«Газпром Газораспределение Махачкала» гӏуцӏиялъ хитӏаб гьабулеб буго бухӏараб газалъухъ жиндир заманалда гӏарац кьезе хӏаракат бахъеян.
«Къваригӏараб жо босизе тукаде ин ва гьединго рекӏадухъ гӏарац кьей гӏадаб жо буго нужеца газалъухъ гӏарац кьейги. Щибаб моцӏрол анцӏабилеб къоялдаса кватӏизе течӏого кьезе ккола», — ян абулеб буго гьезул хитӏабалда.
Жиндир заманалда ялъуни кӏиго моцӏидаса цӏикӏкӏун заманалъ газалъухъ гӏарац кьечӏого тун батани, жидер ихтияр бугин гьев чи газалдаса махӏрум гьавизеян абулеб буго гьез. Мисалалъе, руго цо-цо цӏакъго чанкӏкӏарал гӏадамалги, чанго моцӏалъ кьечӏого тун, 100 000 гъурщил налъи хадуб бугелги.