«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ ракӏ-ракӏалъ баркула Рамазанова Патӏиматида гӏумруялъул гьайбатаб юбилей. Республикаялъул магӏарул радиоялде ячӏун, гӏолохъанай Патӏиматица 63 сон кьуна магӏарул халкъалъе дунялалъул ва республикаялъул гӏумруялъул, хирияб миллаталъул ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицунаго.
ДАССРалъул ва Россиялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏу хъан, махщелчӏужу, захӏматалъул ветеран, жамгӏияй хӏаракатчӏужу, Патӏиматил радиоялдасан пасихӏго чвахун бачӏунеб берцинаб гьаракьалъ рекӏее гьабулеб гӏажаи баб асар жакъаги хутӏун буго ма гӏарулазул рекӏелъ.
Ниж цӏакъ чӏухӏарал руго Патӏиматил захӏматалъулаб хӏаракат чилъи республикаялъул магӏарул газеталъул редакциялда хӏалтӏиялдаса байбихьун букӏиналдаса. Гьарула Патӏиматие щулияб сахлъи ва рекӏее парахалъи.
«Хӏакъикъат» газеталъул редакция