Ахирал соназда гӏемер бицунеб коронавирусалъ кинго рахӏат толеб гьечӏо гӏадамазе. Цӏикӏкӏунеб буго унтаразул къадарги. Гьелде данде гьабулеб рагъулъ бищун кӏвар бугеблъун ва пайдаяблъун тохтурзабазгун гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго вакцина гьаби. Гьенирги руго дандчӏвалел масъалаби, хӏалтӏи цебехун унеб буго захӏматго. Дагъистаналда жеги хӏажатаб къадаралде бахун гьечӏо вакцина гьабуразул процент. Амма руго районал гьеб хӏалтӏи тӏадегӏанаб даражаялда гьабуралги. Гьеди- наблъун ккола, масала, Гумбет район. Гьебги хӏисабалде босун, нижеца сапар бухьана районалде ва районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповасул- гун букӏараб дандчӏваялда рорхана гьеб ва цогидал суалал.

— Гъалип, гьаб хъулухъалда мун вуго лъабго моцӏгӏанасеб заманал- да. Гӏунищ дуе гьеб заман райо- налда бугеб ахӏвал-хӏалалъулгун лъай-хъвай гьабизе, хӏалтӏуда гъорлъе лъугьине?

— Гьаб районалда гьавуравги гӏуравги вугелъул, дун, район тун къватӏив хӏалтӏулев вукӏаниги, районалъул гӏумруялдаса киданиги рикӏкӏалъичӏо. Хӏакъаб жо, кинабго мухӏканго лъазе цебехун дир рес букӏинчӏо. Руго росаби дун щварал, жамагӏаталгун дандчӏварал, руго жеги щвечӏелги. Гьаб къокъабго заманалда жаниб кинабго лъанин абуни, мекъи букӏина. Амма, абизе бегьула, бугеб ахӏвал-хӏалалъул 50- 60 процент кӏванин лъазабизе. Дун гьаниве вачӏун вуго федералиял ва республикаялъулал батӏи-батӏиял программабаздаса пайдаги босун, бажари-рес бугел районцоязул жигаралда мугъчӏвайги гьабун, кӏвараб куцалда, бажарухъе хӏалтӏи гьабизе ниятгун.

— Магӏишатияб хӏалтӏулъ дур буго цӏикӏкӏараб хӏалбихьи, мун гӏемерал соназ хӏалтӏана республикаялъул энергосистемаялда ва цогидал бакӏазда. Амма района лъул бетӏерасул хӏалтӏулъ руго цо- гидал рахъалги – политикиял, со- циалиял ва гь. ц. Гьезде хӏадурго вугищ?

— Гӏатӏиракьалда гӏадин кӏудияб политика гьечӏониги, гьелъул гӏаламатал гьанирги камуларо. Бацӏцӏадаб политикаялда дандечӏей дир гьечӏо, амма хъубаб политика дие данде кколаро, гьеб дица къабулги гьабуларо. Дун политик гуро, дун вуго магӏишатияв чи ва дие аслияллъун руго нухал, школал, больницаби, лъел суалал ва цогидабги. Гьеб рахъалъ хӏалтӏи дагьаб биччабихъан тунги буго районалда. Гӏолел гьечӏо специалистал, бажари-лъай бугел гӏолохъабазе бокьулеб гьечӏо мукъсанаб харжалъухъ магӏарухъ хӏалтӏизе. Гьайгьай, хӏалтӏи гӏемер буго, церечӏарал масъалаби гӏунги тӏокӏ руго, амма дун гьел тӏуразаризе хӏадурго вуго. Аллагьасда ва гӏадамазда цеве рацӏцӏалъиги цӏунун, хӏалтӏи гьаби рикӏкӏуна дица тӏадаб налъилъун.

— Ахираб кӏиго соналъ тӏад лъураб гьир гӏадин буго гьаб балагьаб унти — коронавирус. Специалистаз чӏезабухъе, гьелдаса цӏуниялъе гьабсагӏаталда буго цо дару — вак- цина гьаби. Гьеб рахъалъ Гум- бет районалъ рихьизарулел руго лъикӏал хӏасилал, республикая лъул районазда гьоркьор нуж руго цебесеб кьерда…

— Дунги дир тӏолабго хъизан- ги гъоркьиса унтана. Гьединлъи- дал дида лъала гьелъул бухӏи. Гьаб хӏалтӏуде лъугьиндал, дица ахӏана райбольницаялъул бетӏерав тохтур ва цӏехана коронавирусалъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьес абуна гӏадамазул 40 процен- талъ гьабун бугин вакцинайилан абун. Гьенирго дандрана киналго суалал, ургъана план ва гьелдаса на- хъе тӏадчӏун байбихьана хӏалтӏизе. Гӏезегӏан рукӏана божуларел, гьаби- ларин вакцина абун чӏарал, хӏажат гьечӏел харбал рицунел гӏадамал. Ниж гьезухъ балагьун чӏечӏо. Дица администрациялде ракӏарана ро- сабалъа имамзаби ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи, киналго ахӏана жига- раб куцалда бичӏчӏикьеялъул, малъахъваял гьариялъул хӏалтӏи гьабизе. Хасаб данделъи тӏобитӏана росабазул бегавулзабазулгунги. Дидаса байби- хьун, администрациялъул киналго хӏалтӏухъабаз гьабуна вакцина. Дица тӏаде босана дир гӏага-божарал гьел- де ахӏизе, гьебго тӏад къана адми- нистрациялъул хӏалтӏухъабаздаги. Гьебго суалалда хурхун рукӏана дандчӏваял сахлъи цӏуниялъул, лъай кьеялъул учреждениязул нухмалъулезулгун. Росана вакцина цӏунизе рес кьолел холодильникал, гӏадамазе бигьалъиялъе вакцина гьабизе байбихьана, цохӏо райцентралда гуреб- ги, участковияб больница бугел росабалъги. Гӏемераб хӏалтӏи гьабуна медицинаялъул хӏалтӏухъабаз. Гьеб киналъулго хӏасилалда жакъа къоялде вакцина гьабун буго районалъул гӏадамазул 90 проценталъ.

— «Хӏакъикъат» газеталъе подписка гьабиялъул рахъалъги магӏарул районазда гьоркьоб Гумбет буго тӏоцебесеб бакӏалда (400- ялде гӏагарун экземпляр). Щиб дуца абилеб гьеб хӏужаялда бан?

— Дун гьаб хъулухъалде ккедал, гьебги баркун дихъе кӏалъан рачӏун рукӏана газеталъул бетӏерав редак- тор Гӏумахан Гӏумаханов ва гьесулзаместитель Зикрула Ильясов. Ккана подпискаялъул хӏакъалъулъ хабарги. Хадур дица ракӏарана администра- циялъул хӏалтӏухъаби, росабазул бегавулзаби ва тӏад къана подписка- ялъул суал дагьаб хӏалуцинабизе. Росабалъ ругел гӏадамазе бокьула газета ва гъираялда цӏалула. Ниже- даги бичӏчӏула гьеб чара гьечӏеб ва кӏвар бугеб хӏалтӏи букӏин. Подпи- скаялъул рахъалъ район тӏоцебесеб бакӏалда букӏин гӏемер лъикӏаб иш буго ва хадубккунги гьеб хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизе тезе гьечӏо. Ад- министрациялде бачӏунеб газета цӏалулеб бугониги, битӏараб бица- ни, дица исана жеги хъван букӏинчӏо «Хӏакъикъат». Гьале жакъа гьабизе буго гьелъие подписка.

Коронавирусалъе — зар, хӏалтӏуе – хӏасил

Районалъул нухмалъулесулгун гара-чӏвариги гьабун, ниж щвана райполиклиникаялде ва дандчӏвана врач-рентгенолог Гулисат Худатбеговвагун.

— Гулисат, цогидал районазда дандеккун, вакцина гьабиялъул иш нужехъ цӏакъго лъикӏ букӏин бихьулеб буго. Кин кӏвараб, сунца квербакъараб?

— Тӏоцебесеб иргаялда, гьеб буго райбольницаялъул бетӏерав тохтура- сул хӏалтӏул хӏасил. Лъикӏ хӏалтӏана инфекциязулгун эпидемиологияб хъулухъ. Гьаниб гӏуцӏун букӏана прививкаби гьариялъул хасаб комиссияги. Районалъул нухмалъиялъги кьуна гьеб суалалде кутакаб кӏвар. Гьеб киналъулго хӏасилалда нижеда кӏвана прививкаби гьабуразул къадар 90 проценталде бахинабизе. Амма гьелда гӏей гьабун ниж чӏунги гьечӏелха.

— Жеги вакцина гьабичӏезда щиб дуца абилеб?

— Байбихьуда дунгоги йикӏана гьелда божуларого. Хадуб дида би- хьана кинабго, бичӏчӏана прививка гьабичӏого тӏубалареблъи. Дицагоги гьабуна, гьабиялдасаги разилъана. Дир киналго лъималазги гьеб гьабуна. Дица киназдаго абула ва абизеги буго – хӏинкъизе, беркъазе ккараб жо гьениб щибго гьечӏин, вакцина гьабизе кколин.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ