Халкъалъ гӏемер бицунеб букӏараб «Халкъияб нухмалъиялъул цогояб низамалда бакӏалъулаб, жидецаго жидерго хӏакимлъиялъул ва цогидалги ишал тӏуразарулеб къагӏидаялъул нухмалъиялъул гӏаммал масъалабазул (принципазул) хӏакъалъулъ» абураб Федералияб закон тӏоцебесеб цӏалиялда къабул гьабуна Дагъистаналдаги. Россиялъул цо-цо субъектаздайин абуни гьеб законалда хурхун бакӏалда гьаризе кколел законалги къабул гьарун руго. Гьединлъидал нилъедаги цебечӏараб масъала буго, нилъерго хаслъабиги хӏисабалде росун, гьединаб, бакӏалда рекъараб, гӏадамазе данде кколеб закон кӏиабилеб цӏалиялдаги къабул гьабизе

Россиялъул киназего гӏаммаб гьеб законалъул аслияб масъала буго росдал муниципалитеталдасан байбихьун, Россиялъул президентасде щвезегӏан нухмалъиялъул гӏуцӏи цоцазе квалквал гьечӏеб букӏинаби, ай цо хъизамалда кӏиго бетӏергьанчи вукӏунгутӏизе.

Законалъул гӏадамазе рекӏее гӏоларел, гьел разилъуларел бакӏазул цояб букӏана республикаялъул киналниги росабалъ хӏалтӏулел муниципалиял хӏалтӏухъаби хӏалтӏи гьечӏого хутӏизе ругилан абураб жоялъ бижизабураб. Хӏакъикъаталдайин абуни, иш гьедин гьечӏо. Рехсараб законалъул 14-абилеб статьяялъул кӏиабилеб пункталда хъвалеб буго «Бакӏалъулаб нухмалъиялъул идараялда, ай муниципалияб гӏуцӏиялда гьелъул представительнияб орган, гьеб гӏуцӏиялъул бетӏер ва бакӏалъулаб администрация букӏине ккей тӏадаб буго», – ян. Гьенир хӏалтӏулел гӏадамал хӏалтӏудаса эркен гьаризе бихьизабун гьечӏо, хӏалтӏи бажаруларев, жиндир хъулухъалъул къимат гьабуларев, гьабулеб ишалдехун хашаб бербалагьи бугел чагӏи хутӏун. Щайгурелъул муниципалияб хӏалтӏул хӏалбихьи бугел жавабиял гӏадамал жакъа республикаялъе цӏакъго хӏажат руго. Гьединлъидал гьаниб гьел хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо.

Старостайищха ялъуни

бегавулищ?

Рехсараб законалда цоги цӏияб жо буго муниципалиял гӏуцӏабазда гӏамм гьабун абуни «староста» абураб хъулухъ бакки. Федералияб законалъ бихьизабулеб буго гьединаб цӏар гьеб хъулухъалде данде кколареб батани, республикаялъ жиндирго хӏалбихьиялде, тарихалде, гӏадамазул гӏадат-гӏамалалде данде кколеб, нужеего бокьараб цогидаб цӏар тейилан. Нилъеда лъала, 1813 соналда гьабураб Гюлистаналъул ракълилаб Къотӏи-къаялъул хӏасилалда Дагъистан Россияллъул къайимлъиялде ккун хадуб, нилъер букӏана имам Шамилица гӏуцӏараб Имаматалда бакӏалъулаб нухмалъи гьабиялъул нилъерго жамгӏияталъулаб къагӏида. Ракь бикьун букӏана наиблъиязде (наибство), хадуб — участкабазде, гьенирго рукӏана росдал нухмалъиялги. Гьединаб хӏал букӏана 1929 соналде щвезегӏан. Дол соназда росдал жамагӏат букӏана бакӏалъулаб нухмалъиялъул аслулъун. Лъагӏалида жаниб цо нухалда ахӏулаан жамагӏаталъул данделъи, жиб жамагӏаталъул бищунго тӏадегӏанаб гӏуцӏи кколеб. Жамагӏаталъ тӏасияб соналъ ахӏизе бугеб данделъиялде щвезегӏан росдал гӏумруялъул иш билълъанхъизабизе бищулаан Чӏахӏиязул совет. Гьеб советалде жиб-жиб тухумалъ жидерго рахъалдасан рихьизарулаан 40-45 соналдаса гӏодоре сонал гьечӏел вакилзаби. Гьеб Чӏахӏиязул советалъ лъагӏелалъ росдае нухмалъи гьабизе вищулаан бегавул. Батӏи-батӏиял миллатазул гьев чиясда лъураб цӏарги букӏана батӏи-батӏияб. Мисалалъе, магӏарулазул «бегавул» вукӏун ватани, даргияз гьесда абулаан «шилла хулати», лезгияз – «аксакал»; табасараназ – «кевха» ва гь.ц.

Жакъа Федералияб законалъ гьесда (гьеб хъулухъалде тӏамулев чиясда) нилъерго цӏар лъеян абулеб бугелъул, хӏажат буго нилъ, Дагъистаналъул киналго миллатазулгун дандбан, цо пикруялде рачӏине, щайгурелъул «староста» нилъер республикаялъе рекъон кколеб гӏадаб цӏар гьечӏин кколелъул.

Кинал росабалъ ва лъица

тӏамилев бегавул?

Нилъеда лъан букӏине ккола, гьединав бегавул вукӏине вуго жинда жаниб муниципалияб гӏуцӏи гьечӏеб гьитӏинаб росулъ. Кинаб цӏар лъуниги, гьеб хъулухъалъул гӏадамазул Дагъистаналъе буго цӏикӏкӏараб кӏвар, щайгурелъул нилъер республикаялда кинабниги 1605 росу бугеб батани, жинда жаниб муниципалияб гӏуцӏи гьечӏел гьитӏинал росабазул къадар бахуна 894-ялде. Гьеб буго кӏудияб къадар. Гьел росабалъ гӏумру гьабиги, гӏадамазе рукӏине кколел шартӏал чӏезариги, гӏадлу-низам букӏинабиги гьеб хъулухъалде тӏамурав чиясдаги бараб бугелъул. Цебе заманалда гьеб хъулухъалде чи старшина, бегавул росдал жамагӏаталъул собраниялъ, ялъуни Чӏахӏиязул советалъ вищулев вукӏун ватани, цӏияб законалда рекъон гьев тӏамиялъулги кӏудияб батӏалъиго кколеб гьечӏо. Щайгурелъул гьанже гьев тӏамизе вуго муниципалитеталъул депутатазул гӏуцӏиялъ (представительнияб орган), росдал жамагӏаталъул собраниялъул хӏукмуялда рекъон, гьез вихьизавурав чи. Гьединлъидал гьабсагӏаталда бугеб къагӏидаялде дандеккун, гьеб буго гӏадамазул, ай жамагӏаталъул пикру гӏадахъ босун гьабулеб иш.

Законалда рекъон жинда тӏадаб иш гьев бегавулас гьабизе ккола мухь гьечӏого, жамгӏияб хӏалтӏи хӏисабалда. Гьебги захӏматаб суал буго. Ракӏалде ккола, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз гьеб суалалде кӏварги буссинабун, жидер гӏарцул рахъалдасан рес бугел муниципалиял гӏуцӏабаздагӏаги гьесие харж бихьизабизе бегьулилан абураб пикру законалда хъвани, хӏалтӏи лъикӏго цебехун инаанилан.

Советияб заманалде щвезегӏан нилъер росабалъ рукӏарал бегавулзабазеги гӏарцудалъун мухь кьолеб букӏинчӏониги, гьесие тӏад къараб хъулухъ гьабиялъухъ кьолаан «натуроплата», гӏиял бетӏер, бецизе харибакӏ, бекьизе тӏадеги хур яги цогидаб.

Гӏаммаб куцалда абуни, цӏияб законалъул гӏемерал рахъал руго цебе букӏаралдаса лъикӏал, халкъалъе пайдаялъе хӏалтӏизе ругел. Гьезул цояб ккола, мисалалъе, хӏукуматалъулаб ва мунципалияб гӏуцӏиялда гьоркьоб гьабулеб къотӏи-къаялъул кьучӏалда росабалъ ва шагьаразда гьарулел хиса-басиязе тӏадеги гӏарац биччазе тӏаде босулеб буго пачалихъиял идарабаз. Жакъасеб, кинабго лъикӏабщинаб гӏумруялде бахъинабизе бакӏалъул нухмалъулезул гӏарац гӏолареб заманалда гьеб ккола кӏудияб квербакъи ва гӏарцулаб кумек.

Зикрула Ильясов