Махӏачхъалаялъул Кӏудияб мажгиталда цебе рагьараб «Гьидаят» руччабазул гӏуцӏиялъул нухмалъулей Загьра Исмагӏиловалъул нухмалъиялда гъоркь гӏемер тӏоритӏула гӏолохъанал руччабазда гьоркьор исламияб къагӏидаялда тарбия кьеялъул хӏакъалъулъ бицарал тадбирал. Гьенибго рагьун буго «Жакъасей чӏужугӏадан» абураб клубги. Клубалъулъ гӏахьалчагӏи ккола гьанжего-гьанже рукъалде руссаралги жеги руссинчӏелги ясалги, гӏолохъанал улбулги, гӏумруялъул хӏалбихьи щварал руччабиги. Зама-заманалдасан гьел дандеги гьарула Загьраца.

Гьезие лекциял цӏализе ахӏула батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулел машгьурал руччаби.

Иргадулаб нухалда клубалъул гӏахьалчагӏигун дандчӏвазе ячӏун йикӏана республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, Дагъистаналъул туризмалъул рахъалъ министрасул заместитель Анна Безрукова. Гьелъ тадбиралде рачӏаразе бицана нилъер гӏумруялъе чара гьечӏого къваригӏунел социалиял гьиназулги телефоназулги хӏакъалъулъ.

— Жакъа нилъер гӏумруялда щулияб бакӏ ккун буго интернеталъги, телефоназги ва цогидал гаджетазги. Амма битӏараб къагӏидаялда кин гьел хӏалтӏизаризе кколелали гӏемерисезда лъалеб гьечӏо. Масала, жамгӏияб транспорталда рекӏун унаго, цо-цо руччабаз, киназдаго рагӏиледухъ бицуна жидерго хъизамалда ругел дандеккунгутӏабазулги захӏмалъабазулги хӏакъалъулъ. Цо-цоял семизецин семула телефоназдасан. Унго-унголъунги рекъон букӏунареб куц чӏужугӏаданалда гьединаб хьвада-чӏвади, — ян абуна гьелъ.

Гьединго видеороликазул кумекалдалъун гьелъ бичӏчӏизабуна кинаб низам, тадбир букӏине кколеб рокъобги, къватӏибги ва жамгӏиял бакӏаздаги телефонал хӏалтӏизарулелъул.

— Гӏадатлъун билълъун буго, байрамал баркулелъулги, «интернет- открыткаби» цоцазухъе ритӏиги. Масала, цо байрамкъоялъ дихъе щвана цого открытка 20-30 нухалда. Нуже-нужерги рукӏунел ратила гьединал лъугьа-бахъинал. Лъикӏаб букӏинародай, баркиялъул цохӏо предложение хъванигицин, нилъерго текст битӏизе. Дун, масала, йохула гьединаб барки бачӏани, — ян тӏадеги жубана гьелъ.

Жеги гӏемерал мисалал рачана Аннаца. Руччабазулги рукӏана гьелъие гӏемерал суалал. Гьединго гьезги бицунеб букӏана жидерго гӏумруялда ккарал лъугьа-бахъиназулги. Тадбиралъе цо хасаб берцинлъи кьун букӏана магӏарул, гӏурус ва гӏараб мацӏазда нашидал ахӏулей Хадиджацаги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА