18 январалда тӏобитӏизесеб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда гьоркьор лъезесел суалазул цояб ккола росабазул администрациял къаялда хурхараб законалъул проект («Об отзыве на проект федерального закона № 40361-8 «Об общих принципах организации местного самоуправления в единой системе публичной власти»).
Депутатаз гьеб къабул гьабуни, республикаялда къала 700 муниципалитет. Аграрияблъунги рикӏкӏунеб, бащдаб халкъалъ магӏарухъ гӏумруги гьабулеб нилъер гӏадаб бакӏалда росабазул бегавуллъиялде нуцӏа къани, лъикӏищ-квешищ ккелебали лъаларого, дагӏба-рагӏиялда руго интернеталдасан хъвадарулел нилъер ракьцоял.
Масала, цо-цояз рикӏкӏунеб буго бюджеталъул гӏарац тӏокӏ гьабиялъул мурадги багьанаде бачун, гӏадатиял гӏадамазе зарал ккезе бугин. Гьединго гӏиси-бикъинал рукӏаниги хъулухъаздаса махӏрумлъизехъин руго росабазул гӏадамал.
Цӏар рехсезе разилъичӏев цо магӏарул районалъул администрациялъул хӏалтӏухъанас загьир гьабуна гьеб законалъул проекталда тӏасан жиндирго пикру.
«Квешаб бугониги, лъикӏаб бугониги, гӏадлу-низам буго цӏакъаб жо. Амма гьеб гӏадлу букӏиналъе росабазул бегавулзабаз гьабулеб хӏалтӏи мукъсанаб буго. Гьезул гӏемерисез бихьизабулеб гьечӏо жидее законалъ кьун бугеб къуват, щайгурелъул муниципалияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ лъайги бажариги гьечӏел чагӏи рищулел рукӏун гьенире.
Хас гьабун муниципалияб хъулухъалъеги цӏаларал, законалги лъалел чагӏи рищизе ккола бегавулзабилъун.
Бакӏалъул нухмалъиялъул рахъалъ федералияб законалдалъун пачалихъалъе бокьун буго жиндирго кверщелги тӏалъиги щулалъизабизе. Амма росабазул бегавулзабазда хурхарал пунктал руго гьенир бищун загӏипал, чӏемегӏал бакӏал. Ругониги, букӏине кколеб куцалда гьел хӏалтӏизаризе тӏамизе кӏолеб букӏинчӏо тӏадехунисел идарабазда. Гьанже гьел гьоркьоса нахъе рахъани, лъикӏлъизе бегьула нухмалъи гьаби.
Бегавулзабазул хъулухъал къанилан расги хвезе жо гьечӏо. Гьез кьолел справкабиги цогидабги МФЦялдасанги щола. Гьадинги ракьуда хурхарал суалал гурони хутӏун гьечӏо гьанже росабазул администрациязухъ», — ин бицана гьес.
Гьеб закон къабул гьабиялдалъун иш кин ккелебали жеги чӏванкъотӏун лъаларин, гьеб гӏицӏго заманаялъ бихьизабилин абуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, улкаялъул цогидал регионазда гьеб цебего къабул гьабун буго.
З. ХӏАЖИЕВА