Чӏарада районалъул Гьилиб росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса 30 сон буго Рукъият Къурамухӏамадовалъул. Гьал къоязда ниж дандчӏвана Рукъиятгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чӏвари.
— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дир анищ букӏана мугӏалимлъун яхъине, — ян бицана Р. Къурамухӏамадовас.
— Хехго ригьнадеги кьун, хадурго цун лъималги гьарун, гьеб махщалие цӏализе ине рес ккечӏо. Амма гьеб анищ дир рекӏелъ кидаго гьалдолеб букӏана.
Дир классцояй йикӏана ясли-ахалъул нухмалъулей. Дица гьелда гьарана дун хӏалтӏизе йосиларищин. РайОНОялъул изнуялдалъун, дагьаб мехалъ гьение хӏалтӏизе йосана. Хадуб, райОНОялъ лъазабуна, заочногӏаги цӏализе кколин абун. Гьеб мехалъ цӏализе лъугьана Хасавюрталда бугеб педагогикияб училищеялде. Заочно цӏалулей йикӏаниги, гӏезегӏан захӏмат букӏана. Гьел рукӏиндалха 90-абилел сонал. Гьитӏинал лъималги рокъор тун моцӏалъ сессия кьолей йикӏинги бигьаяб иш букӏинчӏо. Амма дир анищ гӏумруялде бахъинабизе кумекги квербакъиги гьабуна бетӏергьанчияс. Училищеги лъугӏун диплом щвараб къо гӏумруялъул бищун талихӏал къоязул цояб букӏана. Гьений цӏалулеб заманалдаго, ясли-ахалъул нухмалъулейги унтун, гьеб хӏалтӏи дида тӏадкъана.
— Захӏмат букӏанищ хӏалбихьи гьечӏей дуе ясли-ахалъе нухмалъи гьабизе?
— Гьеб букӏана пачалихъ биххараб заман. Хӏатта, лъималазе сахаб бусен-къайицин букӏинчӏо. Хӏалтӏухъабазе харж кьезе ва лъималазе квен-тӏех босизе гӏарац гӏолароан. Гьениб кинабго хӏалтӏи гьабизе, хвараб, бекараб къачӏазе кумек гьабуна ва жакъаги гьабула бетӏергьанчияс.
Ясли-ахги букӏана басриябго минаялъуб хӏебтӏун. Дие бокьун букӏана гьениб капиталияб ремонт гьабизе ва дагьаб гӏатӏилъизабизе. Цо нухалъ росдал клубалда тӏобитӏулеб букӏана депутат Мухӏамад Садулаевасулгун дандчӏвай. Кигӏан нечон йикӏаниги, ясли-ахалда хӏалтӏи гьабизе кумек къваригӏун бугин абуна гьесда. Гьесги абуна гьеб иш жинца тӏаде босилин. Гьес кьураб рагӏиги ккуна. Кумек гьабуна росдал бегавулас ва райОНОялъ. Гьанже ясли-ахалда киналго квегӏенлъаби руго.
Жакъа ясли-ахалда буго 27 лъимер ва анкьго хӏалтӏухъан.
— Нухмалъулей хӏисабалда, хӏалтӏухъабаздехун кинайлъун йикӏине дуца хӏаракат бахъулеб?
— Дида бичӏчӏана, нухмалъулесе бищун къваригӏунел хасиятал сабруги, чӏухӏи гьечӏолъиги, гӏадан вичӏчӏизе лъайги букӏин. Гӏемераб жо жанибе-къватӏибе бачине ккола хӏалтӏуда. Дица кидаго абула гӏемерисеб бакӏалда беццайлъунги гӏинкъайлъунги йикӏунин дунилан. Хӏаракат бахъула ракӏбацӏцӏадайлъун йикӏине, ккараб гъалатӏ, ракӏ хвеларедухъ бичӏчӏизабизе ва бажарараб кумек гьабизе. Хӏалтӏухъабаздехун гьединаб бербалагьи гьечӏони, гьабулеб хӏалтӏи лъугьунаро.
— Цереселги гьанжеселги лъималазда гьоркьоб батӏалъиго бугищ?
— Лъимал хисун ругин абиларо. Хисун руго эбел-эмен, хисун буго гьез рокъоб кьолеб тарбияги, гьездехун бугеб бербалагьиги.
Цебе эбел-инсуца абулаан, жидеца тарбияги лъайги кьезе нужехъе кьолел ругин, гӏадлу-низамги нужецаго гьабеян. Гьединлъидал, хӏалтӏизе гӏемер бигьа букӏунаан. Гьанжейин абуни, гӏадлу хвезабидал, бокӏнида чӏезаризе, дагьабниги гьаракь борхун кӏалъазе бегьуларо. Гьединлъидал, улбулгун хӏалтӏизе захӏмат букӏуна.
— Жакъа рахьдал мацӏазда сверухъ киса-кибго захӏматаб хӏал бугелъул, ясли-ахалда кин бугеб?
— Гьеб «инфекция» цебего росабалъеги щун буго. Жанахӏалъур ялъуни азбар-къоноялда расандулаго, гӏурусалъ кӏалъалел рагӏарал лъималазда дица берцинго бичӏчӏизабула нилъерго мацӏалда гаргадизе кколин. Цо-цо мехалъ, гӏурусалъ гьел гаргадулаго, тӏаде ячӏуней дун йихьидал, гьез цоцазда абула, Рукъият Мухӏамадовнаялда рагӏизе гурин, хехго руцӏцӏайилан.
Дица кидаго абула, чӏахӏияб группаялда калам цебетӏеялъул дарсида хутӏизегӏан, хутӏарал дарсал рахьдал мацӏалда рачеян. Тадбиралги магӏарул мацӏалда рачуна.
— Нахъа тараб нухлуе кинаб къимат кьелеб?
— Исана 30 сон балеб буго дица росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулелдаса. Кигӏан гӏемерал захӏмалъаби, гӏунгутӏаби дандчӏваниги, цониги къоялъ ракӏ бухӏичӏо. Дие къуват кьола хӏалтӏуде бугеб рокьиялъ. Ракӏ чучула лъимал аскӏоре рекерун рачӏиндал. Гьелгун хӏалтӏулеб мехалъ, диргоги ракӏ бахӏарго букӏуна.
Дида цо-цо мехалъ рокъосезги гӏагабожаразги абула, мун сваканги ятилин, гьеб хӏалтӏи тейилан. Амма дир рухӏги, хӏалги, бажариги бугебгӏан заманалъ, гьаб рехун тезе ракӏалда гьечӏо. Ясли-ах буго дир гӏумруялда жаниб бугеб цоги гӏумру, дир кӏиабилеб хъизан.
Гара-чӏвари гьабуна Мухӏамад МАНАПОВАС