Жив Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетӏерасул заместительлъун тӏамунин, жинде гьабураб божилъиялъухъ баркалайин хъвана Инстаграмалда жамгӏияв хӏаракатчи Булач Чӏанкӏалаевас.

Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъа гьев гӏолохъанчи гӏезегӏан лъикӏ лъала республикаялда, хасго Махӏачхъалаялда. Булачил лъайхъваял руго батӏи-батӏияб заманалда хъулухъазда, политикаялъулъ, спорталъулъ ва жамгӏияб гӏумрудулъ рукӏаралги ругелги гӏадамазулгун. Рахӏму-цӏобалъул, экологиялъул тадбиразулъги бищун цеве ватула гьев.

Махӏачхъалаялъул мэр вищулеб мехалда гьеб хъулухъалде кандидатураги лъун букӏана Чӏанкӏалаевас.

Мухӏканго гьелъул хӏакъалъулъ ургъунго бицунеб буго, щайин абуни, Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетӏерасул заместительлъун тӏамунин гьес Инстаграмалда хъван хадуб интернеталдасан кутакал гьужумал гьаруна цо-цо чагӏаз.

Гьез хъвалеб букӏана цониги идараялъе нухмалъийищин Булачица гьабураб, гьединаб хӏалтӏул хӏалбихьийищин гьесул бугебилан абун. Цогидаз жаваб кьолеб букӏана ахираб 20-30 соналъ тӏадегӏанал хъулухъазда гӏадамал бечедаб хӏалбихьиги букӏунищин толел рукӏарал, гьедигӏанго цӏакъ нуж Чӏанкӏалаевасде тӏаделъизе.

Лъабабилез махсара гьабулеб букӏана гьелейинха, Булач сабаблъун лъанин жидеда Дагъистаналда Южно-Сухокумск абураб шагьар бугеблъиго. Гьединлъидал Булачица гӏезегӏан ахӏи-хӏурги бахъинабилин гьелда сверухъ, шагьаралъул масъалабазде цӏикӏкӏун кӏварги буссинабилин абулеб буго гьез.

Цогидаздаса рикӏкӏадегӏан кколеб букӏиналъищали, унго-унголъунги Южно-Сухокумск гьедигӏан гӏемер рехсоларо республикаялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумрудулъ.

Шагьарлъун гьеб лъазабуна 1988 соналъул 10 марталда ДАССР Верховный Советалъул Президиумалъ гьабураб хӏукмуялдалъун. Гьелде щвезегӏан гьеб рикӏкӏунаан нартихъабазул посёлоклъун. Гьелъие кьучӏ лъуна 1958 соналда.

Гьабсагӏаталда Южно-Сухокумскиялда гӏумру гьабулел гӏадамазул къадаралъухъ балагьун, гьениб 48 процент буго магӏарулазул, 21 – даргиязул, 12 – лезгиязул, 9 – тумазул, 3 – лъарагӏазул, 3 – гӏурусазул, 4 процент – цогидал миллатазул.

Гьенир руго Юрий Гагариниегун Расул Хӏамзатовасе (2008 соналда) лъурал памятникалги.

Южно-Сухокумскиялъул цӏар бахъидал, гӏемерисезда ракӏалде щола цо заманалда гьенив мэрлъун вукӏарав, гьанже ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун кколев Чӏарада районалдаса Эсенбулат Мухӏамадов.

Гьединго «Хевел» компаниялъул къокъаялъ Южно-Сухокумскиялда байбихьана бакъудалъун энергия кьолеб кӏудияб станция (СЭС) базеги.

Гьеле гьединаб шагьаралъул мэрасул заместительлъун тӏамун вуго Булач Чӏанкӏалаев. Гьеб хъулухъалда гьесда тӏадкъан руго социалияб сфераялъул суалал.

Гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги ккана нижер.

— Булач, тӏоцебесеб иргаялда, баркула дуда цӏияб хъулухъ. Кӏиабизе бугони, гьеб дур хъулухъалъ цӏакъ асар гьабулеб букӏин бихьула интернеталдасан хъвадарулел чагӏазе. Юридикияб лъайгун кинин дуца магӏишатиял суалал тӏуралелин абун хъвалеб буго гьез.

— Дие гьабсагӏаталда щибниги ургъел гьечӏо интернеталда хъвалел ругел харбазул. Гьелда тӏад хвезабизе заманги гьечӏо. Дун гӏураб шагьар Махӏачхъала букӏаниги, Южно-Сухокумскиялда хӏалтӏизе ракӏалде ккана. Батӏалъи щиб, гьабги нилъер шагьарлъидал. Балагьилаха, гьелъул масъалаби тӏураялъе дихъа гьабизе бажарулеб жо щиб букӏинебали.

Гьел хъвадарулел чагӏиги ратила гьабизе жо тӏагӏарал. Дица гьезде гӏайибги гьабуларо. Амма унго-унголъунги дун лъикӏ лъалел гӏадамал рази руго гьеб хӏукмуялда. Батӏаго дие бадирчӏваял гьаризе бегьуларин абулеб мехги гуро. Гӏилла-мурадгун гьабулеб критикаялъе дун тӏадеги вохарав вуго. Гьелъул кӏудияб кумекги букӏинаан. Гурони, зодоса росун гӏайибал чӏваялъул магӏна щиб? Масала, цевеккун пачалихъияб идараялда хӏалтӏараб хӏалбихьи гьечӏин дирин абулеб рагӏула гьез. Щай хӏалтӏуларев, хӏалтӏана Пенсиязул фондалдаги, «Запкаспрыбводалдаги», шагьаралъул администрациялдаги. Дун жамгӏиял хӏалтӏабазда гьоркьов вихьулев вукӏиналъ, гӏицӏго жамгӏияв хӏаракатчилъун чӏун гурони, дица батӏияб хъулухъ-пиша тӏаде босизе бегьулариланищ кколеб бугебали. Лъаларо, дирго лъале-хъвалезда тӏад цониги иш къан бугилан рагӏани, дун ракӏ-ракӏалъ вохула. Аллагьас хадубккунги гьесие квербакъагиян гьарула. Амма цо-цо гӏадамал гьединал ратулел гьечӏоха.

— Южно-Сухокумскиялда бищунго кӏвар кьезе ккарал масъалаби кинал ругел?

— Киналго шагьаразул аслиял масъалаби цого рукӏуна – хасго рукӏа-рахъиналъулгун коммуналияб магӏишат рукӏалиде ккезаби. Гьединго буго Южно-Сухокумскиялдаги. Абухъего, дида тӏадкъан буго социалияб блок. Кӏвараб жо гьабила.

Гьумер хӏадур гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.