Ковид хисун бачӏараб «Омикроналъ» гьужум гьабизе байбихьун букӏиналъул бицана Сергей Меликовас 25 январалда республикаялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда.
ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Меликовас мисалалъе бачана мадугьалихъ бугеб Ставрополь край. Гьенир гӏадин кӏудияб къадаралда гӏадамал унтичӏониги (900 хӏужа), нилъер гьанивги лъабнусго чиясул анализазулъ тӏатун буго «Омикрон».
Гьелдаса цӏуна-къаялъе вакцина гьабизе ракӏалде ккун батани, гьелъул хӏасил 40 къоялдасан гурони загьирлъуларин мухӏкан гьабуна Меликовас. Гьединлъидал гьелде щвезегӏанги маскаби ххун, гӏемерав чи вакӏарараб бакӏалде инчӏого чӏун, антисептикал хӏалтӏизарун, кутакалда цӏодорго чӏаян хитӏабги гьабуна Сергей Меликовас дагъистаниязде