Нилъер гӏумруялда школа гьечӏеб росу ва шагьар цебечӏезабизе захӏматаб жо буго. 1861 соналдаго цӏар рагӏарав лингвист-гӏалимчи П. К. Усларица Дагъистаналда суал борхулеб букӏана хъвай-хъвагӏай жеги гьечӏел мацӏазда цӏали гьабизе алипба (алфавит) ургъизе ккеялъул. Гьеб масъала тӏубана нилъер магӏарул цересел гӏалимзабазул кумекалдалъун.

Казбек районалъул Гуни росуги ккола районалда тӏоцебе школа рагьарал росабазде гьоркьобе. 1925 соналда росулъ Гӏабдулманапов Гӏабдулманапил рокъоб гӏуцӏараб школалде цӏализе рачана 18 лъимер. Гьезда гьоркьор рукӏана: Абакаров Мухӏамахан, Абакаров Муса, Гьитӏинов Ирасхан, Гьитӏинов Мустӏапашайих, Дадаев Дада, Хӏажиев Малачилав, Нурудинов Ансарияв, Гӏабдулаев Абакар, Гӏисаев Хӏажи, Гӏисаев Мухӏмагъази, Мажидов Гӏабдулгӏазим, Муслимов Гӏабдулвагьид, Гъапуров Амай ва Хъарамирзаев Дадахӏажи. Росулъ гӏуцӏараб школалъул тӏоцевесев директорлъун вукӏана Ахӏмадов Гӏабдукарин.

Гьел цӏалдохъабазул цоял рахъана гӏалимзабилъун, цогидал — жамгӏиял хӏаракатчагӏилъун, колхозалъул гӏуцӏарухъабилъун, батӏи-батӏиял идарабазул нухмалъулеллъун. Гьелдасан байбихьун школалъул тарбия щварал гӏолохъабаз хадусан ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏи гьабуна росдал, районалъул ва республикаялъул идарабазда хӏалтӏулаго. Рагъул гӏахьалчи Хӏажигороев Хӏажигоро, рагъдаса вуссарабго, вищана КПССалъул Казбек райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун, Гӏалиев Малик вахъана Казбек райисполкомалъул председательлъун, Сурхаев Самадица нухмалъи гьабуна районалъул «Казбек колхозчи» газеталъе.

Кинабниги Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гӏахьаллъи гьабуна школа лъугӏарал 160 гӏолилас, гьезул 76-ял тӏад руссинчӏо.

Эбел-эменги хун, бесдал хутӏарав Абакар Гӏабдулаев (1913-1983) вахъана ядернияб физикаялъул махщелчилъун ва техникиял гӏелмабазул докторлъун. 1965 соналда гьев тӏамуна ООНалда цебе бугеб МАГАТЭ гӏуцӏиялда радиоактивиял изотопал хӏалтӏизариялъул рахъалъ СССРалъул гӏакълучи хӏисабалда Чехословакиялъул гӏелмабазул ака- демиялде вакиллъун.

Жакъа къоялде Гуниялдаса вахъана 31 гӏалимчи, гьездасан 8 — гӏелмабазул докторал. Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна Арзулум Ильясовасе. Дагъистаналъул энергетикаялъе кьучӏ лъуна ва гӏемерал соназ «Дагэгнерго» производствияб цолъиялъе нухмалъи гьабуна Гӏабдулвагьид Муслимовас. Педагогиял гӏелмабазул доктор Вагьаб Минбулатов гӏумруялдаса ватӏалъизегӏан вукӏана Дагъпедуниверситеталда цебе бугеб Физкультураялъул ва спорталъул институталъул директорлъун. Росулъ школа лъугӏарав Таслим Байбулатов жакъа хӏалтӏулев вуго республикаялъул агропромышленнияб комплексалъ- ул кадрабазул лъай, махщел бор- хизабиялъул институталъул рек- торлъун, ай гӏалимзабазул рахъалъ Гуни росу буго цогидал росабазде дандеккун бечедаб. Росулъа рахъ- ана партиялъул ва комсомолалъул райкомазул хӏалтӏухъаби, секретарь- заби. Дун вохарав вуго республика- ялъул хӏукуматалъул хъулухъазда 45-гӏанасеб соналъ дица гьабураб хӏаракатчилъиялъе гӏагараб шко- лалда щвараб лъаялдаса ва нижер Лиза Чайкинил цӏаралда бугеб пи- онеразул отрядалъул Советалъул председателасул ишалдасан хӏалтӏи байбихьиялдаса. Эбел-инсул ва школалъул тарбиялъ дие рес кьуна Дагъистаналъул хӏукуматалъул Ми- нистрзабазул Советалъул членлъи- ялде щвезегӏан тӏаде вахине. Гьеб буго дир гӏумру берцин гьабиялъ- улъ школалъул учительзабаз лъураб бутӏаялъул хӏасил, гьез бихьизабураб нух цӏуни. Гьедин школалъ гӏумруялде нухарегӏана дун гӏадал аза-азар гӏолилал — васал ва ясал.

Гьединал кадраби росулъа рахъиналъе аслияб кьучӏлъун ккола росдал школа, гьелъул мугӏалимзаби ва гьез кьураб тарбия. Гьезда гьоркьорин абуни, араб гӏасруялъул 60-абилел соназде щвезегӏан гӏемерал рукӏана гӏурус учительзабиги. Ракӏалда руго нижее дарсал кьолел рукӏарал Нина Петровна Николаева, Валентина Ми- хайловна Гончаренко, Мухӏамадов Мухтар Мухӏамадович, Ольга Нико- лаевна Нуцалова ва гь.ц. 1969 соналда школаги лъугӏизабун, дун цӏализе ана ДГУ- ялде. Амма 1970 соналъул 14 ма- ялда ракьбагъариялъул хӏасилалда росулъ минаби риххана ва школа тӏатӏала ккана. Тӏолабго улкаялъул кумекалдалъун гьениб бана ва 1973 соналда хӏалтӏизабизе кьуна росдал цӏияб школа. Аслияб куцалда гьеб букӏана Чувашия республикаялъул кумекалъулаб сайгъат. Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул хӏалтӏуда хурхун Москваялда ва цогидал шагьаразда тӏоритӏулел данделъа- базда дица дирго кӏалъаязда кида- го кӏудияб баркала загьир гьабула Чувашиялъул гьенир гӏахьаллъи гьабулел гьалмагъзабазе дол соназ нилъее гьез гьабураб кумекалъухъ. Гьабсагӏат К. Нуцаловасул цӏаралда бугеб «Ракълил культура» гимназиялда (гьанжесеб цӏар) цӏалулел руго 400-ялдасаги цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Гьелъул директор ккола Рамин Нуцалов.

Школа лъугӏараздасан рахъана РСФСРалъул, Дагъистаналъул ва Россиялъул мустахӏикъал учительзаби, тохтурзаби, энергетикал, бакӏал ралел специалистал. Республикаялъул централияб больницаялъул реанимациялъулаб отделениялъе гӏемерал соназ нухмалъи гьабулеб буго Хасайбат Нуцаловалъ. Школалъ тарабия кьурал чанго росуцоял рищун рукӏана ДАССРалъул Верховнияб Советалъул (Гӏазизова Забихӏат, Юнусова Айзанат, Магьдиева Асият, Абакарова Зарият) ва гьединго Дагъистан республикаялъул Халкъияб Собраниялъул (Сагӏидов Сагӏид) депутаталлъун. Школалъул цоги лъикӏаб рахъ буго гьелъ росулъа цӏализе арал гӏолохъабазе тӏад руссун рачӏунеб даражаялда тарбия кьей, гьезулъ росулъ магӏишат гӏуцӏизе бажари ва рокьи куцай. Гьединлъидал, ракӏ-ракӏалъулаб баркалаги кьолаго, щулияб сахлъи гьарулеб буго жакъа хӏалтӏулел ругел учительзабазе, гьезул хъизамазе. Нилъедаса аразул рухӏалги алжаналъур ратаги.

З. ИЛЬЯСОВ, Дагъистаналъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Жамгӏият цебетӏеза биялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул председатель.