Тӏоцебесеб февралалда дунялалъул гӏемерисел улкабазда кӏодо гьабула хӏижабалъул къо. Нилъер республикаялдаги, цебеялде дандеккун, гьеб парз кколеб къагӏидаялъ тӏубазе хӏаракат бахъулеб буго. Чанго соналъ цебе хӏижаб ретӏарай чӏужугӏаданалъухъ ралагьулаан хъахӏаб гъадихъ киниги. Эбел-эменцин дандечӏун рукӏунаан ясалъ хӏижаб ретӏиялда. Гьезул рахӏатхвеялъеги гӏиллаби рукӏана доб заманалда. Гӏицӏго квералги гьумерги хутӏизегӏан черх бахчараб партал ретӏарай гӏолилалда берчӏварабго гӏемерисезда ракӏалде кколаан динги багьанаде ккун, такъсирал гьарулел къокъабазулъе ккун ятилин пуланилан. Жакъайин абуни нилъ ругьунлъулел руго хӏижаб ретӏарай чӏужугӏадан парз тӏубалей, гӏадатияб пикруялъул гӏадан йикӏиналде. Гьедин букӏаниги, цо-цояз нахътӏамун толеб буго гьеб иш. Щайха нилъеца гьелъул кӏвар гьабулареб? Хӏижаб абураб рагӏи кин нилъеда бичӏчӏулеб?

Гьел суалал рорхун рукӏана нижеца социалиял гьиназда. Гӏемерисез хӏижаб рикӏкӏунеб буго чӏужугӏадан квешлъиялдаса цӏунилъун, санагӏатаб ретӏеллъун, къолденлъун, рацӏцӏалъилъун. Парзалда рекъон, хӏижаб ретӏине хӏинкъулел руго циндаго ккараб «хиси» жамгӏияталъ къабул гьабуларин абураб пикруялъги. Ругьунлъараб къагӏида хисизабизе бажарулеб гьечӏо гӏемерисезда. Цо-цоял мукӏурлъулел руго хӏижаб ретӏине бокьилаанин, амма иман загӏиплъиялъ гьеб иш нахъбахъун толеб бугин. Цогидазин абуни хӏижаб модалъун рикӏкӏуна.

Какги балел, кӏалалги кколел бусурбанал руччабаз ратӏлил рахъалъ парз щайха гьоркьоб биччалеб? Сунца квалквал гьабулеб бусурманчӏужуялъе чияр бихьиназдаса жийго яхчизаюлеб ретӏел ретӏине?

Парз тӏубазе сунца квалквал гьабулеб?

Мадихӏат 33 сон: «Дида лъала хӏижаб чӏужугӏаданалда тӏадаб парз букӏин. Дица какги бала, кӏалалги ккола, Къуръанги цӏалула. Хӏеж борхизеги бокьун буго. Росасин абуни хӏеж борхана. Хӏижаб ретӏине бокьун буго цебегоялдаса нахъе, амма я дирго я росасул хъизамалда гьедин ретӏа-къарал руччаби гьечӏо. Киналго светияб къагӏидаялъ ретӏа-къан рукӏунелъул, дунги гьездаса ятӏа яхъичӏого чӏун йикӏуна. Дие бокьула лъикӏаб, берцинаб ретӏел. Парзалда рекъон ретӏел ретӏине кканиги, цӏияб ретӏел босулелъул гӏемераб гӏарац уна. Гьанжесеб къагӏидаялъул лъикӏаб ххамил ретӏел хираго букӏуна. Гьелда бан нахътӏамун тун буго хӏижаб ретӏиялъул иш».

Патӏимат, 34 сон: «Гӏемерисез абула нилъер умумуз хӏижаб чӏвалеб букӏинчӏин, гьеб Гӏарабиялдаса бачӏараб мода бугин. Умумуз ретӏунеб букӏараб къагӏидаялъгӏаги щайха ретӏунареб ретӏел, щайха чохтӏо къалареб, кӏаз, шал яги чаба чӏвалареб? Цеечӏезаеха катӏариги гьабун, расги гьурщун магӏарул чӏужугӏадан. Нилъер умумуз хвалчад рахъаралъуб рагъ гьоркьоб къотӏизабизе гурони чияр бихьиназда цебе ботӏродаса кӏаз бахъулеб букӏинчӏо. Гӏемерал соназда нилъер гӏадамазе диналъул бицинецин гьукъун букӏана, гьединлъидал гӏемерисел махӏрумлъана динияб лъаялдаса. Гьанже нилъее бокьухъе рес буго шаргӏги лъазабизе, парзалги тӏуразе. Гьедин хьвадизе бокьичӏез гӏиллаби щай ургъулел?»

Рамазан, 27 сон: «Бусурманчӏужуялъ хӏижаб ретӏунгутӏиялъе гӏиллалъун дица рикӏкӏуна гьезул къавулъ къадруяв, хӏурмат бугев бихьинчи гьечӏолъи. Адам аварагасул (гӏ.с.) заманалда ролъул мугь букӏун буго варанихӏинчӏалъул хоногӏанасеб. Заман анагӏан, дунялалдаса баракат дагьлъанагӏан, ролъул мугь гьитӏинлъун буго. Гьеб мехалда Адам аварагас (гӏ.с.) гьеб мугь тӏубанго тӏагӏинаредухъ Аллагьасда гьарун, дугӏа гьабун буго. Гьелдаго рекъон, бихьиналги «гӏисинлъана», цо-цо исламалъул нухда ритӏун хьвадулел бихьинал хутӏизегӏан. Нилъееги заман щун буго бихьинал «гӏисинлъунгутӏизе», унго-унгоял бихьинал ракьалдаса тӏагӏунгутӏиялъе дугӏа гьабизе. Унгоунгояв бихьинчиясул лъадуца, ясалъ ва яцалъ хӏижаб ретӏунгутӏиялъул суал баккизе ресго гьечӏо». Ахӏмад, 40 сон: «Дида бичӏчӏуларо росги лъималги ругей чӏужугӏаданалъ хӏижаб ретӏине инкар щай гьабулебали. Чӏужугӏаданалъ хӏижаб ретӏунгутӏи дида бичӏчӏула гьелъие росасул рахъалдаса тӏалабагъаз гӏунгутӏилъун. Росас абичӏел берцинал рагӏаби, берцинлъиялда гӏашикълъун гьабичӏеб балагьи чияр бихьиназдасагӏаги щолеб буго гьелъие, хӏижаб ретӏичӏого, къачӏан къватӏие яхъани. Гурони, росасда гурони берцин йихьизе кколарей гӏадан цогидал бихьиназда цее щай къачӏан хьвадулей? Чӏужугӏаданалъе бокьула жиндирго агъаз гьабизе, берцинаб рагӏи абизе».

Хадижат 70 сон: «Жакъагицин рекӏелъе хӏинкъи бачӏуна, чӏегӏераб ретӏелги ретӏун, гӏицӏго берал гурони рихьулареб хӏалалъ ретӏа-къарай чӏужугӏадан йихьидал. Жеги кӏочон гьечӏо диналъул багьанаги батун, жидерго нахъегӏанал мурадазе гӏоло гӏайиб гьечӏел гӏадамал кьвагьизаризелъун къватӏире рахъунел рукӏарал руччабазул сипат. Кӏазалдаса гуро хӏинкъулел, кӏазалда нахъа бахчун бугелдаса хӏинкъизе бачӏуна. Гьеб сабаблъун цо-цо эбел-инсуца ясалъе кӏаз базеги гьукъулеб буго. Жамгӏият тӏубанго ругьунлъун гьечӏо хӏижабалде».

Шаргӏалъул бихьизабиял

Нилъеда лъала хӏижаб парз кколеблъи, амма цо-цояз гьеб цо кидаялиго, букӏинесеб заманалда тӏубазеян тола. Хӏижаб ретӏиялъул кӏваралъулги, гьелъ чӏужугӏаданалъул намус цӏунулеб букӏинги бицунеб буго Мухӏамад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадисаздаги, Тӏадегӏанав Аллагьасул калам – Къуръаналдаги.

Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магӏна): «Я, авараг, дуца абе муъминал руччабазда, балагьи гӏодобехун буссинабеян ва жидерго жинсиял лугбал цӏунеян. Жидерго берцинлъи гьез киназдаго бихьизабугеян абе, гӏицӏго кверал ва гьумер хутӏизегӏан» (сурат «Ан-Нур», 31). Гьаб аяталъулъ бихьулеб буго, руччабаз жидерго черх чиядаса бахчеян абун Тӏадегӏанас нилъеде амру гьабулеб букӏин.

Хӏижабалъул шартӏал

— Чӏужугӏаданалъул ретӏел букӏине ккола квералги гьумерги хутӏизегӏан тӏолабго черх бахчулеблъун. — Чияр бихьиназул бер тӏаде цӏаледухъ къачӏараб, чӏухӏараб, гвангъараб букӏине бегьуларо. — Гъорлъан канлъи бихьулеб ххамил бегьуларо. — Лугбал ратӏа рахъизе лъаледухъ тӏад къараб букӏине бегьуларо. — Берцинал махӏал тӏаде гьарураб ретӏел бегьуларо. — Бихьиназулалда релълъараб ретӏел бегьуларо. Чияр бихьиназда цебе бегьулеб батичӏониги, жиндирго росасда цебе чӏужугӏаданалъ ретӏине бегьула бищунго гвангъараб, бищунго берцинаб ретӏел. Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) жиндирго яс Фатӏиматида гьикъун буго: «Чӏужугӏаданалъе бищунго лъикӏаб жо щиб кколеб?» — ан. Гьелъ жаваб кьун буго: «Чияр бихьинал рихьичӏого рукӏин ва гьезда йихьичӏого хутӏи», — ян. Ва Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Хӏакълъунго мун дир яс йиго», — ян.

Гьединго, Мухӏамад аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадис буго: «Чияда берцин йихьизе берцинаб ретӏел ретӏун, гьумер-кӏал къачӏан хьвадулей чӏужу юхӏизе Гьавият абураб жужахӏалъул цӏа къачӏаян ахӏулила Аллагьас жужахӏалъул рагьуялда тӏад тарав Малик абулев малаикасде». Шаргӏалъ муъминай чӏужугӏаданалъул цӏакъ тӏалаб гьабула, гьелъул намусги цӏунула. Хӏижабалдалъун гьей чияр чиясул хиянатаб бердасаги, мекъаб квердасаги цӏунула ва гьелъул тӏадегӏанаб даража бихьизабула исламалъ.

П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА