Цӏияб соналъул байбихьи пашманаб хабаргун рещтӏана магӏарухъе. 4 январалда нилъедаса ватӏалъана накъшубандияб ва шазалияб тӏарикъаталъул устар Инхелоса Мансурил Мухӏамад-афанди (къ.с). Тӏарикъаталъул агьлуялъ цӏакъ адабалда, кӏудияб рокьигун рехсола- ан гьесул цӏар. Аза-азар мурид битӏараб нухда тӏовитӏарав, баркаталъул рукъги ракӏги цӏурав, щулияб иманалъул, бергьун кӏудияб гӏелмуялъул вакил Мансурил Мухӏамад-афанди ахираталъул рокъове анилан рагӏидал, гӏемерав чиясул ракӏ къварилъана. Гьедин букӏуна рухӏиял церехъаби ракьалдаса индал.
Тӏоцебе гьесул хӏакъалъулъ дида бицунеб рагӏана гьанжеялдаса къого соналъ цебе. Жиндир баракат щваяв Чӏикӏаса Сагӏид- афандиясул бицен ккараб бакӏалда, цоги тӏарикъаталъул устар вугищ нилъерин гьикъидал, Болъихъги вугила Мансурил Мухӏамад-афанди абун бицун букӏана эбелалъул имгӏалас. Щибаб соналъ Чӏикӏаса Кӏудиясул рокъоб тӏобитӏулеб мавлидалда гӏахьаллъулев, гьесда аскӏов гӏодов чӏунги вихьулаан. Абулаан магӏарухълъиялъул, тӏалъиялъул рахъалда ругел муридзаби къабул гьаризе гьесда тӏадкъан букӏанин Сагӏид-афандиясилан.
Жиндир баракат щваяв Мансурил Мухӏамад-афанди гьавуна 1947 соналда Болъихъ районалъул Гъоркьияб Инхело росулъ Мансурил Къурбанил хъизамалда. Гьесул эбелалъул кӏудияй эбел кколаан Хираасулал абулеб, свалат-салам лъеяв аварагасул наслуялдаса лъу- гьараб тухумалдаса. Мансурил Мухӏамадил эмен Къурбан вукӏун вуго цӏакъ Аллагьасукьа хӏинкъарав муъминчи. 24 сон барабго захӏматго унтун вуго гьев. Унтул гӏазабалда гъоркь гьев вихьидал, гьесул гьоболас абун буго Къурбанида, жиндир бугин цо кьарияб гьой, гьелъул гьан квани, мун сахлъизе вугилан. Исламалъ хӏарам гьабураб гьойдул гьанги кванан сахлъизегӏан жиндие хвезего бокьилинги абун, инкар гьабун буго Къурбаница. Захӏматаб унтудаса хвасарлъизе кӏвечӏого, лъабго моцӏидасан Къурбан хун вуго. Бицуна Кӏудиясул эбел Хадижат цӏакъ Аллагьасукьа хӏинкъарай, тӏадчӏун гӏибадат гьабулей муъминчӏужу йикӏанилан. Лъабго сон барав чи вукӏаго эменги хун, эбелги цогидасе ун, бесдаллъиялъул кьогӏаб хинкӏ хӏанчӏизе ккола Мансурил Мухӏамад-афандияс. Цӏакъго гьитӏинго загьирлъана гьесулъ Аллагьасукьа хӏинкъулеб гӏамалги, рекӏелъ щулияб иманги, иман-исламалдехун бугеб бергьун кӏудияб рокьиги.
Инхелоса Гӏабдуразакъил Хӏажиясул ракӏалдещвеял
— Гӏагарал чагӏиги рукӏун гьитӏинаб къоялдаса нахъе цӏакъ цоцаздаса тӏоларел чагӏи рукӏана ниж. Доб мехалъго гьев вукӏана цогидаздаса батӏияв ва тӏокӏав инсан. Риидалил багӏарараб заманалда гъутаналда хӏалтӏулел рукӏана ниж цо нухалъ. Амма Мансурил Мухӏамадица гьениб нижее колхозалда кьураб квен ва авансалъе кьураб гӏарац кваначӏо, хӏарамаб боцӏи бокьилариланги абун, къоялъ цохӏо сухариги букъун чӏана гьев. Гьеб лъарабго гье- сул гьалбадерил гӏадан, Мигӏарсо росулъа Загьраца рокъоб жинцаго бежараб лъабго чед битӏун бачӏана гьесие. Нижгун хӏалтӏулев вукӏана Инхелоса Гъайирбег абулев васги. Загьраца битӏун бачӏараб чадихъги балагьун Мансурил Мухӏамадица абуна: «Гьаб цо чед Гъайирбегица радал кваназе, цогидаб къадеялде ва лъабабилеб къаси кваназе толеб бугин», — абун. Гьедин лъабабго чед гьес Гъайирбегие кьун буго. Гьеб лъарабго, дойго Загьраца ниж рокъоре ахӏана чай гьекъезе. Амма гьелда бихьана Кӏудияс (Мансурил Мухӏамадица) чвантиниса бахъун чакарги данде кванан чай гьекъолеб. Гьелъул магӏна бичӏчӏичӏей гьей ни- жедаса барщана, — ян бицунеб буго Гӏабдуразакъил Хӏажияс.
Тӏоцеве Мансурил Мухӏамад вукӏана Сасикьа Хӏусенил Мухӏамадил маъзун ва хадув Гӏашалиса Тажудинил муридлъун. Гьелдаса хадув гьев лъугьана цин Инхоса Гӏабдулхӏамид-афандиясул (къ.с), хадуб Лъахъа Хӏамзат-афандиясул тарбиялда гъоркье.
Тӏарикъаталде гьесул букӏараб кӏудияб рокьиялъул хӏакъалъулъги бицунаго, гьадин тӏаде жубана Гӏабдуразакъил Хӏажияс:
— Цо нухалъ Кӏудиявги дунги рукӏана Хасавюрталда мажгиталъуса къватӏире рачӏунел. Болъодухъ дандчӏварав цо чи, нижехъги балагьун, лъикӏ мехалъ лъалхъун хутӏана. Балагьараб мехалъ тӏарикъаталъул киналго латӏаифал, адабал тӏокӏкӏун лъалев чи вукӏараб къагӏидаха гьев, дир гӏиндеги щурун, гьес абуна: «Унго, цо досул чорхолъ латӏаифазул бухӏиялъул кутак», – ан.
Амма тӏарикъаталъул вакилзабаз гьедин жиндие кӏудияб къимат кьолеб букӏаниги, жиндасагӏан Аллагьасе пайда гьечӏев чи ватиларин кидаго гӏодулев вукӏунаан гьев. Инхоса Кӏудиясги абуна цо нухалъ гьесул (Мансурил Мухӏамадил) бицен ккедал, унго, цо вихьизе бокьилаанин абун.
Кӏудиясул вац Рахӏматуллагьица бицараб
Киданиги дунялалъул боцӏудехун бугеб рокьи загьирлъичӏо гьесулъ. Пихъ бичизе базаралде арав чи гьев, гьалъул тӏалаб-агъаз гьа- беян аскӏор ругездаги абун, гӏелму- гӏибадаталде вуссун вукӏунев вукӏун вуго гӏемерисеб мехалъ. Пихъил цӏураб 400 ящикги босун арав чи, 40 ящикалъухъгӏанасеб гурони хайирги щвечӏого, вачӏунаан нахъ вуссун. Иргадулаб нухалъ вирд хисизеян Меселасул Мухӏамад-афандиясухъе ана цо нухалъ Мансурил Мухӏамад. Гьес кьураб зикру гьабулаго, латӏаифазул бухӏи цӏикӏкӏун, кӏиго- лъабго къоги балаан вегун. Гьедин тезе бегьиларин, гьесие вирд хисеян Кӏудиясда гьаризе гьевги вачун щвана Нечаевкаялде.
Бугеб хӏакъикъат Кӏудиясда бициндал, Меселасул Мухӏамад- афандияс данде къан вуго Мансурил Мухӏамад: «Валлагь хисилароха, азарго чиясда гьоркьоса цо чиясде гурони бачӏунареб хӏал буго гьесде рещтӏун, Алхӏамадулиллагь, щайтӏаналдаса гуреб, Аллагьасдаса бачӏараб бугелъул. Дуца рецц гьабизе ккела Аллагьасе, кколеб бакӏалде гьеб ккун букӏиналъ. ИншаАллагь кватӏичӏого гьеб хӏалги дуда тӏаса ина, кинабго лъикӏги букӏина», — ян абун буго Меселасул Мухӏамад- афандияс. Кватӏичӏого гьесда тӏаса гьеб хӏалги ун буго.
Тӏарикъаталъул умурал ва аварагасул (с.т.гӏ.в.) нухал кьуричӏого кколев чи вукӏана Мансурил Мухӏамад- афанди. Исламалъул адабалда рекъон, хӏузуралда какиеги чурун гьабураб гурони квен гьес киданиги кваначӏо. Цо нухалъ поездалда пуланаб сапаралъ унаго, гӏадатияб къагӏидаялъ, цебеккунго базаралдаса чӏагого босун нижецаго хъураб гӏанкӏуги белъун, гьеб кваназе цебе лъолел рукӏаго, белтазул хал гьабизеян проводница ячӏана жание яккун. «Воре, бихьизе тоге гьелда», — янги абун, жиндаго тӏад ретӏараб костюмалъ гӏанкӏуги бахчизабун чӏана Кӏудияв. Къахӏиса Хӏасан- афандиясул «Хуласатул адабалдаги» гьечӏищха, инкарчагӏазул бер тӏаде ккараб квен кваназе бегьуларин абун хъван. Гьедин кунеб тӏагӏамалдехун цӏакъ кьварараб тӏалаб букӏана гьесул, – ан бицунеб буго Инхелоса кӏудиясул вац Рахӏматуллагьица.
Мансурил Мухӏамад-афандиясул вас Хӏусеница бицараб
— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе как баялде гӏадин гьес кӏвар кьолеб букӏараб жо лъаларо дида цоги. Щибаб как, кида бараб, кин бараб абун камилаб хӏисаб кьезе тӏамулаан гьес ниж. Кигӏан сордо гьитӏинаб гӏужалъги, тагьажудалъул какал разе къаси тӏаде рахъинарулаан гьес ниж.
Кӏудиясул вас Мухӏамаднурица бицараб
Цо нухалъ мажгиталде, жамагӏаталъул какде вачӏинчӏого хутӏунилан, хъизанги гьабурав, саламатаб ригьалъул чи вукӏаниги, дида кьабизеян гьесана Кӏудияв. Цӏакъ какил адаб гьабулаан гьес. Кӏудияв гӏелму цӏализе хьвадун вуго Болъихъе, Муниве, 12 километралъ лъелгоги хьвадун. Гьес рокъовги тун хьихьун вукӏана жинда гӏелму малъизе Муниса Мухӏамаднур абулев гӏалим. Амма КГБялда лъан вуго гьев, жидеца чӏвазе вугин гьез хӏинкъизавурав гьев нахъ вуссун инеян гьесун вуго цин. Амма бащдаб нух тарав чи, нахъ вуссун вачӏун вуго, чӏван-хъунищ гьез жив гьавилев, нагагь чӏвани, щибинха гьабилеб, Аллагьасул къотӏи гьединаб батилинхаянги абун.
— Инсуца бицунаан Мухӏамад- гӏариф-афанди вихьизе букӏанин жиндир бищун кӏудияб анищилан. Цо нухалъ пихъ бичизе базаралде арав чи гьев ун вуго мажгиталде, гьенивгӏаги ватилародай абун. Варагӏ бугев чи вихьидал, гьев ватилин Мухӏамадгӏариф абун, гьесда аскӏове векерулев вукӏун вуго эмен. Ахирги цояс бицун буго гьесда, Махӏачхъалаялъул Щуабилеб поселокалда, Мухӏамадгӏариф-афандияс гӏумру гьабулеб минаялъул адрес. Амма КГБялъул чи ватизеги бегьулин гьавилан ракӏалде ккун, рокъор рукӏарал чагӏаз абун буго гьев рокъов гьечӏилан. Кӏваричӏин, гьаб сайгъат-саламгӏаги босейилан, Мухӏмадгӏарифие босун букӏараб пихъ кьун буго инсуца гьезухъе.
Нахъ вуссун унев вукӏарав гьесда рагӏун буго Мухӏамадгӏарифица жаниве вачӏайилан ахӏулеб. Хъваш-баш гьабун хадуб Мухӏамадгӏарифица гьесда абун буго гӏемерал гӏадамал ракӏарараб бакӏалде жив вахъунарин, гьаб заман бугин шагьаралде балагьидал гьанив муъминчиго вугодайин кколеб, мажгиталде балагьани гьенивги капурчицин вугодайилан кколеб заман. Инсуе тӏун букӏараб гъармухъ-чаялъул стаканалъул ахада гьесухъа нахъе хутӏараб жо: «Нилъеда лъаларин баракат киналъулъ бахчун букӏунеб», — инги абун, Мухӏамадгӏарифица жинцаго гьекъон буго. Къаси гьанив чӏайилан гьес гьаридал, инсуца абун жив ине кколеб бакӏ бугилан. Хасмухӏамадил дова гьав рещтӏун вукӏин лъайдал, гьа, гьедин батани бегьилинхаян абун буго Мухӏамадгӏарифица. Гьасда хадув вачӏарав Хасмухӏамадидаги абун буго Мухӏамадгӏарифица:
«Гьав чи вуго нилъги рокьулев, нилъееги вокьулев, жиндаса кӏудияб баракатги бугев инсан», – ан. Гьес инсуе гьабураб сипаталъ пана гьавурав Хасмухӏамадица нахъа-нахъаги абулеб букӏун буго, унго-унголъунги гӏаданцин гурев малаик ватилин гьавилан инсуде.
Кӏудиясухъе ижаза кьураб мех букӏун буго доб. Цо нухалъ машинаялда жанир нижги тун, Чӏикӏаса Кӏудиясухъе арав эмен вачӏана, кьерги тӏун, соролаго. Щиб ккарабилан гьикъулеб букӏана нижеца, гьев хинлъизе гьесде тӏаде хинаб жоги рехулаго.
Жиндихъе изну кьолеб букӏин лъайдал, валлагь, киданиги ккун букӏинчӏо, Кӏудияв, изну кьезе бегьулеб гӏадаб даражаялъул чи дунго ватилилан абун буго гьес Сагӏид- афандиясда. Гьедин ракӏалде кколел чагӏазухъе изнуги кьоларин абун буго гьелде данде Чӏикӏаса Кӏудияс, — ан бицунеб буго ракӏалдещвеязулъ Мансурил Мухӏамад-афандиясул вас Мухӏамаднурица.
Инхелоса Гӏалиасхӏабица бицараб
Кьерилавги вукӏун цӏакъ цадахъ гӏемер заман тӏамулаан дицаги Кӏудиясги. Гьитӏинаб мехалдаса нахъего гьев вукӏана цӏакъ ракӏбацӏцӏадав, хӏилла-рекӏкӏ бокьуларев инсан. Гӏамал-тӏабигӏатго малаикасул гӏадаб букӏана гьесул. Гӏемерав гӏодове валагьун чӏеялъ мугъ къуларав лъугьана гьев. Ки- даниги инсанасда бадиве валагьизе кӏун батиларо гьесда.
Цо нухалъ гьесул росулъа гӏисинал гӏолохъаби кӏанцӏун руго чияр багӏлидул ахикье. Ахил хъаравуласдаги рихьун, гьес нахъе рачахъун руго гьел, амма гьоркьов вукӏарав цо гӏолохъанчи ахикьеги кӏанцӏичӏого довегӏан чӏун вихьула гьесда. Хъаравулас абун буго гьесда дица виччалин мун ахикье багӏли квине, айин жанивеян. Дуца виччаниги чияр ахикьа пихъ квине жинца бегьуларинги абун, ун гьечӏо гьев гӏолохъанчи. Гьев вукӏана Мансурил Мухӏамад- афанди.
Гьединав, тӏубараб гӏумруго Аллагьасукьа хӏинкъун арав, шаргӏалъул нухдаса кьуричӏев, бергьарав вали вукӏанин абизе бегьила Мансурил Мухӏамад-афандиде. Рухӏиял церехъабазул баракаталъ цӏунун хутӏана нилъее исламияб дин. Гьезул баракаталдалъун чанги кӏудиял балагьал нахъчӏван ратулин ракӏчӏун абизеги кӏола. Щайгурелъул, чӏагоял мисалалги рехсон, гьеб гьедин бугеблъи якъин гьабуна дие цӏаларал чагӏаз. Дун гьелда божула. Гьединго абула, тӏарикъаталъул устарзаби ракьалдаса унелъул, гьез цадахъ баракатги унеб рагӏулин. Аллагьас Мансурил Мухӏамад-афанди, баракаталъул цо бутӏа нилъееги тун, аравлъун ватаги. Къиямасеб къоялъ гьесул шафагӏат камугеги. Амин.
Ашахан ЮСУПОВ