«Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул редакциялда жеги хутӏун буго советияб заман ракӏалде щвезабулеб ракӏа-рахари. Къадалгун чӏабар басралъун кьерукълъаниги, цо батӏиябго хинлъи ракӏалъе кьолеб ахӏвал-хӏалги букӏуна гьениб. Бищунго асар гьабула кабинетазда сокӏкӏарал басриял журналал регулелъул.

Исанасеб февралалъ гӏасру сверана Дагъистаналда руччабазул журнал биччазе байбихьаралдаса. 1922 соналъул тӏоцебесеб февралалда «Дагиздат» басмаханаялъ гӏурус мацӏалда бахъана «Красная горянка» абун цӏар кьураб журнал. Гьелъул цебесеб жилдазда лъун букӏана машгьурав революционер Мухӏамад-Мирза Хизроевасул лъади Разият Хизроевалъул сурат. Гьей йикӏана доб заманалъул руччабазул жамгӏияб багъа-бачари гьабизе байбихьарал церехъабазул цояй. Мугӏрул халкъалъе хасиятаб гуреб къагӏидаялъ гӏуцӏулеб республикаялъул жамгӏият цебетӏеялъе хӏажат букӏана руччабазул гӏахьаллъи. Амма гьеб бигьаяб гуреб ишги букӏана. Цӏияб заманалъул низам къабул гьабулел, хъвадаризе махщел бугел руччаби къанагӏалъиялъ батила, «Красная горянкаялъе» редакторлъи гьабурай В. Н. Николаевалъ журнал биччай гьоркьоб къотӏизе тараб.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса хадусеб мискинлъиялдаса улка цӏидасан гӏуцӏулеб, росдал магӏишат цебетӏеялъе тӏолабго къуват кьураб заман букӏана анлъго батӏияб мацӏалда Дагъистаналъул руччабазе хасаб журнал къватӏибе биччараб. Гьелъул тӏогьиллъарал тӏанчазулъ буго мугӏрул чӏужугӏаданалъул гӏетӏги, захӏматги, пинкьахарал квералги, гӏаммаб магӏишат цебетӏезабулаго гьелъ бихьизабураб бахӏарчилъиги. Нусазаргоялде гӏагарун бихьинал рагъдаса руссинчӏеб Дагъистан цебетӏеялъе хӏажат букӏана руччабазул къохӏехьей ва гьеб къалмиде босулеб басма. 65 соналъ гьоркьоса къотӏичӏого Дагъистаналъул миллиял мацӏазда къватӏибе бачӏунеб руччабазул журналалъ жанибе бачана нилъер улбузул гӏумруялъул тарих, гьезул гӏелмиябгун рухӏияб цебетӏей, заманалъул гьураз хисизабураб некӏсияб хаслъи. Къокъго абуни, гьеб лъугьана республикаялъул руччабазул ургъелгун рохел бикьулеб гъаситолъун.

Миллиял мацӏазда риччалел журналазе нухмалъи гьабуна жидер заманаялъ республикаялда машгьурал, жамгӏияб, гӏелмияб ва гьунаралъул рахъалъ церетӏурал руччаби — Гӏайшат Гӏабдулаевалъ, Умурахил Шапиевалъ, Патӏимат Муртазагӏалиевалъ, Гӏунайзат Мейлановалъ ва цогидаз.

«Магӏарулай» журнал кодобе босигун Фазу ракӏалде щоларев чи вукӏунев ватиларо, хасго советияб заманаялъ гьарурал, гӏурал руччабазул. Гӏолохъанай редактор Фазу Гӏалиевалъул хӏаракаталдалъун 1972 соналда «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журнал къватӏибе бачӏана гӏурус мацӏалдаги. Анкьго батӏияб мацӏалда биччалеб Дагъистаналъул руччабазул журналалъе Фазу Гӏалиевалъ нухмалъи гьабуна 45 соналъ.

Жакъасеб «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул бетӏерлъуда йиго, гьабулеб ишалъул бичӏчӏиги бугей, кӏварги лъалей, ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, филологиял гӏелмабазул кандидат Наида Каримова.

Магӏарул ясазул годекӏан

Советияб заманалда «Магӏарулай» журнал бачӏиналъухъ урхъун рукӏунаан руччаби, амма цӏиял церетӏеяз, цогидаб миллиябщиналдасаго гӏадин, гьелдасаги рикӏкӏалъун рукӏана мугӏрул руччаби. Щивха гьелъие гӏайибиявлъун вукӏарав: журнал гӏуцӏулелищ, цӏалдолелищ, цӏи раккарал рекӏелгъеялищ? Лъаларо. Лъалеб жо буго миллияб рухӏияб хазина, халкъалъул хаслъи цӏуниялъе «Магӏарулай» журналалъ магӏарул чӏужугӏаданалъе, кумек гурони, квалквал гьабунгутӏи.

2019 соналда «Магӏарулай» журналалъул редакторлъун ячӏана Баху Мухӏидинова. Цо чанго соналъ «Миллат» газета биччалел журналистазул къокъаялъулъ жуярай Бахулъ тӏатана публицистикаялъе бугеб гьунар. Гьелде щвезегӏан Баху йикӏана педагогикиял гӏелмабазул кандидатлъунги яхъарай, тӏадегӏанал цӏалул идарабазда хӏалтӏун гӏелмияб хӏалбихьиги щварай мугӏалим. Гьей редакторлъун ячӏаралдаса нахъе цӏидасан рагӏана «Магӏарулай» журнал чӏаго букӏин. Лъабнусиде ккун букӏараб журналалъул подписка лъагӏалида жаниб гӏагарана кӏиазариде.

«Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул 65 сонилаб юбилеялда цадахъго гьезул коллективалъ исана кӏодо гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъ 90 сон тӏубайги. Гьел юбилеязул хӏурматалда гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе хӏисабалде босун буго журналалъул редакциялъ. Гьединго лъазабулеб буго Фазу Гӏалиевалъул гӏумруялда ва творчествоялда хурхарал ва журналалъул гӏумруялда тӏасан батӏи-батӏиял конкурсал. Лъагӏалил ахиралда букӏине бугеб Фазу Гӏалиевалъул кӏудияб юбилеялъулаб вечералда, хӏасилалги гьарун, бергьенлъи босаразе кьезе руго сайгъаталги.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА