ДРялда коронавирус тӏибитӏизе биччангутӏиялъул Оперативияб штабалъул баяназда рекъон, 14 февралалда республикаялда коронавирусалъул унти тӏатана 601 чиясул, 154-яв больницабазда регизаруна, 527 чи сахлъана, 10 чи хвана. 60 ва цӏикӏкӏун сонал раразе республикаялда лъазабун буго самоизоляциялъул къагӏида, вакцинация гьабурал ва хӏалтӏуда ругел гӏадамазе хутӏун. Чара гьечӏеб къваригӏелалъ гурони гӏемер къватӏире рахъунгеян лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъги. Тӏадехун рехсарал баяналги малъа-хъваялги кин къабул гьарулел ругел гӏадатиял гӏадамаз? Гьабулеб бугищ коронавирусалдаса цӏуна-къай? Тахшагьаралъул жамгӏияб транспорталда бихьула коронавирусалдаса цӏуниялде гӏемерисез кӏвар кьолеб гьечӏолъи. Жамгӏиял бакӏазда гӏемер данделъуларел районаздагицин мех-мехалда цӏакъго цӏикӏкӏун батула коронавирусалъ унтаразул къадар. Чара гьечӏого къватӏире рахъине, росабалъа росабалъе хьвадизе гӏурхъаби чӏвалел тадбирал гӏуцӏун рукӏана кӏиго анкьалъ цереккун Гӏахьвахъ районалдаги.
Гӏахьвахъ Районалда коронавирусалъул инфекция бугезул къадар цӏи кӏкӏиналда бан 27 январалдаса тӏоцебесеб апрелалде щвезегӏан гьукъун букӏана кванил тукаби хутӏизегӏан цогидал тукаби хӏал тӏизеги, чара гьечӏого хӏажатаб къваригӏелалъ гурого росабалъа росабалъе хьвадизеги, мажги- тазда, гӏемерал гӏадамал данде ракӏарулел тадбиразда данделъи- зеги. Регионалъулал ва федералиял информациялъул хъулухъаз гьеб къоялъго хабар тӏибитӏизабуна Гӏахьвахъ районалда росабалъа росабалъе нухал къан ругин, гӏицӏго хехаб кумекалъул, токалъул хъулухъалъул, полициялъул ва администрациялъул хӏалтӏухъабазе хутӏизегӏан абун. Гӏурхъаби чӏвалел тадбирал лъазарун рукӏана районалда анкьида жаниб коронавирус 37 чиясде бахун батиялъул хӏасилалда. Гьединго районалъул школазда цӏалдохъабазда ва учительзабазда гьоркьоб гриппги тӏибитӏун букӏана. Талихӏалъ, коронавирусалъул унтуда бан гӏурхъаби чӏвалел тадбирал цӏакъго халат рахъинчӏо, 10 февралалда Гӏахьвахъ райадминистрациялъ гьеб къагӏида къотӏизабуна. Гьелъие гӏиллалъунги ккана коронавирусалъ унтулезул къадар дагьлъи. «Лъабабилеб марталда гьарурал хал гьариязда рекъон, ПЦР-тестаз бихьизабуна 179 чиясда коронавирус бугин абун. 10 февралалда цӏидаса кьурал анализазда рекъон, гьезда гьоркьоса 53 чиясда коронавирус батичӏо. Гьелда бан, райадминистрациялъ цебехун, ай 27 январалда лъазабун букӏараб гӏурхъичӏваялъул тадбиразул къагӏида хисизабуна. Муфтияталъул ва ДРялъул бетӏерав санитарияв тохтур Н. Павловасул лъазабиял хисизарулел гьечӏо», — ян абун хитӏаб гьабуна Гӏахьвахъ районалъул администрациялъ районцоязде. Коронавирусалъул рахъалъ гьал къоязда районалда бугеб ахӏвалхӏалалъул хӏакъалъулъ нижеда бицана Гӏахьвахъ районалъул ЦРБялъул инфекционист Гӏабдула Патхӏудиновас: «Коронавирус тӏибитӏиялъул рахъалъ районалда ахӏвал-хӏал гӏодобе биччалеб буго. ПЦРанализал нижеца кьола анкьида жаниб лъабго нухалда. Щибаб нухалда 20-30 чиясда бахун батула коронавирус (ПЦР-положительный). Больницаялда регаразул ва батӏи-батӏиял росабалъа унтаразул 200- 220 ПЦР-тест гьабизе битӏула, гьезда гьоркьоса 20-30 чиясда коронавирус бугин абураб жавабги бачӏуна. Коронавирус унти бахарал, амма захӏматго унтичӏел гӏадамазерокъобго гьабизе дару хъвала, поликлиникаялдаса дарабиги чӏорого кьола. Хадуб, анкьидасанги кьола гьез анализал, коронавирус батичӏони, хӏалтӏуде рахъине бегьулинги лъазабула», — ян бицана Патхӏудиновас.
Гъуниб
Гьал къоязда хабар тӏибитӏун букӏана Гъуниб районалдаги коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏун бугин абун. Районалда коронавирус унти тӏибитӏиялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏал цӏехон ниж кӏалъана Гъуниб ЦРБялъул бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Мухӏамад Шапиевасухъе.
— Коронавирусалъ унтаразул рахъалъ ахӏвал-хӏал букӏаралдаса хисараб жо щибго гьечӏо, унтулезул къадар цӏикӏкӏунги гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, дагь-дагьккун гӏодобе кколеб буго. Гьедин букӏаниги, ниж гӏодоре риччан чӏун гьечӏо. Вакцинациялъул ва коронавирус тӏибитӏизе биччангутӏиялъул рахъалъ хӏалтӏи гьоркьоб къотӏичӏого гьабулеб буго, — ян бицана гьес. Шапиевасул баяназда рекъон, больницаялда сах гьарулел руго коронавирусалъ унтарав 10 чи, рокъобго дару гьабулеб буго 30 чиясе. Районалда коронавирусалде данде вакцина гьабун буго 8693 чиясе.
Республикаялъул цогидал районазда коронавирусалъул ахӏвал-хӏалалъул статистика кьун буго Оперативияб штабалъ. Гӏорхъолъа ун унтаразул къадар цӏикӏкӏиналда бан гӏурхъичӏваялъул тадбир лъазабураб цогӏаги район гьечӏо гьезда гьоркьоб. Масала, Бежтӏа участокалъул ЦРБялъул вакилалъул рагӏабазда рекъон, больницаялда коронавирусалъ унтун вегун вуго ункъо чи. Рокъобго дару гьабулеб буго анлъго чиясе. Къойилго гьарулел ПЦР-тестазул хӏасилалда лъабго яги щуго чиясул коронавирус унти тӏатунеб буго.
Омикрон бигьаго тӏаса рехула
Ахираб заманалда коронавирусалъ унтарал лъималазул къадар цӏикӏкӏунеб бугин бицунеб буго инфекционистазги поликлиникабазул тохтурзабазги. Чӏахӏиязецин захӏматаб унти кин хӏехьолеб бугеб лъималаз, кинал захӏмалъабигун гьел дандчӏвалел ругелали цӏех-рех гьабун ниж щвана Махӏачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялде. — Нижер поликлиникаялда март моцӏалде щвезегӏан «Здоровый прием» гьабулеб гьечӏо. Лъималазул ригьалда рекъон, сахлъиялъул хал гьабизе яги календаралда рекъон прививкаби гьаризе рачӏине кколел эбел-инсуда лъазабун буго поликлиникаялде рачӏунгеян. Гьединал тадбирал гьарула школазда ва яслиахазда гриппалъ, ОРВИ ва цогидалги рахунел унтаби ругел лъималазул къадар цӏикӏкӏиндал. Унтарал лъимал нижеца къабул гьарула. Цӏа-кан бахарал лъимал къабул гьарулеб хасаб кабинетги буго нижер поликлиникаялда. Цӏикӏкӏун руго грипп, ОРВИ, коронавирус унти бахарал лъимал. Лъималазул цӏа-кан бахун рокъоре цӏикӏкӏун ахӏулел руго ниж цебеялде дандеккун. Масала, шамат къоялъ радал сагӏат ичӏго тӏубаралдаса цо тӏубазегӏан дежурствоялда йикӏана дун. Гьеб заманалда жаниб 16 лъимер бачӏана поликлиникаялде. Гьезда гьоркьоса 9 лъимадулъ коронавирус батана. Гьанже баккараб «омикроналъ» унтарал цӏикӏкӏун руго лъималазда гьоркьор, амма больницаялде ккечӏого, рокъоб дару гьабун сахлъизаризе кӏолелги руго гьел. Кӏиго-лъабго къоялъ цӏа-кан бахунеб буго. Щекъер дагьабго багӏарлъулеб буго. Цӏа-канги цӏакъго цӏикӏкӏараб гьечӏо (37-37,6 градус). Гьединал унтаразе бихьизабула гӏадатияб грипп унтиялъего гӏадаб дару. Лъимадул иммунитетги лъикӏаб бугони, рокъобго лъикӏаб хъулухъги гьабулеб бугони, гьеб хехго сахлъула. Захӏматго унтарал къанагӏат гурони дандчӏваларо. Коронавирусалдаса цӏунизелъун поликлиникаялда 12-17 сон барал лъималазда гьоркьоб, эбел-инсул изнуялдалъун, вакцинацияги гьабулеб буго. Ахираб заманалда эбелэмен жалго рачӏунел руго прививка гьабизе лъималги рачун, — ан бицана рехсараб поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудиновалъ.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова