«Хӏакъикъат» газеталда хӏалтӏизе лъугьаралдаса нахъеги дида лъанщинал лъикӏал гӏадамал. Гьезул щивас дир гӏумруялъул тӏехьалда толел руго жидерго тӏанчалги. Зама-заманалдасан гьебги цӏалун, ракӏ-ракӏалъ йохизе ячӏуна – гьадинал гӏадамал ракьалда рукӏинчӏелани, жакъасеб гӏумруялда тӏагӏам батӏияб букӏинаан.

Гьале гьаб нухалдаги газеталде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана дагьаб цебегӏан Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб «Лъагӏалил мугӏрузул яс» абураб конкурсалда бергьарай Гумбет районалъул Данухъа Хадижат Гъайирбекова ва конкурс гӏуцӏаразул цояй, Махӏачхъалаялъул №45 (Шамхал поселок) школалъул авар мацӏалъул учитель Марям Шапиева.

Марямица бицана конкурс тӏобитӏизе кин тӏоцебе пикру бачӏарабали:

— Дида ракӏалде ккана руччабазул байрамалде школалда ясазда гьоркьоб гьединаб цӏаралда гъоркь конкурс тӏобитӏизе. Тадбиралда гӏахьаллъизе ахӏун йикӏана дирго гьудул Фатима Мухӏамадоваги (Фати-Добро). Гьелъиеги цӏакъ рекӏее гӏуна къец тӏобитӏулеб къагӏида, ва, кӏиязго дандги бан, нижеда ракӏалде ккана республикаялъул даражаялда конкурс тӏобитӏизе. Тӏоцебесеб нухалда гьеб тӏобитӏана Хасавюрт шагьаралда. Спонсорлъиги хасавюрталъулаз гьабун букӏана.

Исанаги заочнияб туралда гӏахьаллъана 180-ялдасаги цӏикӏкӏун яс. Гьез хӏадур гьабизе кколаан жиндиргоги жиндирго гӏагараб ракьалъулги хӏакъалъулъ бицунеб кӏи-кӏи видеоролик. Гьезие къимат кьезе гӏуцӏун букӏана хасаб комиссияги ва данделъун рукӏана Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялда.

Финалалде йорчӏана 11 гӏахьалчӏужу.

Гьединал конкурсазул кӏудияб пайда букӏуна гӏун бачӏунеб гӏелалъе. Цо-цоязда ракӏалде ккун букӏун буго кӏудиял пачалихъаздаго гӏадинаб къагӏида бугин нижер конкурсалъулиланги. Гӏайибал гӏунтӏизаризе къваригӏаралги камулел рукӏинчӏо.

Тадбир тӏобитӏулаго, цоги нухалда ракӏалде щвезаруна умумузул гӏадатал-гӏамалалги рукӏа-рахъинги. Гьединго гӏолилазухъа бажарана умумузул партал цӏилъизабизе ва гьелъул берцинлъи цоги нухалда загьир гьабизе. Хасаб баркала кьезе бокьун буго конкурсалъе кумек гьабурал сахаватал гӏадамазеги. Гьез абун букӏана жидер цӏарал рицунгейиланги, — ян бицана Марямица.

Наслабазул бухьен

Гӏун бачӏунеб гӏел рикӏкӏалъулеб буго умумузул гъанситоялдаса. Амма гьениб гъасда цӏа свани, суна миллаталъул чирахъ. Чирахъ свараб миллаталъул кьер кинабха букӏинеб. Бецӏаб кьералъул рагӏдукь хутӏани, иш кинха букӏинеб гӏолохъанаб гӏелалъул. Гьеле гьелъие гьабулеб хӏалтӏул цо гьитӏинабго бутӏа ккола Марямицаги Фатимацаги тӏобитӏулеб гьаб къецги.

Щибаб районалъулги росабазулги гӏадаталги, гьенир тӏоритӏулел рукӏарал рекӏелгъеялъе тадбиралги, миллияб парталалъул гьайбатлъиги, гӏолил ясазул гӏадатлъиги, намусалъул борхалъиги – гьеб кинабго цоги нухалда нилъее сайгъат гьабун бажарана къец гӏуцӏаразухъаги гьелъул гӏахьалчагӏазухъаги.

Наслабазул бухьен. Цӏилъулеб буго гьеб. Гьелъие квербакъулеб буго жалго гӏолилазги. Гьезда бичӏчӏизе лъугьунеб буго, миллат чӏаго хутӏизе ккани, цин аралъул адаб гьабизе тӏадаб букӏин. Гурони, цӏилъи чӏвазе гьечӏо миллаталъул букӏинеселда.

Миллаталъул букӏинеселъул ва гьелъул къисматалъул къиса кодосел жакъасел гӏолилазул руго гвангъарал пикраби. Гьез ишан босун буго тӏадегӏанлъиялде. Гьезда бичӏчӏулеб буго магӏарул намусалъул багьа хасаб борхалъиялда букӏин.

Дун йиго магӏарулай

Исанасеб конкурсалда бергьарай Хадижат Гъайирбековалъ гӏумру гьабулеб буго Махӏачхъалаялда. Гьелъги бицана къецалда гӏахьаллъизе жиндирго къасд ккараб куцалъул хӏакъалъулъ:

— Араб соналдаги гӏахьаллъулей йикӏана дун гьабго конкурсалда. Финалалдеги йорчӏун йикӏана. Битӏун цее яхъине къоял гӏагарлъулеб заманалда, иргадулаб нухалдаги эбеллъун яхъана дун. Ккечӏо санагӏалъи гьений гӏахьаллъизе. Амма цӏакъ бокьун букӏана. Цӏидасанги конкурс лъазабизегӏан, дир пикрабазе рахӏат букӏинчӏо. Дунго шагьаралда йигониги, ракӏги пикрабиги дир гӏемерисеб мехалда гӏагараб росулъ рукӏуна. Гьелъго батила, дие исанаги бокьана гӏахьаллъизе. Ва дир анищ тӏубана.

Лъимерлъиялдаго ругьун гьаюна дун гӏагараб росу бокьизеги гьелъул гӏадамазул адаб гьабизеги. Росулъ гӏумру гьабун йикӏинчӏониги, бокьана дие гьеб. Каникулазул заманалда гӏедегӏулаан магӏарухъе, кӏодоэбелалъухъе.

Дун йиго магӏарулай. Гьел рагӏабазул хиралъиха дие! Кинха хиралъиларел. Магӏарухъ вижана имам Шамил. Гьенивго гьавуна Хӏамзатил Расул. Гьес тӏубараб гӏумруялъго гурищ хъварал мугӏрул чӏужугӏадан кӏодо гьаюрал асарал. Кӏудияв шагӏирас гурищ абураб:

— Амма бищунго цӏакъ

магӏарул намус

Магӏарул ясазда

гьеб цӏакъ рекъола, — йилан.

Гьел мухъал хутӏана дие гӏумруялъул даимал дарсаллъун.

Гьал кьурабазул эркенлъи цӏунулаго хваразда гьоркьор рукӏана Ахӏулгохӏалъул руччабиги. Ахӏулгохӏ. Дагъистаниязе гьеб хутӏана бухӏилъунги ахӏилъунги. Намусалде рагӏад ккезегӏан, хвел тӏаса бищарал гьел дие хутӏана тӏадегӏанлъиялъул кӏудияб ва бахӏарчияб мисаллъун. Магӏарухъ бижана, тӏирщана Махӏмудил рокьи. Кьогӏаб хвалил лълъарги Эльдарилас гьаниб гурищ гьекъараб!?

Къисабаз бечедаб дир магӏаруллъи. Бокьула гьеб дие ракӏракӏалъ. Бигьаяб иш гуро унго-унгояй, мугӏрузул законазе мутӏигӏай магӏарулайлъун йижи ва хутӏи. Гьеле гьединайлъун йикӏине малъана дида гӏагараб росдаца, гьелъул гӏадатал-гӏамалаз.

Гьеле гьеб киналъулго хӏакъалъулъ цоги нухалда дагъистаниязе бицине бокьун букӏана дие. Ва гьеб рес букӏана конкурсалда. Дида лъалаан, ракӏунтун хӏадурлъичӏони, хӏасил кколареблъиги. Ва рокъосан, лъимал гӏисинал рукӏун, цо кӏудияб санагӏалъи букӏинчӏониги, дир гъира бихьун, росасги, инсуцаги ва гӏагарлъиялъги дие кумек гьабуна.

Дир бергьенлъиялъулъги буго гьезул кӏудияб бутӏа, — йилан бицана гьелъ.

Гӏолохъанлъи абула…

Гӏумруялъул санал дагьал гурони гьечӏониги, пикраби цӏубарал ругоан Хадижатил. Гьадинал руго жакъасел гӏолилал. Йохула дун гьездаса. Гьел нилъедаса, гьоркьохъеб ва чӏахӏияб гӏелалдаса, батӏиял руго. Биччанте нух битӏизе гьезул ракӏчӏарал пикрабазеги тӏадегӏанлъи-борхалъи гурони тӏаса бищизе лъаларел анищазеги.

Гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб ва гӏащикъаб рокьи. Гьеб гурищ гӏумруялъул аслияб магӏнаги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА