Авартеатралъул гьаракьгун бакъан дагь-дагьккун рагӏизе байбихьана гьал ахирал моцӏаз. Буго гьезул рекӏелъе лъугьунедухъ кьолеб рекламаги, щибаб спектаклялда зал цӏураб халкъги, камун гьечӏо хайир бугел сапаралги. Гӏадамаз бицунелде кӏваркьеялъул рахъги хисулеб буго. Кида букӏараб жо, нижер къаламцояз гурони, театралъе критика гьабун гӏадамаз рагӏи аби, саламатал макъалаби хъвай, гьелде кӏваркьей?

ГЬУРИ ЧӏВАЧӏОНИ, ГӏУЧӏ БАГЪАРУЛАРО

Гьал къоязда жамгӏиял гьиназда багъарана гьеб чӏаголъи. Цӏияб соналъул байрамалде шоу хӏисабалда сценаялда лъураб «Рачӏа къороласе чӏужу ячине» абураб, кечӏ-бакъаналъул, махсара-хочӏалъул постановка бугоан Фейсбукалдасан цо магӏарулас какун. Гӏезегӏан лъикӏги хъван бугоан. Амма Авар театралъухъ, мацӏалъухъ вухӏулев чияс щайдай пикраби гӏурус мацӏалъ загьир гьаруралинги бижулеб буго суал.

Гӏемерисел гьев авторасде данде тӏирун чӏун руго, лъикӏаб цебелъей букӏанин, жидее кутакалда рекӏее гӏунинги абун. Рукӏана, сценаялда бихьараб гӏалагъважаялъ жидер кутакалда бетӏер унтизабунин, давление баханин абулелги. Бищунго гӏайиб чӏвалеб букӏана сценаялда гӏуруслъи цӏикӏкӏиналда. Гьури чӏвачӏони, гӏучӏ багъаруларин абулелъул магӏарулаз, гӏиллаго гьечӏого ругел гӏарзал гьел рукӏинищха. Кинавго чиги цо коцониб кьа бураб гӏакълу-лъаялъул вукӏуна релъул, щивас жиндирго бихьи, бичӏчӏи загьир гьабун батила. Кин батаниги, гьеб кинабго буго ни лъерго миллияб театр бокьиялъул гӏаламат.

ЗАГӏИПАБ БИХЬИЧӏОГО, ЗАЛИМАБ БИЧӏЧӏУЛАРО

Байрамкъоялдаса хадуб гьеб постановка такрар гьабизе бугин, рачӏаян бачӏана театралдаса ни- жер редакциялде ахӏиги цадахъго пригласительниял белталги.

Гъира-шавкъалда рачӏун гӏада маз занкӏун цӏуна зал. Хӏалтӏул къоял ругониги, рикӏкӏадал ма гӏарул районаздасагицин ругоан хасгьабун гьенире рачӏарал лъалел-хъвалел гӏадамал, культураялъул хӏаракатчагӏи. Цебеккун бихьаралги ругоан кӏиабизеги рачӏун.

«Хисизабун бугин рагӏана, анкьида жаниб щиб аз хисулеб жо…», «Щай эб хисизабунгӏаги? Диени цебесебги цӏакъ бокьана» — гьадинал шур-шурал рукӏана пардав рагьилалда цебе. Сценаялда бихьизабизе бугеб гӏуруслъиялъе критика гьабизе ниятгун театралде ячӏарай дунгиха.

Магӏарул гурони мацӏго лъаларев махсара-хочӏалъе цӏакъав Цӏорол Дадаги ватана тадбир бачунев.

Миллиял кьурдабазул расен бахъулел актерал рихьидал, цо лахӏзаталъ ракӏалде щвана Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас жиндирго «Дир театр» тӏехь байбихьулаго хъварал мухъал: «Гьанжеялдаса нусго соналъ цебе магӏарулазда гьикъун букӏарабани «щиб кколеб театр» абун, гьез жаваб кьелаан, букӏкӏине нодоги гьабун, лъаларин. Магӏарулазул кӏалзулаб творчествоялда жаниб гьеб рагӏи киданиги хӏалтӏизабулеб букӏин чӏелъул. Театр абулеб рагӏиялъул бакӏалда гьезул кӏалдиб ругьунлъун букӏана: годекӏан, гъастӏакквел, ригьнакӏо, бертин, нартал, хъартал, расанкӏаби, рагӏул гӏомо, мацӏазул хадиро ва гь. ц. Гьел киналго рагӏаби цолъизаруни — гьеб ккола театр. Магӏарулазул некӏсиял гӏадатаздаса тӏирщун бачӏана авар халкъалда гьоркьоб театралияб искусство».

Гьеле гьеб, лъугӏун унебщинаб халкъияб творчество сценаялдаса чӏаголъизабизе гӏураб бечелъиги, ресги буго жакъа театралда. Гьеб буго рохизе ккараб хӏужа. Руго анкьгьунарал гӏадал гӏолохъа налги, гьезие мисаллъун, гӏе мер соназулаб хӏалбихьи щварал махщелчагӏиги. Узухъда, гьеб бе- челъи халкъалъе къабулаб хӏалалъ бихьизаби режиссерасда барабги букӏинарищха.

«ЧӏВАЗЕ ГӏАЙИБГО БАЛАГЬИЧӏО»

Дица гӏорхъолъа ун хасго гьеб шоу беццулеб бугинги ккоге, какунги гьеб щай, концерт хӏисабалда бихьизабураб байрамалъул программа. Къокъго абуни, разиго ана гӏадамал гьениса.

— Битӏараб бицани, дун урхъун йикӏана гъодинаб ихтилатсухӏматалъухъ. Гьаб ахираб кӏиго лъагӏелалъ цӏакъ хьул букӏана театралде щвезе. Тӏокӏалъ щвезего щвеладай гьениеян щакдарабигицин рукӏунаан, — ин абуна ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, Чӏарада районалъул халкъияб театралъул режиссер Рашидат Гӏалиасхӏабовалъ.

— Шоу къабул гьабизе ккола шоу хӏисабалда, тематика цӏунизе ккараб жоги дида гьениб бихьичӏо. Гьаб цо бокӏон дагьаб загӏипаб бугин ккани, цоялъ цояб хисун, гьеб кӏоченабулеб ихтилатги гьунарги бачӏана цебе. Гьезда чӏвазе гӏайибго балагьичӏо дица. Кигӏанги бокьана, баркала «къо- роласе лъади хъирщулеб» сухӏмат гӏуцӏаразе. Халкъалъе къиматал кочӏохъаби гьоркьор гӏахьаллъизе ахӏиги цӏакъ лъикӏаб хӏукму гьабун буго театралъул нухмалъулез. Гьал ахирал соназ унтиялъги къварилъиялъги кӏвекӏарал гӏадамазе хӏажат буго аваданлъи. Гьеб гьукъани, гӏадамал ццидаллъун лъугьуна.

Байбихьудаго сценарийги постановкаги загӏипаб букӏараб батани, цӏакъ къокъаб заманалда жаниб гӏуруслъи нахъе чӏаран буго гьениса. Магӏарулазе хасиятаб гуребщинаб сценариялда гьоркьоса бахъун батила, гӏадамаз загьир гьарурал пикрабиги хӏисабалде росун, миллиябщинаб бичӏчӏулев театралъул директорасул тӏалабалда гъоркь.

Басриял цӏи гьарун, цӏи-цӏиял лъун, магӏарулазе бокьулеб къагӏидаялъ репертуар бечед гьабиялда тӏад хӏалтӏулеб буго театралъул нухмалъи.