РФялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустиница гъулбасараб документалда рекъон, исана 36 дагъистаниясе щвезе руго жанир чӏезе рукъзабазул сертификатал. Гьелъие гӏарац биччалеб буго федералияб бюджеталдаса.
Гьедин, 27 сертификат (198 млн гъурущ) щвела радиациялъул авариязул хӏасилал тӏагӏинариялъулъ гӏахьаллъарал нилъер ракьцоязе.
Микьго сертификат (34 млн гъурущ) щвела батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан жидеца гӏумру гьабулеб бакӏ рехун тезе ккарал чагӏазе. Цоги сертификат кьолеб буго Байконуралдаса цогидаб бакӏалде вахъунев чиясе.