НИЖЕР БАЯН:

ДГУялъул къватӏисел улкабазул мацӏазул факультеталда цӏалулаго рикӏкӏадал пачалихъазде босана Камалица ишан. Анцӏила хадуб соналъ лъадарана чияр ракьалда цӏиябщинаб лъазе бугеб гьесул гъира-шавкъ. Риидалил заманаялъ пихъил тӏагӏамги босизе, эбел-инсуе ахил хӏалтӏабазе кумекги гьабизе санайил росулъеги вачӏунаан гьев.

Чӏагояв, кивго рекъарав, жив вуссанщинаб свери берцин гьабулев, баракатав вукӏуна цо-цо чи. Гьединавлъун вихьулев вукӏана Камал «Фейсбукалда» ахираб анцӏго соналъ, кигӏан рикӏкӏада вугониги, ,нилъер миллиябщиналъулгун бухьен тӏезе толароан гьес. Ватӏаналде щварал къоязги гьев гӏахьаллъулаан магӏарулазул гӏаммал тадбиразда.

Гьанже тӏуванго тӏадги вуссун, эбел- инсуца лъеберго соналъул захӏмат жаниб лъураб ах гьес сверизабуна, рикӏкӏадаса вачӏарасеги, аскӏосезеги хинлъигун рохел кьолеб гъанситоялде.

Коронавирус сабаблъун къватӏисел улкабазулгун гӏорхъаби къаралдаса нахъе жанисеб туризмалде гӏемерав чи вуссана. Жидерго ригьзал рега-рахъине туристазухъеги кьун, киб- кибниги жидерго хъизанги хӏебтӏун, гӏарац гьабулезулги бицен гӏемер рагӏана. Туристал рачӏин цӏикӏкӏиналдаса гӏезегӏан пайдаги босулеб буго нилъер ракьцояз. Араб соналъ бищунго гӏемер бицен рагӏараб гьеб темаялъул пикру гьабулаго, рекӏее асар гьабураблъун ккана, тӏоцебе Дагъистаналда агротуризмалъе байбихьи лъураб, Миякьоса Салмановазул ах. Ахал, ахихъаби, пихъ бичулел гӏемер руго нилъер, амма гьеб ахикь бугеб ахӏвал-хӏал бицинчӏого, бихьичӏого гӏоларо. Агротуризм — гӏемерал улкабазда цебетӏураб, амма Россиялъе хасиятаб гуреб къагӏида буго. Гьал ахирал соназ нилъер хӏукуматалъ кӏваркьезе байбихьана гьеб рахъалде. Росабазул, росдал магӏишаталъул бутӏаялда туризм цебетӏеялъул закон (ФЗ от 02.07.2021 N 318-ФЗ «О внесении изменений в Федеральный закон «Об основах туристской деятельности в Российской Федерации» и статью 7 Федерального закона «О развитии сельского хозяйства») исана лъагӏалил авалалдасаго хӏалтӏизе биччалинги буго баян. Гьеб законалда тӏад ургъулеб Пачалихъияб Думаялъул депутатал ругебгӏан заманаялъ, агротуризмалъул хӏалги бихьун, гьеб ишалда тӏубан гъорлъе ккана Салмановазул хъизан.

Миякьосезул ахил хӏакъалъулъ бицен кигӏан бокьаниги буго интернеталда, дица гӏемер гӏатӏид гьабиларо. Кин бугониги бокьана, лъикӏал пикраби гӏумруялде рахъинарурав, Салмановазул хъизамалъул аслияв цевехъанасе цо чанго суал кьезе.

— Камал, чанго батӏияб мацӏ лъалев, гӏезегӏанго соназ къватӏисел улкабазда вукӏун иш бажарарав чи вуго мун. Мунго гӏадал гӏолохъабазда бетӏербахъи къватӏиб берцин бихьула. Рикӏкӏадаса балагьун Дагъистан кинаблъун бихьулеб букӏараб?

— Космосалдасан нилъер Ракь берцинго бихьулеб гӏадин, рикӏкӏаде щванагӏан нилъер Дагъистанги, нилъерго гӏамалги, гӏадатги, квенги, лъимги дагьабги берцин бихьулаан. Гьединго къватӏив мухъалъ вугеб мехалъ цо-цо нилъер ватӏаналда кколел лъугьа-бахъиназ рахӏатги хвезабулаан.

— Батӏияб сухъмахъ ккун, цогидаз хӏалбихьичӏеб хаслъигун гӏуцӏана дуца росулъ иш. Байбихьи лъолаго, бищунго мугъчӏвай лъиде букӏараб, захӏмалъи сундулъ батараб?

Росулъе тӏад вуссиндал, нижерго хъизамалъул ахикь ва гьелда сверухъ иш гьабун бажарана. Дидагоцин лъачӏого гьеб къагӏида батана жеги цогидаз гьабичӏеб ишлъун. Нилъ, дагъистаниял, нус-нус соназ ах-хуралъул агьлу ругониги цо умумуздасан бачӏараб куцалъ гурони, цӏикӏкӏун хайир кьолеб хӏалалъ гьеб ахил ва пихъил иш гьабун ругьунлъун гьечӏо. Дицаги гьеб къватӏисел улкабазда бихьаралъул мисалалда гьабуна. Интернеталдасан гӏадамалги ахӏун ахикье, гьезие гъотӏодаса жидецаго пихъ бетӏизеги, хӏалбихьизеги ресги кьун, бокьаразе жидецаго гьан бежизе яги бежун цебе гьан-шашлыкгун, гьелъие санагӏалъабиги чӏезаруна. Гьениб гьабизе захӏматаб жоги гьечӏо. Нилъер мадугьалзаби гуржиялцин ахираб анцӏго соналъ гьеб рахъалъ церетӏун руго. Халгьабураб мехалъ агротуризм дунялалдаго цӏакъ цӏебетӏун унеб буго.

— Мисалалъе, цо соналъ микьир, курак бижичӏони, пихъ гьечӏони, рачӏунел гӏадамал рукӏинадай? Лъагӏалицаго туристал къабул гьарулеб хӏалалъ хӏалтӏи гӏуцӏизе рес бугищ?

— Гьединаб рес букӏинин ккола дида. Мисалалъе, нижер гъоркьиса ихдалил квачалъ хвана куракул тӏегь. Курак дарудецин щвечӏин абизе бегьула. Микьиргун цӏибилги дагьаб гурони букӏинчӏо, амма рачӏунел гӏадамал дагьлъичӏо. Ахираб ункъо соналда жаниб ахикь пихъ гьечӏониги, гӏадамазе хӏалхьи-рахӏаталъе санагӏалъаби чӏезарун руго.

Къойил кигӏан гӏадамал къабул гьарун бажарулел? Гӏамм гьабун босани, сезоналъе чан чи кколев гӏага-шагарго?

— Цо-цо базаркъояз ва байрамкъояз къойил щунусгогӏанасев чи къабул гьавураб мех чанги букӏана. Апрелалдаса байбихьун октябралъул ахиралде щвезегӏан къоазаргоялдаса цӏикӏкӏун чиясе хъулухъ гьабунин ракӏчӏун абизе бегьула.

— Магӏарухъ ахал гӏезарулел чагӏи гӏезегӏан руго. Пихъ бичун бажаруларого рукӏуна гӏемерисел. Гьединазе щиб гӏакълу дуца кьелеб?

— Дир эбел-инсулги чанги рии букӏана гьединаб. Гьеб ккола дица абураб доб, умумуздасан бачӏараб гӏадин гурони гьабизе бегьуларин нилъедаго ккараб мекъаб пикру.

Нилъер умумул хӏалтӏи-пиша даран-базар билълъанхъизабизе бажаруларел чагӏи рукӏинчӏо. Гӏемер захӏмалъи бихьун ах-хур гӏезабун батана гьез нилъеда. Жакъа нилъер гӏумруялъул чвахи батӏияб гьечӏищха, рокъорги гӏодор рукӏун дунялалда бокьараб бакӏ, гӏадамал рихьизе, гьездаса мисал босизе рес кьун буго интернеталъ.

— Нилъер щибаб росдал буго жидерго хаслъи, гӏадат-гӏамал. Цебесеб архитектураги тӏабигӏияб берцинлъиги бугел бакӏал дагьал гьечӏо. Амма киназего гуро бокьулеб бугеб жидер ракьалде туристал рачӏине. Гьеб гьезул нахъеккейищ, цӏодорлъийищ?

— Гьединал харбал дидаги рагӏула. Нилъерго пикрабазул мукъсанлъи ва нахъеккей бугин гьебин абила дица. Амма дида ккола нилъерго гӏамалги гӏадатги цӏунун, нилъерго тӏабигӏияб берцинлъиги маданияб бечелъиги тӏаде рачӏарал гьалбадерие ва туристазе бихьизабизе бокьуларел чагӏи Дагъистаналда цӏакъ дагь гурони ратиларин.

Туристазул ретӏа-къай рекӏее гӏоларого бицунеб хабарги гӏезегӏан букӏуна нилъер гьаниб. Гьезие чӏезабураб низамалда щиб хисизабизе, билълъанхъизабизе бокьилеб?

— Гьелги руго цо-цо, кӏи-кӏи рекъечӏел суратал ва туристал рихьидал кӏодо гьарун рицунел харбал. Нусго туристасда гьоркьов цо-кӏиго гьединав камуларо, щибха дозда гьабилеб. Гьеб буго кинабго нилъерго хьвада-чӏвадиялда, гӏамал- хасияталда бараб жо. Нижер гьаниб гьединаб ретӏел-партал бегьуларин берцинаб къагӏидаялда бичӏчӏизабуни, гьел нилъехъ гӏенеккизе руго. Дида жеги данде чӏвачӏо гьедин малъараб мехалъ данде хъачӏ кӏалъалев ва разилъичӏев турист. Нижеца гьезие хасаб, туризмалъул федералияб къануналде дандеги кколеб, гьитӏинабго памятка гьабун буго.

— Тӏадмагӏаруллъиялда туризм цебетӏеялъе сунца квалквал гьабулеб бугеб? Жакъасеб ахӏвал-хӏалалъул хӏисабги гьабун, дуего щиб хисизабизе бокьилеб?

— Тӏадмагӏаруллъиялда туризм цебетӏеялъе тӏоцебесеб шартӏлъун ккола гӏадамал — нилъ магӏарулал. Букӏинеселде бокьилаан, соналдаса соналде гӏемерлъулел чӏороголъарал, чӏунтарал росабалъе гурел, чӏагояб гӏумру, жамагӏаталъул гӏуцӏи, цӏиял гӏелал ругел росабалъе рачине туристал, гьениб бугеб нилъерго берцинлъи гьалбазда бихьизабизе. Гьайгьай, жалго гӏадамазде тӏаде рехун тани тӏубалеб масъала гуро, тӏадмагӏарухъ росаби чӏаголъиялъул иш. Гьелъие къваригӏуна хӏукуматалъул рахъалъан квербакъиги цӏакъ цӏодораб бербалагьиги. Гьебги буго росулъ ругел гӏадамазда ва жамагӏаталда бараб жо. Хӏукуматги нилъго гӏадал гӏадамаз бачунеб жолъидал. Жакъа официалияб туризмалъ кӏвар кьолеб буго магӏарухъ тӏабигӏияб бечелъи, архитектураялъул хаслъи бугел росаби тӏатинариялде ва гьел цӏуниялде. Гьелдалъун росабалъ гӏадамазе хӏалтӏаби раккизе руго. Хӏукуматалдаго бичӏчӏун буго гьелъул кӏвар, гьелъие квербакъиялъе хасал программабиги гӏуцӏун руго, гӏарацги биччан буго. Амма, дица цебе абухъе, кинабго буго нилъеда бараб. Жиде-жидер росулъаго гьелъул иш байбихьичӏони, хӏукуматалъ хӏал гьабун нилъер росаби цӏунуларо ва магӏарухълъи цебетӏоларо. Гьеб бичӏчӏизе заман щун бугин ккола цебего.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА