Гьоркьохъел гӏасрабазда Харахьи росу рикӏкӏунаан лъай камил гьа- булел бакӏазул цояблъун. Гьениса гӏадамаз кӏудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналда исламияб гӏелму тӏибитӏизабиялъе ва лъай кьеялъулъ авар мацӏ хӏалтӏизабиялъе.
Биценалда рекъон, цебе зама- налда росу букӏун буго Къвекӏада ва Щулалъуда абурал бакӏазда. Гьабсагӏаталда Харахьи бугеб бакӏалда хьуцӏ букӏун буго. Гьениб бугеб лъим гьекъезе бегьулеб букӏун гьечӏо. Гьедин «хвараб лъим» абу- леб букӏанила. Дагь-дагьккун рос- дал цӏарги гьелдасан бачӏараб бугин рикӏкӏуна цо-цояз. «Лъим» абураб рагӏи цо-цо чагӏаз «хьиниланги» абула. Гьединго Харахьи росу хьин- даллъиялда бугелъул, «хьин» абу- раб рагӏул жибго бакӏ бихьизабулеб магӏнаги букӏине рес буго. Къвекӏада букӏун буго све- рухъ щула гьабураб, кӏудияб росу. Хӏалтӏизабизе ракь дагьаб букӏун буго. Гӏадамаз бетӏербахъи гьабулеб букӏун буго гӏи-боцӏи гӏезабун, чан гьабун, ракь хӏалтӏизабун. Цин гьел рукӏун руго мажусияллъун (язычники), хадуб босун буго насраниязул дин. Гьелъие нугӏлъи гьабула Къвекӏада ратарал хъанчаз. Цо заманалда гьеб кӏиябго росуги цолъун лъугьуна Харахьи ва гьеб заманалдехун росдал гӏадамаз исламги босула. Биценазда рекъон, гьанжеялдаса 600 соналъ цебе хьуцӏги бакъвазабун, Къвекӏада Щулалъуда росдал гӏадамал рахъуна гӏумру гьабизе санагӏатаб бакӏалде. Байбихьуда гьенир дагьал чагӏи гурони рукӏун гьечӏо. Тӏаде кӏанцӏизе чи вачӏани, гьесда данде рагъизе, борхалъудаго чӏун рукӏуна. Гьанжеги цӏунун хутӏун буго «Гохӏда кавудахъ» абун гьеб бакӏалда лъун букӏараб цӏарги. Гьенир лъун рукӏуна къаси мехалъ рахалел кӏудиял каваби. Цогидаб рахъалдасан росдае цӏуна-къай гьабулеб букӏун буго кьуруялъ. Каваби рагьулел-къалеб мехалда, гьезул гьаракь добе, рикӏкӏаде, Гьарадерихъе рагӏулаанила.
Кӏудияв Тӏайгиб
Харахьи росу лъугьараб заманлъун рикӏкӏине бегьула ХӀV-XV гӏасраби. Ракьги тамахаб, мегъги кӏудияб, гьава-бакъги хинаб бакӏ букӏиналъ росу дагь-дагьккун кӏодолъун буго. XVI гӏасруялдехун Харахьи гӏун вуго гӏараб гуребги, авар мацӏалъулги хъвай-хъвагӏай тӏокӏкӏун лъалев машгьурав гӏалимчи – Тӏайгиб. Ихтияразул рахъги камилго лъалеб букӏун буго гьесда. М.-С. Сагӏидовасул цӏехрехалда рекъон, Тӏайгибица ургъана гӏараб хӏарпаздалъун авар мацӏалда хъвадарулеб къагӏида – гӏажам. Масала, гьадин хъвалеб буго Сагӏидовас Харахьиса Гӏумарил Тӏайгибил хӏакъалъулъ: «Дагъистаналда гӏараб хъвай-хъвагӏаялъулъ Тӏайгиб машгьурав вуго гӏараб грамматикаялъул текстазе, мантӏикъ гӏелмуялъул ва диалектика- ялъул трактатазе гӏемерал баянал кьурав чи хӏисабалда. Нижехъ буго 1580 соналъул байбихьуда Тӏануси росулъ Тӏайгибица квералъ хъвараб тӏехь — «Аль Вафийа шарх-ашшафийа». Гьелъул рагӏаллъабазда магӏарул рагӏабазе баян кьун буго гьес. Гьелдасан бихьула доб заманалда кигӏан камилго авар алфавит гӏуцӏун букӏарабали. Тӏайгиб гьаву- на 1563 соналда, хвана 1668 соналда. (Амма хадуб нилъеда бичӏчӏизе буго М.-С. Сагӏидов мекъи вукӏараблъи. – автор). Гьесул хъвай-хъвагӏаяздасан бихьула Тӏайгибица Ч хӏарп парс къагӏидаялъул Ч-ялдалъун хъва- леб букӏин. Гӏандиса ГӏалиМирзацайин абуни гьеб хӏарп цин гӏараб ДЖ-ялдалъун, хадуб парс къагӏидаялъул Ч-ялдалъун хъвала. Гьединго Кь хӏарп бихьизабизелъ- ун хӏалтӏизабулеб буго ташдидгун цадахъ гӏараб КЪ. Гӏали-Мирзалин абуни гьеб гьечӏо». Тӏайгибица рагӏаллъабазда баянал кьурал тӏахьал ккола цӏакъго лъикӏ гӏараб мацӏги лъалел гӏадамаз цӏалулел рукӏарал исламалъул тӏахьал. Цогидазухъе гьел къанагӏатги щолароан. Гьединлъидал гӏалимзабазе баяналъе хъварал жал рукӏана магӏарул мацӏалда Тӏайгибица гьел тӏахьазул рагӏаллъабазда дол рагӏабиги. Масала, гьел рукӏана къанагӏатго дандчӏвалел рагӏаби: варанидул кьили, дургвач хӏинчӏ (ихдалил хӏинчӏ), пурцихӏинчӏ (галка), тубайдах – дудак, релълъ (тӏил, хьоп), гӏачӏараб варани (жеги къинлъичӏеб варани). М.-С. Сагӏидовас хъвавухъе, цӏакъ гӏемер руго магӏарулазе хасиятал гурел сипатазе, хӏужабазе, рухӏчӏаголъабазе Тӏайгибица авар мацӏалда кьурал баянал. Гьесул хъвай-хъвагӏаязе хасиятаб буго магӏарул гьаркьазул бечелъи бихьизабизелъун хӏарпазда тӏад батӏибатӏиял ишараби лъей. Хадубккун гӏажам хъвай-хъвагӏаялде сверана гьеб къагӏида. Гьедин гӏараб алфавиталъул хӏарпазул къадарги 48-ялде бахинабуна. Харахьи бицуна, херлъидал Кӏудияв Тӏайгиб Шамалде ун, гьенив Хӏалаб шагьаралда вукъун вугилан.
Дандеккунгутӏаби
М.-С. Сагӏидовас хъвавухъе, цебехун бицараб авар хъвай-хъвагӏаялъул къагӏида 1580 соналъул байбихьуда ургъун букӏана 1563 соналда гьавурав, 1668 соналда хварав Харахьиса Тӏайгибица. Амма гӏумрудул 17 гурони сон букӏинчӏев гӏолохъанчияс гьединаб къагӏида кин ургъулеб? Гьединлъидал хӏисабалде босизе кколеб буго Тӏайгиб лъабго батӏияв вукӏанин херехьдерица абулеб хӏужаги. Гьезул кӏигоял рукӏун руго гьоркьохъел гӏасрабазул заманалда — XVI ва XVII гӏасрабазда, лъабабилев вукӏун вуго ХӀX гӏасруялда, XX гӏасруялъул байбихьуда, гьев хун вуго 1920 соналда. Гьединлъидал XVI гӏасруялда вукӏарав Тӏайгибида Харахьи абу- ла Кӏудияв Тӏайгибилан. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гӏарабалъ хъвараб Дагъистаналъул литература лъикӏ лъалеб букӏарав Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадил хъвайхъвагӏаязги. Машгьурав гӏалимчи Амри Шихсагӏидовасул пикруялда рекъон, гьединаб цӏар бугев гӏалимчи цо гурони вукӏун гьечӏо: «Харахьиса Тӏайгиб 923/1521-22 соназда гьавунин абу- раб хӏужаялъе нугӏлъи гьабулеб жо гьечӏо. Тӏайгиб вукӏана Къудукьа Мухӏаммадил (1652-1717), Мохӏоса Дамаданил (хвана 1724 с.) заманалда. Вукъун вуго Харахьи». Тӏайгиб гьа- вурав ва хвараб сонги чӏванкъотӏун лъаларинги тӏаде жубалеб буго Шихсагӏидовас. Амма гьесул пикру тӏубан дандекколеб гьечӏо лъабго гӏалимчиясул пикруялда. Гьел ккола Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадги, Гини- чукьа Инквачил Мухӏамадги, Хун- захъа Сагӏидил Мухӏамадсагӏидги. Нурмухӏамадил Мухӏамадица хъвалеб буго: «Харахьиса Гӏумарил вас Тӏайгиб ккола Бакъбаккул рахъалъул шагьаразде ун, бергьун кутакалда гӏараб гӏелму цӏаларав гӏалимчи. Гьесул гӏумрудул сонал ккола 928 (1521-1522) – 1008 (1599- 1600).
Инквачил Мухӏамад: «Харахьиса Гӏумарил Тӏайгиб Бакълъулазул мухъалда (Гумбет) къадиясул хъулухъги жибго тун росулъе вачӏана гьениб къавуда унти тӏибитӏизе байбихьидал, 988 сон (1580-1581). Гьаниб А. Шихсагӏидовасулги М.-С. Сагӏидовасулги баяназда дандеккун, цӏикӏкӏун божилъи гьабизе бачӏунеб буго Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадилги Ги- ничукьа Инквачил Мухӏамадилги хъвай-хъвагӏаязда. Гьелда бан абизе бегьула Кӏудияв Тӏайгиб вугин унгоунголъунги XVI гӏасруялда вукӏарав чи (1521/1522 – 1159/1600), вукъунги вугин Шамалда, Хӏалаб шагьаралда. Кӏиабилев Тӏайгибил хӏакъалъулъ баянал дагьалъ цӏикӏкӏун руго. Гьесул эменги Гӏумар вукӏун вуго. М.- С. Сагӏидовасул фондалда буго квералъ хъвараб тӏехьалъул цо кесек. Гьадин хъвалеб буго гьелда: «Гьижраялда рекъон 1079 соналда (1668-69), Дугъри-нуцаласул вас Мухӏаммад-ханица ханлъи гьабулеб заманалда гьаб «Вафиййа фи шарх ал-Кафиййа» абураб тӏехь квералъ хъван лъугӏизабуна Харахьиса Гӏумарил Тӏайгибица, дирго мугӏалим, Хунзахъа МуллаМухӏаммадил доба Тӏануси, рузман сордоялъ». Гьаниб бицен гьабулев Дугъ- ри-нуцаласул вас Мухӏаммад лъа- ла Мухӏаммад-нуцал Кӏиабилев гӏадинги. 1669-1670 ва 1687-1688 со- налда гьарурал хъвай-хъвагӏаяздаги буго гьесул хӏакъалъулъ. Жибго доб тӏехь ккола «алКафийа» абун Ибн ал-Хӏажиб (хва- на 1249 с.) абурав гӏалимчияс гӏараб синтаксисалъул хӏакъалъулъ хъвараб цӏалул тӏехьалъе Рукн ад-Дин алХӏасан бин Мухӏаммад ал-Астрабади абулев гӏалимчияс кьураб баян. Хӏ. Гӏумаровасгун А. Шихсагӏидовас кьураб баяналда щаялиго гьеб тӏехь хъвараб заманлъун бихьиза- бун буго 1077 (1668/69) сон. Амма гьезго тӏаде жубалеб буго квералъ гьарурал гьел хъвай-хъвагӏаязул цояб тӏанчида хъван бугила гьа- дин: «Гьаб тӏехь квералъ хъвана Гӏумарил вас Тӏайгибица, Хважал васасул вас», — ан. А. Шихсагӏидовас кӏиабилев Тӏайгиб хвараб сон лъаларин хъваниги, гӏемерисел тарихчагӏаз мугъчӏвай гьабулеб буго гьижрияб 1108 соналде (1696/97). Гьебги буго Кьохъа гӏалимчи Султӏан-Мухӏаммадица чӏезабураб хӏужа (гьев кколаан Гӏободаса Шагӏбанил дурц, XVIII гӏасруялъул гӏалимчи Кьохъа Салманил наслуялъул чи). Гьесул баяналда рекъон, «гӏараб гӏелмуялъул бергьарав гӏалимчи Харахьиса Тӏайгиб хвана гьижрияб 1108 соналда». Накъшубандияб тӏарикъаталъул шайих Багинуса Шугӏайбица рикӏкӏунеб буго Тӏайгиб хванин, гьижрияб 1148 соналда (1735/36). Лъабабилеб тарихалъул дандеккунгутӏи буго гьениб – Багинуса Шугӏайбица рехсолеб буго 4 тарих, Султӏан-Мухӏаммадица – 0. Амма Тӏайгибица квералъ тӏахьал хъвараб заманлъун аслияб куцалда гьез 1660 сонал рихьизарулел руго, гьединлъидал гьев хвараб сонлъун 1696/97 сон букӏине бегьулин ракӏалде кколеб буго. Щайгурелъул щакаб жо буго жигараб куцалда тӏахьал хъвалаго араб заманалдаса хадубги Тӏайгибица дунялалда жеги 75 сонги бан бати. Гьесул биография мухӏкан гьабизе рес кьолеб буго, гьижрияб 1050 соналда (1630-31) Тӏайгибил эмен, Хважал вас, Гӏумарица цогидалдаса босун квералъ гьабураб хъвайхъвагӏаялъ. Гьелъул сурат бахъун бачӏана Сасикьа Гӏаламудин Шейхилавин абурав гӏалимчияс. Гьаниб цебехун бицухъе, доб Тӏануси квералъ хъва- раб тӏехьалда живго Тӏайгибицаги тасдикъ гьабулеб буго жиндир эмен Гӏумар, кӏудияв эмен Хважа вукӏаравлъи. Гьеб документалъ рес кьолеб буго Тӏайгиб хвараблъун 1696/97 сон рикӏкӏине. Кӏиабилев Тӏайгибил хоб буго Харахьи росулъ, Нагитӏа абулеб бакӏалда. Исана январалда нижеца (гӏалимчи Тимур Айтберовгун, Хара- хьиса Хъайтмазов Гӏабдулбасиргун цадахъ) халгьабуна гьениб лъураб гьелъул. Амма регьел ккун, зонода тӏад гьабураб хъвай-хъвагӏай цӏализе бажарулеб хӏалалда батичӏо. Дагьа-макъабго цӏунун хутӏараб зонол тӏасияб рахъалда рихьулел ругоан накъишал.
Мугӏалимги мутагӏилзабиги
XX гӏасруялъул байбихьуда Дагъ- истаналъул гӏалимзабазул биогра- фиязда тӏад хӏалтӏарав Дургъелиса Назирица хъвалеб буго: «Тӏайгиб вукӏана Къудукьа Мусаласулги Мохӏоса Дамаданилги заманалъул чи. Гъваридав, камилав, унго-унгояв гӏалимчиги вукӏана. Батӏи-батӏиял тӏахьазе рагӏа-ракьанде щварал бая- нал кьуна гьес. Гьелдалъун бихьула Тӏайгиб гӏатӏидаб пикру-лъаялъул чи вукӏараблъи. Аллагь разилъаги гьесда. Харахьиса Тӏайгибида ку- такалда лъикӏ лъалаан диналъул кьучӏги. Гьесул руго жинцаго хъва- рал хӏалтӏабиги, цогидазе кьурал ба- яналги». Къудукьа Мусаласул Мухӏамадил заманалда рукӏарал гӏалимзабазда гъорлъ Алкъадариса Хӏасаница рех- солев вуго Харахьиса Тӏайгибги. Кӏиабилев Тӏайгиб динияб лъай босулев Гъолода росулъ вукӏана гӏезегӏан мехалъ. Цӏоралъул магӏарулазул пачалихъияб центрлъун кколаан гьеб бакӏ доб мехалда. Амма гьев цеве цӏаларав мугӏалим кӏиго батӏияб куцалда рехсолев вуго. Цо баяналда рекъон, Тӏайгиб цӏалана Гъолодаса Малла-Мухӏамадида цеве. Гӏали Каяевас хъвалеб буго гьев вукӏанин «Мухӏаммад бину Вали бину Муса» абурав мугӏалим (хв. 1128/1715-16 с.). Гьаниб цӏикӏкӏун божилъи гьабизе бачӏунеб буго тӏоцеве рехсолев мугӏалимасда (амма рес буго Тӏайгиб гьев кӏиясдаго цеве цӏалун вукӏинеги). Тӏайгибил хъвай-хъвагӏаяздасан бихьулеб буго гьесул мугӏалим Гъолодаса МаллаМухӏамад дунялалъул боцӏудасаги, рекӏелгъеяздасаги, цогидалдасаги инкарги гьабун, рухӏияб рахъ цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏулев чи (аскет) вукӏараблъи. Гьебго жо жиндирго мутагӏилзабаздасаги тӏалаб гьабулеб букӏун буго гьес. Масала, гьадин хъвалеб буго Тӏайгибица щибаб къоялъ Гъолодаса МаллаМухӏамадица жидеда цере лъолел рукӏарал тӏалабазул хӏакъалъулъ: «гӏужда битӏун къойил щуябго как базе, тӏокӏалъ чӏечӏого Аллагь ракӏалде щвезавизе, пайда гьечӏеб хабаралдаса жиндирго мацӏ цӏунизе, мунагь-хӏакъалдаса рикӏкӏад чӏезе, Аллагьасул калам – Къуръан, гьединго Аварагасул хӏадисал ва имам Гъазалил «Мингьадж ал-абидин» абураб тӏехь лъазабизе». Гьелго тӏалабал Гъолодаса МаллаМухӏамадица Тӏайгибил эмен Гӏумарида цереги лъолел рукӏун руго (гьев дова цӏалулеб мехал- да). Гьелда бан Тӏайгибица хъвалеб буго: «Палхӏасил, инсуца бицухъе, Малла-Мухӏамадида аскӏоб чанго сон бан буго гьес лъай босизе къваригӏун. Цинги лъайги щун тӏадвуссине хӏадурулеб мехалда Малла-Мухӏамадица дир инсуе насихӏат гьабун буго гӏужда битӏун къойил щуябго какги базе, тӏокӏалъ чӏечӏого Аллагьги ракӏалде щве- завизе, пайда гьечӏеб хабаралдаса жиндирго мацӏги цӏунизе, мунагьхӏакъалдаса рикӏкӏадги чӏезе, Аллагьасул калам – Къуръанги, Аварагасул хӏадисалги, имам Гъазалил «Минхадж ал-абидин» абураб тӏехьги лъазабизе. Инсуца бицунаан Малла-Мухӏамад хванилан рагӏидал гьев цӏакъ пашманлъун вугила, ба- диса магӏуги бачӏун бугила, амма ха- дубго абун бугила «Инна лиллагьи ва инна илайгьи раджигӏун» (нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, гьесухъе руссинеги руго)». Гъолодаса Валил вас Мухӏамадида цере цӏалулел рукӏарал мутагӏилзабазул бищун цеветӏурав вукӏанин Тӏайгибилан абурал ба- яналги руго. Мугӏалимас гьесие гьадинаб васият гьабун бугила: «Метер къиямасеб къоялъ нижер рахъ ккве дуца, пайда босе Къуръ- аналдаса, тафсираздаса, Гъазалил гӏелмуялдаса, тӏокӏаб жоялъ нилъ хвасар гьаруларо», — ян. Хӏакъикъаталда абуни гьаниб гъалатӏ ккун батула Тӏайгибил мугӏалимасул цӏар хъвалаго. Гъоло- да вукӏана Мусал вас Мухӏамадвали. Гьединлъидал Каяевас хъва- вухъе, Мусал вас Валил, гьесулги вас Мухӏамад гуро гьев вукӏарав. Гьединго гьаниб рехсолеб бугеб мугӏалимас Тӏайгибиде гьабураб васиятги хӏакъикъаталда МаллаМухӏамадица гьабураб буго. Гӏали Каяевас кьурал баянал абуни мекъал рукӏине рес буго. Баянаб буго Тӏайгибие лъай Къудукьа Мусал Мухӏамадил мактабалда щвараблъи. Дагъистаналда, гьединго Бакъбаккул рахъалда бищун церетӏурал гӏалимзабазда цеве цӏалун хадуб Тӏайгибица байбихьула, рагьун жинцаго мадрасагун, мутагӏилзаби цӏализе росизе. М.-С. Сагӏидовасул фондалда буго Нурмухӏамадил Мухӏамадица квералъ хъвараб макъала — «Дагъистаналъул гӏалимзабаз Гӏабдурахӏман ал-Джамил «Шархӏ ал-Кафийа» абураб хӏалтӏи малъулеб букӏараб куц». Гьениб бицунеб буго Дагъистаналъул мадрасабазда Ибн Хӏаджибал «Кафиййа» абураб хӏалтӏиги гьелъие кьурал баяналги, гьединго Гӏабдурахӏман ал-Джамил «Шархӏ ал-Кафиййа» ва «Фаваид ад-Дийаийа» абурал хӏалтӏаби лъазарулел рукӏараб къагӏидаялъул. Бицунеб буго Гӏабдурахӏман ал-Джамил хӏалтӏуе Дагъистаналъул гӏалимзабаз гьарурал баяназул, цинги гьел мадрасабазда малъулел рукӏараб куцалъул. Дагъистаналъул гӏалимзабазда гьоркьов авторас рехсолев вуго «Харахьиса кӏиабилев Тӏайгибги». Палхӏасил, гьоркьохъел гӏасрабазда Дагъистаналда рукӏарал гӏелмиялгун лъай кьеялъул центразул кьерда лъолеб буго Нурмухӏамадил Мухӏамадица Тӏайгибил мадрасаги. Тӏайгибил мутагӏилзабазул цояв ккола XVII гӏасруялда Мачӏада гӏумру гьабулев вукӏарав устар Шайх-Мухӏаммад (гьесул зонода хъван буго гьев хвараб сон: гьижрияб 1106 сон – 1694/1695). Гӏолохъанлъуда гьев цӏалун вуго Гӏободаса Шагӏбанидаги Харахьиса Тӏайгибидаги цеве. Мутагӏилзабазе дарсал кьеялда цадахъго Тӏайгибица хъвалел рукӏун руго гӏелмиял хӏалтӏабиги, квералъ хъвалел рукӏун руго цогидаз рахъарал тӏахьалги. Дагъистаналъул Гӏелмияб Централъул фондалда буго Тӏайгибица квералъ гьабураб чанго хъвай-хъвагӏай. Масала, Мухӏаммад ал-Хӏусайн бину Мас‘уд ал-Ферра‘л «Китаб ал-мафатих», Шейх-Задал«Хашийа ал-Тафсир кади алБайдави». Нахъе цӏунун хутӏун руго исламиял ихтияразулги, жинсиял гьоркьорлъабазулги, гӏараб грамматикаялъулги хӏакъалъулъ Харахьиса Тӏайгибица гьарурал баянал, жиндирго мугӏалим Къудукьа Мусаласухъе хъварал кагътал. Тӏайгибица хъвана «Хашийат тагьмис», гьединго Махӏмуд бину Мухӏаммад ал-Кирмани аш-Шатибил (хвана 807/1404 с.) «ал-Иджаз» абураб хӏалтӏуе Гӏали ал-Багъдадица кьураб «Халл ал-Иджаз» абураб баяналъе жиндирго баян.
Бакълъулазул къади
Инквачил Мухӏамадиде мугъчӏвайги гьабун, тӏадехун бицунеб буго «Харахьиса Гӏумарил Тӏайгиб Бакълъулазул мухъалда (Гумбет) къадиясул хъулухъги жибго тун росулъе вачӏанин гьениб къавуда унти тӏибитӏизе байбихьидал, (988 сон (1580-81)» абун. Машгьурав гӏалимчи Тимур Айтберовасда батун буго гьелъие нугӏлъи гьабулеб документ. Гьелдалъун рес буго гьединго Кӏудияв Тӏайгибилги Кӏиабилев Тӏайгибилги биографиялда хурхун цӏи-цӏиял суа- лал рижизеги. Палхӏасил, Айтберовас хъвалеб буго жиндихъ бугила «Бакълъулазулги Чачанлъиялъулги эмиразул къотӏи-къай» абураб документалъул копия. XVII-XVIII гӏасрабазда официалиял документал хъвалаан гьитӏинал тӏанчазда, хадуб гьезда мугьруги чӏвалаан. Мугьру чӏвалеб бакӏалде цебеккунго кӏкӏуйги речӏчӏизабун букӏунаан. Гьелъул ко- пия бахъун бугоан гьеб кагъат хъваравго чияс – Харахьиса Тӏайгибица, Бакълъулазул амирасул мирзаяс (секретарас). Гьеб ккола гьанжесеб Гумбет мухъ. Бакълъулазул дова гьединав чи мирзалъун яги къадилъун вукӏиналда щаклъи гьечӏо. Амма Айтберовасул баяназда рекъон, гьес гӏумру гьабулеб букӏун буго XVII гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда. Доб цебехун кьураб баяналда абулеб буго, Бакълъулазул къадиясул хъулухъги тун, Тӏайгиб гьениса 1580 соналда анилан. Гьадинаб магӏна букӏине бегьула гьелъул. Бакълъулазулгун Чачанлъиялъул эмиразда гьоркьоб къотӏи-къай ккараб заман кида букӏарабали бихьизабун гьечӏелъул, гьединго XVI-XVII гӏасрабазда Тӏайгиб абун кӏиго батӏияв чи вукӏинчӏилан Айтберовасги рикӏкӏунеб бугелъул, гьеб документ хӏадур гьабун батизе ккола XVI гӏасруялъул ахиралда Кӏудияв Тӏайгибица. Кӏиабилеб иргаялда, Инквачил Мухӏамадица хъвалеб буго Тӏайгиб Бакълъулазул дова къадилъун вукӏанин. Айтберовасухъ бугеб документалда абулеб буго гьев мирза, секретарь, вукӏанилан. Амма рес буго гьев кӏиявго гӏалимчи Авар ханасул вакиллъиялда бугеб Мелъелтӏе хӏалтӏизе ритӏун рукӏун ратизеги. Гьедин батани гьеб документ Кӏиабилев Тӏайгибица хӏадурун батула.
Лъабабилев Тӏайгиб
Граждан рагъул заманалда, 1920 соналда, гӏарадаялъ росулъе кьвагьун бачӏараб жоги щун, хвана гьев кӏиявго Тӏайгибил наслуялъул чи — лъабабилев Тӏайгиб. Палхӏасил, батӏи-батӏияб заманалда Харахьи вукӏун вуго Тӏайгиб абун цӏар бугев лъабго гӏалимчи. Гьедин гьеб тухумалъ гӏелму тӏибитӏизабулеб букӏун буго лъаб- го гӏасругун бащдаб заманалъ. Гьел сабаблъун гӏелму тӏибитӏизабулеб гӏадат билълъанхъана Дагъистаналъул цогидал росабалъги (Кьохъ – Салманил наслу, Гӏириб – Тӏалхӏатил наслу ва цогидал).
Маркъо ШАГӏБАНОВ, Гӏабдулбасир ХЪАЙТМАЗОВ