«Ахираб заманалда этнографиялдехун бербалагьи хисулеб буго. Гӏадамазе бокьулеб буго жидергоги цогидал халкъазулги гӏадатал ва рукӏа-рахъин лъазабизе. Цо-цояз абуни гьелъие гӏоло жидерго махщелцин хисизабулеб буго. Масала, тохтурас лъазабулеб буго умумузул заманалда букӏараб халкъияб дару-сабаб, гьанжелъагӏан музеязда яги кабинетазда жанирги чӏун гӏелму лъазабулел рукӏарал гӏадамал рахъунел руго некӏсиял росабалъе хьвадулел гидал-оператораллъун. Амма этнографиялъе кьучӏ лъезе ккола тарихияб лъаялъ». Гьедин байбихьана Гъуниб районалъул Ругъжаса тарихиял гӏелмабазул кандидат Майсарат Мусаевалъулгун нижер гара-чӏвари.

—Майсарат, дица цӏалун букӏана Юлий Цезарь, Александр Македонский гӏадал, бащадаб дунял кверде босарал чагӏаз чияр ракьал рахъилалде цере цин гьезул гӏадаталги рукӏа-рахъинги лъазабулеб букӏанилан. Этнографал гӏадал чагӏи кколел рукӏун ругоха гьел.

— Унха, жидеца кверщел гьабураб ракьалда хадубккун жидерго сиясат билълъанхъизабизе ккани, гьез гьеб бакӏалъул гӏадамазул гӏамал-хасиятги цебеккунго лъазабизе ккелароанищха.

Гьединго Россиялъ Кавказ мутӏигӏ гьабулеб заманалдаги гьелда церехунги нилъер гьаниреги гӏемер рачӏунаан сапарчагӏиги, тохтурзабиги, тарихчагӏиги, художникалги. Гьез нахъе тарал хъвай-хъвагӏаяз нижее кӏудияб кумек гьабуна доб заман цебечӏезабизе. Масала, Усларица (ХӀX гӏасруялда Кавказалъул мацӏалги рукӏа-рахъинги лъазаризе Россиялдаса витӏун вачӏарав гӏалимчи барон Петр Карлович — авт.) хъвалеб буго дагъистанияз гӏелмуялъул гьабулеб букӏараб къиматалъул. Жидер лъималаз гӏелму цӏализе бокьичӏеб цониги хъизан гьечӏин Дагъистаналдаян бицунеб буго гьес. Гьединго Н. Львовасги хъван буго «Рокъобги хъизамалдаги магӏарулазул гӏумруялъул» хӏакъалъулъ. Жеги гӏезегӏан руго тохтурзабаз нахъе тарал гьединал хӏалтӏабиги. Гьезие кутакалда интерес букӏараб къагӏидаха нилъер. Гьезда гӏайиб щиб, цониги бакӏалде щведал, нилъеегоги бокьуларищха батӏияб халкъалъул рукӏа-рахъинги гӏадаталги лъазе. Цо-цо мехалда нилъер гӏадатал ричӏчӏичӏого, гьел цӏакъ вахӏшиял, гӏалхулал ругинги хъван батула гьез.

Дица абула Дагъистан бугин батӏи-батӏиял рукъабаздасан букъараб юргъан гӏадаб бакӏилан. Цого кьолбол чагӏиян кканиги, щибаб халкъалъул буго жиде-жидер хаслъи. Гьединлъидал этнография гьабсагӏат модаялда буго. Амма мода ун-бачӏун букӏуна. Нижеда тӏадаб жо ккола соналдаса соналде тӏагӏун унеб тарихалъул хъвай-хъвагӏай гьаби. Гьанже глобализациялъул заманалда сверухъ лъугьа-бахъунелъул хӏисаб гьабизецин бажарулеб гьечӏо. Бер къапилалде хисулеб-сверулеб буго дунял. Интернеталъ нахъе цуна телевидениегун радио, батӏи-батӏиял технологиял. Гьединлъидал хӏинкъи буго нилъер рукӏа-рахъиналъулги гӏадатазулги хаслъи цогидал халкъазулазда гъорлъ жуба-гъубалин абун.

— Гьеб хаслъиялдехун гӏадамазул интерес кидалъагӏан букӏинин кколеб дуда?

— Нилъеца къимат гьабулебгӏан мехалъ букӏине батила гьелъул кӏвар. Амма дида ккола дагь-дагьккун гӏиси-бикъинал хиса-басиял лъугьинин гӏадатазулъги рукӏа-рахъиналъулъги. Масала, табасараназул халичаби кьералги хисизарун рессулел руго гьанже. Амма рессулеб къагӏидаги накъишалги гъолго руго. Гьел накъишазулги жидерго магӏна букӏуна. Цо хасаб мацӏ буго гьезул.

Этнографлъун яхъинегӏангоги рокьулаан дие нилъецаго рессарал халичаби. Дица гьеб дирго рокъобги тӏамун буго.

Дирго лъималазулъги куцана умумузул рукӏа-рахъиналдехунгун гӏадатаздехун рокьи. Амма гьезул лъималаз гьелъул кӏвар гьабилебищали лъаларо. Гьединго цогидазул лъималазгиха. Глобализациялъ пикру хисизабизе рес бугелъул. Гьединго цӏирахъарал жал бищун ахиралда гурони щоларо Кавказалде. Консерваторал гӏемераб бакӏ буго гьаб. Амма гӏезегӏан мехалъниги хутӏилародайха гьелде цӏияб заманалъул унти бахинчӏого? Кӏудияб ригьалъул гӏадан йигониги, гьанжесел шартӏазда гӏумру гьабизе бокьула дие. Амма руго цо-цо рахъал хисичӏого хутӏизе анищан ккаралги. Рухӏияб культура хутӏулебани умумуздасан нилъехъе бачӏараб куцалда. Гьединал чагӏи цӏикӏкӏун ругебгӏан мехалъ цӏунизе кӏвелаан нилъерго хаслъи.

— Масала, умумузул гьалбадерил цебе къимат гьабулаан. Гьанже лъугӏун унеб буго гьелъул магӏна. Цо рахъалъ босани, лъазего лъаларев чи киндай умумуз рокъове виччалев вукӏарав?

— Жакъасеб гӏумруялъул шартӏал батӏиял ругелъул кколаха нилъеда гьедин. Амма доб мехалда иш батӏайисн букӏана. Цӏикӏкӏун божилъи букӏана цоцаздехун. Гьединго даран-базар сабаблъун баккараб гӏадат буго гьеб. Пуланаб росулъе вачӏарав чиясдасан кинабгӏаги зарал букӏунароан гӏадамазе – гьес гьезие гӏицӏго ракӏ хинлъизабулел харбалги лъикӏаб къайигилъидал босун бачӏунеб букӏараб.

Гьанже сордо борчӏун гьобол лъихъниги чӏоларо, нахъ вуссун ине транспорт букӏиналъги магӏарухъ гостиницаби рагьиялъги. Амма, кин батаниги, гьоболасдехун умумулъанго бачӏараб хинаб бербалагьи букӏуна нилъелъ. Умумузул гьалбал киса рукӏаралалиги лъала.

— Расулица кочӏолъ хъвалеб буго тӏагърал рехизе Тӏадмагъилъе рилълъаян. Гьеб унго-унголъунги букӏараб гӏадатищ яги шагӏирас ургъараб жойищ? Гурони, магӏарухъ матриархат букӏин бихьизабулеб буго гьелъ.

— Матриархаталъул бицани, гьеб кьучӏ гьечӏеб жо ккола. Цоял чӏола букӏанин гьедин, цогидаз абула букӏинчӏин. Дир хӏисабалда, тӏагърал рехи ккола гӏицӏго гӏадат (матриархат гуреб). Батӏи-батӏиял рукӏаралъул гӏадаталги. Мисалалъе, букӏун буго заман чӏужугӏаданалъ рос жинцаго тӏаса вищулев. Кавказалъул рагъул заманалда имам Шамилицаги цӏи гьабун буго гьеб. Щай абуни, гъазаваталдаса хадуб бихьинал дагьлъун, руччаби гӏемерлъун рукӏиндал.

Тумазулги букӏун буго гьединаб гӏадат — росасе кьезе гӏурай ясалъ сардилъ болкъотӏноеги яхъун, ахӏулеб букӏун буго жиндирго рекӏелъ восарав чиясул цӏар. Цинги гьес гьей ячине кколейги йикӏун йиго.

— Буртинаялда гӏандадерилин щай абулеб? Цогидаб бакӏалда гьабуларого букӏунищ?

— Кавказалда буртина гӏемерал бакӏазда гьабулаан, амма цогидазухъа гьеб гӏандадерихъа гӏадаб лъикӏаб, щвалде щвараб лъугьунеб букӏинчӏо. Гьедин бачӏараб буго гӏандадерил абун цӏарги. Хӏисаб гьабидал, гьелдаса гьабизе бигьаяб жоги батиларин ккола дида — я бессизе, я букъизе кколаро. Бухӏараб лъимги тӏун, данде букӏкӏараб тамахаб квас зурула, лълъулълъала, цӏацӏала, нахъойги зурула. Гьедин лъугьуна буртина.

Бессичӏого гьабураб ххамин абизе бегьула гьелде, квасул ххам. Жибго буртинадул чан батӏияб ретӏел магӏарулаз гьабулеб букӏараб? Буртинадул тӏагъур, вехьасул куртка, гурдецин букӏана гьелъул. Амма бищунго машгьурлъана гӏандадерил буртина.

Гьелда тӏасан гӏелмияб диссертация хъвана Правовой академиялда хӏалтӏулей йигей Раисат Гӏизудиновалъ.

— Цебе бихьиназулги руччабазулги жиде-жидер дандеруссиналги кучӏдулги рукӏун руго. Хӏатта, мацӏгицин буго. Масала, Къорода буго гӏицӏго руччабаз бицунеб мацӏ.

— Болмацӏалда гьабсагӏатги гье чӏищха бихьиназулги руччабазулги жидерго междометиялцин. Миса- лалъе, руччабаз гурони абуларо, вай, вуй, гьарайилан. Гьединго гӏицӏго бихьиназ абула ияхӏ, вахӏилан. Цебе магӏарухъ гваялгун дан- деруссиналги рукӏунаан бихьи- назул батӏаго, руччабазул батӏаго. Цӏоросаролъ чӏучӏине, квас самизе ва цогидабги ишалъе данде ракӏарулаан руччаби халатал кьиндалил сардаз. Цоялъ бачӏунаан бухӏилаго кинаб букӏаниги тӏагӏам, цогидалъ пихъмичӏ, къокъго абуни, гьел рукӏана жидеего рекӏелгъеялъеги хӏалтӏуе кумекалъеги ургъарал тадбирал.

Гьединго гӏицӏго бихьиназул дан- деруссиназул цояб кколаан — ихдалил рекьуде гӏагарлъулелъул, рос лъабго моцӏалъ чӏужуялдаса батӏаго чӏей. Хъун оцгун, кванан гьангун, рухӏжаналда оцбаялъулъ гӏахьаллъизе хӏадурлъулел рукӏунаанила гьел. Къец бан рекьаризеги, рекеризеги, кӏанцӏизеги къуват къваригӏунеб букӏиндалха.

— Цо-цо росабалъ гьанжеги цӏунун ругел гӏадатазухъ яги беразул ссуялъухъ балагьун, къватӏиса рачӏарал къавмазул цӏарал абула гӏадамаз. Гьелъул магӏна щиб?

— Тарихчи Дубровиница, масала, хъвалеб буго ругъеж ягьудиял кколаанин. Щайин абуни, росабазе унеб мехалда гьезул ясаз бутӏрулги кӏкӏвалин, чи хвараб мехалда руччабаз ботӏродаса расалги тӏолилан. Амма гьез бутӏрул кӏкӏваялъул тӏубан батӏияб магӏна буго.

Муни росулъ ягьудиял рукӏанилан абизе кӏола дида. Дун дое щвана. Гьениб гьабсагӏатги буго жугьутӏазул абун басрияб хабзал. Амма бищун кӏвар кьезе ккараб жо гьениб цогидаб буго — гьез жакъа къоялъги щибаб шамат къоялъул къаси хӏедучирахъал ракулел руго. Гьелъул магӏна щибин гьикъидал, лъаларин жаваб кьуна гьез, жидедаги гьедин гьабулеб батанила умумуз. Гьебин абуни ккола жугьутӏазул гӏадат – шаббат – шамат къоялъул къаси хӏедучирахъалги ракун, хӏухьбахъи гьаби.

— Дуца гӏелмияб хӏалтӏи хъван буго хъваршисезул рукӏа-рахъиналъул хӏакъалъулъ. Мун гьений сунца гӏажаиблъизаюрай?

— Дун гьение щвараб тӏоцебесеб соналъ (1986 сон букӏанин ккола) жеги токцин бачун букӏинчӏо росулъе. Хадусеб соналъ бачун батана. Гьениб дие бицана росдал гьадинаб гӏадаталъул хӏакъалъулъ. Нилъеда лъала росас цӏар тӏамурай гӏадан, исламалда рекъон, цогидав чиясе инчӏого, цӏидасан гьевгун рекъезе бегьулареблъи. Гьединлъидал хъваршисезул (Хъварши, Хонох, Тӏаса ва Гъоркьа Инхокъвари, Кӏванкьада, Санкьада, Хъвайни росабалъ) вукӏун вуго лъабго къоялъ гьединай чӏужугӏадан ячунев хасав чи. Тӏад тӏанкӏги бугеб, сурмияб кьералъул тӏагъурги букӏунаанила гьесда тӏад, киназдаго лъалевги вукӏун вуго гьев. Гьединай гӏадан ячун-йиччаралъухъ гӏарацги кьолеб букӏун буго гьесие. Хъваршисез бицунеб букӏана нагагьлъун гьей гӏадан нахъе йиччаларин чӏани, долъул росас гьесие цӏикӏкӏун гӏарац кьезе кколеб букӏун бугила.

Гьелдасаги гӏажаибалги жеги гӏезегӏан гӏадатал рукӏун ратила. Амма гьезул цо-цоял кӏочон тун, цогидал намуслъун яги гӏурус мацӏ лъангутӏиялъ дун гӏадин магӏарухъе рачӏарал этнографазе рицинчӏого хутӏун ратила.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.