ХИРИЯЛ МАГӏАРУЛАЛ!

Ахиралде щвана 2021 сон. Кинабха гьеб букӏараб нилъее ва Дагъистаналъул цогидалги халкъазе? Гьеб рахъалъ хехго рекӏелъе бачӏунеб аслияб пикру загьир гьабуни, баракат бахъараб сон букӏанин абизе бегьиларо. Нилъер миллаталъулги гӏемерал сахал васалги ясалги, коронавирусалъул унти ккун, дунял тун араб соналде дандеккун, гьеб унти дагьабго нахъбекизабизе бажарараб сонгӏаги букӏана. Гӏадамазулъ рекӏел щулалъи цӏикӏкӏана, гӏумруялде шавкъ бижана, Бетӏергьанасе щукруги гьабун, бигьаяб гьечӏониги, букӏинеселде божилъи гьабизе рес щвана. Тӏубараб гӏасру ана ва мустахӏикъаб къагӏидаялда дандчӏвай гьабуна Советияб Социалистияб Дагъистаналъе автономия кьураб лъугьабахъиналда. Нилъ чиясул ракӏ къварид гьабулел тӏабигӏиял балагьазде, балагьаразул бербахилаб бечелъиялъул къорикье ккечӏо, инсанасул напс хӏакъирлъулеб къварилъи-мискинлъиялдасаги цӏунана къисматалъ. Россиялъул Федералияб бюджеталдаса бищунго гӏемер гӏарац щваразда гьоркьоб букӏана унеб бугеб соналъ Дагъистанги. Гьедин ва нилъерго мисалияб хӏалтӏул хӏасилалда дагьабго лъикӏлъана гӏумру гьабиялъул даражаги. Гӏадада гуре лъул магӏарулаз абулеб: «Меседалдаса меседил кверал лъикӏилан». Лъикӏаб рахъалде хисулеб бугин абизе бегьула миллаталъул адабияталдехун бугеб бербалагьиги. Тӏаде щвараб цӏияб соналда магӏарулаз кӏодо гьаризе руго Къудукьа Мусалав гьавуралдаса 370 сон, Цӏадаса Хӏамзат гьавуралдаса 145 сон, Машидат Гъайирбеговалъул 95 сон, Гӏадало Гӏалиевасул, Гӏабасил Махӏамадил ва Фазу Гӏалиевалъул 90 сон тӏубай гӏадал ва цогидалги миллаталъе кӏвар бугел лъугьа-бахъиналги. Жидер рухӏал алжаналъур ратаял Сайидмухӏамад-хӏажил, Сагӏид-апандил ирсги цебе бачунаго, да гъистаниязул гӏумруялъулъе дин гъва ридго лъугьиналъе, инсанасулъ иман тӏинкӏиялде Ахӏмадхӏажи шайиха сул бетӏерлъиялда гъоркь гъеж гурараб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъги. Цӏияб 2022 соналда киналго дагъистаниязе, магӏарулазе гьарула жалго разияб сахлъи, талихӏаб гӏумру, хӏалтӏулъ ва цӏалулъ бергьенлъаби. Биччанте цӏияб соналъ щивав магӏаруласулъ цӏияб гъира бижизе миллаталъул мацӏги, яхӏги, махӏги, гӏамалги, гӏадатги ясбер гӏадин цӏунизе.

Кӏудияб адаб-хӏурматгун бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Зикрула ИЛЬЯСОВ