Махӏачхъалаялда №44 маршруталда ва гьединго Каспийск шагьаралде гӏадамал раччулел автобусазул хӏалтӏи цӏи гьабизе бугин лъазабуна хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас. Хас гьабун гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъи тӏобитӏана хӏукуматалъул минаялъуб.
Гьелда цеве, республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул тӏадкъайги тӏубазабун, 5 январалда МПАТП-2 гӏуцӏиялде щун, гьенив хӏалтӏухъабазулгун гара-чӏвари гьабуна Гӏ. Гӏамирхановас. Тӏаде налъиги ккун, ахирги банкроталде ккун букӏана гьеб предприятие. Гьениве щун хадуб, кин-щибали цоцада дандги бан, хӏукму ккана заманаялъ гьел автобусал ижараялъ ООО «Каспийское АТП» идараялъухъе кьезе.
Гьаб анкьида жаниб кӏиябго маршруталда автобусал хӏалтӏизе риччазе ругин лъазабуна премьер-министрас.
Гьел автобусал республикаялде рачӏана 2014 соналъул февралалда. Гьезул 20-яб Махӏачхъалаялда жаниб ва 40-яб Каспийск-Махӏачхъала маршруталда хӏалтӏизе риччан рукӏана. Байбихьуда киналго разиги рукӏана, учузаб багьаялде, Махӏачхъалаялде ва гьениса тӏад руссунги ине щолеб бугилан. Амма дагь- дагьккун гьезул хӏалтӏулъ гӏунгутӏаби загьирлъана. Гӏемерисел автобусал хун, къачӏачӏого гаражалдаго чӏун хутӏун рукӏана.