Гьанжегӏагар ДРялъул нухмалъиялда тӏобитӏараб данделъиялда хӏасилал гьаруна 2021 соналда социалиябгун экономикияб рахъалъ ре спубликаялда ккараб цебетӏеялъул.

ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, гьединал хӏасилазда гьоркьоб Сергей Меликовас рехсолеб буго инфраструктура лъикӏлъизабиялъул мурадалда гӏуцӏарал проектазе федералияб централъ къарзалъе гӏарац биччай — 10,5 млрд гъурущ. Гьелъул цо къадар харж гьабизе буго Махӏачхъалаялда гьекъолеб лъел суал роцӏцӏинабизе. Хасго тахшагьаралда коллектор баялъе проект бахъизеги хвезабизе рес буго гьеб гӏарцул цо къадар.

Ахираб къого сон буго гьеб коллектор къваригӏун бугилан бицунелдаса, амма хабар бицакицадаго хутӏулеб буго.

Гьединго Меликовас бицана инвестициялъул программаялда рекъон, 389 объекталъе гӏарацги биччанила гъоркьиса. Гьезул 47 объект бан лъугӏунги буго.

Туристал рачӏиналъул ишги лъикӏ ккун буго гъоркьиса. Гьедин гьезул цо миллион чи вачӏун вуго нилъехъе. Гьеб ккола 2020 соналда дандеккун, 30 проценталъ цӏикӏкӏун. Гӏи-боцӏухъанлъиялъул хӏасилалги квешал гьечӏин абуна Меликовас, амма гӏиял гьан къачӏан, хӏадурулел хасал бакӏал гьечӏила республикаялда.

Гьеб данделъиялда бицухъе, аслияблъун хутӏулеб буго гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал чӏезариялъул суалги. 2021 соналда хъвай-хъвагӏай гьабун буго хӏалтӏи гьечӏого хутӏарав 34 азарго чиясул. Гӏадамал хъулухъазда толелъул унго-унголъунги хасаб пишаялъе лъай щварав, иш бажарулев чи гурони гьениве тӏамулареб куцалда гӏуцӏизе къваригӏун бугин хӏалтӏи,-ян кӏалъана С. Меликов. Гьелъие гӏоло кадрабазул комиссияги гӏуцӏизе буго.

ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Руслан Гӏалиевас тӏадчӏей гьабуна республикаялъул инвестициялъул программаялъул бициналда. Гьеб гӏумруялде бахъинабизе 2021 соналда биччараб 18,4 млрд гъурщил 11,2 млрд кколеб буго федералияб бюджеталдасан щвараб, хутӏараб – республикаялъул гӏарац. Гьеб харж гьабун буго объекталгун кьоял разеги, нухал рахъизеги, лъим бачинеги.

Школазда учительзабазе щолеб харж цӏикӏкӏинабиялъул суалги борхана данделъиялда. Цӏияб соналдаса хадуб кӏуди-кӏудиял харжал щвезе бегьулин хьулги лъун, мухь дагьал учительзабазе гьеб цо-цо муниципалитетазда премиял хӏисабалда кьун ратун руго. Гьелда бан Финансазул министерствоялъ санагӏалъи гьабулеб буго мугӏалимзабазе харжал цӏикӏкӏинаризе.

Амма цо-цо бакӏазда декабралъул гӏарац жегиги щун гьечӏо гьезие. Масала, Нугъай районалъул 400 учителасе.

Министр Руслан Гӏалиевас абуна цо-цо школазда учительзабаздасаги цӏикӏкӏун техническиял хӏалтӏухъабиги ругила, бакӏазул нухмалъулез реквизиталги гъалатӏазулги цӏун рачӏунел ругила. Гьедин документация битӏа-бишизабулагоги унеб бугила заман.

Гьединалго гӏунгутӏаби кколел руго пачалихъиял хӏажалъабазе гӏоло босулеб къайи-цӏаялъулги. Масала, муниципалитетаз жиде-жидер планал-графиказда хъвалеб гьечӏо босизе кколеб къайи. Цинги гьел рекӏеда ратараб мехалда хъата-масан хиса-басиял гьаризе кколел руго. Гьедин документазда сверухъ гӏемер гӏала-гъважаги кколеб буго, жиндир заманалда харж гьабичӏолъиялъ, федералияб бюджеталдаса биччараб гӏарцул гӏемерисеб тӏад буссинабизеги кколеб буго.