Ковидалда сверухъ республикаялда ахӏвал-хӏал нахъеги хӏалуцине байбихьана. Сордо-къоялда жаниб 150-200 унтаразул ахӏиял къабул гьарулел руго поликлиникабазгун амбулаториялъулал сахлъи цӏуниялъул идарабаз. Киналго унтарал жиндир заманалда больницабазде щвезаризелъун, по- ликлиникабазе тӏадеги кьун буго цӏияб автотранспорт. Гьединго боль- ницабахъ цӏикӏкӏинабун буго койкабазул къадарги. Унтаразул рахъалъ бищун кӏудияб къадар букӏана араб гьатӏан къо- ялъ, 23 январалда — 342 чи. Итни къоялде гьезул къадар гӏодобе ккана 283 чиясде, амма ноябрь моцӏалда цо сордо-къоялъ унтун рукӏаразул къадаралда дандеккун гьеб тарихги кӏудияб букӏана — доб мехалъ сор- до-къоялда жанив унтун вукӏана 210 чи. Гриппгун ОРВИ гӏадал унтаби тӏиритӏулел рукӏиналда бан, 24 ян- варалдаса байбихьун республикаялда цо-цо школазда лъазабун буго рокъосанго цӏалиялъул низам. Мисалалъе, Буйнакск районалда киналго школал къан руго. Гьедин- го цо-цо школал къан руго Бабаюрт ва Лъаратӏа районазда. Тӏуранго къан гьечӏониги, бутӏа-бутӏа ккун рокъосанго цӏалиялде руссун руго Гъизилюрт, Каспийск ва Махӏачхъала шагьаразда, Новолак ва Нугъ- ай районазда ругел цо-цо школалги. Гӏаммаб къагӏидаялъ рокъоре къотӏун руго 12 544 цӏалдохъанги 2289 школалъул хӏалтӏухъанги ва 978 учительги. Дистанциялъулаб низамалде рачунел школазул къадар дагьабги цӏикӏкӏине рес бугин абуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъ. Гьедин буго гьабсагӏат иш гӏодоблъиялда. Магӏарухъ кинаб ахӏвалхӏал бугебали цӏех-рех гьабун чанго районалдаса ахирисел баяналги ракӏарана нижеца.

Чӏарада

— Нижер районалда гьабсагӏат коронаялъ унтун больницаялда вегун вуго кӏиго чи. Цебесеб анкьалъ вукӏана лъабгояв. Амбулаторияб къагӏидалъ ун- тун вуго 18 чи, цебе букӏараб ахӏвал-хӏалалда дандеккун гьеб кӏудияб та- рих кколаро. «Омикрон» абураб, коронавирусалъул цӏияб штамм районалде жеги щун гьечӏо, цо талихӏалъ. Гӏаммаб куцалъ абуни, гьабсагӏат районалда чӏара-хьараб хӏал буго ковидалъул рахъалъ. Дару-сабаб гӏураб къадаралда буго, лабораторияги кинабго хӏажатаб къайи-цӏаялдалъун хьезабуна, экс- пресс-тесталги хӏалтӏулел руго. Хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо. Щайин абуни микьго-ичӏго чиги сордо-къоялда жанив унтарал хӏужаби рукӏана, гьанже Аллагьасе рецц гьабизе ккола, унти дагьаб гӏодобцун букӏиналъ. Гьалдаса хадубги хӏалуцинареб батила. Унтуда дандечӏеялъе нижецагоги хӏалтӏи гьабулеб буго. Гьабсагӏат рай- оналда вакцина гьабун буго халкъалъул 71 проценталъ. Планалде босун букӏараб къадаралда рекъон балагьани, гьеб лъикӏаб хӏасил ккола. Асли- яб къагӏидаялъ вакцина гьабурал чагӏи ккола бюджеталъул идарабазул хӏалтӏухъаби. Бищун гӏемер вакцина гьабуна лъай кьеялъул хӏалтӏухъабаз — 91 процент. Бокьилаан гӏолохъабазги гьелде кӏвар кьолебани, вакцина гьа- буразда гьоркьор гӏолохъанаб гӏел дагьаб буго. Гьедин буго гьабсагӏат Чӏарада районалда ковидалда сверухъ бугеб ахӏвалхӏал, — ан бицана райбольницаялъул бетӏерав тохтур Къурбан Рамазанова

Гъуниб

Районалда гьабсагӏат батӏаго квешаб хӏал гьечӏо. Больницабазда вегун вуго ичӏго чи. «Омикрон» штамм жеги районалде щун гьечӏо. Щибаб къойил гӏадин росабалъа ПЦР-тесталги ракӏарула нижеца. «Омикрон» бугищгьечӏищали циндаго лъазеги кӏоларо. Анализал цин Москваялде ритӏизе ккола, гьезул хӏасил хадуб гурони лъаларо. Жалго сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазда гьоркьорги положительниял тестал ратарал чагӏи ругин абуна, тӏокӏалъ чӏечӏого вирус бугел чагӏазда гъорлъ хӏалтӏулел ругелъул гьеб бахинчӏого хутӏилищха. Гӏаммаб къагӏидаялъ абуни, хӏалуцин гьечӏо районалда. Дару-сабабги къваригӏарабщинабги буго, батӏаго хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо, — ян бицунеб буго Гъунисан нижехъе щвараб баяналда.

Шамил

— Райбольницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Гӏали Хӏамзатовасул баяназда рекъон, араб рузман къоялъ, ай 21 январалда, гӏамм гьабун рай- оналда унтаразул къадар букӏана 80 чи. Амма, арбагӏ къоялде, ай 26 янва- ралда рачӏарал цӏиял баяназда рекъон, гьабсагӏат 17 унтарав вуго стацио- наралда ва 112 чи — рокъор дару-сабаб гьабулезул. Гьезда гъорлъ 123 чиясул «Ковид-19» букӏин чӏезабуна анализаз. Гьаб ункъо къоялда жаниб унтаразул къадар цӏикӏкӏун букӏин бихьулеб буго. Ахирисел къоязда унтаразул къадар циндаго цӏикӏкӏун бачӏанин ва Гьолокь росулъ ругин бищун гӏемер унтаралин абуна Гӏ. Хӏамзатовас. Гьелдаго цадахъ вакцина гьабуразул къадарги цӏикӏкӏана — 21 январалда 9294 чиясе щун букӏана «Ковидалде» данде вакцина. 26 январалде гьеб гьабуразул къадар бахана 9543 чиясде.

Цӏалул идарабазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун ва сахлъи цӏуниялде данде гьарулел ругел хӏалтӏабазул баян кьуна лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас. Щибаб къоялъ районалъул школаздаса информация бачӏуна гьезухъе. Цӏалдохъабазул ва мугӏалимзабазул мухъилъ ковидалъ унтарал гӏемер гьечӏин баян кьуна гьес, амма гриппалъ унтарал камулел гьечӏо. 26 январалъ рачӏарал баяназда рекъон, районалда 177 цӏалдохъан унтун вуго гриппалъ. Полициялъул нухмалъулев М. Гьитӏинамухӏамадовас бицана районалда цӏуна-къаялъул низам чӏезабиялъе ОМВДялъ хӏалтӏи гьабулеб бугилан. Вакцина гьабураб QR-код гьечӏого киналниги тадбирал гьукъун руго. Районалъул оперативияб штабалъ жамагӏаталде хитӏаб гьабулеб буго щивав чияс жидеего цӏодорлъи гьабеян, цӏа-кан бахарав чияс, унти балъго гьабичӏого, рокъор чӏун тохтурзаби ахӏеян. Гьединго гьез гьарулеб буго цӏикӏкӏун гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏаян, рацӏцӏалъи цӏунеян, кверал чуреян, дезинфекция гьабеян ва маскаби раян, — абун бицана Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул бетӏерай редактор Патӏимат Мухӏамадовалъ

Лъаратӏа

— Гьабсагӏаталда районалда «Ковид-19» букӏин чӏезабун буго 74 чиясул. Гьезда гьоркьоса 14 сонил ригьалде щвезегӏан ругел лъимазул ункъояв, 14- 18 сон баразул цо чи ва 18 сон баралдаса тӏадехун ригьалъул унтун вуго 68 чи. Амбулаторияб куцалъ сах гьавулев вуго гьабсагӏат 22 чи. Сах гьавун къватӏиве виччана 50-яв. Больницабазда вегун вуго анкьго чи. Гьанжелъагӏан унтаразда гъорлъ хварав чи ккечӏо. Вакцина гьабун буго 12 937 чияс. Гьединаб баян щвана нижехъе Лъаратӏа райбольницаялдаса.

Цӏумада

— Гьабсагӏат больницаялда вегун вуго щуго чи. Гьезул кӏигоял ккола «Ковид-19» бугел, лъабгоял — пневмониялъ унтарал. Захӏматго унтарал чагӏиги гьезда гъорлъ гьечӏин бицана райбольницаялъул тохтур-эпидемиолог Мухӏамад Мухӏамадкеримовас. Ковидалъ унтарал чагӏи гьабсагӏат районалда гӏемер гьечӏо, руго ОРВИ, грипп щварал гӏадамал. Гьелги рокъосанго сах гьарулел руго. Цӏакъго хӏалуцараб ахӏвал-хӏал районалда гьечӏолъиялда бан, школал къан, рокъосанго цӏализе кколеб низамалде рачӏине ккараб хӏал гьечӏин абуна районалъул администрациялдаса нижехъе щвараб баяналда, — ян бицана «Цӏумадисезул гьаракь» газеталъул жавабияй секретарь Зульфия Сажидовалъ. Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул идарабаз халкъалде хитӏаб гьабулеб буго цӏодорлъи гьабейин, маскаби рачӏого къватӏире рахъунгейин абун. Кверазде ва гьурмаде пунхъулеб лъамалъи кодоса билизе биччагейин. «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазги киналго магӏарулазе гьарула сахлъи. Тохтурзабаз рихьизарурал тӏалабалги тӏуралаго, цӏунакъан рукӏа. Цӏикӏкӏун ражи ва лимон кванай, гьалараб куракул лъим гӏемераб гьекъе. Умумузго хӏалтӏизабураб щулияб дарман бугин, воре, рокъоса тӏагӏине биччаге. Унтизе чӏоге, гьудулзаби.

Гьумер хӏадур гьабуна Ашахан ЮСУПОВАС.