1979 соналъул 26 апрелалда бахъараб СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул 314/2/061 директиваялъул кьучӏалда гӏуцӏана Ватӏаналъул рагъулаб тарихалде «Бусурбабазул батальон» абураб цӏаралда Бетӏераб разведкаялъул управлениялъул хасаб кӏваралъул 154-абилеб къокъа. 1981 соналъул 7 маялда тӏоцебесеб мотострелковияб батальоналъул часталъул Рагъулаб Байрахъ кьураб къокъаялъ, 29-30 октябралъул сардил гӏужалда, Термез шагьаралда гӏагарлъухъ Афгъанистаналъул пачалихъияб гӏорхъи бахана. Рехсараб къокъаялъул рагъулал гьунаразулъ жидерго цӏар хъваразда гьоркьов вукӏана Казбек районалъул Ленинаулалдаса Гӏусман Мухӏамадовги.

Росдал школа лъугӏидал, «Гьудуллъи» колхозалда хӏалтӏана. Бокьун букӏана, захӏматалъул хӏалбихьиги щун, Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе.

Гьел соназда улкаялъул югалъулал гӏорхъабазда, Апрелалъулаб революция бергьараб Афгъанистаналда хӏалуцин цӏикӏкӏунеб букӏана. Гьезул хӏукуматалъул гьариялда рекъон, афгъаназул эркенлъи ва чияда бачӏолъи цӏуниялъе букӏана Советиял аскаразул гӏорхъичӏвараб къокъаги.

Бачӏана гьениса тӏоцебесеб чӏегӏераб хабар Гӏусманил росулъеги. Жиндирго мадугьал, лъимерлъиялдасан цадахъ гӏурав, цадахъ цӏаларав гьудул вукъулеб къоялъ рекӏелъе бачӏана гьесул «Рецӏел босизе ккола!» абураб пикру. Гьебго заманалда жиндирго рагъулаб хъулухъ байбихьулеб букӏана Свердловск областалъул Нижнесергинский районалъул Уфа-Шигири росулъ гьавурав, хадув хъизангун Михайловский шагьаралде гочарав гӏолилав Нафиков Хӏамидица. 1978 соналда Свердловск шагьаралда Суворовасул училищеги лъугӏизабун, вачӏана Рязаналъул гьаваялъулгун десантазул командованиялъул училищеялде.

1982 сон. Цӏалиги лъугӏизабун лейтенантасул чин щварал курсантал рагъулаб хъулухъалъе ритӏарал бакӏазде ине хӏадурлъулел рукӏана.

— Хӏамид, лъалищ киве мун витӏулев вугевали?

— Лъала. Дида гьеб балъго командирас абуна. Туркестаналъул рагъулаб округалде! Чирчикалде!

— Вахӏ! Гьеб битӏахъего Афгъанистаналде унеб нух ккола гурищ!?

Чанго соналдасан Михайловск шагьаралдаса Ленинаулалде Мутӏачовазул цӏаралда бачӏараб кагътида хъвалеб букӏана: «Нижеда тӏаса лъугьа нужер ракӏазулъ лъураб сахлъулареб ругъун цӏи гьабулеб букӏиналдаса. Хъвачӏого чӏезеги кӏолеб гьечӏо. Рагъулаб часталдасан нижеда лъазабухъе, нилъер васал тӏоцебесеб къоялдаса байбихьун Афгъанистаналда цадахъ хъулухъ гьабулел рукӏун руго. Нужер васас, Гӏусманица, ракӏбацӏцӏадав инсанас ва гьудуллъиялъе ритӏухъав рагъухъанас ахирисеб хӏухьел къотӏизегӏан жиндирго командир цӏунун вуго. Гьел гӏицӏго хвалица цоцадаса ратӏа гьарун руго. Дунги Хӏамидил яц Фазиля», — ян.

Гьедин ккана тӏоцебесеб лъай-хъвай. 1000-ялдаса цӏикӏкӏараб километралъул манзилалъ цоцадаса рикӏкӏад гӏумру гьабулел магӏарулал Мутӏачовазул ва татарал Нафиковазул.

Ракӏалда буго 1986 соналъул хасалихълъиялъул къо: Ленинаулалде Михайловск шагьаралдаса рачӏун рукӏана Мугаб Мубаракович ва Мунира Абубакировна Нафиковал. Бищунго гӏагарал гӏадамал хӏисабалда къабул гьаруна гьел Мутӏачовазул хъизаналъ гуребги, Ленинаул росдал жамагӏаталъго.

Гӏусманил гӏумруялъул ахирисел лахӏзаталги Мутӏачовазе, гьалбаз цадахъ босун бачӏараб кӏиявго гӏолилав къурбанлъун ккараб рагъул бицунеб «Шуравиязул къиса» абун цӏар тараб, гьитӏинабго макъала бахъараб Свердловск областалъул гӏолилазул газеталъул номералдасан загьирлъана.

Чанго соналдаса Свердловск шагьаралъул рехсараб газеталъул редакциялде щвезе ва макъалаялъул автор Л. Печуркинагун дандчӏвазе диеги рес щвана. Лъай-хъвай гьабуна гьелъ ракӏарарал документазулгун, макъалаялда рихьизаричӏого хутӏарал цо-цо хӏужабазулгун.

1983 соналъул октябрь моцӏалда лейтенант Хӏамид Нафиков витӏана Афгъанистаналъул бакъбаккуда Пакистаналъул гӏорхъода бугеб Нангархар провинциялде хъулухъ гьабизе. Гьебго моцӏалъ гьениве вачӏана Гӏусман Мухӏамадовги. Гьез хъулухъ гьабулеб букӏана Жалалабад шагьаралда гӏагарлъухъ чӏараб 154-абилеб Хасаб кӏваралъул къокъаялъул тӏоцебесеб батальоналъул кӏиабилеб разведчиказул ротаялда

Къокъаялъ рагъулаб тарихалда тараб лъалкӏалъул бицуна кӏвар бугел рагъулал операциязда гӏахьаллъи гьабиялъги. Гьединаздасан рукӏана «Шторм 333» операцияги, ЖарКудукалда, Дарзабалда, Мармолалъул жаниблъиялда душманазул базаби росиги, Санчарак эркен гьабиги, Кули-Ишаналда душманазул кӏиго кӏудияб къокъа щущахъ биххизабиги, Нангархаралда ва цогидал бакӏазда ккарал кӏвар бугел рагъулал тадбиралги.

Гӏаммаб хӏисабалда интернационалияб налъи тӏубазабулеб заманалда, СССРалъул яргъилал къуватазул генералияб штабалъул разведкаялъул бетӏераб управлениялъул баяназда рекъон, хасаб кӏваралъул къокъаялъ тӏагӏинавун вуго 17000 душман, 990 караван, 332 рагъулаб склад, асир гьавун вуго 825 чи. Гьелго соназда къокъаялъе камун вуго 186 рагъухъан.

Лейтенант Нафиков ва отделениялъул командир, гьитӏинав сержант Мухӏамадов къокъидго гьудулзабилъун лъугьана. Цадахъ хъулухъ гьабураб 9 моцӏида жаниб гӏахьаллъарал рагъулал операциязда хӏалбихьараб гьезул гьудуллъи вацлъиялдеги сверана.

154-абилеб хасаб кӏваралъул къокъаялъул командованиялъухъе баянал щвана Жалалабадалдаса рикӏкӏад гьечӏеб Гирдаб кишлакалда сордо бан чӏарал душманазул кӏудияб къокъаялъ хадусеб къоялъ, ай 1984 соналъул 15 августалда Гирдаб магӏардасахун нух бахъун, чӏараб бакӏ хисизе бугилан.

Лейтенант Хӏамид Нафиковасул, сержант Сергей Глушкол ва гьитӏинав сержант Гӏусман Мухӏамадовасул бетӏерлъиялда разведчиказул 11 чиясдаса гӏуцӏараб къокъа, сардил бецӏлъиялдаса пайдаги босун, аслияб къуват тӏаде щвезегӏан гьезие нух къазе буюрухъгун, тӏадкъай тӏубазе бахъана. Къокъаялъе бетӏерлъи гьабулев Нафиковас щивав рагъухъанасда гъоркьчӏелалъе бакӏ бихьизабуна, щивасда жиндирго масъала бичӏчӏизабуна. Отделениялъул командир Мухӏамадовасдаги гӏолохъанал рагъухъабазда хадуб халкквеялда вукӏайилан лъазабун, живго бищунго хӏинкъи бугеб бакӏалда гъоркьчӏел ккун чӏана.

Радакьелдехун кишлакалъул рахъалдасан рагъа-рачари лъугьана ва кватӏичӏого Маркохалде бачӏунеб нухдасан битӏахъего разведчикал ругеб рахъалде гӏагарлъулеб бихьана душманазул къокъа. Гьезул вукӏана гӏага-шагарго 200-гӏанасев чи. Рациялдасан батальоналъул штабалда ахӏвал-хӏалги лъазабун, разведчикал ращалъи гьечӏеб рагъулъе журана.

Цоцада хадуб гъун чанго нухалъ хӏаракат бахъана душманаз гьужумгун магӏарде нух бахъизе, амма щибаб нухалда разведчиказухъа гьеб нахъ чӏвазе бажарана. Тӏоцеве гӏумруялдаса ватӏалъана къокъаялъул командир лейтенант Нафиков. Кабул гӏоралъул доб цояб рахъалда, разведчиказ щулалъи ккуралда дандбитӏараб магӏарда бугеб нохъода щулалъизе рес ккарал душманазе гьев чӏараб рахъалдехун кьвагьизе санагӏалъи букӏана.

Душманаз хӏаракат бахъулеб букӏана офицерасул жаназа нахъе босизе. Амма жиндирго командир, вацлъи рагӏизабурав рагъулав гьудул гьез инжит гьавизе виччазе Гӏусманил ракӏалъе къабуллъулеб букӏинчӏо. Амма кьурул ганчӏазда нахъехун вахчунги хъурщун унги командирасде гӏагарлъизе хӏаракат бахъулев гьев душманазул гуллица нахъе къазе тӏамулев вукӏана. Ахирги, жиндаса душманал нужедехунго руссинареян рагъухъабаздеги ахӏун, командирасул жаназаялде аскӏове векерарав гьев жеги захӏматаб хӏалалде ккана. Бигьаго букӏинчӏо лъукъараб, бидулъ бецӏцӏулеб гъежгун, цӏад гӏадин балеб гуллида гъоркьан эхедераялдасан гьев жиндаго хадув цӏазе ва цадахъго цояб квералъ душманазде кьвагьизе. Гьедин вукӏаго щвана гьесда хвалилаб гуллаги.

Тӏадегӏан ругел щулалъабаздасан кьвагьдон, къокъаялъул нахъе хутӏарал рагъухъабазухъа бажарана душманал Хӏамидовасул ва Мухӏамадовасул жаназабазде гӏагарлъизе риччангутӏизе. Кватӏичӏого разведчиказде тӏаде гӏунтӏана кумек. Разведчиказул гьитӏинаб къокъаялъ багьадурлъиялда тӏубана командованиялъул тӏадкъай, амма гьелъие гъоркьлъеллъун ккана кӏиго гӏолохъанаб гӏумру. Хадуб баянлъана чанго сагӏаталъ халат бахъараб рагъул хӏасилалда рагъухъабазул гьитӏинаб къокъаялъ 52 душман тӏагӏинавуравлъи.

Ватӏаналъ тӏадегӏанаб къимат кьуна рагъухъабазул гьунаралъе: лейтенант Хӏамид Нафиков кӏодо гьавуна Ленинил орденалдалъун (хун хадув), гьев вукъун вуго УфаШигири росулъ. Гьитӏинав сержант Гӏусман Мухӏамадов кӏодо гьавуна Рагъулаб Багӏараб байрахъалъул орденалда-лъун (хун хадув), вукъун вуго Ленинаул росулъ.

Гьаб макъала хъвазе хӏадурлъулелъул дун щвана Гӏусманил хабаде. Гьенисан дихъ балагьун вукӏана анцӏила ичӏилъ мармаралъул къанида жиндир сипат даимлъарав гӏолохъанчи. Гьенир гӏагардаго рукӏана Афгъанистаналъул ракьалда гьесулго гӏадинаб къисмат ккарал Гӏусманил кьерилал-мадугьалзаби Низамодин Лабазановасул ва Гӏалиасхӏаб Асланхановасул хобалги.

Цо лахӏзаталда дир пикру жидедехунго цӏана хобалда цере рихьулел гӏисинккун балеб февралалъул гӏазул гъаталъ жеги рахчизаричӏел лъалкӏазде. Гьеб букӏана хваразул багьадурлъиги гьунарги саназ чӏагоязул ракӏазулъа бахъулеб гьечӏолъиялъул гӏаламат. Гьедин бугебгӏан заманалда чӏагояллъун хутӏула абадияб рокъоре аралги.

Избодин МУХӏАМАДОВ, Россиялъул Журналистазул союзалъул член