ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 25 январалда Сергей Меликовас тӏобитӏараб данделъиялда бицана республикаялъул шагьараздеги росабалъеги газ бачиналъулги энергетикаялъулгун ЖКХялъул предприятиял церетӏезариялъул
Газ бачиналъул иш хехлъизабиялъул хӏакъалъулъ хабар ккун букӏана дагьалъ цебегӏан гьабураб Россиялъул президент Владимир Путинилгун журналистазул пресс-конференциялда. Гьединго гьал къоязда регионазул бутӏрузулгун, газалъул компаниязул нухмалъулезулгун букӏараб дандчӏваялда улкаялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Александр Новакицаги гьоркьоб лъун букӏана гьебго суал. Гьелда гӏахьаллъана Сергей Меликовги.
Амма цебеккун хӏисабалде босараб къагӏидаялда газ бачун бахъиналъе гӏезегӏан квалквалал кколел руго газалъул рогӏрал басралъун рукӏиналъ, батӏи-батӏиял объектазул бетӏергьанлъи чӏезабиялъул иш хадуб бехъерхъиялъ. Гьелъ нахъе ккезабулеб буго рукӏа-рахъиналъул магӏишаталъул идарабиги.
Республикаялъул энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрасул ишал тӏуралев Ризван Мурадовас бицухъе, хасаб план-графикалда хӏисабалде босун буго исана газ 2046 минаялъубе бачине. Гьеб бачеян гӏадамаз гӏарзаби кьолел руго МФЦялдеги бакӏалъулал администрацияздеги. Масала, 25 январалде кьун буго 1279 гӏарза.
«Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъул исполнительнияв директор Олег Чиглинцевасул рагӏабазда рекъон, нилъер регионалда газ бачинелъун гӏуцӏараб программаялъе биччан буго 900 миллионалде гӏагарун гъурущ.
Жиде-жидер минабахъе, участоказде газ бачунаго гӏадамаз харж гьабулеб гӏарац кин дагьлъизабилебалиги, гьеб рахъалъ пачалихъалъул кумек кинаб букӏине бегьулебалиги дандбана гьениб.