Щивав бусурбанчиясда тӏадаб буго жидерго лъималазда исламалъул рукнаби малъизе. Амма ахӏулеб какил гьаракьги рагӏуларел, хирияб Къуръан цӏалулезухъ гӏенеккизе ресги гьечӏел гӏадамаз кинха диналъул тӏагӏамги босилеб, исламалъул рукнабиги тӏуралел? Щибго рагӏуларел яги гӏинда бакӏал лъималазда кин бичӏчӏизабилеб парзазул магӏна? Гьел суалазе жавабал цӏехолаго, жиндирго васасеги, гӏинда бакӏал ва тӏубанго гӏинкъал аза-азар бусурбабазеги исламалъул рукнабиги диналъул гьайбатлъиги бичӏчӏизе кумек гьабуна сурдопедагог Зайнаб Му- саевалъ.
2018 соналда ДРялъул муфтияталъ гӏуцӏараб гӏинкъазе диниябгун дунявияб лъай кьолеб «Жизнь без ограничений» абураб централъул нухмалъулейлъун кколей Зайнаб Мусаевалъулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.
— Зайнаб, дуца нухмалъи гьабу- леб централда кинаб лъай кьолеб? Кинал шартӏал ругел гьанир?
— Гӏинда бакӏал лъимал цӏакъ нечарал, гӏадамазда цере рахъине хӏинкъарал рукӏуна. Гьезие хасал школазда лъай кьуниги, гӏумру гьабиялъе хӏажатаб лъай щоларо. Щивав бусурбанчиясда тӏадаб буго как базеги, исламалъул цогидал рукнаби тӏуразеги. Гьеб кинабго малъизе эбел-инсухъа бажарулеб гьечӏо, ай гьезда лъималги, лъималазда гьелги ричӏчӏунгутӏиялъ. Гьебги хӏисабалде босун, нижеца гьединал лъималазда малъула исламалъул рукнаби, бусурбанчиясда тӏадал жал.
Централда цӏализарула чӏорого, ай муфтияталъ хьихьун буго гьеб. «Инсан» фондалъ кьола кванил нигӏматалги. Киналго шартӏалги чӏезарун руго гьез. Гӏицӏго къватӏиса ахӏун рачӏарал учительзабазе кьезе ккола эбел-инсуца гӏарац, гьебги бищун гӏодобегӏанаб къадаралда.
Гӏинда бакӏал гӏадамал жамагӏаталда гьоркьор ращадаллъун гьаризе, гьезухъа бажарулеб жо гӏадамазда бихьизабизе хӏаракат бахъула нижеца. Цояб рахъ гьечӏониги, цогидаб рахъ цебетӏураб букӏуна гьезул. Рагӏулеб гьечӏониги, ракӏ цӏодораб букӏуна, гьезда ракӏалда жо лъикӏ чӏола. Гьезул къуватаб рахъги балагьун, дунялалде ва лъаялде гьезул гъира базабула нижеца.
Вас унти сабаблъун
Зайнаб ккола Казбек районалъул Хубар росулъа. Жеги лъагӏел бачӏев вас Ахӏмадида щибго рагӏулеб гьечӏин тохтурзабаз бициндал, гӏумру чӏаралъубго хутӏанин кколаан Зайнабида. Тохлъукьего ккараб захӏматаб унтудаса хадуб гӏинкълъун буго лъимер. Киндай васасе кумек гьабилаян йикӏарай эбелалъул ракӏ гӏодобе биччазабуна лъикӏал гӏадамазул гӏакъилаб каламалъ. Лъикӏабги квешабги кинабго Аллагьасул хӏукму букӏиналде кантӏизаюна Зайнаб.
Динияб лъай щварай гӏадан сурдопедагоглъун яхъине, гьеб рахъ гъваридго лъазабиялде кӏвар кьезеги васасул баракаталдалъун лъугьанин бицана Зайнабица.
— Вас кӏудияв гӏунагӏан, гьев школалде унеб ригьалде ваханагӏан ракӏ хӏалакунеб букӏунаан гьесда дунял бичӏчӏизабизе бокьун, киндай кумек гьабилаян абун. Как базе малъизе гъира букӏунаан. Кин гьеб малъилебали лъаларого чарахун букӏунаан. Квер битӏун хӏажатаб жо бихьизабун гурони, нижеда лъаларо- ан васгун «кӏалъазе», гьесда щибго бичӏчӏизабизе.
Гьеб заманалда дун хӏалтӏулей йикӏана «Рисалат» тукада. Цо рузман къоялъ гьенире рачӏун рихьана лъабго гӏинкъав чи. Квераз ишараби гьарулел гьел рихьидал, интерес ккана. Унго, гьез как киндай бала, гьезда как базе лъицадай малъанаян абураб пикруялъ рахӏат толеб букӏинчӏо. Ракӏалде ккана гьел гӏадамазулгун лъай-хъвай гьабизе. Тукаде рачӏиндал гьезул цояс кагътидаги хъван бичӏчӏизабуна исламияб календарь босизе бокьун букӏин. Гьебги кьуна дица гьесухъе ва диего рахӏат толел рукӏинчӏел суалалги хъвана гьесулго кагътида. Дирги вугин нужго гӏадин мацӏ лъаларев василанги бицана. Васасда как базе ва цӏализе малъизе бокьун бугин, нужеца гьеб кин лъазабураб, лъица малъарабилан цӏехана.
Гьес жаваб кьуна исламияб рахъги бичӏчӏулел, гьебги малъулел сурдопереводчикал нилъер гьечӏин. Живги цевего Нальчикалда цӏалун вукӏанин, гӏурус мацӏалда хъвазеги, хъвараб бичӏчӏизеги гьениб малъун букӏанин, амма какил рагӏаби жинцаго лъазарунин бицана гьес. Жиндир лъадиги лъай бугей гӏадан йигин, гьелъги кумек гьабунин бичӏчӏизабуна.
Лъадулгун лъай-хъвай гьабизе гьоболлъухъ ячӏайин, гьелъ кумек гьабилин дуеянги абун, рукъалъул адресги кьуна гьес. Васги вачун дун гьезухъе гьоболлъухъ щвана. Гьесул чӏужуялдаги щибго жо рагӏулеб гьечӏоан. 12 сон бараб мехалда унтун хадуй гӏинкълъун йигоан гьейги. Гьелъ малъулаан дунги васги цоцазда ричӏчӏизе цо-цо ишараби гьаризе.
— Дур васасул кинаб къисмат ккараб?
— Васасе чӏужуги ячана, кватӏичӏого гьезие тӏоцебесеб лъимерги гьабизе буго. Алхӏамдулиллагь, разиги йиго. Дир васас хъалиян цӏаларо, мехтулел жал гьекъоларо, мекъаб гӏамал гьабуларо. Какги бала, кӏалги ккола. Чӏужуялъул адаб-хъатирги гьабула. Богогьанлъун хӏалтӏизе бокьун буго гьесие. Васасе динияб тарбия щвеялдаса цӏакъ йохарайги йиго. Гьитӏинав вас колледжалда цӏалулев вуго, хӏалтӏулъ дие кумекги гьабула гьес.
Гӏинкълъи – гӏакълу мукъсанлъи гуро
— Зайнаб, щибго рагӏулеб гьечӏо ниги, дурго васасда бусурбанчиясда тӏадал жал малъизе хӏаракат бахъун буго дуца. Чиярал, хасго бицараб жо бичӏчӏизе захӏматал лъималазе лъай кьеялъул жавабчилъи тӏаде босизе хӏинкъичӏищ?
— Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалда хӏалтӏулаго, гӏинда бакӏазда, гӏинкъазда как базе, исламалъул рукнаби малъулаан дица. Маслихӏат гьабизе ккараб бакӏалда таржамачилъи гьабулаан. Гӏинкъазул жамагӏаталда лекциял цӏалулаан.
2016 соналда гӏинкъазда гьоркьоб республикаялда тӏоцебесеб мав- лид тӏобитӏизе ракӏалде ккана дида. Цо-цояз абулаан гьеб кин букӏунеб жоян. Диейин абуни бокьун букӏана гӏинкъал гӏадамазе ислам лъазаби- ялъулъ, гьелде рокьи куцаялъулъ киналгӏаги гӏорхъаби гьечӏеблъи бихьизабизе. Гьенир гӏахьаллъана гӏинда бакӏалги, гьезул эбел-эмен- ги, цогидалги. Къуръан цӏали хутӏизегӏан, тадбиралда гьабунщинаб жо ишарабазул мацӏалде буссинабу- на. Гӏинкъаз ишарабазул мацӏалда театралиял сценкаби рихьизарулаан, гьеб киназдаго бичӏчӏуледухъ рагӏун бицунаан цогидаз. Нашидалги ахӏана гьенир. Гъира бугони, бокьараб жо бажарулеблъи бихьана.
Нижер централда цӏалдолезда гьоркьор къецалги тӏоритӏула. «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах» тӏехьалда тӏасан тӏобитӏараб къецал- даги гӏахьаллъана нижер ясал. Ап- паратги гӏинда ххун рукӏуна гьел. Кӏалъазеги бажарула гьезухъа. Да- гьабго хисараб бугоха кӏалъай, гье- дин букӏаниги гӏадамазда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ бицуна.
Нилъецаго чӏезарулел руго гьезие гӏорхъаби. Нужехъа бажаруларин, нужеда бичӏчӏуларин абун, эбел-инсуцаги сверухълъиялъги абулеб бугони, гьединал лъималазул ботӏролъ кинал пикрабиха рижилел? Нилъеда гьелги ричӏчӏани, гьезда нилъги ричӏчӏани, гӏадатиял гӏадамаздаса расги батӏалъи гьечӏо гьезул.
— Гьеб центр рагьизе лъида ва кин ракӏалде ккараб?
— Гьеб букӏана нилъер муфтиясул пикруги тӏадкъайги. Республикаялда гӏинкъазда ислам малъулеб бакӏ чарагьечӏого хӏажат букӏана. Гьеб бичӏчӏун бугоан Ахӏмад-афандиясда. Гьелъие хӏажатал шартӏалги чӏезаруна муфтияталъ.
11 соналъ цебе дирго васасда как-кӏал малъизе гӏоло къеркьолей йикӏаго, ракӏалдаго гьечӏеб иш ккана гӏумруялъулъ. Гьеб заманалда муфти Ахӏмад-афанди гӏахьаллъараб данделъиялда борхун буго республикаялда ислам малъулел сурдопедагогал гьечӏолъиялъул суал. Цинги гьес хӏукму гьабуна динияб лъай бугев чи ишарабазул мацӏ лъазабизе цӏализе витӏизе. Киданиги ракӏалде кколароан гьеб иш дида тӏадкъалин абун. Цо къоялъ росас абуна мун Динияб идараялде ахӏулей йигин. Гьение щведал бицана, Санкт-Петербургалде, сурдологиялъул курсазде цӏализе йитӏизе къваригӏун бугин абун. Дир лъимерги гӏинкъаб бугелъул, гьесие лъай кьезе къеркьолей дунги йихьун, дуца гӏадин ракӏунтун гьеб цогидаз гьабуларин бичӏчӏизабуна гьез дида. Гьениб цӏалун хадуб муфтия- талъул лъай кьеялъул отделалда хӏалтӏана ва цинги цӏияб рагьараб централда директорлъунги тӏамуна.
Ясал цӏализарулеб гьаб мина, дин цебетӏезабиялъе кумек гьабун кьун букӏун буго Пачалихъияб Думая лъул депутат Ризван Къурбановас.
Лъай тӏалаб гьабун вачӏарав нахъ чӏваларо
— Кинаб ригьалъул гӏадамал нужеца централда цӏализарулел? Чан чи цӏалулев вугев ва чан жеги къабул гьавизе рес бугеб?
— Нижер гьанир цӏалулел руго 22 яс ва 19 вас. Ясазул центр батӏаго буго, Добролюбова къватӏалъул, 16-абилеб (Е) минаялда. Васазе, Гӏахъущиясул къватӏалъул кӏиабилеб линиялда буго центр гӏуцӏун. Гьаб кӏиябго соналда жаниб как базеги, какие чуризеги малъана нижеца гӏага-шагарго кӏинусгогӏанасев гӏинда бакӏав ва гӏинкъав чиясда.
Гӏинкъазда ва гӏинда бакӏазда гьоркьоб дин босаралги гӏемерал руго. Ейск шагьаралдаса цӏализе вачӏарав васас, Нальчикалдаса, Астраханалдаса гьанире цӏализе рачӏарал ясаз босана ислам. Гьединго гӏинда бакӏазда гьоркьор хъизамал гӏуцӏизеги кумек гьабула нижеца. Гьединал лъималазул эбел-эмен кумек гьарун рачӏуна, цо багъилай яс ятани, дуда лъалелъул, йихьизаеян абун. Дица гьел рихьизарула, хадуб нужецаго бокьараб гьабеянги абун. Гьаниб нижер кумекалдалъун щугогӏаги хъизамги гӏуцӏана. Лъималги берцинаб гӏумруги буго гьезул.
10 сон тӏубаралдаса нахъе, цӏализе вачӏарав бокьараб ригьалъул чи, рес букӏун, къабул гьавичӏого толаро. Гьабсагӏаталда лъабго класс цӏун буго ясазул рахъалда. Щибаб курсалда анкьго чи вуго цӏалулев. Гӏадатиял школазда гӏадин 15-20 чи цо классалда гӏодор рукӏине бегьуларелъул, щибаб лъимадуе кӏвар кьезе заман гӏезе ккола. Жакъа ясазул рахъалде 15 цӏалдохъан къабул гьайизе рес буго. Васазул рахъалде 20 чи жеги тӏадеги къабул гьавизе рес буго. Эбел-эмен хадур рачӏинегӏан хӏухьбахъи гьабизе рукъги буго гьезие.
Бокьилаан исламиял рукнаби лъазаризе бокьарал гӏинкъал ва гӏинда бакӏал гӏадамал, ригьалъухъ балагьун чӏечӏого, нижехъе рачӏине.
— Исламияб дин малъиялдаго цадахъ, махщел щолеб лъай кьезе рес бугищ?
— Нижеца централда рагьун буго бихьиназе – ювелирияб иш малъи, руччабазе – рукъарухъанлъи. Жидее щвараб махщалида рекъон, хӏалтӏи балагьизе рес букӏине буго гьезие. Исламияб темаялда дарсал кьолел сурдопедагогал гьечӏо. Нижерго гьанив хӏалтӏизе хӏадур гьавулев вуго ахирисеб курсалда цӏалулев вас. Цохӏо дир къуват ва заман гӏолеб гьечӏо цин ясазе, хадуб васазе дарсал кьезе хьвадун. Цӏали лъугӏидал гьев хӏалтӏуде восизеги вуго. Гьединазда цӏикӏкӏун ричӏчӏула жидерго гӏадаб къварилъи бугел цӏалдохъаби. Хадубккун центр цебетӏунагӏан, лъималги цӏикӏкӏанагӏан, гьединал лъай бугел студентал хӏадуризе ракӏалда буго дарсал кьезе. Гьединго тарбиячӏужулъун гьанийго хӏалтӏулей тезе, гьанийго цӏалулей ясги хӏадурулей йиго. Исана ГПКялде (педагогияб колледж) заочно цӏализеги лъугьана нижер гьанир цӏалулел рукӏарал цӏалдохъаби.
— Хӏалтӏулъ бищун захӏматаб рахъ…
— Бищунго кӏудияб захӏмалъи буго эбел-инсуда жидерго лъимал ричӏчӏунгутӏи, гьезул мацӏ лъангутӏи. Гӏемерисеб мехалда гьединал лъималазул эбел-эмен рачӏуна дихъе, яс абизе кканиги, васасе лъади ячине кканиги. Школалда цӏалулелъул, анкьазги интернаталда рукӏуна гьезул лъимал. Гӏодоркъоязда гурони гьел рокъоре рачӏунаро. Гьединлъидал, цо-цо эбел-инсуда бичӏчӏуларо гьединал лъимал гӏезарулаго букӏине кколеб жавабчилъи. Гьединал лъимал, школаги лъугӏун, рокъор чӏезе ва гьезул захӏмалъаби тӏуразе ккараб мехалда риххун лъугьуна эбелэмен. Яс гьаризе чагӏи рачӏун ругин, гьелъ бицараб дидаги бичӏчӏулеб гьечӏин, гьанже къваригӏун ругин сурдопереводчикалин абун рачӏуна гьел. Нижецаги бажарараб кумек гьабула.
— Лъималгун кӏалъазе ишарабазул мацӏ малъеян рачӏунищ нужехъе гьезул эбел-эмен?
— Малъеян абун аскӏоре рачӏунел гӏемер рукӏуна, амма цӏали рагӏалде бахъинабуларо. Гӏайибги кинха гьабилеб, гьел магӏишат гьабулел рукӏунелъул, регӏуларелъул.
Нилъер гӏумрудулъ тӏоцебесеб бакӏалда рукӏине ккола лъимал, хасго гьединал, ай нилъер цӏобалде ккарал. Нилъерго лъимадул жавабчилъи цогидазде тӏаде бегизабизе бегьуларо. Дидаги кӏвелаан цӏализе витӏун васгун, нужеца малъейилан чӏезе. Дица тӏаса бищана дирго лъимада лъикӏаб малъизеги, квешалдаса цӏунизеги кколеб къагӏида.
Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА