Бежтӏаса пенсионер Исмагӏилов Расулица цӏехолеб буго: «Нижер гӏадаб рикӏкӏадаб районалде киданиги тӏабигӏияб газ щвезе гьечӏин абула гӏемерисез. Амма гьал къоязда бицунеб рагӏана, рикӏкӏадал мугӏрузул районазул росабалъеги кинабалиго системабаздалъун газ бачине бугилан. Битӏарабгӏаги гьечӏодай гьеб хабар?»
Гъоркьиса декабралда президент Владимир Путинил кӏудияб пресс-конференциялда нилъер республикаялъул журналистас кьун букӏана газалда ва токалда хурхараб суал. Газ бачинчӏого хутӏарал гӏемерал росаби ругин республикаялдаян бицун букӏана улкаялъул бетӏерасда. Дагъистаналъул гӏадамаз гӏумру гьабулел киналго бакӏазде газ бачиналъе хехал ресал ратейилан тӏад къана президентас РФялъул хӏукуматалда ва «Газпром» АОялда. Хадуб, хасаб амруялдалъун, гьес «Газпромалда» тӏад къана, тӏоцебесеб март щвелалде гьеб суалалъул цӏех-рехги гьабун, Дагъистаналъул энергетикаялъе тӏадеги инвестициялъул гӏарац рехиялъе нух батеян.
Гьеб амруялъе баян кьолаго, ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас абуна гьеб суал жинца борханила Федерациялъул Советалда, РФялъул Минэнергоялда ва Путинилгун букӏараб дандчӏваялда.
Абулеб буго, «Газпромгун» цадахъ лъугьун, 2021-2025 соназда нилъер регион газалдалъун хьезабиялъул хасаб программа гӏумруялде бахъинабизе бугилан. Гьелъие биччазе бугила инвестициязул 13 млрд гъурущ ва газалдалъун хьезаризе ругила Дагъистаналъул 27 районалъул росаби.
Газалъул аслияб рогӏороялдаса цӏакъго рикӏкӏад бугеб Дагъистаналъул 11 район хутӏун буго жеги газ гьечӏого. Гьел районазде газ бачин кколеб буго цӏакъго захӏматаб, цӏикӏкӏарал харжал тӏад унеб ва гӏемераб заман бахъулеб хӏалтӏи. Гьединлъидал гьел районал газалдалъун хьезариялъе данде кколеблъун рикӏкӏунеб буго автономияб, ай жибго жиндаго чӏараб система хӏалтӏизаби. Гьеб къагӏида гӏумруялде бахъинабизе кколин абуна дагьаб цебе ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда «Газпром» ПАОялъул правлениялъул председателасул заместитель Виталий Маркеловас. Данделъиялъул аслияб хӏасиллъун ккана 2025 соналъул ахиралде республика тӏубанго газалдалъун хьезабизе кколин гьабураб хӏукму.
Автономияб системаялъ газалдалъун хьезабиялъул аслияб магӏна ккола лъамалъизабураб (сжиженный) тӏабигӏияб газалъ цӏезарурал хасал къалал – газгольдерал хӏалтӏизари. Гьайгьай, гьеб программа гӏумруялде бахъинабиялъ квербакъила рикӏкӏада ругел мугӏрузул районазул халкъ тӏабигӏияб газалдалъун хьезабиялъе.
Гьеб къагӏида цӏияб жо кколаро. Европаялда, Канадаялда, Америкаялда, хасго Скандинавиялъул пачалихъазда цебегоялдаса нахъе кӏвар кьолеб буго захӏматал шартӏазул мугӏрузул районазул росабалъе автономияб къагӏидаялъ тӏабигӏияб газ бачиналде. Гьеб къагӏидаялда бачараб газ нилъер республикаялъул мугӏрузул районазул халкъалъе щвезе букӏиналдаса нилъ рохизе ккола.
Мугӏрул тун авлахъалде магӏарулал рахъиналъе аслиял гӏиллабазул цояблъун ккола магӏишат гьабизе бигьалъи балагьи. Цӏорораб мина, квачараб хӏажатхана, цӏатари чӏезабиялъул лъугӏи гьечӏеб масъала – гьеб буго магӏарул гӏемерисел росабазе хасиятаб сурат, ай жакъасеб къоялъул пашманаб хӏакъикъат. Ва гьел масъалаби кинго лъугӏизаризе кӏвезе гьечӏо росабалъе газ бачинчӏебгӏан заманалда. Амма, такрар гьабила, рогӏралги лъун, мугӏрузул росабалъе газ бачин ккола чӏахӏиял харжал гьаризе кколеб ва гӏемераб заман бахъинабулеб захӏматаб тадбир. Церетӏурал пачалихъазда цебегоялдаса нахъе хӏалтӏулеб буго мугӏрузда ругел жидерго росабалъе бигьаго ва учузго газ бачунеб гьеб къагӏида.
Автономияб куцалда газалдалъун росаби хьезари ккола учузаб ва тӏабигӏаталъе зарал дагьаб къагӏида. Гьелъие къваригӏуна 1-1,5 метралъул гъварилъуда ракьулъ лъураб, киназего гӏахьалаб, кьаву чӏвалареб лъамияб газ цӏунулеб къали, насос, газалъул счетчикал, минабахъе газ бачунел маххул мухъал ва чорокаб газ бакӏарулеб къали.
Мугӏрузул районазул росабалъе автономияб къагӏидаялда газ бачин ккола гӏадамазул гӏумру бигьа гьабулеб ва гьениса гӏадамал гочинчӏого рукӏиналъе квербакъулеб тадбир. Щивав чияс жиндиего газ бачиналдаса, гьеб къагӏида кӏиго нухалда учузго чӏола.
Европаялда, Канадаялда ва Америкаялда цебегоялдаса нахъе пайда босула мугӏрузул росабалъе автономияб къагӏидаялъ газ бачиналдаса. Масала, араб гӏасруялъул 60-абилел соназда, тӏоцебе гьединаб къагӏидаги хӏалтӏизабун, газ бачана Россиялъул Севералда ва Дальний Востокалда ругел росабалъе. Нилъер республикаялдайин абуни, автономияб къагӏидаялъ газ бачараб росу гьечӏо.
Хӏисаб гьабеха, жалго бетӏергьанал минабазул хважаинзабазе автономияб къагӏидаялъ газ бачиналъул ругел квегӏенлъабазул:
Рикӏкӏадасан рогӏралги лъун, чӏахӏиял харжал гьаризе кколаро;
Газ бачунаго, гӏемераб гӏарацги, заманги, нервабиги хвезаризе кколаро;
Дагьал харжал унел рукӏиналъ, щивав чиясул рес букӏуна газ бачине;
Рес буго 7-14 къоялда жаниб кинабго хӏалтӏи гьабун бахъинабизе;
Лъамияб газ, гьеб цӏунулел къалазухъе чӏехьола газ баччулел хасал машинабаз;
Автономияб къагӏидаялъ бачараб газалъ хинлъизабула мина, кидаго букӏуна бухӏараб лъим, газогенераторги хӏалтӏизабун, гьабизе бегьула токги.
Автономияб къагӏидаялъ газ бачин учузаб хӏалтӏи кколаро, амма гьелда тӏад арал харжал кӏиго-лъабго соналдасан рецӏула.
Газ бугони, росабалъ разе бегьула теплицаби, рес буго фермеразул магӏишатал гӏатӏид гьаризе, промышленниял цехал рагьизе.
Нури Нуриев.