухмалъулевги хӏукуматалъул председательги. Цӏияб соналъул байбихьуданиги тасдикъ гьаризе ратила хӏукуматалъул вакилзабиги. Сергей Меликовас абуна жив цин гьезул хӏалтӏул хӏасилазухъ балагьилин, хадуб къотӏилин хӏукмуян.

Сентябралда бищана ДРялъул цӏияб парламентги (гьенив 33 депутат магӏарулав вуго). ДРялъул Халкъияб Собраниялде борчӏана политикияб лъабго партия. Гьедин 90 депутатасда гьоркьов 69 чи вуго «Единая Россиялдаса», 11 — «Справедливая Россиялдаса», 10 -КПРФалдаса.

РФялъул Пачалихъияб Думаялдеги вищана Дагъистаналдаса щуго депутат. Гьезда гьоркьов вуго лъабго магӏарулавги –Сайгидпаша Гӏумаханов, Хизри Абакаров ва Гӏабдулхӏаким Хӏажиев. Гьединго рехселин республикаялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумрудулъ ракӏалда чӏарал цо-цо гӏадамалгун хӏужабиги:

Лъагӏалил ферма

Исана бищун гӏемер рехсана майнинг-фермаби. Магӏишат гьабиялъул цӏияб къагӏида баккун буго Дагъистаналда, майнинг абун цӏарги лъун, токги бикъун, криптовалюта (электроннияб гӏарац) гьабулеб къагӏида. Ток бикъизе къайи-къоно лъураб бакӏалдаги майнинг-фермайилан абула.

Гьеб рахъалъ нилъер республика СКФОялда тӏоцебесеб бакӏалде бачӏун буго, щайгурелъул исана сон байбихьаралдаса араб анцӏго моцӏида жаниб тӏатинабун буго Махӏачхъалаялда, СулейманСтӏал, Гъарабудагъкент, Мухӏарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб кинабниги 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.

Лъагӏалил законопроект

Исана цӏибищараб республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз нахъчӏвана ДРялда казаказда хурхун цебе босун букӏараб законалъул проект. Гьезул рагӏабазда рекъон, казакал Дагъистаналда гьадинги лъицаниги къварид гьарулел гьечӏо. Гьединлъидал гьеб законалъул хӏажалъи гьечӏо.

Гьелда хурхараб суал кьуна дагьалъ цебе тӏобитӏараб пресс- конференциялда жамгӏияв хӏаракатчи Булач Чӏанкӏалаевас ДРялъул нух малъулев Сергей Меликовасе. Гьевги разилъана Дагъистаналда казаказул рахӏатхвезабулеб хӏужа цониги гьечӏолъиялъе, гьез жидерго культураги цебетӏезабулеб букӏиналъе.

«Кинабгӏаги масъала гьечӏо гьелъул. Гьеб законалъ гӏицӏго тасдикъ гьа булеб буго РФялда казачествоялда хурхун ругел федералиял позициял. Жакъа бугеб жо ккола цо-цо депутатазда гьеб суал битӏун бичӏчӏизабизе хӏакимзабазухъа бажаричӏолъи. Гьединлъидалин гьезда гьелъулъ цо хӏинкъиги бихьараб», — ин абуна Меликовас.

Лъагӏалил эскиз

Бечедав дагъистанияв Камил Халиловас Лондоналда тӏобитӏулеб аукционалдаса 8, 7 млн гъурщиде босана «Штурм Ахульго» абураб Рубол панора маялъул эскиз. Кватӏичӏого гьес гьеб сайгъат гьабизе буго Дагъистаналъул цо музеялъе.

Халиловас абуна жив хӏинкъун вукӏанила гьеб эскиз къватӏисеб улкаялде инадайилан. Интернеталда ругел баяназда рекъон, Камил Халилов ккола адвокат ва рестораназул бизнесалъул чи.

З. ХӏАЖИЕВА

Гьале ахиралде щвана 2021 сон. Рукӏун ратила гьелда жанирги рохарал ва гьелдаго цадахъ пашманал къоял. Чанги чиясул гьаризе ракӏалда рукӏарал хӏалтӏаби рагӏалде рахъун, цо-цоял нухдаго хутӏун, лъугӏичӏогоги ратила. Аралъул хӏисабги гьабулел, букӏинеселде планалги гӏуцӏулел ратила нужги.

Щиб гьабизе кӏвараб исана магӏарухъ? Гьабураб хӏалтӏуда гьоркьоб бищунго ракӏалда чӏараб, ракӏ разияб лъугьа-бахъин кинаб букӏараб? Гьединаб суал кьуна нижеца мугӏрузул цо-цо районазул администрациялъул вакилзабазе.

Шамил

Исана гьарурал хӏалтӏаби дагьал гьечӏо. Ахираб лъабго моцӏида жаниб рагӏалде рахъаразда гъорлъ рехсезе бегьила, мисалалъе, Гьандихъе унеб нух къачӏай. Гьеб рагьулеб хӏурматияб тадбир тӏобитӏана 26 ноябралда. Гьединго росулъ жаниб бетон тӏун къачӏана киналго нухал.

Тӏидиб росулъ цӏигьабун къачӏана умумузул заманалдаго букӏараб мажгит, гьединго бана гӏолохъабазе футбол хӏазе майдан.

Районалъул централде, ай Хӏебде бачунеб буго лъел мухъ. Кӏудиял хӏалтӏаби унел руго гьенир. Исана гьеб бан рагӏалде бахъинчӏо, Аллагьас хъван батани, тӏадеялъул лъугӏизе батила.

Хунзахъ

Цӏакъ гӏемерал хӏалтӏаби гьаруна исана районалда: мисалалъе, Хунзахъ росулъ 23 километралъул халалъиялда бачана лъел рогӏоро. Гӏарани цӏияб авалги гъорлъе бачун, тӏубанго росу лъедалъун хьезабизе рес кьела гьелъ.

Гьединго Гьацӏалухъ росулъе хъилги тӏун къачӏана кӏиго километралъул халалъиялъул шагьранух. Районалда бищун рикӏкӏад бугеб Гӏочӏло росулъе бахъана 28 миллион гъурщил багьаяб шагьранух.

Гӏараниб кьучӏ лъуна 340 лъимералъе бакӏ бугеб школалъе. Гъоркь рукӏарал чанго школалги цолъизарун, жанир киналго квегӏенлъабиги ругеб, гьединго спортзалги, общежитиеги бугеб школа базе буго гьениб.

Унсоколо

Чанго соналъ тӏаса квер босун хутӏараб больницаялде унеб букӏараб нух къачӏана Унсоколо исана, гьединго къачӏана росулъе букӏараб цогидаб шагь ранухги.

Шамилхъалаялда базе буго 300 лъимадуе бакӏ бугеб ясли-ах. Гьединго Майданское, Рихьуни росаби къотӏун газ бачине буго Шамилхъалаялде. Ун соколо ва Генуб росабалъе цӏияб лъел мухъ бачине тендерги бергьун буго. Гьел хӏалтӏаби байбихьизе руго цӏияб соналда.

Тӏун иналда хӏинкъи бугеб нух букӏана Харачӏибе. Гьанже гьенибе бахъизе буго батӏияб бакӏалдаса лъикӏаб шагьранух. Гьаризе ругел хӏалтӏабазе кьучӏ лъуна. Гьел рагӏалде рахъинаризе руго тӏадеялъул.

Гъуниб

Исана гьабураб бищун кӏудияб хӏалтӏуда гъорлъ рехсезе бегьула Гьонода росулъ цӏияб лъел мухъ бачин. Салтӏа ва Мохӏоб росабалъ цӏидасан къачӏана маданияталъул рукъзал. Гъуниб росулъ бана лъималазе ясли-ах. Гьедин го районалъул щибаб росулъ къачӏана нухал. Рагӏалде бахъинчӏого хутӏана Гъуниб росулъ лъел мухъ баялъул хӏалтӏи.

Ашахан ЮСУПОВ