Шамил районалъул Мачӏадаса Ахӏматӏов Ибрагьим лъаларев ва гьесул бицунеб рагӏичӏев чиги къанагӏатги ватиларо магӏарулазда гьоркьов. Гьес нухмалъи гьабулеб Гъизляралъул «Концерн КЭМЗ» ОАОги буго дунялалдаго машгьураб предприятие. Хасго чӏахӏи-чӏахӏиял заводазда тӏад цебего къоноги чӏвараб, заманаялъул «гудракьа рорчӏизе» кӏвечӏого гьел хӏурудахъ араб мехалъ, жакъаги Ахӏматӏовас нухмалъи гьабулеб заводалъул гуч буго.
Араб анкьалъул ахиралда редакциялде вачӏарав Ибрагьимилгун харбида рукӏана ниж. Ахӏматӏовас бицана миллияб газеталъулгун жиндир киданиги гьоркьоблъи тӏечӏиланги, заводалъул жакъасеб хӏаракаталъулги, санкциязулги, дандчӏвалел квалквалазулги ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.
«Сахал гӏадамал рихьулел гьечӏо, цере чӏаниги»
— Жакъа нилъер пачалихъалда хӏалтӏулев чиясул гьабулеб къимат бихьулеб гьечӏо, — ян байбихьана Ибрагьимица. – Мисалалъе росизин халкъияб информациялъул алатал. Цебе, дун гӏолохъанаб заманалда, телевидениялдасан, хӏатта кинофильмабаздасанги, рихьизарулел чагӏи рукӏана захӏматчагӏи. Вехьасул, дояркаялъул, хурухъабазул, гьез гӏетӏги тӏун гьабураб магӏишаталъул кӏудияб адабалда бицунаан. Гьанже балагье, щал рихьизарулел ва щал реццулеб ругеб телевидениялъ, газетаз? Артистал, кочӏохъаби ялъуни ботӏрода жанир гьури бахъарал, блогерал ругин жалин чӏарал цо къавмалъул бицуна киса-кибего. Бащдал толохӏочарал, тӏадагьаб хьвада-чӏвадиялъул артисткаби ялъуни кочӏохъаби — гьел руго жакъа ссиялда. Амма инженералги махщелчагӏиги кӏочон тун ругеб гӏадаб хӏисаб буго.
Ракӏалда буго, «Рен-ТВ» каналалъ жидерго эфиралдасан чанго нухалда бицана Гъизляр шагьаралъул хӏакъалъулъ. Амма гьезул хӏалтӏухъабаз бачӏинахъего абуна, нужер заводалъ гьабураб хӏалтӏиги, хӏадур гьарурал алаталги, нужер бергьенлъабиги хӏажат гьечӏила жидер каналалъе. Жидеца, тӏоцебесеб иргаялда, бихьизабизе бугин щиб бакӏалда кьвагьи гьабурабали, чӏваравали, лъица кибехун чороклъи гьабурабали. Гьелейин жидер аудиториялъе къваригӏараб тема. Лъица гьелде гьел ругьун гьарурал? «Щуабилеб колоннаялъ». Гьез гьабуна Чачаналда рагъги, гьез нуцӏа рагьана кинабго чорокабщинаб, нахъегӏанаб, къабихӏабщинаб гӏала-гъважаялдеги.
СШАялъул вукӏарав президент Джордж Бушица рагьун абуна жидеца барахщичӏого 30 миллион долларги кьун, Россиялъул журналистал жидедехунго (СШАялъул сиясаталде) руссинарунин абун. Гьаризеги гьаруралъулха. Щибха гьел журналистаз хъурулеб букӏараб жо? Нилъ (дунги цогидал магӏишатчагӏиги) ругин щибниги гьунарги такъваги гьечӏел тухьулаби, щибниги гьабунги бажаруларел, кверда махщелги гьечӏел пакъирзаби. Нилъер я авиация, я техника гьечӏин. Нилъ рагӏула рацӏцӏадал гӏабдалзаби.
Амма бищунго квеш букӏараб жо бицинищ, дуца сах-саламаталилан тарал чагӏиги гьеб чӏандаялда божулел рати. Дир цо лъикӏав гьудулгьалмагъ вуго гӏемерал соназ Гъизилюрталда судиявлъун хӏалтӏарав чи. Гьевги вуго цо нухалъ нилъер авиацияго гьечӏин чӏанда бицунев. Гьесда щиб гьеб лъалеб? Гьев гьелда нахъа вукӏарав чийищ? Буго нилъер авиацияги цогидаб къваригӏанщинабги. Дунлъидал гьелда нахъа вугев чи.
Цебе чан завод нилъер букӏараб, жакъа чан бугеб? Жакъа базаралда бичулеб бугеб къайи-цӏаялъул 90 процент къватӏиса бичун босула нилъеца. Цохӏо Турциялъухъа босула 35 млрд. гъурщиде махх. Гьезухъа бичунги босун, нижер заводалъ лъагӏалие къватӏибе биччала 4-5 млрд. гъурщиде къайи-цӏа. Цебе кинабго букӏана пачалихъалъул къайимлъиялда, гьединлъидал гьелъухъа кумекги щолаан магӏишатчагӏазе. Гьанже кинабго хасаб бетӏергьанлъиялде, АОязде буссиндал, гьелги мугъ рехун чӏана. Жакъа нижер ургъел бугев, кумек гьабизе бокьарав хӏаким ватулевго гьечӏо. Гьезие нижеца гьабулеб хӏалтӏулги, къватӏибе биччалеб къайи-цӏаялъулги ургъелги гьечӏо. Сордо аги, къо аги, кисинире кколел гъурщал къотӏугегиян абухъе руго. Узухъда, гьеб бихьичӏого хутӏулеб гьечӏо гӏолеб гӏелалдаги. Жакъа гӏолохъаби Инстаграммабаздасаги Ватцапаздасаги тӏезарун, магӏишаталдехун, захӏматалдехун руссинаризе къваригӏун буго. Гьезулъ ватӏан бокьи, захӏмат бокьи, умумузул магӏишат-пишаялдехун гъира цӏикӏкӏинабизе къваригӏун буго. Гьеб рахъалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго нужер газеталъги. Дида гьеб бихьула ва газета цӏалула рес кканщинахъе. Гьединго цӏакъ рекӏее гӏуна тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас хъвараб тӏехьги, гьебги босун дихъе щвезе вачӏун вукӏана гьев, — ан бицана Ахӏматӏовас.
Лъидениги мугъчӏвазе бегьулеб заман гуро аб
— Амма гьалдаго цадахъ дие бокьилаан чӏагоял, хӏалтӏулел гӏадамазул хӏакъалъулъ, махщел бугел чагӏазул цӏикӏкӏун хъвалебани нужеца газеталда, — ян абуна Ибрагьимица хадубги. — Захӏматалдехун гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ гъира-цӏа базабизе, инсанасул кверазухъа борчӏараб цониги махщел гьечӏеблъи киназдаго рагӏизабизе хӏажат буго жакъа газеталъул гьурмаздасан. Лъидениги, я пачалихъалде, яги инвесторазде ракӏги лъун мун вукӏине бегьуларо. Гьеб жо ракӏчӏун лъала дида. Лъиениги къваригӏун гьечӏо мун. Кинабго дуцаго, дурго бетӏерги хӏалтӏун, кӏиябго кверги квалквадун гьабуни гурони, лъицаниги кумек гьабуларо. Хасго гьеб цӏакъго якъинлъана жакъа, бигьаяб гуреб, экономикаялъул заманалда дагьал захӏмалъаби гуро дандчӏвалел ругел. Мисалалъе, оборонаялъул заказал цӏакъго дагьлъана нижер заводалда. Гьелъие гьадинал гӏиллаби руго. Цо бугони, нилъер пачалихъалъ тӏубазабун буго жиб яргъидалъун хьезабиялъул рахъалъ хӏисабалде босун букӏараб программа. Кӏиабизе, гьелъие гӏиллалъун ккана санкциял. Нижехъа гӏемераб къайи-цӏа босулеб букӏараб Китайги нахъе кӏанцӏун чӏана СШАялъукьаги хӏинкъун. Заказал къабул гьарулелъул, банкалда бараб жоги гӏемер букӏуна. Гӏарцуда хурхарал тадбирал гьенисалъидал гьаризе кколел. СШАялъ жидергун кредиталъулал къотӏи-къаял тӏокӏал гьариларин хӏинкъун, Китайги гьелъул банкги инкар ккун чӏана. Санкциял, санкциялин абун бицунеб рагӏун гурони, чанцӏулго гьелда гъорлъе ккарал чагӏазда гурони гьелъул зарал бичӏчӏуларо. Гьедин ккана нижерги.
Гьебго Китаялъ гӏурал квекӏенал кипятильникал сабаблъунги гьаруна нижее. Киназдаго лъалел ратила, 30-40 соналъ церего нижеца риччазе байбихьарал лъим бухӏизабулел гьел алатал. Гӏадатиял гӏадамазе гьезул бугеб хӏажалъиги бихьун, цо заманалъ Китаялъги байбихьана гьел къватӏире риччазе. Амма гьел рукӏана цӏакъго учузаб тайпаялъул. Гьединлъидал гӏадамаз гьездаса инкар гьабизе лъугьана. Цинги Китаялъ байбихьана гьел кипятильникал, цо коцониса тӏуралгӏанги, нижеразда релълъинарун, къватӏире риччазе. Гӏицӏго токалда къазабулеб квар (провод) къокъаб букӏана гьезул. Амма кигӏан нижеда релълъун риччазеян лъугьаниги, «КЭМЗалъул» гӏадал щвалде щварал гьел лъугьинищ? Дагъистан тун къватӏисагицин гӏадамаз гӏарзал рачӏине байбихьана заводалде цере нужер кипятильникал лъикӏал рукӏанин, гьанже нужеца къватӏибе биччалеб бугеб чӏулдагъулди щибилан. Амма кигӏан цӏакъ гьеб къотӏизабизе лъугьаниги, дида гьеб чӏезабизе кӏвечӏо. Нилъехъе гьел учузал кипятильникал тӏубарал фурабаца (чӏахӏиял КамАЗ автомобилал) раччулел рукӏана Китаялдаса. Ахирги, ракӏсвакан, дица кверги хьвагӏун тана гьел. Заводалда жаниб рагьараб предприятиялда тӏадкъана гьезул милат гьабиялъул иш. Къокъго абуни, нилъер Дагъистаналда ва Россиялда гӏемер руго гьунарги кверда махщелги бугел гӏолохъаби. Амма гьезул ракӏбатизабизе, пачалихъалъе гьелги, гьезие пачалихъги хӏажат бугилан абураб пикру кисанго рагӏизабизе ккола. Гьединлъидал дир хьул буго нужер газеталъги гьеб масъалаялде кӏвар кьелин абураб. Нижер заводалда гӏемер руго махщел камилал гӏолохъаби. Рачӏа нижехъе, гьабе гьезулгун гара-чӏвари, бихьизабе гьезул захӏмат нужерго басмаялъул гьурмаздасан. Амма жакъасеб роценалда рекъон балагьани, нужеца гьелъул хӏакъалъулъ хъвалеб гьечӏо, хъвалеб батанигицин мукъсанго хъвалеб буго, — ян абуна Ибрагьим Ахӏматӏовас.
«Хӏисабалъул гӏелмуги физикаги нахъе цун буго, гӏолохъаби куцалел гьечӏо»
— Дуца абулеб буго гӏолилазул заводалда хӏалтӏизе гъира бижизабизе къваригӏун бугин. Амма кин гьеб гьабилеб? Мисалалъе, чанги гӏолилал руго Россиялъул регионаздеги ун, хӏажат гьечӏеб пишаялде руссун. Гьел рекӏеда ратизе щиб гьабизе кколеб, кинаб пикру бугеб нужер заводалъул гьелда хурхун? Ялъуни Лъай кьеялъулги Захӏматалъулгун социалияб рахъалъ цебетӏеялъул министерствабазулгун гьарурал къотӏи-къаялищ нужер рукӏине ругел?
— Бигьаяб масъала гуро гьеб жакъа, хӏакъикъаталдаги. Нижехъе санайил бачӏуна Москваялъул МАИ (Москваялъул авиациялъулаб институт), гьединго Бауманил цӏаралда бугеб техникияб университет гӏадал цӏалул идарабазде гӏолохъаби къабул гьариялда хурхараб квота. Амма квеш ккараб жо буго жакъа гьединал къадруял вузазде цӏализе ритӏизе ярагьунел гӏадал гӏолилал школазда ратунгутӏи. Щай? Щайгурелъул школазда математика ва физика хашго малъулеб букӏун, гьелъие лъай камилал мугӏалимзаби гьечӏого. Ичӏго школа бугеб Гъизляралда жакъа вуго физикаялъул анлъго учитель. Дир вас цӏалулев вукӏана гьенив анлъабилеб школалда. Ахираб кӏиго соналъ (10-11 класс) гьев цӏалана Москваялда. Дове щварав дун гьесул дневникалъухъ балагьидал, физикаялъул микьго дарс бугоан анкьида жаниб. Гӏебеде щведал, Гъизляралъул школалъул директорасда гьикъана анкьида жаниб физикаялъул чан дарс нужер школалда букӏунебилан. Цохӏо дарсилан жаваб кьуна гьес.
Каспийскиялда цо рехун тараб объект букӏана. Гьенир цо хӏалтӏаби гьаризе кколаан нижер заводалъ. Цебе гьениб букӏараб къайи-цӏаялъул ва цогидалъул хӏисаб-суал (рассчетал) гьаризе Махӏачхъалаялдаса 75 сон барав инженер ахӏизе ккана дица. Гьечӏо нилъер гьаниб гьелде кӏвар кьолеб. Жакъасев цӏалдохъанас букӏине кколеб хӏалалъ ЕГЭ кьечӏони, гьев техникияб цониги вузалде цӏализе восуларо. Амма гьеб ЕГЭ нилъер гьанибги Москваялдаги кин бугебали бицинищ нужеда. Москваялда, мисалалъе, МАИялде лъугьине ккани, къваригӏуна 250 балл, нилъер гьаниб техникияб вузалде росула 116 балл щварал гӏолилал. Гьединаб буго нилъер гьанибги добаги лъаялъул даража. Цоги нухалда абуниги, гьечӏо нилъер гьанир инженералги, ралел бакӏазул махщелчагӏиги, электромеханикалги хӏажат ругин абураб лозунг, тӏалабчилъи.
Самолёталдаса нусцӏул захӏматаб буго вертолёт гьабизе
— Гъизляралъул КЭМЗалъ гьанже вертолёталги гьаризехъин рагӏулилан гьанже гӏагар интернеталда хабар тӏибитӏарабго, бажариладай гьезухъа щвалде щварал вертолётал хӏадуризеги, советияб заманалдасаго гьеб ишалда тӏадчӏарал заводазе конкуренция гьабизегиян хъвалеб букӏана.
— Гьединаб щаклъи гьезул рекӏелъ бижиялда дица щибниги гӏажаиблъи гьабиларо, битӏун гьабун буго гьез, щакдаризе лъугьин. Амма дун дидаго щаклъун гьечӏо, бажарула нижехъа вертолётал хӏадур гьарун, бажаризе гьечӏолъиялда цо гьитӏинабги щаклъи букӏарабани, нижеца гьеб иш тӏадецин босилароан. Цо мисал бачинин. 2015 соналъ цо захӏматаб алат хӏадурулаго 12 сагӏатги бана нижер хӏалтӏухъабаз станокалда нахъа, амма гьел къуркьичӏо. Гьединал гӏолохъаби ругеб мехалъ нижехъа бокьараб жо бажарула, вертолёт гуребги. Амма битӏун бицани, вертолёт нусго нухалъ захӏматаб буго самолёт гьабизеялдаса. Самолетал нижеца риччалелдасани ункъабилеб сон буго. Исана байбихьана композиталъул корпусалъул цӏиял самолетал риччазе.
— Гьединаб самолёталъул багьа кигӏан букӏунеб?
— Нижеца гьеб бичула 30 миллион гъурщиде. Амма, нижехъаги босун, мисалалъе, Австриялъ гьеб бичула 280 миллионалде.
— Дуца абуна санкциял сабаблъун къватӏисел улкабазулгун рукӏарал цо-цо заказал дагьлъанилан. Гьелда рекъон, пачалихъалъул жанисел заказал цӏикӏкӏинариялдейищ нуж руссарал, яги цоги хиса-басиялищ гьаризе ккарал нужерго хӏалтӏулъ?
— Жанисел заказалги дагьлъана. Амма гьениб санкциялда бараб жо букӏинчӏо, дица цебеккунги абухъе, пачалихъалъ жибго яргъидалъун хьезабиялъул масъала тӏубаялъ дагьлъана улкаялъул оборонаялъулал заказал. Гьединлъидал ниж руссана цогидаб жоялде. Дица бицен гьабурал вертолёталги самолёталги рагъулаб бутӏаялъе гьарулел жал гурелъул рукӏарал, гьел рукӏана гражданияб авиациялъул заказал. Гьединго нижеца гьарула «КамАЗ» автомобилазе хӏажатаб алат, мисалалъе, рулазул гидроусилителал гӏадал ва гьелда релълъараб цогидабги къайи-цӏа. Оборонаялъулал заказал лъугӏунилан, ниж хӏалтӏи гьечӏого хутӏичӏо.
Хадурагӏи
Гьадинаб гара-чӏвари ккана редакциялда Ибрагьим Ахӏматӏовасулгун. Гӏемераб жо бицана гьес нижее. Бицунеб букӏана тӏанчидеги валагьичӏого, сабурго, пикрабазе эркенлъиги кьун. Гӏемераб жоялда квербарав, чанго батӏияб пачалихъалде щун, гьезул рукӏа-рахъиналъул, магӏишаталъул хаслъаби лъазарурав, бечедаб хӏалбихьиялъул магӏишатчи вукӏин бихьана цоги нухалъ гьесулгун букӏараб эркенаб накъиталда. Гьединго бищунго ниж рохараб хӏасиллъун гьеб къоялъ ккана «Хӏакъикъат» газеталъул нусго экземпляр хъвазеги, редакциялъул конференц-зал къачӏазеги кумек гьабилин Ибрагьим Ахӏматӏовас рагӏи кьей. Садакъабазги сахаватал гӏадамаз кумекалъе бегьараб квералъги ккураб заман бачӏун бугелъул, щвараб ресалдаса пайда босулеб буго нижецаги. Магӏарулазда гьоркьор гӏемерлъаги Ибрагьим Ахӏматӏов гӏадал сахаватаб ракӏалъул ва къвакӏараб яхӏ-намусалъул гӏадамал.
Ашахан ЮСУПОВ