Нижер районалда буго 5 батӏияб мацӏ: авар, кӏаралазул, гӏахьвалазул, багвалазул ва тӏукадерил. Гьединлъидал, лъица щиб бицаниги, авар мацӏ рахьдал мацӏлъун кколаро кӏараласе, гӏарчосесе, гӏанчихъесе, тӏарадаинхелосесе, рацилъесе, маштадасасе, рачабулдасесе, гьединго авар мацӏ рахьдал мацӏлъун кколаро тӏадмагъилъесе, кӏудиябросулъесе, лологъонилъесе, изаносесе, лъибищосесе, лъисисесе ва тӏукитӏесесе.
Гьезул эбел-эмен лъималаздаги кӏалъала жидерго рахьдал мацӏалда. Советияб власталда цебе гьел росабазул гӏадамазул гӏемерисезда лъалебги букӏун гьечӏо жидерго мацӏ гурони. Мунагьал чураяв дир эмен 1936-1937-абилел соназ Изано росдал школалъул директорлъун вукӏана. Гьес бицунаан гӏемерисел изандерил кӏудиял гӏадамазда, хасго руччабазда, авар мацӏ лъалароанин абун.
Авар мацӏ ккола авар миллаталъул жидедаго гьоркьоб бицунеб мацӏ. Гьединлъидал литературияб авар мацӏ малъизе байбихьараб советияб заманалда гьеб лъугьана кӏиабилеб рахьдал мацӏлъун дица тӏадехун рехсарал жидерго мацӏал ругел росабазул гӏадамазеги. Масала, цӏолодисесда кӏаралазул, гӏахьвалазул, тӏукадерил яги лъибщадерил (багвалазул) мацӏ лъаларо. Амма кӏаратӏисесда, гӏахьваласда, тӏукитӏисесда, лъибищосесда цӏолодисесдасаги лъикӏ лъала литературияб авар мацӏ.
Жакъа ахӏи бахъун буго авар мацӏ кӏочон тезехъин бугин, гьелъие гӏайибияблъунги бихьизабула улкаялъул хӏукумат. Ахирияб заманалда гӏадатлъун лъугьун буго кинабго мекъабщиналъул гӏайиб президентасдеги хӏукуматалдеги рехизе.
Хӏакъикъаталдаги гьединищха бугеб?
Цебе заманалда кӏаралазул мацӏ бицунеб Сивухъ росу гочун буго гьанжесеб Гӏахьвахъ районалъул ракьалдаса Гумбет районалъул ракьалде. Хадур гьел гочинарун руго Чачаналде, цинги — Хасавюрт районалде. Амма щайха, кире гочаниги, гьезда жидерго рахьдал мацӏ кӏоченчӏеб?
Рагъул соназда гӏахьвалазул Тӏунсикь росу гочинабун буго Чачаналде, хадуб — Хасавюрт районалде. Гьанже гьел руго Советское (Гъарасуй) абулеб росулъ. Щайха гьезда жидерго рахьдал мацӏ кӏоченчӏеб?
Рагъул соназда Гӏахьвахъ районалъул Рацилъ росдал гӏадамал гочинарун руго Чачаналде, хадур — Хасавюрт районалъул Кокрек росулъе. Гьезги кӏочене течӏо жидерго мацӏ.
Гьел мисалаз нугӏлъи гьабула рахьдал мацӏ лъималазда лъазе букӏиналъе, эбелалъ рахьгун цадахъ бицунеб бугони Президентасги хӏукуматалъги гуро, бабацаги дадацаги бицине ккола.
Рачӏа гьанже авар мацӏ унго-унголъунги рахьдалаблъун кколеб росулъе сверилин. Местӏерухъ росдал ясли-ахалъул лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъалел руго авар мацӏалдасаги лъикӏ. Гьеб лъан лъикӏ. Амма шагьаралда гӏумру гьабун ругел местӏерухъезул гӏемерисел лъималазда лъалебищха авар мацӏ? Гьезул дадаги бабаги авар мацӏалъ лъималазда кӏалъазе лъица гьукъун бугеб? Президентасищ яги хӏукуматалъищ?
Кӏудияб гӏелалъ ракӏалде щвезабе Дагъистан АССРалъул герб. Гьелда хъван букӏана гӏурус ва Дагъистаналъул аслиял миллатазул мацӏаз «Киналго улкабазул пролетарал, цолъе нуж» абун. Гьединабго букӏана ДАССРалъул тӏадегӏанаб советалъул указал рахъулеб бланкги. Лъицаха гьукъун рукӏарал Дагъистаналъул депутатал Герб тасдикъ гьабулелъул гьелда сверун гӏурус ва аслиял миллатазул мацӏаз «Чӏахъаги Дагъистан» абун хъвазе?
Гьел гурищ халкъалъ рищарал чагӏи рукӏарал жидерго халкъалъул мацӏги, цӏарги, гӏадатги, гӏадлуги цӏунизе.
Цебе щибаб росдал советалъул печаталда (мугьруялда) хъван букӏунаан гӏурусалъги ва жидерго миллаталъул мацӏалъги. Масала, «Исполком Каратинского сельского совета народных депутатов» абун. Ва авар мацӏалъги – «Кӏаратӏа росдал халкъиял депутатазул советалъул исполком» абун. Жакъа щай гьедин хъвалеб гьечӏеб? Дагъистаналъул Конституциялда гурищ бихьизабун бугеб Дагъистаналда пачалихъияб мацӏлъун кколин гӏурус ва цогидалги миллатазул мацӏалин абун.
Лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?
Советияб заманалда обкомпартиялъул пленумазда, конференциязда, гьединго генералияв секретарас съездалда гьабураб докладцин миллиял мацӏаздеги руссинарун рахъулаан газетазда. Районазул газетаздаги рахъулаан гьебго къагӏидаялъ. Жакъа гьедин гьабизе лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?
Районазул газетазул редакциялги типографиялги хӏебтӏизе гӏарац кьола районазул администрацияз. Щай абуни гьезулги ва районазул собраниязулги гӏемерисел кӏвар бугел хӏукмаби къуваталде лъугьунаро газетазда рахъичӏони. Цо чамалиго соналъ цебе хасал гӏадамаз жидеего хайиралъе гӏоло хӏаракат бахъулеб букӏана аваразул районазда ругел типографиялги редакциялги къан, районазул газетал къватӏире риччазе «Хӏакъикъат» газеталъул тӏамчал (приложениял) хӏисабалда. Гьеб къабул гьабичӏо ва инкар гьабуна тӏоцебе Гӏахьвахъ райадминистрациялъги. Гьайгьай, гьедин гьабиялъе гӏилла букӏана «Хӏакъикъат» хъвалезул ва цӏалулезул къадар цӏикӏкӏинаби. Амма газета цӏикӏкӏун хъвазе ккани, гьеб букӏине ккола цӏализе гъира балеблъун. Гьединаб газета гьабиги бараб буго мухбирзабазул ва редколлегиялъул махщалида. Жакъа миллатазул мацӏалги цӏаралги цӏуни, цо къадаралда, бараб буго, дир пикруялда, миллатазул мацӏазда рахъулел газеталгун журналазда. Гьаб заманалда инсанасухъе батӏияб-цӏияб хабарги лъугьа-бахъиналги газеталгун журналал къватӏире рачӏиналдего щола. Гьединлъидал мухбирзабаз, редколлегиялъ гӏадамазухъе кьезе ккола макъала магӏнагун ва битӏун бичӏчӏулеб, пайда босизе бегьулеб къагӏидалъ. Нилъер аваразул газеталда щай бегьулареб щибаб соналъ хас гьабун бицине цо районалъул, районазул газетазда — цо росдал. Щиб, нилъер росабиги районалги бицине тарих гьечӏелищ ругел? Бицине ккола жакъасеб заманалъулги, лъикӏалъулги квешалъулги, ругел гӏузрабазулги, гьел тӏуразе ругел нухазулги хӏакъалъулъ. Гьелъие бутӏрул хӏалтӏизе ккола бетӏерал редакторзабазулги.
Цӏакъ гӏемер бицуна тарихалъул. Гьеб лъазе ккола. Бицуна гӏадатазул. Гьебги лъазе ккела. Ва амма жакъа къойилго бицаниги, телевизоралдасан бихьизабуниги, дир чӏужу гӏеретӏги босун инадайха лъел цӏезе къулгӏадухъе, умумузул чергес-хъабалоги ретӏун.
Бищунго квачараб хасел бакьулъ рахинадайха «Булъаде» дирги цогидазулги васал лал тӏамизе.
Бицине ккела умумуз нилъее ирсалъе тараб гӏаданлъиялъулги, адабалъулги, яхӏ-намусалъулги, иманалъулги, исламалъулги, гьудуллъиги, гьалмагълъиги, гьуинлъиги, гьоболлъиги цӏунизе ккеялъулги. Чороклъиялдаса рацӏцӏалъи лъикӏаб буго, кьалда рукӏиналдаса ракълида рукӏин цӏакъаб буго, квешлъиялдаса лъикӏлъи беццараб буго. Гьеб кинабго лъикӏабщинаб босизе ва бицине ккани, инсанасда лъазе ккола мацӏ. Аварасда — авар мацӏ, чачанасда — чачан мацӏ. Гьединлъидал нилъер лъималазда рахьдалги миллаталъулги мацӏ лъай бараб буго, тӏоцебе эбел-инсуда, хадуб — миллатазул мацӏазул газетазулгун журналазул хӏалтӏухъабазда, хъвадарухъабазда, кучӏдул хъвалезда ва ахӏулезда. Нилъеца малъичӏони, мацӏги лъаларо, нилъеца кьечӏони, тарбияги щоларо, нилъеца адаб цӏуничӏони, нилъерги адаб гьабуларо. Нилъеда цебеса гьеб гьабизе нилъехъе хӏукуматги министралги рачӏунаро.
Аллагьас икъбалги къуватги кьеги.
Хасмухӏамад Муслимов,
Захӏматалъул ветеран, ДРялъул муниципалияб хъулухъалъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан