Гӏемерисезда лъаларо «Нурул Исламалъе» кьучӏ лъурав Мухӏамад Хӏажиев тохтурлъиялъеги цӏаларав, чанго батӏияб бакӏалда хӏалтӏун, гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе эхетарав инсанги кколевлъи. Цӏакъго къанагӏатал чагӏазда гурони лъаларо Мухӏамад, жиндир баракат щваяв Бакълъухъа Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афанди (къ.с.) ясалъул вас вукӏинги. Мухӏамадида газеталъул юбилейги баркун, гьал къоязда гьесулгун букӏараб гара-чӏвари кьолеб буго жакъасеб номералда.

— Мухӏамад, гӏемерисезда мун лъала тохтур хӏисабалда. Чанго бакӏалда хӏалтӏунги ватила. Амма бичӏчӏуларого буго, щиб гьабизе дуй къваригӏун букӏараб исламияб газета биччазе? Сунца мун гьелде гьесизавурав?

— Советияб заманалъул 80-абилел соназда байбихьана дица балъго гӏелму цӏализе. Гьелъул гъварилъуде вакканагӏан, Аллагьасул каламалъул берцинлъиги, исламияб диналъ жинда жаниб бахчун бугебщинаб, гӏадамасул гӏумруялъе чара гьечӏого хӏажатаб, лъикӏабщинаб жо бихьидал, дица дирго мугӏалим Гӏабдулжалил-афандиясда (къ.с.) чанцӏулго абулаан гьаб берцинлъи халкъалдаса бахчи гӏайиб гурищилан. Гьединлъидал дир анищ букӏана гьеб гӏадамазеги рагьизе. Амма дин гьукъарал соналги рукӏун, рагьун гьелъул хӏакъалъулъ бицине санагӏат букӏинчӏо. Дол соназ балъго бахчун гӏелму цӏаларав чиясда гурони, гьанжесеб ислам рагьараб заманалъул къимат бичӏчӏизе рес гьечӏо. Лъималазда Къуръан малъунилан, Гӏоротӏа росулъ ункъойиде вахарав херасе 8 сон туснахъалъул кьураб заман букӏана доб.

Тӏоцебе 1991 соналда рагӏуе эркенлъи кьолеб закон бахъидал, дун паналъун хутӏана. Цебего ракӏалда букӏараб исламалъул берцинлъи халкъалъухъе щвезабизе бугеб къасд гӏумруялде бахъинабизе гъеж гурана ва байбихьана газета биччазе.

— Гьанжего гьанже диналъе эркенлъи кьураб заман букӏун бигьагоги букӏун батиларо дуе тӏоцересел соназ?

— 1991 соналдаса нахъе «Исламалъул ахӏи» абун магӏарул мацӏалъ анкьго соналъ биччана газета. Хадуб, 1997 соналда рагьана бусурбабазул «Нур» абураб хӏаракат. Гьелъул рухӏияв цевехъанлъун вукӏарав мунагьал чураяв Макъсудхӏажи Садикъовас абуна дида, нилъер гӏурус мацӏалдаги биччалеб газета букӏине кколилан. Гьеб мехалъ байбихьана, цӏарги хисизабун, «Нурул ислам» абураб цӏаралда гъоркь биччазе.

Гьанже газета биччай буго векерун унаго, ялъуни цо рекӏелгъеялъе гьабулеб гӏадаб иш. Газеталъул лъикӏаб бюджет букӏинчӏолъиялъе гӏоло, магӏарухъеги ун кьабулаан газета, районалъул типографиялда гьеб учузго чӏолеб букӏун. Амма гьезул жидерго кагъат букӏунароан, гьаниса кагътил гурабиги раччун унаан лъове. Хадуб газеталги росун нахъ вуссунаан, гӏадамазухъе щвезабулаан. Подпискаги букӏинчӏого, росабалъ ругел имамзабазулгун бухьен гьабун, гьезухъе бандеролалъ битӏулаан, ва гьадинаб газета буго, дие гьеб бичизе кумек гьабе, гьелъухъ щвараб гӏарацги дихъе битӏе, хутӏараб дуегоги теян кагъат хъвалаан. Битӏун бицани, 10 битӏаралъуса 5-яс жаваб кьолаан — гьедин бачӏараб гӏарцул кумекалдалъун биччана газета анкьго соналъ. Хадуб 1997 соналда компьютерал раккидал, дагьаб бигьалъана газета биччазе. Гьелде щвезегӏан компьютералги рукӏинчӏого, цин квералъ хъвалаан, хадуб машинисткабаз бищулаан, хадуб кьабулаан газета печаталде. Кинабго квералъ гьабун, мекъи ккараб хӏарп хисизабун, пуланаб бакӏалдаса къунцӏун, гьеб данде седолев, мазуталъул цӏун квералгун вукӏунаан.

-Байбихьуда чан чи вукӏарав дур штаталда яги дуцагойищ кинабго бачунеб букӏараб?

— 1997 соналда дунго вукӏана. «Нурул ислам» абураб цӏаралда газета биччазе байбихьарабго анкьго мацӏалда бачӏунаан гьеб къватӏибе. Штаталда гӏемерав чиги вукӏана, газеталъул 15000-ялдаса тӏаде тиражги букӏана. Амма 1998 соналъул августалда ккараб дефолталъ кинаб- го кӏалагъоркье чӏвазабуна, газета лъул букӏараб бюджеталъул гӏарацги бухӏана, хӏалтӏухъабазе харж кьезе ресги букӏинчӏо. Кӏиго мацӏ (магӏарул ва гӏурус) хутӏизегӏан къазе ккана. Гьелдаса нахъе ругоха дунгоги хъизанги цадахъ рекъон хӏалтӏулел. Алхӏамдулиллагь, хъизан филолог йикӏиналъ кӏудияб кумек буго. Аллагьасул кумек гуребани, гьалгощинал соназ дихъа бажаризе букӏинчӏо газета биччан. Гӏемерав чияс гьикъула, гьедин ракӏхалалъи гьабун газета биччазе дуда кин кӏварабилан. Гьеб буго цохӏо Аллагьасул иш, ниж руго гӏицӏго Гьесул иш къватӏибе лъугьунеб алат. Гьелъухъ гӏорхъи гьечӏеб реццги буго Аллагьасе.

«ГӏЕЛМИЯБ ИГӏЖАЗАЛЪУЛ» БАРАКАТ

— Газеталда нужеца рорхулел аслиял масъалабазул бицинчӏого, щибаб номералда нужеца кьолел какил рузнамаялъул хӏисаб гьабидал, дида ккола Мухӏамад, гӏемерав чиясул нужее баркала щун батилилан, чанги чияс дугӏадулъги рехсон ратила. Хасго гьанжеялдаса 20-25 соналъ цебе, сотовиял телефонал гьечӏел чагӏазе кӏудияб мунпагӏатлъи букӏун батиларищ гьелъул?

— Узухъда, нижер аслиял цӏалдолел магӏарухълъидал ругел. Дица хӏисаб гьабулаан гьадин: магӏарухъ росулъ вугев, жиндирго магӏишаталда тӏад виххун вугев чи, гьаниве-дове валагьун хабар цӏехезе заман букӏунаро гьесул. Гьединлъидал «Нурул ислам» рокъобе бачӏунев чи ругьунлъун вукӏуна гьелъул щибаб номералда нахъа батулеб рузнамаялде.

Гьеб гуребги, нижеца газеталъул щибаб номералда кӏвар кьолеб тема букӏана «Игӏжазул гӏелми», ай 1400 соналда цебе Къуръан-хӏадисалда рехсараб жакъасеб гӏелмуялъ тасдикъ гьаби ва гӏалимзаби гьелъие мукӏурлъи. Хасго нилъер гьаб заманалда цӏакъ кӏвар бугеб жолъун бихьула дида гьеб. Абухъего, 70 соналъ цӏадуца гӏадин, халкъалъул иман бухӏун ва дин квешаб ишлъун бихьизабун букӏиндал. Чиясулъ иман цӏакъ загӏипаб заман буго гьаб, гьев живго гьелъие мукӏурлъичӏониги.

— Игӏжазалъул магӏна щиб кколеб?

— 1400 соналъ цебе Къуръаналда гьадин хъван буго, жакъа гьеб официалияб гӏелмуялъ тасдикъ гьабуна, Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) хӏадис буго, жакъа гьеб гьеб хӏакъаб букӏиналъе гӏалимзаби мукӏурлъана. Жибго «Игӏжаз» алъул магӏна ккола гӏажаиблъи, паналъи. Гьеб буго цӏалдолезе цӏакъ бокьулеб ва, гьезул рагӏабазда рекъон, иман щула гьабу- леб тема, гьединлъидал нижеца гьелде цӏакъ кӏвар кьола.

— Мухӏамад-хӏажи, 1991 соналдаса нахъе, диналъе эркенлъи кьураб мехалъцин киданиги абулеб букӏинчӏеб жо буго жакъа цо-цояз рагьун абулеб — Аллагь гьечӏин абун. Дуца щиб гьелда абулеб?

— Тохтур ва газета биччалев чи хӏисабалда гӏолилалгун дандчӏвазе гӏемерав щола дун школазде, университетазде. Дида бихьулеб буго цо-цо гӏолилаз, расги хӏинкъичӏого, жал Аллагьасда божуларилан абулеб. Гьедин рагьун абулел чагӏиги нусгоязда гьоркьор цо гурони рукӏунаро, амма ругоха. Гьеб ккола Кореялъул ва Япониялъул сериалазухъ балагьиялъул хӏасил. Гьеб буго цӏакъ кӏудияб хӏинкъи. «Аллагь вугев ватани, гьев вихьизаве», — ян чӏолел руго гьел. Гьеб буго дол сериалазул аслияв героясул суал. Гадже-таз ва смартфоназ гӏакълу (психика) хвезабураб гӏисинаб гӏел жидецаго абулелдеги гьабулелдеги рачӏунел гьечӏо. Гьелъул хӏасилалда раккарал руго жакъа лъимал жалго жидецаго чӏваялъул хӏужабиги. Социалиял гьиназда раккулел руго жалго жидецаго чӏваялъул хӏужаби. Аллагь вукӏинги лъалаго, лъималаз гьединаб вахӏшилъи гьабизе гьечӏо, Аллагьасда божулезда лъалелъул гьеб мунагь сабаблъун инсан жужахӏалде кколевлъи. Гьелъ цин гьезул иман чуч гьабулеб буго.

«Гӏелмияб игӏжаз» рубрика гӏадамаз гъираялда къабул гьабула. Чангияз кагътал рачӏуна, нужеца хъвараб цӏалун хадув, жив исламалде вачӏанин, жиндир рекӏелъ ислам щулалъанилан. Гьел цӏакъго хӏикмалъизарун руго, жакъасеб гӏелму гьанже гурого хадуб гӏунтӏуларел хӏужаби хъвазе-цӏализецин лъаларев чияс – свалат-салам лъеяв Мухӏаммад аварагас Къуръаналда гьадин бугилан 1400-1500 соналъ цебе абиялъ.

— Гьеб игӏжазалда тӏасан 2010 соналда «Хӏакъикъаталъе» дуца кьураб гӏатӏидаб гара-чӏвари ракӏалда буго дида…

— 1997 соналдаса нахъе, нижер щибаб номералдаса камулареб рубрика буго «Игӏжаз». Я Къуръаналъул аят, яги свалат-салам лъеяв Аварагасул хӏадис, гьезул цонигияб гьечӏеб номер нижеца биччаларо. Абизе бегьула гьеб «Нурул исламалъул» бренд гӏадаб жо бугилан. Щайин абуни, гьанже халкъго мобильный телефоназде жанире ин сабаблъун подписка гӏодобе ккараб заманалда, нижер басма хвасар гьабулеб жолъун ккана гьеб — игӏжазалъул рубрика. Жидеца «Нурул ислам» гӏицӏго гьелъие гӏололъун хъвалин абулел чагӏи чанги руго.

ИСЛАМАЛЪ ВАХӏШИЛЪИ БЕКЬУЛАРО

— Гьеб игӏжазалъ гӏемераб жоялде кантӏизарун, дунялалдаго ислам босарал чагӏи щибаб соналъ цӏикӏкӏунел ругин абула. Амма, цере бусурбанал рукӏинчӏел гӏадамал, Аллагьасда божун, ис- ламалде рачӏарар мехалъ, жалго бусурбабазда гьоркьор рикьалаби гӏемерлъи гӏажаиблъи гьечӏищ?

— Ислам буго ракьалда бижараб рухӏ бугеб жоялъе — хӏутӏхъумур, гъветӏ-хер, хӏатта мацӏ лъалареб хӏайван батаниги – сундуего рахӏматлъун бугеб дин. Аллагьас Къуръаналдаги абун бу- гелъул (магӏна): «Мун витӏичӏо гӏаламалъего рахӏматлъун гурого» (Анбияъ, 107). Рахӏматлъун ракьалде битӏараб жо ккола жакъа нилъ жанир ругеб дин. Лъица кигӏан гьеб кку-ниги, гьедигӏан Аллагьасул рахӏмат щола гьесие гьаниб дунялалдаги доба абадияб рокъобги. Исламалъул тушбабазда гьениб хӏинкъи бихьулеб буго, гьелъ гьез рикьалабиги гьарулел руго. Хӏакъикъаталдайин абуни, кинаб хӏинкъиха бугеб исла- мияб диналъулъ? Мискъала заррацин гьечӏо. Инсанасе пайда бугеб, гьев хвасарлъиялде вачӏунеб гурони нух гьелъ бихьизабуларо. Инсан рацӏцӏалъиялде, рахӏматалде, битӏараб нухде тӏовитӏизе ахӏула Къуръаналъ.

Жакъа дунялалда бищун цӏикӏкӏун гӏарац-хайир кьолеб жо щиб бугеб? Гьеб ккола наркотикал, ярагъ ва гӏаракъи-чагъир бичи. Гьелда тӏад гьабулеб буго хӏаталдаса ун гӏемераб гӏарац. Гьел ккола исламалъ нахъ чӏварал, кӏудиял мунагьал. Гьелъие гӏоло гьеб чороклъиялдаса кваналезда ислам рихинчӏого рес гьечӏо. Цохӏо мисал — жакъа Дагъистан кко- ла бищун дагьаб къадар гӏадамаз гӏаракъи гьекъолеб регионазул цояб, щайгурелъул гьаниб ислам бугелъул. Цоги рахъалъан балагьани, Дагъистаналдаса гӏаркъил мафиялъе щвезе кколел рукӏарал миллиардал щолел гьечӏо. Гьединлъидал гьезул исламалда ццин бахъинчӏого рес гьечӏо. Бакътӏерхьул улкабаз абуни хӏаракат бахъулеб буго исламалъ гьукъун бугебщинаб жоялде гӏадамазул хьул лъезабизе. «Балагье, дуе хъалиян бухӏизе, наркотикал хӏал тӏизаризе, гӏаракъи гьекъезе, чияр руччабигун кеп босизе гьукъун буго. Гьелъул кепги босичӏони, гьаб жо гӏумруйищ, гьедин гӏолохъанлъи гӏадада биччазе кин бегьулеб? Воре щвараб кеп босе» — гьеле гӏагашагарго гьез гӏадамал къосинарулеб куц. Гьеб буго СМИяздаги киса-ки-бего бугеб аслияб тема.

— Щай дуе къо бихьун гьеб хӏалтӏи?

— Имаму Раббанияс абулеб буго: «Рагӏудалъун гьабулеб жигьад яр- гъил жигьадалдаса тӏадегӏанаб бу го», — ян. Загьид Хӏусеница абулеб буго: «Къалмил гъазават яргъилал- даса хирияб буго», — ян. Гьединаб кири буго газета хъваразе. Гьаб дунялалъул дагьлъи бихьидал, ниж сабаблъун цониги бусурбанчиясе кири гьабизе бокьи буго аслияб гӏилла.

— Кумек гьабулел спонсоралги ратилаха дур?

— Дида ратичӏо гьединал чагӏи. Битӏун бицани, гьарун ине дунги нечана, маян гьелги рачӏинчӏоха.

— Данде цӏикӏкӏун хӏалтӏанагӏан ислам цебетӏолеб бугин абулеб буго цо-цояз. Дур пикру кинаб бугеб?

— Гьедин буго гьеб хӏакъи къаталдаги. СШАялда жакъа бищун тӏибитӏулеб дин ислам буго, гьединго буго Европаялдаги. Гьебго буго Англиялдаги статистикаялъухъ балагьани, гьениб щуаби- леб соналъ тӏатӏала цӏи гьаруразда гьоркьоб бищун гӏемер лъолеб цӏар Мухӏаммад буго. Кигӏан гьел (диналда дандечӏарал чагӏи) бахчизеян лъугьаниги, хӏакъикъат гӏадамазухъе щвечӏого букӏунаро.

— Дуца щиб абулеб ИГИЛ (РФялда гьукъараб гӏуцӏи) ва «исламияб терроризм» ахирал соназда тӏибитӏиялда?

— Гьеб кинабго буго исламалъул тушбабаз, хасго Гӏизраилалъул бетӏерлъиялда ургъунго исламалдаса халкъ нахъе кӏанцӏизабизе ургъарал гӏуцӏаби. Жал ислам цӏунулел кутакал чагӏиян ругел ИГИЛалъул цонигияс Гӏизраилалде квешаб рагӏи абулеб рагӏанищ? Киса гьеб абулеб, Сирия чӏунтизабулаго лъукъарал гьезул рагъухъаби Гӏизраилалда сах гьарулелъул. Гьединго ИГИЛалъул бетӏерлъун вукӏарав Аль-Багъдади Гӏизраилалъул гражданин вукӏин чӏезабуна Ираналъул разведкаялъ.

Къокъго абуни, хӏалкӏун ислам тӏагӏинабизе хӏаракат бахъулеб буго гьелъул тушбабаз, амма гьезул хӏаракат цӏикӏкӏанагӏан гӏатӏилъун, дунялалдаго тӏибитӏулеб буго ислам. Хӏадис буго: «Аллагьас квешасдалъунги щула гьабизе буго ислам», — ин абураб.

— Мухӏамад, гӏага-шагарго, нужедаго цадахъ гӏадин байбихьанин ккола «Ас-салам» газеталъул тарихги. Конкурентал хӏисабалда, нужее квалквал бугищ гьезул?

— 250 000 тираж бугеб «Ас-саламги» 3000 тираж бугеб нижер басмаги конкуренталлъун росиялъул магӏнацин гьечӏо. Квалква-лалъул гӏаксалда, «Ас-саламалъул» хӏаракатчагӏаз нижер газета тӏибитӏизабизеги кумек гьабула. Аллагь разилъаги гьездаса. Нижер басмаялъул нижерго цӏалдолев вуго. «Нурул исламалъул» цӏалдолев вуго, аслияб куцалъ тӏадегӏанаб лъай бугев, гъваридаб пикругун гӏакълуялъул чи. Гьединал цӏалдолез хвасар гьарун руго ниж жакъа.

Ашахан Юсупов

ХАДУРАГӏИ

Гьелда къокълъичӏо Мухӏамадилгун нижер букӏараб гара-чӏвари. Кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб гӏемераб бакӏалде пикруги щун, исламалъул балъголъабазде ваккун, кутакалда чӏагояб накъит букӏана гьесулгун. Араб 25 соналда жаниб, цохӏо газета биччаялда къокълъичӏого, «Нурул исламалъул» редакциялда къогоялдасаги цӏикӏкӏун тӏехьги бахъана Мухӏамадил хӏаракаталдалъун. Хасго абизе ккола цӏалдолезе цӏакъ ро кьулел Хӏасан-устарасул «Талхисул магӏариф» ва «Буружул мушаййада» гӏадал тӏахьазул таржамаги. Гьединго исана 18 сон тӏубала гьесги хъизамалъги цадахъ, щибаб бащдаб лъагӏалие цӏалдолезе цӏакъ бокьулеб исламияб календарь бахъулеб бугелдаса. Тавпикъ кьеги гьезие исламалъе гӏоло гьабулеб кири кӏудиял ишалги, бергьарал къасдалги хадурккунги гӏумруялде рахъинаризе. Амин.