Гъоркьиса 68 сон тӏубана юстициялъул полковник Хӏайдарбег Хӏайдарбеговас. Исана 26 янва-ралда гьев ккана больницаялде – гьуърузул 15 проценталда ковидалъул унти хъинтӏун бугинги абун. Больницаялда вукӏаго, унти цӏикӏкӏана ва ковидалъ «кванан» батана гьуърузул 95 процент. Тохтурзабазухъа бажаричӏо гьесие кинабгӏаги кумек гьабун.

ДРялъул мустахӏикъав юрист, низам цӏунулел идарабазул ветеран, ритӏухълъиялъе гӏоло гӏумру кьезе хӏадурав инсан, кутакалда гӏумру хирияв ва сундулъго жигараб гӏахьаллъи гьабулев – гьединав вукӏана Хӏайдарбег. Кигӏан къеркьаниги, унтиялъукьа бергьинчӏо гьев – хӏиллаяб ковидалъ кӏиго анкьалъги кӏвекӏун, ана абадияб дунялалде.

Больницаялде ккелалде цебесеб къоялъ ниж рукӏана цадахъ батӏи-батӏиял масъалабазул хӏакъалъулъ бицунел, махсарахочӏ гьабулел. Нижер цонигиясда ракӏалда букӏинчӏо гьеб ахирисеб дандчӏвайлъун хутӏулеблъи.

Хӏайдарбегил букӏана лъикӏаб гӏумру. Гьеб байбихьана инсуца захӏматалде рокьи куцаялдаса. Гьитӏинав вугониги, цӏодорав вугин абулаан Муртазагӏалил васасда киназго ва хьулги букӏана гьесул къадруяв чи вахъиналде. Советияб армиялда тӏадаб борчги тӏубазабун, Хӏайдарбегица лъугӏизабуна Астраханалъул цин гьоркьохъеб ва хадуб – Киевалъул тӏадегӏанаб милициялъул школа. Гӏемерал соназ хӏалтӏана милициялда, прокуратураялда, цӏех-рехалъул идарабазда. Гьесги хъизан Бахуцаги гӏезабуна ва лъикӏаб лъайгун тарбия кьун, гӏумрудул нухда регӏана лъабго вас. Гьезул цояс тӏаса бищана инсул пиша. Ана Хӏайдарбег, лъикӏал ишазул гӏемерал лъалкӏалги тун, ракӏалдещвеязулъ хасаб бутӏаги ккун, пачалихъиял шапакъатазулъ къадруяб цӏарги даим гьабун.

Гьаб буго, Дагъистаналъе гӏоло ракӏбацӏцӏадго хъулухъ гьабурав, жиндаги тухумалдаги чӏегӏераб тӏанкӏ лъезе рес течӏев, гӏадатияв дагъистаниясул биография. Цоги рахъалъул хӏисаб гьабуни – гьаб буго вирусалъул унтул хӏилларекӏкӏ бергьиналъул хӏакъикъат; нилъеца цӏодорлъи гьабичӏони, гьебги нилъеда гурхӏунгутӏиялъул гӏаламат.

«Хӏакъикъаталъул» редакциялъ ракӏ-ракӏалъ зигара балеб буго Хӏайдарбегил хъизамалдаги гӏага-божараздаги. Аллагьас иманалда тӏовитӏун ватаги.

З. Ильясов