27 декабралда тӏобитӏана Миллатаздаги диназдаги гьоркьосел бухьеназул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул данделъи. Гьеб нухда бачана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Рамазан Жапаровас.

Данделъиялда бицана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулги, экстремизмалдегун терроризмалде данде къеркьеялъулги ва 2025 соналде щвезегӏан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб стратегия гӏумруялде бахъинабиялъулги мурадалда гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ.

Рехсараб совет гӏуцӏун буго миллияб политикаялъулъги, миллатаздаги диназдаги гьоркьор бухьенал гьариялъулъги республикаялъул бетӏерасе кумек гьабиялъул мурадалда. Гье лъул хӏалтӏул хӏасиллъун лъугьине ккола Дагъистаналда парахатаб гӏумру букӏинаби, диназда гьоркьоб рекъел чӏезаби. «Нижеда лъикӏ бичӏчӏула диниял хӏаракатчагӏазда цебечӏараб масъала захӏматаб букӏин. Гьелдаго цадахъ кӏудияб адабгун къадру-къимат кьола халкъазда гьоркьоб вацлъи щулалъиялъул мурадалда гьез гьабулеб хӏаракаталъе», ян бицана Рамазан Жапаровас, данделъи рагьулаго.

Данделъиялда аслияб кӏалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги рахъалъ министр Энрик Муслимовас.

«Щаклъи гьечӏо — Ибрагьим аварагасдасан бачӏараб лъабабго диналъ малъула лъай бугеллъунги, рахӏму-цӏоб гӏатӏидаллъунги ва сабураллъунги рукӏине, гьез кумек гьабула жагьиллъиялдасаги, экстремизмалдасагун терроризмалдасаги, такъсирчилъиялдасаги, наркоманиялдасаги ва цогидалги заралиял пишабаздасаги рикӏкӏалъиялъе. Гьеб рахъалъ министерствоялъги цогидал пачалихъиял идарабазги кидаго рахъкквезе буго диниял гӏуцӏабазул» ан бицана гьес.

Гьесул кӏалъаялда тӏасан баяналгун церерахъана ДРялъул муфтияталда цебе гӏуцӏараб Цолъизабураб исламияб гӏуцӏиялъул председатель Мухӏамад Майрановги, Килисаялъул жамгӏияталъулгун ва СМИязулгун бухьенал гьариялъул рахъалъ епархияталъул отделалъул нухмалъулев, иеромонах Иоаннги (Анисимов), ДРялъул Ягьудиязул диниял гӏуцӏабазул цолъизабураб идараялъул нухмалъулев Валерий Дибияевги. Гьез бицана миллатаздаги диназдаги гьоркьоб рекъел цӏуниялъул мурадалда жидежидер гӏуцӏабазги пачалихъиял идарабазги гьарурал цадахъал тадбиразул хӏакъалъулъ.

Энрик Муслимовас данделъиялда бицана 2025 соналде щвезегӏан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб политикаялъул стратегия гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда 2021 соналда тӏоритӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ. Тасдикъ гьабуна тӏасияб соналда гьаризе ругел тадбиразул план.

Министрасул ишал тӏуралесул докладалда тӏасан пикраби загьир гьаруна «Дагъистаналъул руччабазул союз» жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Интизар Мамутаевалъги, ДФИЦалъул Этнополитикиял цӏехрехазул регионалияб централъул директор Руслан Абакаровасги, Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулги инсанасул ихтиярал цӏуниялъулги рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул председатель Зикрула Ильясовасги, ДГУялъул юридикияб институталъул директорасул заместитель Мухӏамадзапир Гӏабдулаевасги.

Мадихӏат ХӏАЖИЕВА