Гьадинаб цӏаралда гъоркь Фазу Гӏалиева ракӏалде щвезаюлеб тадбир тӏобитӏана араб анкьалда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бу- геб миллияб библиотекаялда. Тадбир нухда бачана библиотекаялъул хӏалтӏухъаби, гӏагараб ракь лъазабиялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртазагӏалиевалъ, культуриял программабазул отдела лъул нухмалъулей Ольга Гӏалиевалъ ва Хъвадарухъабазул союзалъ- ул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.

Гьез цоги нухалда ракӏалде щвезаруна шагӏиралъул творчествоялъул шагьрабиги сухъмахъалги. Тадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана шагӏирзаби Марина Ахӏмадова, Тубхӏат Зургьалова, Сабигат Мухӏамадова, Аминат Гӏабдулманапова, Космина Исрапилова. — Нижее киназего учительлъун йикӏана Фазу. Гьелъул гӏумруялъул дарсал жакъаги къваригӏун руго нижее, — йилан абураб магӏна букӏана гьезул кӏалъаязул. Марина Ахӏмадовалъ кӏвар кьуна шагӏиралъул дагьалги кучӏдул гӏурус мацӏалде руссинаризе ва ракӏалдещвеязул тӏехь къватӏибе биччазе ккеялде.

— Фазу кколаан, цохӏо авар миллаталъул гуребги, тӏолабго Дагъистаналъул маданият жиндаго цадахъ дунялалъул пачалихъазде босарай чӏужугӏадан. Гьелъул баргъичазги, курхьабазгун кӏилкӏазги, къадирабазги, тӏад ретӏараб парталалъги бицана дунялалъе мугӏрузул улка- ялъул гӏадатазулги, гӏамалазулги, маданияталъулги хӏакъалъулъ, — ан абуна Тубхӏат Зургьаловалъ.

Мухӏамад Мухӏамадовас жиндирго кӏалъаялда кӏвар кьуна Фазул прозаялде.

— Фазул кучӏдул, киналго лъачӏониги, рагӏичӏониги, гӏадамазда лъана, рагӏана. Амма гьелъул проза жегиги хутӏун буго кӏудияб балъголъилъун. Гӏемерисел цӏалдолезе гьей йокьула прозаик хӏисабалдаги. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан проза лъазабизе, цӏализе гьанжегӏаги регӏани ва гьел тӏахьал цӏидасанги къватӏире риччани, — ян абуна гьес.

Шагӏиралъул гӏумруялъул ахирисел къоязде щвезегӏан, гьелъул кумекчӏужулъун йикӏарай Мариза Мухӏамадовалъ ракӏалде щвезаюна Фазу, шагӏир, чӏужугӏадан, жамгӏияй хӏаракатчӏужу хӏисабалда. Кӏалъазе рахъанщиназ рикӏкӏана шагӏиралъул кучӏдулги.

Дандеруссиналда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана Ленинкенталъул №35 гимназиялъул ва Махӏач хъалаялъул №8 лицеялъул цӏал дохъаби. Гьез магӏарул ва гӏурус мацӏазда рикӏкӏана шагӏиралъул кучӏдул. Гьединго шагӏиралъул асаразде бугеб жидерго кӏудияб рокьи загьир гьабуна Каспийск шагьаралъул №15 школалъул директор Шамил Гӏалиевас, гьебго школалъул авар мацӏалъул учитель Аминат Ахӏмадиловалъ ва школалъул библиотекарь Сейранат Гӏабдулаевалъ.

Фазу ракӏалде щвезаюна «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул бетӏерай редактор Наида Муртазагӏалиевалъ ва магӏарул мацӏалда къватӏибе биччалеб «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ.

— Фазу ракӏалде щолареб лахӏзат нижер редакциялда букӏунаро. Журналги гьелъие бищунго хирияб лъимер гӏадин букӏана. Жеги-жеги абула нижеца Фазуца кинандай гьабизе букӏараб, — илан абуна Наида Муртазагӏалиевалъ.

— Дица нухмалъи гьабулеб буго Фазуе дагьабги гӏагараблъун букӏараб журналалъе. Хӏаракатги бахъулеб буго дагьа-макъабниги гьелда релълъарайлъун йикӏинеги, хӏалтӏулъги ретӏа-къаялъулъги. Гьелъиего гӏадин, диеги рокьула миллияб берцинлъи жиделъ бессарал баргъичал-курхьабиги, кӏилкӏалги ва шалалги, — ян махсара гьа- буна Баху Мухӏидиновалъ.

Лъугӏана тадбир ва гьелъ байбихьи лъуна Фазу Гӏалиевалъул Соналъе.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА