15 февралалда ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов дандчӏвана республикаялъул «афгъаналъулалгун». Гьелъие гӏиллалъун ккана 15 февраль советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачараб къо букӏин. Гьелдаса нахъе ана 33 сон.

Гьеб дандчӏваялда гьоркьоб лъураб аслияб лъабго суалалъул цояб букӏана афгъаналъулазе жанир чӏезе рукъзал къваригӏун рукӏин. Амма цересел соназда дандеккун, исана гӏезегӏан гӏарац биччалеб бугин республикаялъулги федералиялги бюджетаздасанин бицана «Хӏакъикъаталъе» Мухӏамад Хадулаевас. Гьев ккола «Российский Союз ветеранов Афганистана» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулев. Гӏаммаб куцалда абуни, исана рукъзабазул сертификатал щвезе руго 249 «афгъаналъуласе».

— Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас абуна «афгъаналъулазда» хурхун цониги суал букӏине гьечӏин тӏубазе бажарулареб. Жидеца цӏакъ кӏвар кьезе бугин гьезде. Гьединго Сергей Меликовасде щвезегӏан нилъер республикаялда гьанже гӏадин гӏемер гӏарац биччан букӏинчӏо «афгъаналъулазе». Бищун щвани, 20-30 чиясе щолаан гьеб гӏарац. Гъоркьиса абуни, 190 чиясе кьуна, исана 249- ясе щвезе буго, — ян бицана М. Хадулаевас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, ДРялъул Захӏматалъулгун социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул сияхӏазда вуго жанир чӏезе рукъзабазда хадур иргаялда чӏарав 450 «афгъаналъулав».

«Гӏагараб заманалда жаниб гьезие киназего щвела гьел. 2005 соналъул 1 январалде щвезегӏан иргаялда чӏун рукӏана гьел киналго. Амма руго жеги батӏиял «афгъаналъулалги». СССР биххидал, цо-цо районаздагун шагьаразда ургъунго гьабун батаниги яги хъулухъчагӏазул тасамахӏлъиялъ батаниги, рилун руго гӏемерисел «афгъаналъулазул» сияхӏал. Гьединлъидал гьезул суал тӏубазе буго судазул кумекалдалъун», — илан абуна Хадулаевас.

Гьелдаго цадахъ жеги кӏиго суалги гьоркьоб лъун букӏана хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда – Махӏачхъалаялда бугеб «афгъаналъулазул» парк цӏи гьабиги гьезие сакъатлъи чӏезабиялъул суал роцӏинабиги. Масала, поликлиникабаздаги цогидал идарабаздаги хъулухъчагӏи рикӏаризе лъугьун, цо-цоязе захӏмалъулеб буго жидерго сакъатлъи чӏезабизе. Кир ва лъица гьединал пишаби гьарулелали бихьизе, чӏванкъотӏарал хӏужаби ракӏаризе руго «афгъаналъулаз».

Хадулаевасул рагӏабазда рекъон, гьез ДРялъул хӏукуматалда гьарулеб букӏун буго Афгъанистаналда васал чӏварал, тӏагӏарал хъизамазе кумек хӏисабалда моцӏи-моцӏие кӏиазаазар гъурущниги биччаян. Гьелъул бакӏалда 10000 гъурущ биччазе хӏукму гьабунин бицана «афгъаналъулазул» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулес.