«Чӏагояб классикаялъ» цӏидасанги ахӏулел руго

Хӏурматиял газеталъул гьудулзаби!

Гьале кӏиабилеб нухалдаги нуж ахӏулел руго «Чӏагояб классикаялъ». Гьаб нухалда тадбир сайгъат гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй поэт, исана жий гьаюралдаса 90 сон тӏубалей Фазу Гӏалиевалъе — исанасеб сонги лъазабун бугелъулха шагӏиралъул лъагӏеллъун.

Конкурс тӏобитӏулеб буго гьал хадусел номинациязда:

1) Фазул проза ракӏалдасан цӏали.

2) Шагӏиралъул кучӏдул ракӏалдасан цӏали.

3) Фазу хӏакъалъулъ цогидазул пикраби, кучӏдул ракӏалдасан цӏали.

4) Дир Фазу. Шагӏиралъул хӏакъалъулъ пикраби загьир гьари.

Гьеб кинабго бахъизе ккола видеоялде ва видеороликал ритӏе гьаб электроннияб адресалде:

[email protected]. (Шамай Хъазанбиева)

Гӏахьалчагӏи, саназда рекъон, рикьизе руго хадусел къокъабазде:

1) Росабазул школазул цӏалдохъаби:

а) 1-4 классал

б) 5-8 классал

в) 10 класс

2) Шагьаразул школазул цӏалдохъаби:

а) 1-4 классал

б) 5-8 классал

в) 10 класс.

3) Чӏахӏиял, ай гӏахьаллъизе гъира бугел.

9, 11 классазул гьеб заманалда экзаменал рукӏунелъул, гьел гьоркьор риччалел руго.

Нужер суалал ккани, кӏалъазе бегьула гьаб номералде: 8-963-413-82-99.

Маялда гӏахьалчагӏи ахӏизе руго редакциялде ва, гъоркьисаго гӏадин, щивас бихьизабизе буго жиндирго пагьму. Гьаб нухалда финал тӏобитӏизе буго Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, журналисталги, шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги ахӏун.

Хӏалтӏаби къабул гьаризе руго 20 апрелалде щвезегӏан.