«Аркадий Гайдарил «Горячий камень» абураб хабаралда гӏадин, гӏумру такрар гьабизе рес кьурабани, батӏияб къисмат тӏаса бищила- роан дица. Дие квербакъана Аллагьасукьа хӏинкъиялъги законалъе ритӏухълъиялъги», — ян бицана нижеда, араб гӏумруялъулги гьелда жа- нир ккарал хиса-басиязулги хӏакъалъулъ гара-чӏвари гьабулаго, Казбек районалъул Дилим росулъа Камилгерей Ибрагьимовас.

Рокьула дие чӏахӏиял гӏадамазул сабураб накъиталъухъ гӏенеккизе, гьезул гӏумруялъул дарсазул гъварилъуде яккизе. Хасаб асар гьабула советияв учителасулгун дандчӏваялъги: гьел руго хъизанрукъалъул къваригӏелалги нахътӏамун, жамгӏияталъул масъалаби тӏуразаризе куцарал, гьезда цере гӏуна росдал гӏадамазул чамалиго кьер, гьезул пикру хӏисабалде босула кӏудияб кӏваралъул суалалъе жаваб балагьулеб мехалда. Гьединавлъун ватана Дилим росдал Херазул советалъул председательлъун вукӏарав, ДРялъул мустахӏикъав учитель, росуцоязул лъималазе бащдаб гӏасруялъ гӏакълугун лъай ва тарбия кьурав педагог Камилгерей Ибрагьимовги. Камилгерей гьавуна 1935 соналъул январалда Дилим росулъа Юсупилги Меседолги хъизамалда. Лъагӏалидасан гьев хутӏана эбелги хун, амма граждан рагъул гӏахьалчи Юсупица лъималазда бесдаллъи лъазе течӏо. Гьесул хӏаракаталдалъун лъималазе щвана гьанжезаманалде рекъараб лъайги тарбияги. Камилгерейица лъугӏизабуна росдал школа ва 1952 соналда ана Сулейман Стальскиясул цӏаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул филологияб факультеталда цӏализе. Ункъо соналдасан гьев тӏад вуссана гӏагараб школалде – гӏурус мацӏалъулги адабияталъулги учительлъун хӏалтӏизе. Вачӏинахъего гьев тӏамуна школа-лъул завучлъунги. Гьелдаса нахъе 51 соналъ Камилгерей хӏалтӏана учительлъун ва гьезда гьоркьоса 41 соналъ (1956-1997 с.с.) цадахъго гьабуна директорасул хӏалтӏиги. Гьесул хӏалтӏуе къимат кьола 1983 соналъул 23 декабралда «Дагестанская правда» газеталда бахъараб «Директорзаби цӏалула» абураб макъалаялъул авторалъ. «Северияб Осетиялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Чечено-Ингушетиялдаса ва Дагъистаналдаса директорзабазул къокъа – Дагъи- станалъул пединституталъул Лъай камил гьабиялъул факультеталъул цӏалдохъаби – дагьалъ цере щвана Казбек районалъул Дилим росдал №1 гьоркьохъеб школалде. Гьеб сапаралъ гьабураб асар нижеда киданиги кӏочон теларо. Школалда жанире лъугьорабго, тӏоцебесеб иргаялда бер тӏаде цӏала гьелъул къачӏаялде.

Кинабго гьабун буго кӏудияб рокьи- гун, жидерго квераца. Кабинетал хьезарун руго техни- киял алатаздалъун. Жанахӏазда цере лъун руго лъималазул техникияб гьу- наралъул тӏагӏел-алатал. Гьеб буго 25 соналъ школалъул коллективалъе нухмалъи гьабулев директор Ка- милгерей Ибрагьимовасул тӏалабагъазалъул хӏасил», — ан хъван буго СОАССРалдаса школалъул директор Р. Чихтисовалъ. К. Ибрагьимов директорлъун хӏалтӏана 1997 соналъул февралал- де щвезегӏан. Директорасул хъулухъалдаса эркен гьавеян абун гӏарзаги кьун, Камилгерей тӏад вуссана рекӏее хирияб пишаялде – гӏурус мацӏалъулги адабияталъулги дарсал кьеялде. Школалда хӏалтӏулел соназул хӏакъалъулъ бицунаго, гьадин абуна Камилгерейица: «Педагогасул хӏалтӏи ккола учительги цӏалдохъанги цадахъ рекъон гьабулеб иш. Кӏиялго хӏалтӏизе ккола жигаралда, гъираялда, сундего кӏвар кьун, пайдаялъе. Гурони, хӏасил букӏунаро. Дун хӏалтӏана, жамагӏаталъ бадибчӏвай гьабизе кколаредухъ. Амма жакъа хӏалтӏилищан гьикъани, — лъаларо. Дида ракӏалде ккола, лъицаялиго ургъунго хвезабулеб бугин улкаялъул лъай кьей. Масала, цебе 80-100 цӏалдохъанасда гьоркьоса вузалда цӏализе унаан 5-15 цӏалдохъан. Школаги учительзабиги рохулаан, гьеб лъикӏаб хӏасил бугин абун. Гьанжейин абуни, гьоркьохъеб лъай щвеялъул аттестат кодобе щвелалдего студенталлъун рахъун ратула цо-цо цӏалдохъаби. Киналниги выпускникал лъугьуна вузазда цӏализе. Кин гьезухъа гьеб бажарараб? Школалъул лъай босизе гьунар гӏоларел гьезие щола дипломал. Гьелда рекъараб букӏинарищха гьезул хӏалтӏиги», — ян. Гьесул цӏалдохъабазда гьоркьоса рахъарал къадруял хӏалтӏухъабазул сураталги гьезул хӏакъалъулъ баяналги чӏван руго жакъаги гьанже лицейлъун кколеб Камилгерейил гӏумру араб школалъул азбаралда. Гьезул щивасе щвана Ибрагьимовасул гӏакъиллъиялъулги, гӏаданлъиялъулги, сахаватлъиялъулги дарсал. Ракӏалде щвезабулеб буго жакъа директорлъун хӏалтӏулей Язрапат Юсуповалъ: «Рукӏуна нилъ- ер гӏумруялда жаниб кӏудияб, хиси гьечӏеб ва къиматаб лъалкӏ тарал гӏадамал. Гьединавлъун вукӏана дие школалъул тӏоцевесев директор Камилгерей Ибрагьимов. Гьесда лъалаан киналго; лъалаан, кин гӏумру гьабизе кколебали, кинаб нух тӏаса бищилебали, жиндехунги цогидал гӏадамаздехунги инсанасул ки- наб бербалагьи букӏине кколебали. Гӏисинлъималазул коллективалъе тарбия кьолев чи – гьев вуго дирижер: гьесул цо ишара гӏола, оркестралъул щивас цогидасул талихӏалъе гӏоло хӏалтӏи байбихьиялъе ва гьедин инсанасул рекӏелъ тӏирщун бачӏуна гӏаммаб ишалдаса чӏухӏиялъул асарги гражданинлъиялъул тӏоцересел тӏерщалги. Гьединаб цокӏалгохӏалтӏулеб коллективалда бижула цадахъ ругезул тӏалаб гьабиги, ин- сан вохизавизе гъира байги, щибаб рагӏуде кӏвар кьезе гьунарги. Лъима- лаз гӏадамазе рохел бикьулеб бакӏалда гучаб къуватлъун букӏуна тарбиячия- сул рагӏи, калам. Цӏодорав ва гьабулеб ишалъе ракӏ кьун хӏалтӏулев директорасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏизе рес щвей – гьеб буго дир гӏумрудул бищунго кӏудияб талихӏ.

Камилгерейил малъа-хъваял

«Гӏумруялда жаниб буго инсанас тӏаса бищулареб, ай Тӏадегӏанав Аллагьасго гьесие кьураб, лъабго жо: эбел-эмен, ватӏан ва къисмат. Хутӏарабщинаб тӏаса бищулаго, битӏараб нух батизе кумек гьаби- зе ккола кӏудияб гӏелалъ гӏолилазе. Гьединлъидал гьел, ай чӏахӏиял, жалгоги рукӏине ккола мисаллъун – яхӏ-намусалъулги, къадруялъулги, ритӏухълъиялъулги, законалъул ва диналъул тӏалабал цӏунун хьвадиялъулги рахъаз. Гьединал мисалазул кьучӏалда куцазе ккола нилъеца гӏолеб гӏел – хъизамалда, лъималазул ахалда, школалда, вузалда», — ян бицана Камилгерейица. Буго гьесул гӏолеб гӏел куцаялъул рахъалъ хасаб «конституцияги». Рехселин гьелдаса цо чанго малъа-хъвай. Анкьида жаниб цо нухалъ школалде рачӏа, кватӏичӏого ва камичӏого, школалде ритӏе лъимал. Лъималазул дневниказул, тетрадазул ва тӏахьазул хал гьабе. Умумузул данделъабазда гӏахьаллъе. Рокъоб цӏалуда тӏадчӏезе, лъималазе хасаб рукъ яги бокӏон чӏезабе; гьел хьезаре тӏахьаздалъун ва цӏалул къайиялдалъун. Рокъоре кьурал дарсал хӏадурулеб мехалда рукъалъул цоги хӏалтӏуде руссинаруге лъимал. Жиндир заманалда лъимал кьижиялда хадуб халккве. Лъазабе, нужер лъималаз цӏалудаса эркенаб заман щивгун тӏобитӏулеб бугебали, щал гьезул гьалмагъзаби кколелали, къватӏахъ ва жамгӏияб бакӏалда гьезул кинаб хьвада-чӏвади букӏунебали. Биччаге хъизамалда жаниб гьереси бицин, дагӏба-рагӏи гьаби. Лъимал аскӏор рукӏаго, биччаге дагьабниги хъачӏлъи ва гьездаса тӏалаб гьабе чӏахӏиязул – эбел-инсул, учителасул, мадугьаласул – адаб гьаби. Мекъал ишал гьарун ратани, жалго мекъи ккеялъе мукӏурлъизаре лъимал. Ритӏухълъи хирияллъун, инсанасул адаб гьабулеллъун ва жамагӏаталъе пайдаяллъун рукӏине хӏаракат гьабулеллъун куцана Камилгерейицаги гьесул хъизан Забихӏатицаги жидерго лъималги – ункъо вас ва цо яс. Гьел киназго лъугӏизаруна институталгун университетал, амма цонигияс тӏаса бищичӏо учителасул махщел. Гӏагараб ракьалъул цебетӏеялъулъ буго гьезулги бутӏа. Гьебги ккола пе- дагог ва тарбиячи Камилгерей Ибра- гьимовасул хӏаракаталъул лъикӏаб хӏасил. Гьал къоязда кӏодо гьабизе буго К. Ибрагьимов гьавураб къо. Ракӏ-ракӏалъ баркула гьесда гьавураб къо ва гьарула щулияб сахлъи, рохел, аваданлъи.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА