Исана 100 сон тӏубана «Молодёжь Дагестана» газета къватӏибе биччазе байбихьаралдаса. Гьал къоязда гьеб кӏодо гьабизе данделъун рукӏана батӏи-батӏиял соназда гьенир хӏалтӏарал журналисталги гьезул гьудулгьалмагъзабиги.
Байбихьуда «Молодой дагестанец» абураб цӏаралда гъоркь Буйнакскиялда къватӏибе биччалеб гьелъул бетӏерав редакторлъун вукӏун вуго Самуил Эпштейн. Хадуб, «Дагестанский комсомолец» абун цӏарги хисун, 1932 соналда Махӏачхъалаялда биччазе лъугьана. Цо-цо гьурмал магӏарул ва лъарагӏ мацӏаздаги риччалаан.
Лъагӏалидасан цӏидасан хисана «Комсомолец Дагестана» абун цӏар. 1990 соналда цӏар лъуна «Молодёжь Дагестана» абунги.
Самуил Эпштейнидаса хадуб газеталъе нухмалъи гьабуна Александр Грачица, Феликс Астратьянцица, Хӏажи Гӏариповас, Иззат Гӏалиевас, Татьяна Ворониналъ, Хӏажи Гӏабашиловас, Шамил Гӏабашиловас ва Гӏабаш Гӏабашиловас.
Гьабсагӏаталда гьелъул бетӏерав редактор ккола Рамазан Ражабов. Юбилейги хӏисабалде босун, газеталда тӏасан гьадинаб гара-чӏвари ккана гьесулгун нижер.
«Тусовка» хисун -соцсетал
— Рамазан, гӏолилазул абун цӏар бугониги, газеталда политика цӏикӏкӏун букӏуна…
Жамгӏиябгун политикияб ва пачалихъияб басма хӏисабалда нижеца хъвазе ккола политикаялъулги, экономикаялъулги, гӏолилазулги хӏакъалъулъ. Газеталда гӏицӏго гӏолилазул хӏакъалъулъ макъалаби рахъизе кколин абураб пикру мекъаб буго. Гьеб ккола гӏолилазе гьабулеб газета, ай нижеца хъванщинаб жо гӏолилазе пайдаялъе хъвала. Политикаялъулги, экономикаялъулги, ЖКХя лъулги, ричӏчӏизе захӏматал цогидал темабазулги хӏакъалъулъ хъвала гӏолилазда бичӏчӏулеб куцалда. Масала, хӏукуматалъ гьабулеб хӏалтӏи кинаб бугеб, сундуе гӏарац харж гьабулеб, Махӏачхъала шагьар лъедалъун лъица ва кин хьезабизе кколеб, рищникъул кин бакӏарилеб абурал суалазе жавал кьезе ккола гӏолилазул мацӏалда, канцеляриялда хӏалтӏизарулел рагӏабаздаса инкарги гьабун. Гьел материалалги нижеца лъола гӏолилазда гьоркьор машгьурал Инстаграмалда, Телеграмалда, сайталда. Кагътида бахъараб газеталъул макъалаби моцӏида жаниб микьазарго чияс цӏалула (2000 экземпляргун щибаб анкьие биччалеб ункъабго номер). Телеграмалда абуни, моцӏида жаниб нижер каналалде ваккула 650 азарго чи. Инстаграмалъул, Телеграмканалалъул, сайталъул, жибго газеталъул цӏалдолезул 58 процент буго 35 сон бачӏел гӏолилазул. Хадусеб аудитория ккола 3545 сонал рарал гӏадамал.
Нижеда ракӏалда буго хадубккунги гӏолилазде кӏвар кьезе. Бокьун буго автомобилазда, технологиязда хурхарал рубрикаби рагьизеги.
— 1990-абилел соназда гӏолилазда гьоркьоб машгьураб рубрика букӏана «Тусовка».
Доб мехалда соцсеталги телефоналги рукӏинчӏого, гьенире руссун рукӏунаан щиб букӏаниги бицине, къватӏибе гьурщизе бокьарал гӏолилал. Гьединлъидал гьанже газеталда гьеб гьумер цӏигьабиялъул магӏна гьечӏо.
Футболги Супер-Магаги
— Гьабсагӏаталда кинал темабазда хъварал макъалаби гӏолилаз цӏикӏкӏун цӏалулел?
Дида халлъана футболалъул хӏакъалъулъ нилъер газетаз дагь хъвалеб букӏин. Амма нижер редакциялда руго гьелъул магӏна бичӏчӏулел журналистал – дир заместитель Альберт Мехтиханов ва Ислам Абакаров.
Дирго рахъалъ абуни, Европаялъул футбол цӏикӏкӏун бокьула. Гьединлъидал дида ккана цогидазеги кӏвар бугодайин гьеб нилъер футболалъул. Бугин бичӏчӏизабуна дида нижер журналистаз. Футболалъул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби гӏемерав чияс цӏалула (хасго Россиялъул премьерлигаялда бищун лъикӏав бомбардирлъун «Анжиялда» вукӏарав футболистги вугеб, «Анжиялъул» капитан машгьураб цогидаб клубалдеги ахӏулеб мехалда).
Гьединго нижер программистас дида бихьизабуна газеталъул сайталда бищун цӏалараб щуго макъала. Гьезул лъабгояб буго футболалъул хӏакъалъулъ.
Нилъер гӏолилазе бокьулеб буго жидерго кьерилазул хӏакъалъулъ цӏализеги. Нижеца тӏоцебесеб гьумералда лъун букӏана «Dota 2» абураб компьютеразул хӏаязул халкъазда гьоркьосеб турниралда бергьарав Дагъистаналдаса Мухӏамад (СуперМага) Халиловасул хӏакъалъулъ макъала. Гьединлъидал дица цо журналистасда тӏадкъан буго хас гьабун лъай кьеялъул (яслиахазул, школазул, вузазул) хъвазе.
Пропусказухъ бакӏарулеб гӏарац
Гьабсагӏаталда нижеца балагьулеб буго республикаялъул вузазда дарсал гьоркьор риччарал студентазухъа гӏарац бакӏариялда сверухъ информация. Гьоркьор риччарал
дарсазухъ терминалалдасан гӏарацги рехун, чек бихьизабурал студентал лъала нижеда. Гьел хӏужаби руго нижехъ. Амма гьеб хабар битӏараб бугищилан вузазде кӏалъайдал, гьечӏинги абун, цӏакъ рахӏатхун лъугьана гьезул вакилзаби.
ОГЭЕГЭялъул хӏакъалъулъ макъа лаби рокьулел руго гӏадамазе. Гьелда бан исана нижеца риччана «Поступай правильно» абурал тӏеренал тӏахьал. Цӏализе лъугьунел гӏолилазда гьоркьор гьел чӏорого рикьулелги рукӏана. Нижер журналистаз гӏадатияб мацӏалдалъун хъван буго гьениб гьанже модаялда кинал махщелал ругелали, щиб вузалда кинал бигьалъаби, бонусал ругелали, экзаменалда цере ургъалилъе ккунгутӏиялъе щиб гьабун лъикӏали. Гьединго цӏалудехун Хӏабиб Нурмухӏамадовасул бербалагьиги рехсон буго. Гьелдаго цадахъ вузазе реклама гӏадаб жоги гьабун, нижеегогицин дагьамакъаб гӏарацги щвана, гӏолилазе пайдаги ккана гьелъул. Автомобилазда хурхарабщинабги гъираялда къабул гьабизе буго гӏолилаз. Амма рагӏаракьанде щун гьелъул хӏакъалъулъ хъвалев чи щолев гьечӏо нижехъе. Гӏицӏго машинабазул бицун тӏураларо гьенир.
Машинаби кир ва кин ричахисилел, къачӏалел, автокредитал кин тӏалаб гьарилел, страховка кин гьабилеб, закона лъулъ хисабасиял кинал ругел, шофер ГИБДДялъул хӏалтӏухъанасда кин кӏалъазе кколеб абурал суалазе жавабал ралагьулев журналист къваригӏун вуго.
Жидецаго ургъарал гьукъа-къаял
— Пачалихъияб СМИ хӏисабалда, тӏасахун гьабулеб цензура халлъанищ дуда? Яги тӏоцебесеб гьумералда чара гьечӏого республикаялъул нухмалъулел рукӏине кколин абураб тӏадкъай букӏунищ?
Букӏунаро, киданиги букӏинчӏо гьединаб жо. Цоцо мехалда рес буго вакцинация гьаби гӏадал хӏажатал масъалабазде кӏвар кьун гьечӏин абизе.
Бокьараб СМИялда букӏуна цензура. Пачалихъияб гуреб, хасаб бетӏергьанлъиялда бугеб СМИяздаги букӏуна гьеб – гьелъие гӏарац биччалев чияс бихьизабула щиб хъвалебали. Амма хас гьабун нужеца гьалъул хъваге, долъул хъвайин нижеда абулев чиги вукӏунаро. Щайин абуни газеталъ кьолболъе раккун политикаялъул хӏакъалъулъ хъваларо. Нижер цӏал долезул тема гуро гьеб. Аслияб куцалда хъвала социалиял масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал батила цензураги халлъичӏеб.
Дун «Новое делоялдаса» вачӏиндалха гьаниве, гьединлъидал дораго гӏадал суалал рорхизе лъугьиндал, нилъеца бегьиладай гьелъул хӏакъалъулъ хъвазеян, дун «цӏодор гьавизе» байбихьулаан гьаб газеталъул цоцо хӏалтӏухъабаз. Щай гьеб бегьуларебан дицаги гьикъулаан. Пуланаб масъалаялъ гӏадамазе рахӏат толеб батичӏони, гьаб жо гьадин бугилан бицине бегьунгутӏиялъул магӏна щиб? Гьединлъидал дида ккола цензураги гьукъакъаялги цоцо чагӏаз жидецаго жидеего ургъулел жал ругилан.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.