«Буйнакскводоканал» МУПалъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулев Гӏабдулвагьаб Шариповасда тӏад нусазарго гъурщил гӏакӏа къотӏана Буйнакск шагьаралъул судалъ.
Гъоркьиса январалда гьекъолеб лъеда гъорлъе ккараб чороклъиялдалъун чохьол унтиги бахъун, шагьаралъул больницаялде ккун вукӏана 162 чи. Гьелъие гӏайибиявлъун чӏезавуна Гӏ. Шарипов.