Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана «Нагорный Дагестан» (нухмалъулев Къасум Салманов) абураб найихъабазул къокъаялъул вакилзаби — Мухӏамадов Махӏмуд, Сайпулаев Мутӏалип, Мухӏамадов Хӏусен ва шагӏир Жаватханова Тӏагьират. Гьацӏул нигӏматаз ва тӏагӏамаб чаялъ хьезабураб столалда нахъа редакция лъул хӏалтӏухъабазулгун гьезул букӏараб хабар-кӏалалда аслияб темалъун найихъанлъи букӏаниги, гьелдаго цадахъ рорхана миллаталда, мацӏалда хурхарал суалалги. Гьелдаса хадуб нижер гара-чӏвари ккана хӏалбихьи бугев найихъан, Гумбет районалъул Ингиши росулъа Сайпулаев Мутӏалипилгун.

-Мутӏалип, гьабсагӏаталда чан найихъан Дагъистаналда вугев, бугищ гьел киналго данде гьарулеб гӏуцӏи ва лъазе кӏолищ нилъер гьаниб бугеб найил тӏулбузул къадар?

— Республикаялда буго найихъабазул ассоциация. Гьелъул нухмалъулев Надир Ахӏмадовасул рагӏабазда рекъон, нилъер гьанив вуго ункъазаргогӏанасев найихъан. Наязул къадар мухӏканго абизе кӏоларо, гӏага-шагарго цо-цо найихъанасул батила, гьоркьохъеб хӏисабалда, 40- 50 тӏала.

— Дагъистаналъул ракьалъул гӏатӏилъиялда рекъон, гьеб къадар гӏемерищ бугеб яги дагьищ?

— Гӏемер гьечӏо. Амма гьеб къадаралъе нилъер ракь, гьелъул тӏабигӏаталъул бечелъи эркенго гӏола. Гьедигӏанасебго къадар тӏадеги бугони, щибго къварилъи гьечӏо.

— Абула найихъанлъи бугин баракатаб хӏалтӏийилан. Дур пикруялда, сундулъ бугеб баракат?

— Тӏоцебесеб иргаялда, гьоцӏо буго дару. Цохӏо гьоцӏо гуребги, найихъанлъиялъ кьола кутакалда пайдаял батӏи-батӏиял нигӏматал – перга, пыльца, маточное молоко, прополис ва гӏемераб цогидабги. Хӏатта хвараб наялъулцин гьабула къиматаб дару. Гьеб буго берцинаб, бацӏцӏадаб, лъиениги зарал-зиян гьабулареб магӏишат. На буго гъветӏхералъе чара гьечӏеб (опыление) рухӏчӏаголъи. Дица киназдаго абула найихъанлъиялде руссайин, гьеб бугин гӏажаибаб, байбихьани тӏокӏаб тезе кӏолареб хӏалтӏийилан абун.

— Гӏи-боцӏухъанлъи буго нилъее хасиятаб магӏишат. Найихъанлъи нилъер рукӏа-рахъиналда данде кколеб пиша бугищ?

— Кутакалда буго, гьелъие рижаралги руго нилъ. Нилъер тӏабигӏат буго бечедаб, гӏи-боцӏухъанлъиялъе, хурухъанлъиялъе ва найихъанлъиялъе цӏакъго рекъарал шартӏал ругеб. Гьеб лъабабго буго цадахъ рекъон гьабизе кколеб, кинаб рахъ босаниги, нилъер гӏадат-гӏамалалдаги рукӏарахъиналдаги цӏакъго данде кколеб хӏалтӏи. Нилъ, ай магӏарулал руго къуватал, къвакӏарал гӏадамал. Мохмохги, хинкӏалги, гьоцӏоги кваналев чиясул сахлъиги лъикӏаб букӏуна.

— Дурго чан тӏала бугеб, найихъанасе пайдаяб, хайирияб хӏалтӏи бугищ гьеб?

— Дир буго 80 тӏала ва гьел доре-гьанире раччизе кӏиго машина. Гьава-бакъ рекъараб заманалда гочинабун хьихьулеб, тайпадулаб найил цо тӏалаялъ гӏатӏиракьалда кьезе бегьула 20-40 кило гьацӏул, магӏарухъ — 10-15 кило гурого щоларо. Букӏуна заман гьабин абун гьоцӏо щвечӏебги. Найихъанлъи буго гӏезегӏан захӏматаб хӏалтӏи. Хӏалтӏулъ кьогӏлъи бихьичӏого, гьацӏул гьуинлъи лъаларо, хайирги щоларо. Тӏабигӏат лъикӏаб букӏиналъ, техникаги цоги хӏажатабги гьечӏолъиялъ нилъер умумуз гӏей гьабулаан росулъго чӏун гьел хьихьиялда. Гьанже гьедин тӏубаларо, найихъан ине ккола тӏегьалеб гъветӏ-хералда (гьоцӏо кьолеб) хаду-хадув. Гьоцӏоги, гьелда рекъон хайирги щвезе ккани, гъуждул гурун хӏалтӏизе ккола найихъан. Хӏасил гьабун абила, гӏемерго бечелъичӏониги, хӏалалго щвараб гъурущалъ хъизам хьихьун бажарулеб хӏалтӏи буго найихъанлъи.

— Дуца бицана ахирал соназда тӏоритӏарал тӏолгодунялалъулги (40 пачалихъалъул вакилза- би гӏахьаллъараб) ва тӏолго россиялъулги конкурсазда ни лъер гьацӏуца ккунин цересел бакӏалилан абун. Амма гьоцӏо кваналезда лъикӏ лъала Алтаялъул ва Башкириялъул гьоцӏо…

— Нилъер гӏиял гьанал, пиринчӏалъул, урбаялъул буго киназдаго лъалеб цӏар. Гьеб мухъилъ чара гьечӏого букӏине мустахӏикъаб буго гьоцӏоги. Гьедин букӏиналъе хӏаракат бахъулеб буго найихъабазул ассоциациялъги. Гьеб суал борхун букӏана росдал магӏишаталъул министрасулгун букӏараб данделъиялдаги.

— Ахирал соназда холеб буго гӏемер на. Гьелъие гӏилла щиб?

— Гьеб суалалда тӏасан букӏана гӏемераб ахӏи-хӏур. Гьелъие аслияб гӏилла ккола гьадинаб хӏужа. Щибаб соналда Узбекистаналдаса нилъер гьанибе босун бачӏуна 10- 15 азарго пчелопакет. Гьел рачӏуна букӏине кколеб хӏалалда тӏадал идарабаз халги гьабичӏого, унтараб, клещ-нацӏги тӏад бугеб нагун. Гьел унтаби рахунел руго нилъерго наязде, цӏикӏкӏунеб буго холеб наялъул къадар. Гьелдаго цадахъ гӏемераб на холеб буго тӏабигӏаталъул ва гьавабакъалъул шартӏал хисулел, авлахъазда гӏемераб загьру хӏалтӏизабулеб букӏиналъ. Кӏудияб зарал гьабула варроа клещ-нацӏалъ, гьелъ кьолеб унтуца. Балагьун бераздацин бихьулареб, цӏакъго гьитӏинаб гьеб нацӏ тӏагӏинаби буго цӏакъго кӏвар бугеб масъала. Наялда тӏад рекӏун букӏунеб гьеб дагьабниги тӏибитӏани, рехун тун тӏалагун, наязул бо лъутун уна. Жиндир заманалда, хасел тӏамизе на унаго, дару гьабун, гьеб бацӏцӏад гьабуни, ихдал цоги нухалъ даруги гьабун кӏола гьеб цӏунизе.

— Дуца абуна на хвеялъе цо гӏилла авлахъазда загьру хӏал тӏизаби бугин. Амма гъветӏ-хер унтабаздаса, заралияб хӏутӏ-хӏапараялдаса цӏуниялъе кинго тӏубаларо загьру хӏалтӏизабичӏого. Кинаб сабабха гьелъие бугеб?

— Унти ва хӏапара тӏагӏинариялъе дару-загьру хӏалтӏизабизе кколеблъи хӏакъаб буго, амма суал буго гьелъул къадаралда ва даражаялда бараб. Гӏемераз хӏалтӏизарулел руго Китаялдаса рачӏарал, кутакалда къуватал ва цӏакъго заралиял, цо нухалъ речӏчӏизарун кинабго хӏутӏ-хӏапара хвезабулел дараби. Гьез хвезабулеб буго тӏегь-хералдаса пайда босулебщинаб хӏутӏ-хӏапара, гьезда гьоркьоб наги. Нижер цохӏого цо бугеб тӏалаб ккола хӏалтӏизаричӏого гӏоларел удобрениял-ядохимикатал бихьизабураб заманалда ва чӏезарурал нормабазда рекъон хӏалтӏизари.

— Нужер гӏелмуги лъаларев гӏадатияв чияс гьоцӏо босулеб бугони, кин гьесда батӏа бахъизе лъазе бугеб бацӏцӏадабги гьоркьор тӏадежураял ругебги? Чакар лъечӏого Дагъистаналда кинго тӏубаларин абураб жо битӏараб бугищ?

— Найихъанасдаги, жибго наялдаги, тӏад вугев Аллагьасдаги гурони гьеб суалалъе мухӏканаб жаваб лъаларо. Лъала биохимияб лабораториялдаги (Дагъистаналда гьеб гьечӏо). Квералда бахун, кибехунго цӏан, цӏа рекӏинабун найил гьоцӏое къимат кьезе кӏоларо. Ракӏчӏун абизе кӏолеб жо буго цо – гьоцӏо босизе ккола дудаго лъалев, ракӏчӏарав, божилъи бугев найихъанасул. Чакар лъечӏого тӏубаларин аби битӏараб гьечӏо, дица абула тӏубалин абун. Тӏубазе ккани, гочаризе ккола, тӏегьалда хадув хьвадулев вукӏине ккола найихъан.

— Кигӏан заманалда ва кинал шартӏазда цӏунизе бегьулеб гьоцӏо?

— Гьацӏуе рокьуларо бакъул чӏорал ва риччел, амма цӏорол ялъуни щагӏил тӏагӏелазда жаниб гьеб цӏунизе бегьула цӏакъго халатккун. Бищунго лъикӏаллъун рикӏкӏуна 14 градус температураялъул бугел шартӏал.

— Республикаялъул найихъабазул гӏемер рукӏунищ жидерго масъалаби дандралел данделъаби, ракӏалда бугищ гьединал тадбирал гӏагараб заманалда тӏоритӏизе?

— «Нагорный Дагестан» гӏуцӏиялъ щибаб соналъ тӏоритӏула найихъабазул данделъаби. Исана гьелъие къо цӏан буго 26 февралалда, магӏарухъе унеб нухда, «Багӏараб кьо» бугеб бакӏалда (Хьаргаби район). Гьеб тадбиралда гӏахьаллъизе руго магӏарухълъиялъул найихъаби, цере лъезе руго кӏвар бугел масъалаби, бицине буго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ, дандразе руго суалал.

— Нужеца, ай найихъабаз, цӏалулищ «Хӏакъикъат» газета?

— «Хӏакъикъатги» «Ас-саламги» цӏалула. Гьеб кинабго нижеца рикӏкӏуна нижер аслияб хӏалтӏуда цадахъ тӏубазе кколеб налъилъун.

Гӏабаш Гӏабашилов