9 февралалда Москваялда цӏидасан хал гьабизе буго Муртазагӏали Мажидовасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб делоялъул. Цеве ДРялъул хӏукуматалъул председательлъун вукӏарав Мухтар Мажидовасул вас ккола гьев.
Гъоркьиса июналда Москваялда присяжниял судалъ ритӏухъ гьавунги вукӏана Муртазагӏали Мажидов. Амма судалъул щаклъи ккун буго гьеб хӏукму битӏараб букӏиналда.
Муртазагӏали Мажидовасде гӏунтӏизабулеб буго жиндаго цадахъ МГИМОялда цӏалулей йикӏарай гьесул йокьарай яс, Казахстаналдаса Томирис Байсафа хвеялъул гӏайиб. 2018 соналда общежитиялъул ункъабилеб тӏалаялдаса гъоркьеги йортун, лъабго анкьидасан хвана гьей. Цӏех-рехчагӏаз рикӏкӏунеб буго гордухъа къватӏие кӏанцӏиялде Мажидовас ккезаюнин Томирис Байсафа.