Махӏачхъалаялъул аэропорталдаса гьанже роржине бегьула Бухараялдеги. 20 январалдаса байбихьун гьенире рорженал гьаризе руго Red Wings авиакомпаниялъ. Узбекистаналъул некӏсияб шагьар Бухараялде самолетал роржине рукӏин гӏемерав чиясе рекӏее гӏун батилин ккола. Анкьида жаниб цо нухалъ гьенибе сапар гьабизе рес буго гьанже бокьарав чиясул.

Махӏачхъалаялдаса Бухараялде самолет боржине буго сагӏат щуго тӏубазе анцӏго минут хутӏидал. Нухда базе буго кӏиго сагӏатгун 25 минут. Нахъруссун Махӏачхъалаялде Бухараялдаса роржине руго къаси сагӏат анцӏила цоялде бащдаб хӏалтӏидал.

Гъоркьиса хаслихъе цӏияб терминал рагьана Махӏачхъалаялъул аэропорталда. Гьелъ рес кьуна халкъазда гьоркьосел цӏиял авиарейсал гьаризе.