Россиялъул печаталъул къолъун кколеб 13 январалда «Хӏакъикъат» газеталъул коллективгун дандчӏвана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Гӏабдулхӏаким Хӏажиев.

Гьеб тадбиралда гӏахьаллъана 2013 соналдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вугев Гӏалибег Гӏалиевги профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадовги.

«Нилъ рохизе ккола жакъа Гӏабдулхӏаким Хӏажиевги, Сайгидпаша Гӏумахановги, Хизри Абакаровги гӏадал депутатал Пачалихъияб Думаялда рукӏиналдаса. Щайин абуни, гьанжеялдего гьез гьарурал ишазухъ балагьун, гьезул байбихьи лъикӏаб буго, ахирги гьединабго батаги», — ян абуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас.

Редакторасул заместитель Зикрула Ильясовасул рагӏабазда рекъон, жакъа буго миллаталъул къиматги, къисматги, тарихги, чӏухӏиги, яхӏнамусги нахъе цулеб, лъикӏаб гуреб магӏнаялде сверизабулеб заман.

— Амма миллат гьечӏони, Дагъистан букӏунаро. Магӏарул миллаталъулго гӏадаб кӏвар буго цогидал миллатазулги. Гьединлъидал гьеб суалалъулъ кӏудияб кӏвар буго рахьдал мацӏ цӏуниялъулги. Жакъасел шартӏазда букӏине кколеб мухъилъе гьеб бачине захӏмат буго, эбел-инсуца лъималазда рокъосанго малъулеб гьечӏони. Гьединлъидал дагьабниги рахьдал мацӏ цӏунун хутӏиялъе тадбирал гьариялъулъ квербакъи Пачалихъияб Думаялда ругел депутатазги гьабилин абураб хьул буго. Гьединго Гӏабдулхӏакимил хӏакъалъулъ хабар ккедал, цониги чияс гьев квешаб рахъалъ рехсолев рагӏичӏо дида, — ян бицана З. Ильясовас.

Чанги гучал пачалихъазда накуги чӏвазабурал, Надир-шагьасдаги вугеб бакӏ кӏочон тезабурал умумузул наслаби руго нилъилан байбихьана Гӏабдулхӏаким Хӏажиевасги.

Гьес бицана жив гьаб политикаялде ругьунав чиги гурин, амма хӏадурав вугила нилъер миллаталъеги Дагъистаналъеги къваригӏараб суалалъ Москваялдаги Махӏачхъалаялдаги бокьараб кабинеталде ине.

— Къого сон буго дир батӏи-батӏиял хъулухъазда къватӏив вугелдаса. Депутатлъун вукӏинчӏониги, Дагъистаналда хурхараб цониги суал тӏубачӏого течӏо дица гьелщинал соназда жаниб. Гьебги цӏаруе гӏоло гуреб, Аллагьасе гӏоло гьабуна. Дун депутатлъун вищаралдаса ана гӏицӏго лъабго-ункъо моцӏ. Дица бачӏинахъего суал лъуна дидаго цебе, щиб дица тӏаса бищараб абун. Дун хъулухъалдаса нахъе витӏулевги вукӏинчӏо, хӏалхьиялде ине жеги 12 сонги буго. Амма дица Дагъистаналъул жамгӏияталъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏи тӏаса бищана, бажарарабгӏан куцалда Аллагьасда цебеги цо кинаб букӏаниги лъикӏаб, гӏадамалги разияб иш гьабизе кӏвелародайилан. Цеве вукӏараб хъулухъалда дица гьабулеб хӏалтӏи цохӏо дидагоги Аллагьасдаги гурони лъалароан. Рукӏана гьенир чанги гӏумруялъе хӏинкъи бугел, талихӏкъарал минуталги. Аллагьас цӏунана. Гьесда гурони нилъ цӏунизеги кӏоларо, Гьесда гурони хадуб ккезе бугебги лъаларо. Дир метерисеб къисматги Гьесда кодоб буго. Гьединлъидал хьул буго Бетӏергьанасул кумекалдалъун дирго халкъалъе кӏвараб куцалда пайдаял ишал гьаризе, Аллагьас хъван батани, — ян бицана Гӏ. Хӏажиевас.

2013 соналдаса нахъе республикаялъул политикаялда гъорлъ вукӏиналъ жинда лъанин ва рихьанин гӏезегӏан хӏакимзабиги, бичӏчӏанин хӏукуматалъул кинал идараби кин хӏалтӏулеланигиян бицана Гӏалибег Гӏалиевас.

— Рищиязул заманалда халлъана Гӏабдулхӏаким Хӏажиевги. Дие цӏакъ асар гьабуна гьев Кӏудиясда (Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаев – авт.) аскӏов вихьидал. Гьеб мехалда дица Гӏумаханидаги («Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор – авт.) абуна унго-унгояв чиясулъ букӏине кколеб яхӏ-намусги, гӏаданлъиги, хӏалтӏизе махщелги, халкъалъул ургъелги загьирлъулеб бугин гьев чиясулъилан. «Хъахӏаб Рокъов» хӏалтӏулеб мехалда дида рихьулел рукӏиндалха кинакинал депутатал гьенир хӏалтӏулел рукӏаралани. Ракӏ-ракӏалъ кумек гьарун жидехъе рачӏарал гӏадатиял гӏадамал тӏаса ккезариялъе жал ургъулаан гьезул цо-цояз. Гьединлъидал гьединал депутатазе мисал бихьизабиялъе, Гӏабдулхӏаким, дуца гьаб «Хӏакъикъат» газеталда цебе дурго вакиллъи щай рагьулареб, гьанив дурго жамгӏияв кумекчиги тун? Дуцаго гьарурал ишазул халкъалдаги лъан букӏине, жидерго тӏалабазул бицун рачӏине кколеб бакӏлъун гьезда гьаб редакцияги бихьизе, — ан абуна Гӏ. Гӏалиевас.

Гьанже гӏемерисел хъулухъазде закон цӏунулел идарабаздаса чагӏи тӏамулел ругин абураб пикруялда бан, Гӏабдулхӏаким Хӏажиевас жаваб кьуна жиндие бокьилила бокьараб хъулухъалда тезе гьелъие мустахӏикъав чи.

— Лъилали вас вугин гьав, гьединлъидал кивалиго директорлъун яги редакторлъун тейилан абураб жо букӏине кколаро. Дун вуго гӏиявехьасул вас. Расги нечоларо гьедин абизеги. Анцӏго сон барав дир эмен детдомалдаса лъутун вачӏун, гӏияде ун вуго (гьесул вацги яцги тӏагӏана гьенир – детдомалда). Гьеле гьеб 10 сон бараб мехалдаса байбихьун, 56 соналъ вехьлъун вукӏана эмен. Дицаги гӏодосан байбихьана ва сержантлъун вукӏарав чи генераллъун вахъана, — ян бицана Гӏабдулхӏакимица.

Патриотизмалъул хӏакъалъулъ бицунагоги, гьадин абуна Пачалихъияб Думаялъул депутатас:

— Дица хъулухъ гьабулеб букӏана Псковалда, десантазул аскаразда. Ротаялъул старшина вукӏана дун. Нижерги Витебскиялъул дивизиялъул анкьабилеб ротаги хӏадурлъулеб букӏана Афгъанистаналде битӏизе. Нижехъа цереккунго росана доре ниж нижеего бокьун унел ругин абурал гӏарзабиги. Гьединго лъазабуна кире ритӏулел ругелали эбел-инсудаги бицунгеян.

Гьенире ритӏилалде цин къецал тӏоритӏана кӏиябго ротаялда гьоркьор, киназ къо хӏехьолебали лъазе. Бергьана Витебскиялъул дивизиялъул рота ва Афгъанистаналде гьел ана. Гьеб жо захӏмалъун, нижер Псковалъул дивизиялъул ротаялдаса гӏолохъаби анкьица сах-саламатго кьижичӏо. Гьединаб жо буго ватӏан бокьи. Ватӏаналъухъ бугеб унтиялъ цӏадулъе инеги нахъе къалел рукӏинчӏо гӏолохъаби.

Ахиралда Гӏабдулхӏаким Хӏажиевас магӏарул газеталдехун рокьиги загьир гьабуна гьелъие подписка гьабиялдалъун.

Цинги редакциялъул рахъалдасан Гӏумахан Гӏумахановас генераласе сайгъат гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул тарихалда тӏасан Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матӏу» абураб тӏехь. Гьединго Зикрула Ильясовасги кьуна гьесие дагьалъ цебе басмаялда бахъараб «Дагъистаналъул тарихалда 300 машгьурав магӏарулав» абураб жиндирго тӏехьги.

З. ХӏАЖИЕВА