Гьава-бакъалъул шартӏазул рахъалъ гӏезегӏан захӏматаб букӏаниги 2021 соналда росдал магӏишаталъ рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Гъоркьиса гӏезарурал нигӏматазул гӏаммаб багьа ккола 176,2 млрд гъурущ (91,8 млрд гъурущ гӏи-боцӏухъанлъиялда ва 84,4 млрд гъурущ хурухъанлъи-ахихъанлъиялда). Аслияб куцалда гьеб буго агропромышленнияб комплексалъе пачалихъалъ гьабулеб бугеб кӏудияб кумекалъул хӏасил. 2021 соналда гьеб кумек бащалъана 3,05 млрд гъурщида, гьелдаса 2,57 млрд ккола федералияб бюджеталъ биччараб гӏарац, хутӏараб буго республикаялъул бюджеталдаса щвараб. Гьебго заманалда дагьаб гьечӏо агрокомплексалъ бюджеталде кьолеб гӏарацги (налогал), 2020 соналда – 6,14 млрд гъурущ (росдал магӏишат ва гьелъул нигӏматал къачӏалеб промышленность, акцизазухъ бакӏарулеб гӏарац), 2021 соналда – 6,6 млрд гъурущ. Гъоркьиса соналда жаниб аграрияб секторалда цӏи гӏуцӏун букӏана 5177 чи хӏалтӏизе бакӏ, гьеб къадаралда гьоркьоре уна сезоналъул заманалда хӏалтӏизе росаралги халатккун хӏалтӏизе бакӏал чӏезарун ругелги.

Нилъер республикаялъул хурухъанлъиялда аслияллъун гьабсагӏаталда ккола пиринчӏ хьай ва гӏезаби, интенсивияб тайпаялъул ахал чӏей ва теплицабаздагун парниказда овощал гӏезари. Гьел церетӏезариялде кьолеб буго цӏикӏкӏараб кӏварги. Ахираб лъабго соналда жаниб пиринчӏ хьараб ракьалъул гӏатӏилъи цӏикӏкӏана 25 проценталъ, бакӏарараб бачӏиналъул къадар — 22,1 проценталъ. 2021 соналда 25,8 азарго гектаралдаса бакӏарана 116 азарго тонна пиринчӏалъул (1 гектаралдаса 45 центнер), цебехун нилъер гьаниб киданиги щун букӏинчӏо гьединаб къадар. Гьеб рахъалъ Краснодар краялда хадуб буго Дагъистан. Бакӏарулеб пиринчӏалъул къадаралдаго цадахъ цӏикӏкӏунеб буго республикаялдаго къачӏалеб гьелъул бутӏаги. Масала, планазда рекъон 2024 соналда республикаялда бакӏаризе ккола пиринчӏалъул 130 азарго тонна, гьелъул 90 процент къачӏазе хӏисабалде босун буго нилъер гьанибго. Пиринчӏ гӏезаби дагьабги лъикӏ цебетӏеялъе квалквалал гьарулел масъалабилъун ккола хӏажатаб къадаралда гьеб лъеца хьезабиялъулъ ругел захӏмалъаби, мелиоративияб система басралъун, къачӏачӏого гӏолареб хӏалалда букӏин ва пиринчӏ бакӏарулел комбайнал гӏоларого рукӏин (гьел росизе исана биччан буго 100 млн гъурущ).

Кӏудияб кумек ккана мелиоративияб хӏалтӏи гьабиялъе ахираб 3 соналда жаниб республикаялъул бюджеталдаса 884,5 млн гъурущ биччаялъ. Гьеб хӏалтӏул хӏасилалда тӏадеги бакӏаризе кӏвана 1,5 млрд гъурщил багьаяб пиринчӏ.

Пихъ бакӏариялъул рахъалъги республика Россиялъул регионазда гьоркьоб буго цебесеб кьерда. 2021 соналда цӏиял ахал чӏезе хӏисабалде босун букӏана 900 гектаралда, хӏакъикъаталда чӏана 1100 гектаралда, гьездасан 540 гектар интенсивияб тайпаялъул (2024 соналде щвезегӏан чӏезе ккола жеги 1,2 азарго гектар). Гьелъ рес кьуна ахазул гӏаммаб гӏатӏилъи 28,9 азарго гектаралде бахинабизе, гьезда гьоркьоса 21,4 азарго гектар ккола пихъ кьолел ахазул.

Гъоркьиса республикаялда бакӏарана пихъил 195 азарго тонна, амма гьеб цӏуниялъулъ руго кӏудиял масъалаби. Республикаялда гьечӏо киналго тӏадал тӏалабал цӏунун, хӏажатал шартӏал чӏезарун бажарулел хасал централ, 22 азарго тонна пихъил цӏунизе складал гурони. Буго гьединал складал-централ раялъе къабул гьабураб 6 грант-проект, гьел киналго хӏалтӏизе риччазе ккола 2023 соналде щвезегӏан.

Ахирал соназда лъикӏаб цебетӏей щвана теплицабаздагун парниказда овощал гӏезариялъе. Гьабсагӏаталда республикаялда буго теплицабазул 631 гектар, 2024 соналде щвезегӏан гьеб гӏатӏилъи бахине ккола 800 гектаралде. Теплицабазда гӏезарулел овощазул къадаралъул рахъалъ Дагъистан Россиялъул регионазда гьоркьоб буго 7-абилеб бакӏалда, СКФОялда 2-абилеб бакӏалда буго. Нилъер республикаялъул хаслъи ккола гӏезарулел овощазул аслияб къадар (96,2 процент) ЛПХязда тӏаде кколеб букӏин (тӏолабго Россиялда 50,1 процент). Гӏи-боцӏухъанлъиялъул рахъалъги нилъ нахъе ккун ругин абизе бегьуларо. Официалиял баяназда рекъон, нилъер республикаялда (СПК, КФХ, ЛПХ ва гь. ц.) буго гӏи-цӏцӏаназул 4,46 млн бетӏер (Россиялда 1 бакӏ, гӏаммаб къадаралъул 20 процент). Щибаб соналъ нилъер гьаниб гӏезабула гӏиял гьанал 35 азарго тонна (гьелдаса 15 азарго тонна уна Россиялъул цогидал регионазде ва къватӏисел пачалихъазде).

2019-2021 соназда республикаялда бана ва хӏалтӏизе биччана гьан къачӏалеб 5 цех. Кванил ва нигӏматал къачӏалеб промышленносталда хӏалтӏулев вуго 2 азарго чи. 2021 соналда гьелъ къватӏибе биччана (къачӏана): гьан ва субпродуктал – 12,6 азарго тонна; хӏан ва хӏанил нигӏматал – 4,6 азарго тонна; нисо – 2,9 азарго тонна; пихъил ва овощазул консерваби – 21 млн шартӏияб банка; минералияб лъим – 313,5 млн шиша-банка; ханжу – 1,5 азарго тонна.

2021 соналда агрокомплексалъул предприятияз босана 540 млн гъурщил багьаяб 284 единица техникаялъул (исана босизе ккола 700 млн гъурщиде). Хӏакъаб жо, гьеб буго нилъер росдал магӏишаталда цере лъун ругел суалал тӏураялъе кинго гӏолареб къадар, гӏагарал соназда босизе ккола чанго нухалъ цӏикӏкӏун техника, лъала гьелда сверухъ хӏалтӏи гьабулеб букӏинги.

Цӏибил гӏезабиги ккола лъикӏаб хӏалалда цебехун унеб бугеб магӏишат. 2021 соналда республикаялда бакӏарана цӏолбол 237,9 азарго тонна (2020 дандеккун 113,9 процент), 1 гектаралдаса 104 центнер. Краснодар крайги нахъа тун, нилъ рачӏана тӏоцебесеб бакӏалде. Бакӏарараб къадаралъул 163,2 азарго тонна къачӏана нилъер гьанибго (2020 соналдаса 12,2 проценталъ цӏикӏкӏун). Цӏидасан цӏибил чӏана 663 гектаралда ва гьелъул гӏаммаб гӏатӏилъи бащалъана 26,3 азарго гектаралда.

Исана росдал магӏишаталъул руго гӏезегӏан цӏикӏкӏарал, амма тӏуразе рес бугел тӏадеросиял. Гьел ккола: санайил гарцӏалъ магӏишатазе гьабулеб заралалда данде хӏалтӏи цебеккунго байбихьи ва тӏадегӏанаб даражаялда гӏуцӏи, хӏалтӏизарулел минералиял удобрениязул къадар цӏикӏкӏинаби (нормабазда рекъон), северияб зонаялъул гӏатӏидаб ракь салул авлахъазде свериялда данде гьарулел хӏалтӏаби хӏалуцинари, селекциялъулабгун тайпадулаб хӏалтӏи гьабулел централ гӏуцӏи, республикаялда къачӏалел нигӏматазул къадар цӏикӏкӏинаби, магӏишатазе босулеб сельхозтехникаялъул къадар гӏемер гьаби ва МТСазул хӏалтӏи цебе инаби. Гьеб киналдаго цадахъго цӏикӏкӏун гурого гӏодобе ккезе тезе гьечӏо гӏезарулел нигӏматазул къадарги гьезул даражаги.

Гӏабаш Гӏабашилов