Чачан республикаялъул ракьалда бугеб магӏарулаз гӏумру гьабулеб Кванхи росулъа гӏадамал Гъизляр районалъул Цветковка росулъе гочине байбихьана 1957 соналда. Гьелдаса нахъе гьез цӏунун буго жидеде щвезегӏанги Цветковкаялда гӏумру гьабулел ратарал гӏадамаздехун адабги ракӏ битӏараб бербалагьиги. Гьединго рагъ байбихьидалги Кванхи росулъа цо бутӏа гӏадамазул кӏиабилеб нухалдаги гочана гьенибе.

Тарихиял баянал

Советияб заманалда Дагъистаналда пачалихъияб политика букӏана бетӏербахъи гьабизе бигьалъи бугеб лъарагӏлъиялде кӏванагӏан цӏикӏкӏун магӏарулал гочинари. Гьедин, Цветковка росдал гӏадамаз «Новый путь» абураб цӏар лъураб колхозги гӏуцӏун, гурун гъуждулгун муцӏи-хъарахъалдаса газа-белалъ рацӏцӏад гьарун авлахъалгун, рахъун рахъалгун гӏуцӏана гьарзаяб бачӏин кьолел гӏатӏидал хурзал, чӏана жидее цере хасиятал рукӏинчӏел пихъил ахал.

Цебетӏолеб букӏана гӏадамазул яшав, СССРалъул машгьурал вузазде цӏализе ине байбихьана гӏолилаз. Колхозги биххун гӏуцӏана, хадуб Дагъистаналдаго машгьурлъараб, пиринчӏ гӏезабулеб «Цветковский» совхоз. Амма пачалихъ биххиялда цадахъго биххана цветковкаялъулазул гӏаммаб магӏишатги. Совхозалъул ракьал рикьа-къотӏун, щивас жиндаго бажарараб гьабун, амма захӏматалъул рахъи гьечӏеб хӏалалде ккезаруна. Чачаналда рагъал ругел соназ Кванхиса гӏадамал кӏиабизеги гочун рачӏиндал, дагьабги нахъе ккана росдал магӏишатияб рахъ. Гъоркьгоги хӏалтӏи гьечӏого рукӏарал гӏолохъаби, цоял ччугӏа кквезе батагъазде, цогидал Россиялъул шагьаразде ун, лъабабилел гӏиси-бикъинаб дармиде ран рукӏана.

Кигӏанго гӏаданлъиялъул рахъалъ тӏокӏаб, гъункараб, иман цӏикӏкӏараб жамагӏат букӏаниги, росдал хӏал хисизабулев, ракӏ унтун гӏадамазе хъулухъ гьабизе таваккалав бегавул вукӏинчӏо, чангояв хисаниги.

Тӏабигӏаталъул къагӏида буго, тӏад жо бижизе лъикӏаб бугониги, цо-цо шартӏал камиялъ пайдаго кьолареблъун лъугьараб ракь, Бетӏергьанас цӏад-бакъ рекъезабидал, беричаб бахчаялде сверулеб. Гьедин тӏубанго хисула жамагӏатазул рукӏа-рахъинги, цевехъанлъи гьабизе лебалав, бажаригун лъай бугев чи ккани. Цветковкаялъулазе гьединав чилъун ккана Ульяновскиялъул университеталда лъай щварав, чанго соналъ Чачаналда рагъалдалъун букӏа, цогидаб гӏиллаялдалъун букӏа, къварилъиялде ккаразе гурхӏел-рахӏмуялъул фондги гӏуцӏун, кумекалъе вахъун чӏарав Загьидхӏажи Мухӏамадов.

Гьес батӏаго зодоса тӏезарун цӏваби гӏадамазе рикьичӏо яги цоги кӏудиял тамашаял балъгольаби рагьичӏо: гьес чӏаго гьабун, хӏакъикъаталда хӏалтӏизабуна жамагӏаталъул газа кьурда рекӏунин абураб умумузул кици. Росдал бетӏерлъуде ккедал, щулияб бухьен гьабуна росдал гӏолилазулгун, ригьалде рахаразулгун, мажгиталъул дибирасулгун, цӏаларал чагӏазулгун. Гьесда бичӏчӏана пачалихъальул загӏипабго къайимлъиялъ иш цебехун унареблъи, рухӏияб гъункиялда цадахъго материалияб кумекги хӏажалъулеблъи. Къокъабго заманалда жаниб депутаталгун цадахъ рекъон гьес гӏуцӏана росдал жамгӏияб совет, щибаб къватӏалъул вищана жавабияв. Гьесда тӏадаблъун гьабуна жиндир къотӏноб гӏумру гьабулел гӏадамазул масъалабазул хӏакъалъулъ администрациялда рагӏизаби, гьел тӏураялъе нухал ралагьи, гьединго администрациялъ гьел тӏураялъеги квербакъи гьаби.

Налогал кколелъуре унел рихьана

«Бакӏалъулаб нухмалъиялда хурхарал къануназул кагътида хъвайхъвагӏай гьаби гурони, цо-цо хӏакимзабазда божун чӏани, гьел тӏубанго гӏумруялде рахъинаризе захӏмалъулеб букӏин бихьана. Гьеб мехалда хӏукму ккана умумузул гӏадат-гӏамалаздаса лъикӏабщинаб тӏаса бищун, росдае пайдаялъе ресал цӏехезе — мискинабго росдал бюджет махӏ сунтӏизецин гӏолеб гьечӏелъул, рес бугез кумек гьабеян, росуцоязде ахӏи базе. Хадубго росдал администрациялъул тӏубараб къедго цӏураб хитӏабги хъвана: «Заплатите, пожалуйста, налоги», — абун.

Ток, газ, лъел каналал къачӏай, къватӏазде чабах бай, сардилъ канлъи гьаби гӏадал тӏурачӏого рес гьечӏел ишазе налогал росдае пайдаялъе хвезарулеб букӏин бихьидал, налогазул бачӏин 70-80 проценталдениги бахана. Цере абуни халкъалъухъа гьел 10-15 проценталъ гурони ракӏарун бажарулароан.

Гьединго росулъ гьабулеб хӏалтӏиги байбихьана цебе росдал магъилъ боцӏи кваналел бакӏазул гӏорхъаби чӏезариялдаса, вехьасда цебе гуреб, «самоволкаялда» боцӏи таразе бичӏчӏикьей гьабиялдаса, къватӏаздаса чороклъи-рищни нахъе баччиялдаса.

Тӏоцебесеб дир гьариялдалъун гӏадамаз гӏарацги бакӏарун, эхетизабуна росулъ Кӏудияб Ватӏанияб рагъда тӏагӏарал росуцоял ракӏалде щвеялъе гӏарасги, гьабуна паркги. Гӏисиназегун чӏахӏиязе хӏухьбахъиялъе санагӏалъаби руго гьенир, лъималазе атракционалги руго, харабазе рагӏдукь чӏезе санагӏалъабиги гьаруна, берцинал гъутӏбиги чӏана», — ян бицана Загьидхӏажица.

Школа, мадраса, мажгит

1990-абилел соназда тӏадеги гӏадамал гочун рачӏиндал, Цветковкаялда гӏуна 1700-гӏанасеб цӏараки, 5500-гӏанасев чи. Руго жеги законияб къагӏидаялъ хъвай-хъвагӏай гьабичӏелги. Жамагӏат кӏодолъиялъ росдал мажгит, лъималазул къадар цӏикӏкӏиналъ къварилъана ясли-ах, школа.

Нормативазда бихьизабуралдаса лъабго-ункъо нухалъ цӏикӏкӏарал лъимал гьенир ругониги, пачалихъалъ тасамахӏго тун буго цӏияб школа, ясли-ах баялъул иш. Азарго батӏияб багьана батун, гьанжеялдаса 10 соналъ церего тӏуразе кколел рукӏарал суалал жакъаги «магӏида далун» тун руго. Гьединабго хӏал буго администрациялда гьоркьоре унел Серебряковка, Виноградное росабалъги. Виноградное росулъ гьечӏо, хӏатта гьекъолеб лъимгицин.

Цо заманалда росдал школалъул директор Хӏава Хӏажиева йикӏана ургъалилъе ккун, пачалихъалъул къануназда рекъон, школлъималазе хинал хӏажатханаби рукӏине кколел ругин, амма школалъул сверухълъиялда гьел разе бакӏги гӏарацги гьечӏилан. Гьеб рагӏидал Къагьиров Сабигулаца школалъе кьуна гьениб аскӏобго цун жиндие мина базе кьун букӏараб ракь.

Кӏиго тӏалаялъул берцинаб мина бана гьениб росдал садакъаялдалъун. Тӏоцебесеб тӏалаялда лъуна хьитал чуризе лъел кранал, жаниб васазе цо рахъалда, ясазе цогидалда — гьаруна хӏажатханабиги, какичуриялъе санагӏалъабиги.

Кӏиабилеб тӏалаялда гьаруна лъималазеги сверухълъиялда бугеб авалалъул халкъалъеги жамагӏат-как базе рес бугел рукъзал: бихьиназеги руччабазеги батӏаго.

Цветковка росдал администрациялъгун жамгӏияб советалъ дандги бан, чанго соналъ цебе хӏукму гьабуна 45/45 метра роцада бугеб лъабтӏалаяб мажгит базе. 2019 соналъ кьучӏ лъураб гьелъул жакъаялде тӏоцебесеб тӏала маххбетоналъул гьабун, кӏиабилелъе арматура хьухьун, опалубкаби лъун, рагӏалде бахъунеб буго. Балебги буго цоги бакӏаздаса кӏудияб кумек гьечӏого, жамагӏаталъ бакӏарараб садакъаялдалъун. Цебего бан лъугӏун, хӏалтӏулеб буго спортзалги цадахъ бугеб Къуръан малъулеб лъабтӏалаяб мадраса. Гьенисан гьанжеялдего гӏезегӏан хӏафизалги (Къуръан рекӏехъе лъалел) рахъана.

Мажгиталде унеб нух гӏазу-цӏад байдал цӏакъго санагӏат гьечӏеб букӏун, гӏадамаз гӏарацги бакӏарун, 300-400 метралъул манзилалда бетон тӏуна гьенибе.

Олимпиадаялъул призёрги UFC-ялъул къеркьохъанги

Росу рагӏалда совхозалъул бачӏин жаниб цӏунулеб букӏараб кӏудияб склад тӏаса тӏох бахъун щиб, ращадал къадал риххун щиб, жанир гъутӏбиги раккун, чӏахӏица цӏун, бетӏергьанчи гьечӏого, чӏунтулеб букӏана.

Росдал гӏолохъабаз жидее спорталъе санагӏат гьабизе ресал цӏехезе лъугьиндал, гьеб склад гугарухъабазе кӏудияб зал хӏисабалда къачӏазе бугилан ахӏи бана. Гьеб мехалдаги гъираялда кьуна кванхисез жидерго лъималазе, гӏолохъабазе лъикӏаб ишалъе гӏоло садакъаде гӏарац. Къокъабго заманалда жанир къачӏана къадал, гьабуна бетоналъул чӏабар, лъуна маххул тӏох, тӏиритӏана жанир «олимпийский» роценазул ургал.

Тренерал Мурад ва гьесул вас Жамал Ахӏмадудиноваз кӏвахӏ гьечӏого гьабулеб хӏалтӏул хӏасилал гьанжеялде загьирлъунги руго. Цветковкаялдаса Сагӏид Мухӏамаев вахъана 23 соналде щвезегӏан гӏолилазда гьоркьоб тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун. Россиялъул чемпионаллъун рахъана Эльдар Ахӏмадудинов, Мухӏамад Мухӏамаев, Камил Гӏизудинов. Гӏезегӏанго кӏудияб буго Россиялъул, Дагъистаналъул даражаялъул къецазда призалъул бакӏал ккуразул сияхӏги.

Кванхисез жидераллъунго рикӏкӏуна Олимпиадаялъул гӏарцулав призёр Мухӏамадхӏабиб Къадимухӏамадовги Лас-Вегасалда UFC-ялъул къецазда чӏел босарав Абубакар Нурмухӏамадовги. Гьев кӏиясулго улбул Кванхиса ккола.

Кинго рес гьечӏо гьеб гугарухъабазул къебелъиялъе Аллагь разилъи тӏалаб гьаби гуреб, цоги мурад гьечӏого директорлъи гьабулев, гӏемерисеб заман гьеб ишалъе кьолев Кунтахӏажи Гӏумаровасе рецц гьабичӏого. Хӏалчӏахъаги гьесул!

Гӏор щун букӏаго, цӏул бахъеян абун бугелъул, цо иш берцинго тӏубайдал, Загьидхӏажида ракӏалде ккун буго росу бакьулъ кӏудияб спорткомплес баян республикаялъул нухмалъулезухъе ине. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб комплексалда жаниб цолъизабизе ккола стадионги, бокьарал къецал жанир тӏоритӏизе бегьулеб спортзалги, тӏадагьаб атлетикаялъул спортсменазе рекеризе, кӏанцӏизе санагӏалъаби ругеб, тӏасан къараб, 25 метралъул халалъиялда бассейнги. Меликовасухъеги щун, гьелъие разилъи щун буго бегавуласе.

Спорткомплекс тӏад кӏудиял харжал гьаризе кколеб жо букӏун, районалъулгун республикаялъул гӏемерал чиновниказул гъулбасал хӏажалъулел руго. Жакъа хӏалтӏи унеб буго гьелъие проект бахъиялда, смета гьабиялда, архитекторалинженеразулгун гӏакълу дандбаялда хурхун. Аллагьасул квербакъиялдалъун исана гьеб базе хьул бугин бицана бегавулас.

Гьединго «Трезвая Россия» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъ воркауткомплекс абураб тренировкабазул бакӏги гьабун буго Цветковкаялда.

ДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялде гьабураб чанго сапаралъул хӏасилалда, тӏад газон тӏибитӏизе хутӏараб, 63/33 метр роцада бугеб футбол хӏалеб майданги буго гьениб гьабун.

«Оппозициялъеги баркала»

— Загьидхӏажи, совхоз биххун хадуб росдал мал-мулкалда сверухъ кинал хиса-басиял ккарал?

— Жакъа росдал цӏикӏкӏарасеб ракь буго гӏадамаз жиндаса пайда босулеб. Гӏаммаб магӏишат биххун хадуб жидее щварал ракьазда (паял) гьарун руго бахчаби. Гьездаса щолеб бачӏиналъ хьихьун буго гӏадамазул саламатабго къадар. Щвараб хӏалухъин тӏолабго бичунги унебани, захӏматалъул рахъиги гӏодобегӏанаб букӏинчӏебани, росдал цӏикӏкӏарасел гӏадамал лъикӏаб ресалда рукӏинаан. Техника, ракь беэн гьабулел жал росизе сурсатал гьечӏолъиялъ ва хӏажатаб заманаялъ лъим лъалъадизе щунгутӏиялъги гьабула гӏезегӏанго квалквал.

Гьелдаго цадахъ захӏматаб масъалалъун буго росдал гӏадамазе минаби разе ракьал гьечӏолъи, къватӏал, нухал берцинго къачӏаялъе сурсатал гӏолел гьечӏолъиги.

Руго гьаб заманалъул церетӏурал къагӏидабаздаса пайда босиялъул мисалалги. Масала, чанго сон буго Салман Мухӏамадов абурав чиясул налъуда босун техникагун, лъим щоларел ракьазда (280 гектаралда) каналал рахъун, чекал гьарун, жидее паял щварал гӏадамазул разилъиялдалъун гьениб пиринчӏ хьалеб. Щибаб соналъ щвараб хайиралдаса гьес рецӏула налъабиги, босула цӏияб техникаги, кьола хӏалтӏухъабазе мухьги. Кӏочон толаро Аллагь разилъиялъе гӏоло жамагӏаталъе гьабулеб хӏалтӏиги.

Исана гьанжеялдего рекьуде къачӏан, хӏадур гьабун буго кӏиго «Кировец», кӏиго «Беларусь» тракторал, хадур гьакал рараб кӏиго КамАЗ, Голландиялда гьабураб, электроникаялъ хӏалтӏизабулеб кӏиго комбайн. Росдае чӏахӏияб техникаялъул хӏажалъи ккани, цӏатариялъухъгицин гӏарацги босичӏого, кьола Салманица гьеб – цадахъ жиндирго хӏалтӏухъангун.

Дир хӏисабалда, гьединал чагӏазухъ букӏине ккола ракь.

— Гьаб нилъер гара-чӏвариялда жанир дуца рехсарал цоги гӏезегӏанго жал руго хъвачӏого хутӏулел. Масала, росулъ Культураялъул кӏалгӏа чӏунтулеб букӏун, гьеб ремонт гьабизе ккеялъул, школалъе, Серебряковкаялда бугеб больницаялъе, администрациялда гьоркьоре унел цогидал идарабазе кумек гьабиялъул…

Гьединго магӏарухъгицин рахьдал мацӏалде кӏвар загӏиплъулеб мехалда, гьаниб лъарагӏлъиялда нужер школалъул директор Хӏава Хӏажиевалъги магӏарул мацӏалъул мугӏалим Мухтар Мухтаровасги кӏвахӏ бахъун, цогидал росабазул школаздаса цӏикӏкӏун магӏарул мацӏалъул дарсал цветковкаялъулазе кьолел руго. Адабият, маданият цӏуниялде кванхисез умумулъанго кьолеб кӏвар батила гьеб.

— Жакъаялде росулъ балеб мажгиталъе, школалда аскӏоб бараб рацӏцӏалъиялъул рукъалъе, спортивиял объектал раялъе, нухал гьариялъе, къачӏаялъе, рикӏкӏен гӏемерал пайдаял цогидал хӏалтӏабазе бакӏарун буго анцӏ-анцӏ миллион гъурущ. Жидерго боцӏи Аллагьасул нухда хвезаби гуребги, халкъалъе бичӏчӏи кьей гьабулел, дирги росдал дибир Абулмуслим-хӏажиясулги кваранаб квер гӏадал гӏадамал гӏемер руго росулъ. Дица кӏудияб баркала загьир гьабула киб, кида бугониги пайдаял ишазе хьолбохъ ратулел жамагӏатчагӏи Анаб Мухтаровасе, росдал советалъул хӏубилъун чӏолев Шагьрудин Шапиевасе, Шапихӏажи Мухӏамаевасе, Шамил ва Амин Къагьировазе, Рамазан Насибовасе, Исрапил Къебедовасе, Мухӏаммад Хангереевасе ва гӏемерал цогидалги росуцоязе.

Росдал хъулухъазда гӏемерисеб мехалъ сапаразда вукӏунев дир ишал жинца тӏуралев дир заместитель Сагӏадулаеги администрациялда хӏалтӏулел ясазеги баркала. Хасаб рецц буго дида цадахъ хӏал рекъон росдал иш нухда бачунев мажгиталъул дибир Абулмуслимие.

Дие абизе бокьараб аслияб жо буго гьадинаб. Росулъ лъугьунел пайдаял хиса-басиязул аслу ккола росдал жамагӏат. Дун вуго гӏицӏго гьезул мурадал тӏуралев кумекчи. Гьединго дие кумек щола цо-цо мехалда гӏин-бер щвечӏого хутӏун, гӏумруялде рахъинчӏого тарал жалазул бадибчӏвай гьабулеб «оппозициялъулги». Гьацӏулъ хӏеги хӏанилъ расги камуларин абулелъулха.

Ахӏмад ИДРИСОВ